Гӏабдурахӏман Данияловасул вас Юсуп, ДГУялъул физикиябгун математикаялъул факультет лъугӏидал, хӏалтӏана Лъаратӏа районалда мугӏалимлъун.

1967 соналда гьес лъугӏизабуна ВГИКалъул режиссеразул факультет. Гьес бахъана чанго кинофильм ва гӏахьаллъи гьабуна «Журналист», «Афоня», «Небеса обетованные», «Табор уходит в небо» гӏадал фильмазда. «Мосфильмалда» режиссерлъун хӏалтӏулаго, гьес бахъана «Не было печали», «В ночь на новолуние» абурал фильмалги. Кӏиабилев режиссер хӏисабалда, гӏахьаллъи гьабуна «Бригада» фильм бахъиялдаги.

Амма Юсупил мурад букӏана Шамилил ва Хӏажимурадил хӏакъалъулъ фильмал рахъизе. Кигӏан хӏаракат бахъаниги, бажаричӏо гьеб иш гьабун чорхол сахлъи загӏиплъиялда бан. Гьелъул ургъалида вукӏаго ккана тӏоцебесеб инфарктги.

Кӏиабизе инфаркт ккана, МВДялда хӏалтӏулев вукӏарав вас гӏумруялдаса ватӏалъидал.

Ю. Данияловасул рукъ кидаго букӏана гьалбадерие нуцӏа къалареб. Гьесухъ гӏемер данделъулаан Расул Хӏамзатов, Гӏабдухаликъ Хӏажиев, Мухӏамад Каримов, Мухӏамад Сулайманов, Россиялъул Бахӏарзал, космонавтал Игорь Волков ва Мухӏамад Тӏолбоев.

Юсупие, эмен Гӏабдурахӏман, вукӏана эменлъун гуревги, гьудулгьалмагълъунги. Гьев ками цӏакъ захӏмалъана Юсупие ва гьелъул хӏасилалда лъабабизеги инфаркт ккана…

Гьев вукъун вуго инсуда аскӏов Махӏачхъалаялъул хабалалъ.

Рукъият ГӏАЛИСУЛТАНОВА