«Художникас нахъе тола рахъарал суратал, хъвадарухъанас – къисса-

би, романал, поэтас – кучӏдул. Юристас щибха нахъе толеб? Юристасе ас-

лияб жо буго гьес гӏадамазе гьезие захӏматаб заманалда гьабураб кумек,

гьел ритӏараб нухде ккезари.

Закон цӏунулезул гӏумруялъул хӏасиллъун

киданиги батуларо я гӏарац, я тӏадегӏанал хъулухъал. Ритӏухълъи

цӏунаралъухъ халкъалъ гьабулеб къимат – гьеб буго юристасул унго-ун-

гояб бечелъи, нахъе тараб давла!» — гьедин хъвана хвалда цебе къватӏибе

биччараб магӏнаялда хъвараб ракӏалдещвеязул «Захӏматалъ лъадарана

дун» абураб тӏехьалъул цеберагӏиялда Дагъистаналъул мустахӏикъав

юрист Гунащ Набиевас.

Республикаялъул прокуратураялъул ва судалъул идарабазда гӏемерал соназ хӏалтӏарав, гьитӏинаб Гъозтала росулъ вижарав кӏудияв инсан – гьев дагьал церегӏан къояз нилъедаса ватӏалъана. Гунащ гьавуна 1936 соналъул 5 ноябралда. Цӏалана Дилим росдал школа-интернаталда. Хасавюрталда педучилищеги лъугӏизабун, захӏматалъулаб нух гьес байбихьана гӏагараб росдал школалда учительлъун хӏалтӏулаго. Гьал къоязда Гунащил тӏубалаан 84 сон. Гьесул гӏумру букӏана гӏажаибго берцинаб. Захӏмалъаби дандчӏвачӏеб, роцӏараб букӏун гуреб, гьелъул гӏаксалда, гьел къезарулаго, ритӏухълъи цӏунулаго ва гӏадамазе кӏвараб пайда гьабулаго араб. Гьелдаго цадахъ Гунащил гӏумру ана кутакалда захӏматго, щайгурелъул мискинлъиялъ къвал бараб рокъоса республикаялдаго цӏар рагӏарав судиявлъун вахъине ккани, бигьаяб гуреб заманалда нахъа тезе ккана бакъараб гӏолохъанлъиги захӏматаб гӏумруги. Гьел рукӏана рагъда цересел, рагъул ва рагъдаса хадусел сонал. Жиндирго ракӏалдещвеязда Гунащица хъвалеб буго: «Дида ракӏалда гьечӏо лъимерлъуда гӏорцӏизегӏан кваназе жо щвараб мех. Дир анищ букӏунаан жаниб мурапа бугел «къандалъо конфетазде». Дир ретӏел, тӏад рарал рукъабаз кинаб кьералъул ххамил букъарабали батӏа бахъизе лъалароан. Недегьав, хӏеренав колхозалъул гӏиял вехь инсуцаги, хъачӏай эбелалъги кин бугониги хӏаракат бахъулаан лъималазе захӏматалъулаб тарбия кьезе», — ян.

Ростовалда юридикияб институтги лъугӏизабун, Гунащ хӏалтӏизе ана «Ростсельмаш» заводалде. Ростовалда цӏалулаго, гьес, хъизамалда кӏудияв хӏисабалда ургъел гьабулаан рокъор хутӏарал вацазул ва яцалъул. Яц Умукусумие кумек гьабуна Буйнакскиялъул педучилище лъугӏун хадуб Ростовалъул университеталде лъугьине. Гьелъ гьенибго аспирантура лъугӏизабуна ва гӏелмабазул кандидатлъун ва докторлъун яхъана. Вац Гӏалиасхӏабие квербакъана Доналъул росдал магӏишаталъул институталъул ветеринарияб факультет лъугӏизабизе.

Заводалда хӏалтӏун хадув гӏолохъанав юрист витӏана Коми АССРалъул Сыктывкар шагьаралде, Воркутаялъул прокуратураялде ва гьениб мисалияб къагӏидаялда хъулухъ гьабуна.

1970 соназда республикаялде тӏад вуссун хадуб 12 соналъ хӏалтӏана Дагъистаналъул прокуратураялда, амма гьениб хӏалтӏулъ тӏад ругезе бокьухъе «делаби гьаризе» данде чӏеялъ Гунащ гьениса нахъе ине ккана, ва 1977 соналда гьев тӏамуна Дагъистаналъул Верховный Судалъул членлъун. Гӏайиб гьечӏев чи тамихӏалде цӏазе виччангутӏи букӏана гьесул хӏалтӏул аслияб рахълъун. Гӏемерал рукӏана Гунащица тӏоцебесеб судалъ риччарал гьединал гъалатӏал ритӏизариялъул мисалал. Гьединаб, гӏадамазул гӏумру хвезабулел пишацояздехун гьесул гурхӏел гьечӏеб бербалагьиялъе букӏана гӏиллаги – жиндир заманалда школалда цӏалулев гӏолохъанчи, цо хасал жидерго мурадазе гӏоло гьев туснахъалде ккезавун вукӏана, амма хадусан, гьел мекъи рукӏинги бихьизабун, Гунащида тӏаса гӏайиб бахъана ва гьев эркен гьавуна. Гьединлъидал Гунащил хӏакъалъулъ гӏемер бицуна гьев лъалев вукӏарал, гьесда гӏумруялда цо нухалданиги дандчӏварал гьалмагъзабаз. Амма цонигияв дандчӏвачӏо гьес къадараб жо гьабунилан абулев чи.

Гунащица гӏаданлъи цӏунулаан, кинаб захӏматаб ахӏвал-хӏалалде кканиги. Гӏадамасул напсалъул хисардиялъул, цо-цоязул хъулухъалдаса чӏухӏиялъул бицунаго, жиндирго тӏехьалда, ракӏ белъун, хъвалеб буго, цадахъ хӏалтӏулаго, квана-гьекъон вукӏунев вукӏарав гьалмагъас гьев Верховный Судалъул председательлъун тун хадуса кабинеталде жаниве лъугьарав жинда «Мун щай гьикъичӏого вачӏунев? Кида дуда лъазе бугеб дун Верховный Судалъул председатель вукӏин?» – ан абиялъул хӏакъалъулъ. Гьелдаса хадув тӏокӏав киданиги жив гьесул кабинеталде жиндие бокьун инчӏилан ракӏалде щвезабулеб буго Г. Набиевас.

Гьединав, тӏекъаб жоялда тӏад рекъоларев, жиндир профессионалияб ишалъе ритӏухъав, гӏадатиял гӏадамазе хӏалае ватулев, гӏадатияб гуреб къисматалъул бетӏергьан вукӏана юстициялъул генерал Гунащ Набиев. Гьединавлъун хутӏизе вуго гьев дагъистаниязул рекӏелъги.