2023 соналъул 22 ноябралда Россиялъул президент В. Путиница бахъараб указалда рекъон, 2024 сон лъазабун буго Хъизамалъул лъагӏеллъун . Гьелъул аслияб масъала ккола хъизамазда сверухъ гьабулеб пачалихъияб политика жеги лъикӏлъизаби, лъикӏал гӏадатал гӏатӏид гьари. Гьединлъидал «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ исана кӏвар буссинабизе буго республикаялъул, хасго магӏарулазул хъизамазул бугеб ахӏвал-хӏал лъазабиялде ва гьелъул хӏакъалъулъ газета цӏалулезда бицине.
Щибаб хъизамалда щулияб цолъи бугони, гьеб ккола нилъер республикаялдаго роцӏараб гӏумру букӏиналъе кьучӏлъун ва гӏумруялъулго бечелъилъун. Жакъа, кинабго рахъалдасан заманаялъ кьолел хӏинкъаби ругеб мехалда, хъизан, гьелъул тӏабигӏат ва гӏамал щула гьаби аслиял масъалабазул цояблъунги кколеб буго.
Гӏумруялдаго цадахъ хъизамалъул хӏажалъабиги хисула. Цин бокьула мина букӏине, хадуб хӏажалъула машина, хӏухьбахъи гьабизе рес. Лъимал гӏедал, бокьула гьезул гӏумру берцин гьабизе.
Гӏадада гуро Россиялда хъизамалъул тӏабигӏаталда хурхарал байрамалги гӏемер ругел:
15 май — Халкъазда гьоркьосеб Хъизамалъул къо.
10 апрель — Вацазул ва яцазул къо.
25 апрель — Ясазул къо.
Октябралъул лъабабилеб гӏодобкъо — Инсул къо.
8 июль — Хъизамалъул цолъиялъул ва цоцазе ритӏухълъиялъул къо.
1 октябрь — Ригьаразул къо.
Ноябралъул ахирисеб гӏодобкъо — Эбелалъу л къо.
22 ноябрь — Васазул къо.
22 ноябрь — Васазул къо.
22 декабрь — Тӏолгороссиялъул эбел-инсуе «Гӏумруялъухъ баркала» кьеялъул къо.
Бихьулеб букӏахъе, хъизамалъул щулалъиялде улкаялда кӏудияб кӏвар кьолеб буго.
Хъизамалъул сон официалияб къагӏидаялда рагьизе буго 19 январалда ВДНХялда тӏобитӏулеб бугеб «Гӏагарал-хириял» абураб Тӏолгороссиялъул хъизамазул форумалдалъун.
Ахирисеб переписалъул баяназда рекъон, Россиялда буго 42 млн хъизам. Гьезда гьоркьоса 6,65 млн хъизамалда буго кӏиго лъимер, 15,5 млн хъизамалда — цо лъимер, 1,7 млн хъизамал рикӏкӏуна лъимал гӏемераллъун.
2021 соналда тӏобитӏараб гьеб переписалъул хӏасилалда баянлъана, Россиялда цо чиясдаса гӏуцӏарал хъизамал рукӏинги. Гьединазул къадар бахуна 27,6 миллионалде. Гьеб рахъалъ нилъеца нахъа тун руго Европаялъул пачалихъалцин. Гьаб гӏасру байбихьаралдаса гьединал хъизамазул къадар цӏикӏкӏун буго кӏиго нухалда, ай 22,3 проценталъ.
2002 соналда тӏубарал хъизамазул къадар букӏараб батани 39,7 процент, 2021 соналда гьезул къадар гӏодобе ккана 20,7 проценталъ.
Россиялда буго 2 256 626 лъимал гӏемераб хъизам, гьезул руго 7 413 580 васалгун ясал.
Цогидал республикабазда, краязда, областазда гьоркьоб Дагъистан босани, нилъер гьеб рахъалъ ахӏвал-хӏал гӏемерго лъикӏаб буго. 117 771 хъизам буго гӏемерал лъимал ругеб. Масала, 5-7 лъимер бугеб 7618 хъизам буго. Гьеб рахъалъ нилъералдаса лъикӏал хӏасилал руго гӏицӏго Ингушетиялъул.
8-10 лъимер бугеб 109 хъизамги буго Дагъистаналда.
Зикрула ИЛЬЯСОВ