Гьеб нухалъул хӏакъалъулъ дица «Хӏакъикъат» газеталде хъвалеб буго лъабабилеб нухалда. Цо нухалъ хъвараб газеталдаги бахъана ва дир гьелъие лъикӏаб къимат кьун Цӏумада районалдаса чияс хъвараб макъалаги биччана. Гьев чигун дун данд чӏвана Ветераназул госпиталалда ва гьесулгун лъикӏаб хабарги ккана.
Гьоркьоб лъикӏаланго заман индал, «Хӏакъикъат» газеталъ байбихьана, ,гьеб масъалаги борхун, цӏидасанги макъалаби рахъизе. Гьеб заманалда дицаги, гӏемерал хӏужабиги рехсон ва нух бахъулев Дибиров Мухӏамадкамилие рецц-бакъги гьабун, цоги макъала битӏана «Хӏакъикъаталде». Гьениб борхун букӏана туризм цебетӏеялъе гьеб нухлул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ суалги. Гьеб нухдасан унаго батула Ахӏулгохӏ, Сулахъ къварилъи ва гьенисан бихьула чӏикъдерил ракьалда бугеб чӏабатӏ бахъулеб бакӏ, Сулахъ гӏоралда тӏасан лъун букӏараб кьо ва гӏемерал цогидал бакӏалги. Газеталъул жавабияв секретарь М.-Хӏ. Махӏатӏовас рагӏи кьун букӏана макъала газеталда бахъизеги. Амма щаялиго гьеб къватӏибе бачӏинчӏо. Къватӏибе бачӏана нижерго районалъул Лъаратӏаса Гӏабдулгъаниев Ниязбегил «Халкъалъе хӏажатаб халкъияб нух» абун цӏар лъураб макъала. Цо заманалда хабар букӏана ДРялъул хӏукуматалъул бетӏер Артем Здуновас хӏукму гьабун бугин гьеб нухлул проект гьабизе гӏарац биччазейилан. Гьелъулги хабар къотӏана. Лъаратӏаса Ниязбегин абуни вуго нухлул хӏалтӏи ирсалъе щварав чи. Гьесул эмен Гӏабдулгъани вукӏана хвезегӏан нухазда хӏалтӏарав чи, гьединго кӏудияв вац Хӏажиги вукӏана нухазул мастер. Ниязбегица В. Ивановасухъе кагъатги хъван букӏун буго гьеб нухлул бицун, амма жаваб бачӏун буго тӏаса бихьизе хъвараб гӏадаб магӏнаялъул.
Ахирал соназда цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго нухазде, росабалъцин къачӏалел руго къватӏал. Мелъелтӏаса Гъагъалъе гьабулеб буго лъикӏаб нух. Гьелъие бихьизабун рагӏула 260 млн гъурущ. Амма «Халкъияб нух» гьардухъабазул нухде буссине тун буго.
Дун битӏахъе нечола щибаб «Хӏакъикъат» газеталда Бузнаса нухалъе кумек гьабеян хъвараб баян цӏалидал. Гьеб гьардей релълъун буго унтараб лъимер бугел эбел-инсул букӏунеб хитӏабалда.
Кибго бицунеб букӏуна «Безопасные и качественные автомобильные дороги» абун. Щай Бузнаса нух гьеб программаялде гъорлъе бачине бегьулареб? Гьелдаса кӏвар цӏикӏкӏаралищ ругел цогидал нухал? Дида ккола Бузнаса нухалдаса кӏвар цӏикӏкӏараб хӏалтӏи магӏарул районазе цоги гьечӏин.
Гендерил туннелалъе ремонт гьабизе ун буго 9 млрд гъурущ. Гьелъул цо 10 бутӏагӏаги Бузнаса нухалъе биччарабани, гьеб цебего лъугӏун букӏинаан.
Хириял магӏарулал, магӏарул районазул бутӏрул, Дагъистаналъул парламенталъул депутатал, кье гьеб нухде кколеб кӏвар, лъе гьеб суал сессиялда гьоркьоб. Гьари буго, халкъалъ кьучӏ лъураб «Халкъияб нух» бахъун рагӏалде бахъинабизе бажарарас бажарараб кумек гьабеянги. Бегьилаан газеталдасан къватӏибе загьир гьабизе лъица кигӏан гӏарац гьелъие кьурабалиги.