Щибаб росулъ гӏадин батула рокъо-рокъоб гӏуцӏараб музей. Гьениб букӏуна умумузул тӏагӏел-алатги, некӏсияб тарихалъул хӏужабиги, хӏалтӏизабулеб букӏараб цебесеб къайиги. Масала, Бежтӏа росулъ руго муниципалияб идарабазул лъабго ва жеги лъабго – рокъор гӏуцӏарал музеял. Росдал тарихалъул ва маданияб ирсалъул бицунел музеял гӏуцӏун руго Лъаратӏа районалъул Тӏохьотӏа росулъа Къурбан Кӏулизановас, Шамил районалъул Зивури росулъа Хӏамзат Хӏамзатовас ва цогидазги.
Цӏунтӏа районалъул Шагьикь росулъа Абулмуслим Мухӏамадовас лъугӏизабуна Северияб Осетиялъул Алагир шагьаралъул Рохьил техникум. Гьенив цӏалулаго, Абулмуслим ва курсцоял ана Цейское кӏкӏалахъе сапаралъ. Гьениб батана гьитӏинабго рукъ ва гьенибе данде гьабун бугоан гӏемераб къайи. Гьелъухъ халгьабулаго, Абулмуслимидаги ракӏалде ккана Шагьикь росулъ гьединабго музей гӏуцӏизе.
Техникумги лъугӏизабун, Абулмуслим хӏалтӏана росдал школалда географиялъул учительлъун. Вукӏана рохьихъанлъунги. Пенсиялде аралдаса хадуб гьесул ракӏгъолеб пишалъун лъугьана гӏагараб ракьалъул музей гӏуцӏи.
1996 соналда Абулмуслимица бана мина. Гьелдаса нахъе бакӏарана музеялъе къайиги. «Дица кӏиго рукъ хӏадурана музеялъул къайи лъезе. Умумузул некӏсиял алатал ракӏарулел ругин рагӏидал, росуцояз байбихьана дихъе гьел раччизе. Гьеб хабар тӏибитӏана районалдаго, ва щибаб росулъа рачӏана батӏи-батӏиял экспонатал. Гьедин къайи гӏемерлъана ва берцинго гьеб сокӏкӏине ресги букӏинчӏо. Гьединлъидал исана музеялъе тӏадеги рукъзал разе ккана», — ян бицана А. Мухӏамадовас.
Музеялда руго машгьурал районцоязул стендал, Кавказалъул рагъул гӏахьалчагӏазул ретӏел -хьит, ярагъ, байрахъал ва батӏибатӏиял рагъазулъ гӏахьаллъарал цӏунтӏадерил бахӏарзазул тарих рагьулел хӏужаби. Хасаб бакӏ ккола умумуз хӏалтӏизарулел рукӏарал алатаз. Цояб рахъалда сокӏкӏун буго руччабазул кверзул устарлъи загьирлъулеб къайи. Щибалъул буго хаслъиги. Масала, шватаби хьухьула Дагъистаналъул гӏемерал росабалъ. Амма цӏунтӏадерил «гедоби» гӏадинал лъилниги рихьичӏо. Гьел хьухьулаан жидецаго дургъараб кунги хӏалтӏизабун, батӏи-батӏиял расеналгун. Бежтӏадерил руччабаз щватаби – «цӏинда» – хьухьула, цо чанго тӏеренаб кунги цадахъ ккезабун. Руго гьел хьухьулел батӏибатӏиял къагӏидабиги. Цӏунтӏадерил «гедоби» риццалъиялъул рахъалъ релълъун рихьана бежтӏадерил хьухьарал хьитазда («гьаькӏаьялда»).
Цӏунтӏа район бечедаб буго рохьазулги иццал-лъаразулги рахъаз. А. Мухӏамадовасул музеялде щварав чиясда бихьула гьел рохьаздагун мугӏрузда гӏумру гьабулел гӏалхул хӏайваналги хӏанчӏиги – гьезул цо-цоял, чӏагоял гӏадин, эхетун руго музеялъул рокъор.
Ахираб заманалда гьединал гӏадамазул хӏаракаталъул къимат гьабизе байбихьана, хасго магӏарухъе туристал рачӏине лъугьиндал. Гӏадатияб ишлъун лъугьунеб буго вачӏарав гьоболасда росдал музей яги музеялда гӏадин къайи сокӏкӏараб пуланав чиясул рукъ бихьизаби. Камуларо гьалбал Абулмуслимил музеялдаги. Туристал гурелги, гьанже гьесухъе рачӏуна росдал школалъул цӏалдохъабиги районалде щварал гьалбалги. Музеялъул къайи-алаталъулгун лъайхъвай гьабулаго, гӏолеб гӏел куцала ватӏан бокьулеблъун, умумузул адаб-хӏурмат гьабулеблъун. Гъираялда лъазабула гьез гӏагараб ракьалъул тарихги маданияб ирсги.
Араб гӏасруялъул кӏикъоабилел соназ Чачаналде гочинабуна цӏунтӏадерил тӏолабго жамагӏат. Гӏагараб ракьалде тӏадруссунгутӏизеян абун, рухӏана гьезул росаби, билана, тӏагӏана тарихалъе кӏвар бугеб чанго тӏагӏел-алат. Жакъа А. Мухӏамадовас гӏадин, цӏунтӏадерил щибаб росдал цо-цо тарих бокьулез хӏаракат бахъулеб буго некӏсиял, умумузул рукӏарал экспонатал, тарихалъе кӏвар бугел материалал ракӏаризе.
Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА