15-16 январалда Москваялда, ВДНХялда, тӏобитӏана «Гьитӏинаб ватӏан – Россиялъул къуват» абураб Тӏолгороссиялъул форум. Гьелда гӏахьаллъана тӏолабго улкаялъул росабазул бегавулзабиги районазул ва шагьаразул бутӏрулги.

Рузман къоялда редакциялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана рехсараб форумалъул гӏахьалчагӏи – Бежтӏа участокалъул бетӏер Шамил Арадахов ва Бежтӏа росдал бегавул Мухӏамад Мухӏамадов. Форумалда гӏуцӏун рукӏарал тадбиразулги участокалда гьабулеб хӏалтӏулги хӏакъалъулъ гьезулгун гара-чӏвари гьабуна нижеца.

— Бегавулзабиги муниципалитетазул бутӏрулги гурел, батӏиял чагӏи рукӏанищ форумалда?

— Форумалда гӏахьаллъана 7500-ялдаса цӏикӏкӏун чи. Щиб рахъ хӏисабалде босаниги, тӏад кӏалъазе бакӏ гьечӏеб тӏадегӏанаб даражаялда гӏуцӏун букӏана кинабго. Форумалъул гӏахьалчагӏи цо гостиницаялда рукӏиналъ, рес щвана, официалиял тадбираздаса хадубги цоцазулгун гара-чӏваризеги, улкаялъул батӏибатӏиял регионазул вакилзабигун лъай-хъваял гьаризеги, хӏалтӏул суалал-масъалаби дандразеги.

Росабазул бегавулзабигун муниципалитетазул бутӏрул гурелги, форумалда рукӏана СМИязул вакилзабиги, артисталги, пачалихъиял ва жамгӏиял хӏаракатчагӏиги. Форумалдаса рази рукӏана киналго. Кутакалда рохизаруна, гьединаб форум щибаб соналда тӏобитӏизе бугилан Владимир Путиница абураб мехалдаги.

— Муниципалияб хъулухъалъул, ай бакӏалъул самоуправлениялъул, хӏакъалъулъ цӏияб федералияб закон къабул гьабиялда бан, абулеб буго «росдал бегавул» абураб хъулухъ букӏине гьечӏин, росдал гӏадлу гьабулев чилъул староста тӏамизе вугин абун. Гьелъул хӏакъалъулъ щиб бицараб форумалда?

— Гьелъул хӏакъалъулъ цӏар бахъулев чи вукӏинчӏо. Гостиницаялда цадахъ рукӏарал ишцоязда гьикъана дица гьелъул хӏакъалъулъ пикру. Рикӏкӏадал бакӏазда, мугӏрузул росабалъ гьеб бажарулеб иш гурин бицана гьез. Улкаялъул президентас абуна, росабазул бегавулзабиги районазул бутӏрулги кколила халкъалъулгун битӏахъегояб бухьен бугел нухмалъулел. Бакӏ-бакӏалда байбихьун букӏана законалда рекъон хисабасиял гьаризе, амма гӏемерисез абуна, гьеб законалдаса рази гьечӏилан. Кьолеб харжги гьечӏого старосталъун хӏалтӏизе щив разилъилев? Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда фашистаз тӏамулаан старостаби. Гьеб жеги кӏочон течӏо халкъалда, гьединлъидалги халкъалъ гьеб цӏарго къабул гьабиларо.

— Бежтӏа участокалда кинаб хӏалтӏи гьабулеб бугеб?

— Ракӏалда буго администрациялъе цӏияб мина базе. Гьабсагӏаталда участокалъул администрациялъул бугеб мина бана 1956 соналда – Лъаратӏа районалдаса батӏаги гьабун, Цӏунтӏа район гӏуцӏараб мехалда. Гьеб басралъун буго, ва гьенир гьечӏо киналгӏаги шартӏал. Участокалъул цересел бутӏруз хъорщол кӏиабилеб тӏала бана. Гьанже республикаялъул нахъраталил фондалдаса мина базе биччан буго 45 миллион гъурущ.

ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасулгун букӏараб дандчӏваялда дица гьесда абуна, тӏоцебесеб иргаялда тӏубазе кколеб кӏиго масъала бугин Бежтӏа участокалъул: районалъул статусги чӏезабизе, Анцухъа Бежтӏе щвезегӏан шагьранухда хъилги тӏезе. Тӏаде жубана жеги кӏиго масъала: Бабаюрталъул ракьалда бугеб бежтӏадерил Качалай росулъе газ бачин ва шагьранух къачӏай. Газ бачиналъе документал хӏадурун руго ва исана, Аллагьас хъван батани, Качалаялде газ бачине ккола. Гьарун руго нухалда хъил тӏеялъул хӏакъалъулъ къотӏи-къаялги. Качалаялдаса Караузекалде ва Туршунаялде нух къачӏазе буго. Качалаялда байбихьана спортзал базеги. Бежтӏа росулъ базе буго лъималазул кӏиго ахги. Гьел проектазул документал хӏадурун рахъунел руго.

— Бигьаял масъалаби гуро гьел…

— Республикаялъулги улкаялъулги нухмалъиялъул квербакъи-кумек бугеб мехалда, кинабго бигьалъула. Кумек гьабулеб буго. Масала, лъималазе кьолеб пособие, пенсиял, проектазде биччалеб гӏарац.

Жакъа нилъее рес кьун буго, щибаб лъимер гьабиялъухъ ва гьеб хьихьиялъухъ кьолеб гӏарцудаса пайдаги босун, гӏумруялъул шартӏал камиллъизаризе. Нилъер умумузе гьединаб рес кьечӏо. Гьел хӏажаталлъун кколаан, бетӏербахъиялъе гӏоло, Грузиялде хьвадизе, хӏан-гьан бичун, кванил нигӏматал ва ретӏелхьит босизе. Гьанжеги нилъер гӏолохъаби уна Россиялъул шагьаразда хӏалтӏизе, амма хъизан-лъималазул ургъел тӏаса босун буго пачалихъалъ. Гьелъул хӏаракат бихьизеги гьелъул къимат гьабизеги лъазе ккола нилъеда. Гьелде тӏадеги, кумек гьабулеб буго батӏи-батӏиял проектал гӏумруялде рахъинаризеги. Бежтӏа росулъ буго 2000-гӏанасеб цӏараки. Магӏарухъ гӏумру гьабизе захӏмат буго, амма цониги хъизам гӏатӏиракьалде гочинчӏо. Квеш букӏарабани, цо чи хутӏилароан гьенив.

— Бежтӏа участокалъул цо-цо гӏадамаз абулеб буго, жал магӏарулал гурин ва магӏарул мацӏги жидее хӏажат гьечӏин абун. Дуца щиб абилеб гьелда?

— ДФИЦалъул ИЯЛИялда хӏалтӏулев вуго филологиял гӏелмабазул доктор, мацӏазул цӏех-рех гьабулев гӏалимчи Мажид Халилов. Магӏарул мацӏалъул цӏалул тӏахьазул автор, ДНИИПалъул рахьдал мацӏазул секторалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул кандидат Хӏайбула Вакиловги вуго нижер росулъа. «Хӏакъикъаталда» хӏалтӏулей йиго филологиял гӏелмабазул кандидат мунги. Гьеб буго бежтӏадерил чӏухӏиги рохелги.

Дие рокьуларо, «нижер мацӏ батӏияб буго, ниж магӏарулал гуроян» абулел харбал. Нилъ киналго руго магӏарулал – мугӏрузда гӏумруги гьабулел, цогояб тарихги бугел, цадахъ рохулел ва цадахъ гӏодулел. Биччанте мацӏал батӏи-батӏиял рукӏине – гьебги буго нилъер гӏаммаб бечелъи. Амма щивасда лъазе ккола жиндирго росдал мацӏги литературияб магӏарул мацӏги.

— Форумалда кьолеб букӏана «Служение» абураб премия. Дагъистаналъул цониги вакиласе щванищ гьеб?

— Щвечӏо. Премия кьолеб букӏана къого батӏияб номинациялда: СВОялда ругел рагъухъабазе гьабураб кумекалъухъ, росулъ, муниципалитеталда гьабураб цогидаб хӏалтӏухъ ва гь.ц. Россиялъул регионазда гьоркьоб СВОялде гуманитарияб кумек битӏана Дагъистаналъ. Амма премия нилъее кьечӏо. Дица форумалъул гӏуцӏарухъабазда цӏехана, щай гьеб гьедин ккарабан абун. Гьез жаваб кьуна, Дагъистаналъгӏан гӏемер кумек СВОялъул гӏахьалчагӏазе цониги регионалъ гьабичӏеблъи жидеда кутакалда лъикӏ лъалила, амма премия кьеялъе хӏажатал документал хӏадурун рачӏинчӏила республикаялъ. Заманалда гьелъул тӏалаб гьабун гьечӏо. Хьул буго тӏасияб соналде гьеб иш тӏубалин абун.

Бежтӏа участокалда гӏумру гьабула ичӏазарго гӏанасев чияс. 575 чи вуго гӏахьаллъулев Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб операциялда. 16 рагъухъан чӏван вачӏана, руго лъукъа-къотӏаралги. Цо-цо хъизамалдаса кӏи-кӏи, лъаб-лъаб вас вуго рагъда. Гьезул бахӏарчияб хӏаракаталъул хӏасил буго жакъа нилъер парахатаб гӏумру букӏин.

— Форумалъ кинаб асар гьабураб нужее?

— Доре унеб мехалда гӏемерисез абулеб букӏана Президентасул рищиязда жиндир рахъкквеялъул мурадгун гӏуцӏулеб тадбир батулин гьеб форуман абун. Хӏакъикъаталдаги, В. Путин вачӏана форумалъул гӏахьалчагӏигун дандчӏвазе, амма рищиязул цӏарцин бахъичӏо. Гьес бицана – къокъго, амма гӏумруялъул щибаб рахъги гъорлъе бачун – муниципалияб хъулухъалъул, гьелде ругел тӏалабазул ва гьелда тӏадал ишазул хӏакъалъулъ. «Нуж руго бадиса бадибе халкъгун кӏалъалел чагӏи. ва нужер хӏаракаталда бараб буго Россиялъул халкъалъул гӏумру, гьелъие шартӏал гӏуцӏи», — ян абуна президентас. Гьесул кӏалъаялъ кӏудияб асарги гьабуна – киналго рахъунчӏун хъатчӏвана гьесие.

Форумалда абуна «Шагьаралъул санагӏатаб сверухълъи» абураб программа 2030 соналде щвезегӏан букӏине бугин абун. Гьеб буго лъикӏаб хабар! Гьелда гъорлъе уна росабалъе нухал гьариги, къватӏал къачӏайги, лъим-газ-ток бачинги. Гьеб гурищ бищунго халкъалъе хӏажатаб жо?

Форумалда бицаралдаса-рагӏарал даса хӏалтӏулъ пайда босизе бугин бицана Ш. Арадаховасги М. Мухӏамадовасги. Советияб власть биххаралдаса нахъе пачалихъалъ гӏуцӏун рукӏинчӏо федералияб даражаялда тӏоритӏулел бакӏалъул нухмалъулезул дандеруссинал. Цоцада рихьизе-лъазеги, цоцазул хӏалбихьи лъазабиялъеги ва гӏаммаб пачалихъияб политика билълъанхъизабиялъеги квербакъулеб тадбир букӏун буго бицен гьабураб форум.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА