Гӏахьвахъ районалъул Кӏудиябросулъа вацал Гӏумар ва Мухӏамад
Муртазагӏалиевазул хӏакъалъулъ рагӏичӏев чи Дагъистаналдаго ва-
тиларо.
Гьезул кумек щвечӏеб росуги къанагӏат батиларо республика-
ялда. «Бацӏцӏадаб ракӏ» абураб рахӏму-гурхӏелалъул фондги гӏуцӏун,
гьез кумек гьабуразул къадар азар-азар чиясдасаги тӏаде уна. РФялъул
эркенаб гугариялъул рахъалъ федерациялъул вице-президент Гӏумар
ккола машгьурав бизнесмен, меценат, Москваялда гӏумру гьабун вуго-
ниги гӏагараб ватӏанги халкъги кӏочене толарев, гьезие кидаго куме-
калъе ватулев чи. Амма жакъа бицине бокьун буго гьесул гьитӏинав вац
Мухӏамадил хӏакъалъулъ.
— Нижер руго анкьгоял, ай лъабго вацги ункъо яцги. Инсуца квербакъана нижее тӏадегӏанаб лъайги, лъаялда рекъараб хӏалтӏиги щвезабизе. Кӏудияв вац Гӏумар киназдаго лъала, гьев вуго Москваялда. Гьоркьохъев вацасулги буго жиндирго бизнес. Яцалги руго жиде-жидер хӏалтӏабазда. Дун вуго вацасда цадахъ гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалъул ишал тӏуралев. Дун вукӏана районалъул депутатазул собраниялъул председательлъунги.
Гӏахьвахъ районалъул цо-цо жамагӏатчагӏаз Гӏумарида абун буго нужеца гьадинги гӏемераб кумек гьабулин районалъе, гьабизе бугеблъиги лъалин, амма лъикӏаб букӏинаанин Мухӏамадица гӏахьаллъи гьабуни районалъул бетӏер вищиялъул рищиязда. Гьедин гьезги гьаридал, лъун буго дица дирго кандидатураги, — ян бицана гьес.
— Мухӏамад, нагагь мун бетӏерлъун вищани, тӏоцебесеб иргаялда, щиб гьабизе ният бугеб?
— Тӏоцебесеб иргаялда гьаризе руго нухал, бачине буго лъим ва газ. Гьеб лъабабго буго гӏадамазе бищунго хӏажатаб жоги.
Дицаги вац Гӏумарицаги тӏадчӏун тӏалаб гьабулеб буго ичӏго объекталъул. Цояб буго Хасавюрт районалъул Советское росулъ. Гьениб балеб буго, дунялалъул чемпион Забит Мухӏамадшариповасул гьариялда рекъон, спорталъул комплекс. Хасавюрталда балеб буго Аскер Аскеровасул цӏаралда бугеб спортивияб кӏалгӏа. Къамиш-хъутаналда бана амбулатория, мадраса, кверкьовул бакӏ, нухазде тӏуна хъил. Щибаб соналъ дица кьола Къамиш-хъутаналъул гимназиялдаги Кӏудиябросдал школалдаги лъикӏал къиматазда цӏалулел цӏалдохъабазе стипендия. Гьеб кӏиябго росдал школазе къваригӏарабщинаб чӏезабуна. Кӏудиябросулъ бана кибго гьечӏебгӏан берцинаб мажгит. Гьенибги буго тагӏзияталъе, мадрасаялъе рарал бакӏалги.
Кӏаратӏа росулъ букӏинчӏо жамгӏияб хӏажатхана, какал ралел бакӏал. Росу бакьулъ гьелги ралел руго. Нухал руго къачӏазе байбихьун. Нижеца хӏукму гьабун буго щибаб соналъ районалъе нусго миллион гъурущ гӏарац биччазеги.
Нилъеца щибго цадахъ босуларо ахираталъул рокъобе. Гьединлъидал кӏвараб хӏаракат бахъулеб буго дунялалда рукӏаго бажарараб лъикӏлъи гьабизе, ракьалда нижерго лъалкӏ тезе. Дица, вацасул кумекалдалъун, Москваялъул больницабазде ритӏула захӏматго унтарал. Гьединго ритӏулаан хӏежалдеги гӏадамал, ай санайил — 100-200 чи.
Дунялалдаго гьечӏеб гӏадаб лъималазул рукъги буго Гӏумарица Ставрополь шагьаралда бан, «Радуга» абун цӏарги кьун.
Къокъго абуни, дир мурад буго район цӏи гьаби, гьеб тӏегьазаби. Цоги нухалда абуниги, дидаго цебе лъураб масъалаги буго цоги, ай росдал магӏишат цебетӏезабиги. Гьелдаго цадахъ хӏажат буго районалде газ бачинеги. Балагье, сверухъ ругел районазда буго газ, руго хъил тӏурал нухал. Гьединлъидал гьел санагӏалъаби рукӏинаризе ккола Гӏахьвахъ районалдаги. Лъел масъалаги буго бегӏерго цебечӏун. Гьеле гьеб лъабабго суалалде кӏвар кьезе буго.
— Тӏолабго улкаялдаго гӏадин, республикаялдаги гӏолилазе хӏалтӏи гьечӏолъиялъул масъала буго цӏакъго бегӏерго цебе чӏараб. Щиб гьабизе ракӏалда бугеб гӏолохъаби росабалъ чӏезариялъе, гьезие хӏалтӏи букӏинабиялъул рахъалъ?
— Гьебго хӏал буго дир гӏагараб районалдаги. Гӏолохъаби унел руго хӏалтӏи балагьизелъун къватӏире. Гьединлъидал ракӏалда буго районалда 250 чиясе хӏалтӏизе бакӏ бугеб завод яги фабрика, цех базе. Росаби чӏороголъулел руго, школазда лъималазул къадар дагьлъулеб буго. Гьеб масъалаялда тӏад ургъулел руго нижги.
— Ленинкенталда бугеб цо къватӏалъе кьуна нужер инсул цӏар…
— Цо нухалда Гӏумарица дида абуна гьадин: «Мухӏамад, нилъеца эмен вукъана Ленинкенталда, рачӏа гьенир ругел хабалал къачӏазе», — ян. Къого миллион гъурущги тӏад хвезабун, къачӏана. Гьенир чӏезаруна киналго санагӏалъаби — какал разе, какие чуризе бакӏал, жанибго буго бухӏарабгун цӏорораб лъим. Буго 300 машина чӏезабизе бакӏги. Дица Махӏачхъалаялъул администрациялде хитӏаб гьабуна хабал агьлуялда аскӏосан унеб нухалъе нижер инсул, ай Муртазагӏалил цӏар лъезе изну кьеян.
Битӏараб бицани, гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицине рекъарабги гьечӏо. Лъалезда гьадинги лъала, лъаларезда лъачӏониги къварилъиги гьечӏо. Дида вацас абула, духъ бугеб гӏарац лъугӏизабизелъун гьабичӏого, гьабулеб хӏалтӏи мухӏканго гьабеян. Гьедин гьабизе хӏаракатги бахъула.
— Гьаб захӏматаб, ай коронавирусалъул пандемия тӏибитӏараб заманалда щиб кумек гьабураб районалъе?
— Кумек гьабуна гӏицӏго районалъе гуребги Дагъистаналъего. Щуазарго халгӏат, маскаби, къваригӏанщинал дараби щвезаруна хӏажатал бакӏазде.
— Мун цӏакъ берцинго кӏалъалев вуго магӏарул мацӏалда. Гьебгиха, нужерго хасаб мацӏги букӏаго. Кин ругьунлъарав бацӏцӏадаб магӏарул мацӏалда кӏалъазе?
— Гӏумарица кидаго абула гьадин: «Мухӏамад, мун магӏарул мацӏалда кӏалъалаго, вореха, гӏурус рагӏиги гьоркьоб речӏчӏизабун, хвезабуге гьелъул тӏагӏам», — илан.
Гьев живгоги кӏалъала бацӏцӏадаб магӏарул мацӏалда. Цоги, вацас абула гьанив рикӏкӏад вугеб мехалда жив урхъун вукӏунила магӏарул мацӏ бицунев чиясухъилан. Гьединлъидал нилъеца гьеб хвезе тезе бегьуларо.