Унсоколо росдал №2 школалъул байбихьул классазул тӏадегӏанаб категориялъул мугӏалим, Россиялъул гӏаммаб лъай кьеялъул хӏурматияй хӏалтӏухъан ккола Зарема Мухӏамадова. Эбелги учительницалъун йикӏиналъ батила, школалда цӏалулеб заманалдаго гьелъулги анищ букӏана учительлъун яхъине.
ДГПИ лъугӏизабун хадуб, гьале 30 сон буго З. Мухӏамадовалъул гӏолеб гӏелалъе лъайгун тарбия кьолеб бугелдаса.
Хӏалтӏулъ бергьенлъаби щвезе ккани, хӏажалъу ла щибаб къойилаб захӏмат, ракӏ-ракӏалъго бокьизе ккола жиндирго хӏалтӏи. Заремал дарсазде щведал бихьула гьей гъваридаб лъайги психологияб бичӏчӏиги бугей махщелчӏужу йикӏин. Гьелъ дарсазда хӏалтӏизарулел батӏи-батӏиял къагӏидабаз ва хӏаяз кумек гьабула лъимал пикру гьабизе ругьунлъиялъе.
Гӏундузда рагӏаралдаса беразда бихьараб цӏи кӏкӏун ракӏалда чӏолин абулелъул, дарс кьей пайдаяб куцалда иналъе учительницаялъ хасаб кӏвар кьола дарсазда информациялъулаб технология хӏалтӏизабиялде. Лъай кьеялда цадахъго З. Мухӏамадовалъ хӏаракат бахъула лъималазе лъикӏаб тарбия кьезеги. Гьеб мурадалда пайда босула классалъул сагӏтаздаса, эбел-инсул собранияздаса ва дарсил заманалдасаги. Гьале Заремаца тӏоритӏарал классалъул сагӏтазул цо-цо темаби: «Кин хьвадизе кколел школалда, рокъор ва гӏаммал бакӏазда?», «Классалда жаниб кинаб гьоркьоблъи букӏине кколеб?», «Тӏабигӏат цӏуне», «Кӏудиязул адаб гьаби – гьитӏиназда тӏадаб борч» ва цогидалги. Тарбия кьеялъулаб хӏалтӏулъги гьелъие кумек гьабула умумузул комитеталъул членал Амраъ Мухӏамадгӏалиевалъ, Патӏимат Мухӏамадовалъ, Лаюза Мухӏамаевалъ, Халисат Ибрагьимовалъ ва цогидазги.
Зарема гӏахьаллъана районалда тӏобитӏараб «Лъагӏалил учитель» абураб къецалда. Гьединго ДРялъул муфтияталъ тӏобитӏараб «Берцинаб гӏамал-хасият куцаялъул меседилал къагӏидаби» абураб республикаялъул къецалда Унсоколо росдал №2 школалъ ккуна кӏиабилеб бакӏ. Къецалда гӏахьаллъизе лъимал хӏадур гьаруралъухъ Заремае кьуна Хӏурматалъул грамота.
Школалъул завуч Муъминат Мухӏамадовалъ абуна: «Зарема йиго жавабчилъи цӏикӏкӏарай, лъималазе лъикӏаб лъай кьезелъун цӏи-цӏиял къагӏидаби ралагьулей, кӏвахӏ гьечӏей педагог. Гьелъ кӏвар кьола цӏалдохъаби гӏурус мацӏалъ бацӏцӏадго кӏалъазе ругьун гьариялдеги. ВПР тӏобитӏулелъул кидаго тӏадегӏанал хӏасилал рихьизарула гьелда цере цӏалулел лъималаз», — ан.
Хӏалтӏулъ рихьизарурал лъикӏал хӏасилазе гӏоло З. Мухӏамадовалъе щвана школалъул дирекциялъул, райадминистрациялъул, лъай кьеялъул управлениялъул рахъалдасан Хӏурматалъул грамотаби ва гӏарцулал сайгъатал. Амма гьелъие гьеб киналдасаго хириял руго цӏалдохъабазул эбел-инсуца ракӏракӏалъго абулел баркалаялъул рагӏаби.
Мухӏамад ГЪАЗИМУХӏАМАДОВ