Расул Макъсудов

Талихӏалъул цӏураб гӏолиллъиялъул кечӏ. Зодоб бугеб цӏваялъегицин гьелъ жиндирго цӏар кьола. Гьелда лъаларо гӏодосан ине. Гьеб гӏицӏго гьаваялдасан букӏуна. Гьеб кечӏалъ жиндирго балъголъи гӏицӏго мугӏрузул тӏогьазда тӏавап гьабулел ругел цӏумазе гурони гьурщуларо. Гьелда канли бихьуларо. Нухда дандчӏварал захӏмалъабиги гӏанлъулаго, гьелъ тӏаса бищула гӏицӏго борхалъи. Гӏумруялъул борхалъи. Къисматалъул борхалъи. Лъилха букӏунареб гьединаб гьайбатаб кечӏ гӏолохъанлъуда. Ботӏрол расазда гӏумруялъул савуялъ баулел лахӏзатазгицин чан нухалъ гьелъул сариназухъе тӏадруссинел нилъ.

Буго гьединаб кечӏ Хунзахъ районалъул Самилахъ росулъа (Гъулхъутан) Расул Макъсудовасулги.

Наслабазул бухьен

Самилахъ росдал гьоркьохъе б школаги лъугӏизабун, Расул цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде, авто дорожнияб колледжалде. 2020 соналда Расул ахӏана РФялъул армиялъул кьеразулъе. Гӏолиласул рес букӏана, армиялда гьабулеб хъу лухъалъул болжал лъугӏидал, ракълилаб гӏумруялде тӏадвуссине. Амма Расулил кечӏалъ сапар хисана – гьаб нухалда гьелъ тӏаса бищана Ватӏаналъул парахалъиялъул хъаравуллъуде боржине, жиндирго кваркьидакь Расулил гӏумруги цӏунун – гьале кӏиабилеб сон буго гӏолилас СВОялда гӏахьаллъи гьабулеб бугелдаса. Чанго нухалда рагӏана дида гьев гӏолиласул гьунаразул хӏакъалъулъ бицунеб. Бокьун букӏана гьесул хӏакъалъулъ хъвазе. Гӏумруялъул 22 сон гурони гьечӏев гӏолиласул каранда кенчӏана тӏадегӏанал шапакъатал. 2022 соналъул июналда Расулие щвана «За боевые отличия» медаль, 2023 соналъул октябралда гьев мустахӏикълъана Жуковасул медалалъе. Расулидаго цадахъ гьенив вуго гьесул имгӏал Хӏажиги.

Гьавуна ва гӏуна Расул гӏадатияб магӏарул хъизамалда. Эбел Патӏимат хӏалтӏулей йиго Самилахъ росдал библиотекаялда, кӏодоэбел Рукъият ккола шагӏир. Кӏодоэбелалъул цӏар рагӏидал, ракӏалде щвана Самилахъ росулъ гьелъул цӏияб тӏехьалъул цебелъеялъулаб тадбиралда дунгоги гӏахьаллъун йикӏараблъиги.

Цо нухалда дица бицен гьабуна Мухӏамад Манаповасе Расулил хӏакъалъулъ хъвазе бокьун бугилан абун. Гьев гӏемер щолелъулха Самилахъалде кӏодоэбелалъухъе. Ва гьесги рицана дие гӏемерал ракӏалдещвеял Расулил хӏакъалъулъ.

— Тӏоцебесеб иргаялда, гӏадан хӏисабалда, гьев вуго кутакалда ракӏ лъикӏав, гӏадамасда цалхун кӏалъаларев, ракӏбацӏцӏадав, гьитӏиназегун кӏудиязе кумекалъе ватулев гӏолохъанчи. Дида гьев цӏакъго лъикӏ лъала. Студентлъиялъул заманалда Расулгун цадахъ цо бакӏалда гӏумру гьабуна дица. Дида бицунебги рагӏун букӏана гьитӏинав Расулица, зама-заманалдасан рокъор ругелги данде гьарун, жив Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи вугилан, рагъда ккараб-таралъул бицунилан. Гьединал кепал лъугьа-бахъинал дагьалги рукӏана. Гьес нижги, цадахъ гӏумру гьабун ругел студенталги ва тӏаде рачӏарал гӏолилалги, данде ракӏарун бицунаан нижее хабар, жив рагъул гӏахьалчи вугиланги абун. «Рагъул ветеранас» нижее бицунаан жиндаго бихьараб къоялъулги рагъул кьогӏлъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьеб хӏалалда тӏаде кӏвар кьун бицине, дуда щибгӏаги лъалеб рагъул кьогӏлъиги захӏмалъигиян релъулаан ниж. Гьесул букӏараб махщелги, киналго гӏенеккиледухъ хабар бицинеги. Бихьулищха, гьесда бичӏчӏулеб букӏун буго жиндир къисматалъулъги дов «ветеранасул» къисмат такрарлъизе букӏин.

Патӏиматица бицуна, ургъалилъе ккун, жий къварилъахъдизе байбихьидал, жакъа жиндир кьерилалги гьенир рукӏаго, Ватӏаналда цебе тӏадаб борч тӏубазе ресги букӏаго, рокъов чӏезе къасд кколеб гьечӏилан абун. Кир ругониги, Аллагьас ккезе хъвараб жоялдаса нилъ рорчӏуларилан ракӏ-макӏ гьабулила Расулица…

Ва гьале – гӏемераб мех иналдего живго Расулги ккана гьениве. Амма гьанже гьес гьениб бихьулеб захӏмалъи-къварилъи бахчизе хӏаракат бахъула. Кигӏан ниж цӏехолданиги, Расулица гьанже бицунаро СВОялда дандчӏвалел захӏмалъабазул. Дица гьесда ракӏалде щвезарула кидаялиго нижее хабар бицунев вукӏарав «рагъул ветеран». Пикру гьабизеги бачӏуна гӏумруялъ инсан хисизавулеб куцалъул. Додинав аваданав, махсара гӏемерав Расул кӏудияв гӏун вугоан жиндирго саназдасагицин, — ан бицана Мухӏамадица.

Гьалеха гьадинал руго жакъасел гӏолилал. Гьадинабго буго гьезул кечӏги. Бахӏарчиял умумуз нилъехъе цӏунизе кьураб, нилъецаги хадусел наслабазухъе кьезе бугеб. Даимлъиялде боржине бугеб кечӏ. Такрарлъулеб буго наслабазулъ бахӏарчиял умумузул къисмат. Наслабазул бухьен – гьелъулъ бугебщинаб бахӏарчилъи!…

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА