Дир кечӏ — хӏалтӏи буго, хӏал канлъи буго,

Кочӏое жугьаби тӏураб гӏетӏ буго.

Дир бакъан — чармие чучулеб хӏасрат,

Чагургун дир кверзукь кьурдулеб алат.

Гьеб хадусел къояз къотӏизе гьечӏо,

Къаникье дун индал бачина васас.

Заман хехдарунин биххизе гьечӏо,

Хадур гъураз гурищ борхулеб дунял.

Ш. ТӏАЛХӏАТОВ

А. Пушкиница шагӏир релълъинавун вуго цӏакъго тӏадегӏанаб гӏамал-хасияталъул инсанасда. Амма жакъа кочӏолгун кочӏохъанасул къиматги, гьезул къалмикьа къватӏире рачӏарал рагӏабазул магӏнаги бичӏчӏулел ва гьелъул къиматги гьабулел чагӏи цӏакъго дагь руго. Гьеб рекӏеда унтиялъин Ш. Тӏалхӏатовас гьадин абулебги бугеб:

Дида халкъалъ абула

Мун гӏабдал ватилилан,

Гӏарац кьолеб гьечӏони,

Кучӏдул хъвалел щайдила.

… Дие кечӏ — рикъзи буго,

Вакъун вукӏананиги,

Ракӏ дир гьелъий хӏалтӏула,

Хӏан-нах гьелъ кьечӏониги.

Амма нилъеда гьоркьор унго-унгоги кочӏол магӏнаги бичӏчӏулел ва рагӏул къиматги гьабулел чагӏи жеги рукӏин бихьизабуна Гъуниб районалда, Гӏ. Хачаловасул цӏаралда бугеб централияб библиотекаялда, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, шагӏир Шагьрухан Тӏалхӏатовасул юбилеялда хурхун тӏобитӏараб мажлисалъ.

Данделъиялъул аслияб мурадлъун букӏана шагӏирасул асаразулгун цӏалдолезул лъай-хъвай гьаби ва гьесул шигӏрияб бечелъи машгьур гьаби. Щайгурелъул, Гъуниб районалъул Салтӏа росулъ гьавурав Шагьруханил гӏумру республикаялда ва гьеб гуреб къватӏибги, батӏи батӏиял бакӏазда хӏалтӏун ун букӏиналъ, цӏалдолезда абизегӏан лъикӏ лъаларо. Тӏадежоялъе, гьев вуго ахӏи-хӏур гьечӏев, дунго-дунилан цеве кӏанцӏуларев, ракӏ рагьарав, хӏалимав инсан. Гьединлъидалин Шагьруханица жиндирго гӏумруялъул хӏакъалъулъ абулеб бугеб:

Дун дирго гӏумруялда

Ракӏ рекъарав чи вуго.

Рикӏкӏен гьабунагӏан къо

Къеркьон аравги вуго.

…Бацӏцӏалъи намусалъул

Сабураб хинкӏил лазат.

Хисиларо дица гьеб

Гьагъаб хӏарамаб гьанахъ.

Дие дирабго гӏадаб

Тӏагӏамаб букӏунаро.

Тӏад хӏакъ ккараб щибгӏаги

Щаяли бокьуларо.

Кив хӏалтӏаниги, щиб ишалда вугониги, кучӏдул хъвай гьес течӏо. Гьел рахъана газетаздагун журналазда. Къватӏибе биччан буго 15 тӏехь.

Абизе ккола Ш Тӏалхӏатовас 80 сон тӏубаялда хурхун тӏобитӏараб тадбир унго-унгояб «шигӏрабазул сордоялде» сверанилан. Гьеб къоялъ шагӏирасда юбилей баркизе рачӏун рукӏана гӏезегӏан гьалбал. Шагӏирасул ватӏан Салтӏа росдал жамагӏаталъулги гьениве вачӏинчӏев чиго хутӏичӏо. Мажлисалда бан библиотекаялда гӏуцӏун букӏана «Салам, дир мугӏрул!» абураб юбилярасул тӏахьазул цебелъейги.

Берцинго бачунеб некӏсияб магӏарул бакъаналда гъоркь, Ш. Тӏалхӏатовасул гӏумруялъул хӏа къалъулъ бицунеб видеоролик бихьизабун лъугӏидал, данделъи рагьана ва нухда бачана Гъуниб районалъул маданиябгун хӏухьбахъиялъулаб централъул директор, Дагъистаналъулгун Россиялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Патӏимат Абакаровалъ. Гьелъ рехсана шагӏирасул гӏумруялдаса цо-цо кӏвар бугел лъугьа-бахъинал. Бихьизабуна Тӏалхӏатовасул шигӏрияб гьунаралъул аслияблъун гӏагараб ракьалде рокьи, эбелалъул сурат рагьи, руччабаздехун адаб-хӏурматгун рокьи, лъикӏлъи гьаби ва гӏаданлъи кколилан. Гъуниб районалъул бетӏер Расул Хӏусеновас, Шагьрухан Тӏалхӏатовасда юбилейги баркун, райадминистрациялъул рахъалдасан кьуна Баркалаялъул кагъат.

Данделъиялда гӏахьаллъи гьабуна ва гӏандалазул бечедаб тарихалъулги, маданияталъулгун адабияталъулги, шагӏирасул асаразул бугеб кӏваралъулги бицун, кӏалъай гьабуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас.

Шагьруханил къватӏире риччарал тӏахьазул редактор, шагӏир, «Гьудуллъи» журналалъул жавабияй секретарь Тубхӏат Зургьаловалъ бихьизабуна шагӏирасул кучӏдузул хаслъи, гӏадан лъикӏлъиялде ахӏиялъе гьесул кучӏдузулъ бугеб асар.

Ш. Тӏалхӏатовасул гӏумруялъул нухалъул цоцо «балъголъабиги» рагьун, гьесул кучӏдузул хӏакъалъулъ бицун кӏалъана Шагьруханил росуцояв, педагогияб захӏматалъул ветеран Мухӏамад Мухӏамадрасулов, Салтӏа росдал бегавул Шамил Каримов, росдал школалъул авар мацӏалъул мугӏалим Хадижат Анатова ва цогидалги.

«Цолъе, магӏарулал!» абураб жамгӏияб къокъаялъул нухмалъулезул цояй Мадина Урдашевалъги шагӏирасе гьарана халатаб гӏумругун берцинаб херлъи ва гьелъ Тӏалхӏатовасе кьуна «Цолъе, магӏарулал!» къокъаялъул рахъалдасан Баркалаялъул кагъат, каранда бана гьебго къокъаялъул хасаб гӏаламат.

Чорхол сахлъи гьечӏолъиялда бан мажлисалда гӏахьаллъи гьабизе кӏвечӏей Шагьруханил мадугьал, мугӏалим-ветеран Аминат Хӏажиевалъ гьенибе цӏализе битӏун бачӏана шагӏирасе сахсаламалъи ва цӏи-цӏиял борхалъаби гьарун хъвараб кагъат.

Кӏалъаязда гьоркьо-гьоркьоб Гъуниб, Салтӏа ва Хӏотӏочӏиб росабазул школазул цӏалдохъабаз пасихӏго цӏалана шагӏирасул кучӏдул.

Лъикӏаб тадбиралъе лъикӏаб кечӏилан абухъего, шагӏирасул рагӏабазда кучӏдул ахӏана Ирайгьанат Мухӏамадовалъ, Раисат Гъазимухӏамадовалъ, Тӏалхӏат Гӏумаровас, Юсуп Синдикъовас, Махӏач Мухӏамадовас ва шагӏирасул яцалъул вас Иманшапи Гӏалиевас.

Гьелдаса хадуб букӏана гӏаммаб сухӏматгун миллиял кьурдаби. Гьенив гӏолохъанчиясул чӏанкӏгун кьурдулев Шагьруханихъ балагьун, кинха ракӏалде щвеларел, гьес 70 сонил ригьалде вахиндал хъван букӏараб кочӏодаса мухъал:

Лъабкъоялда анцӏго — гӏемерищ, дагьищ,

— Дидани гьеб ккола квергӏанаб нухин.

Кини таралдаса, гьанжелъизегӏан,

Гьаб дуниялалда дица нахъ тараб…

Абула рохелалъ херавги бахӏар гьавулилан. Гьединлъидалин дидаги юбилярасе 80 сон — гьеб унго-унгоги квергӏан гьитӏинаб нух бугин ккана. Гьелъги батила, «Биччанте ракӏ гӏолохъанав, рохелгун гьими гьарзаяв ва гӏамал бахилав шагӏирас жеги цоги ункъогоги сон базе», — йилан абун, ракӏракӏалъ гьаризе бачӏараб. Данделъиялъул ахиралда юбилярас цӏадолезе жиндирго тӏахьал рикьана ва ракӏалде щвеялъулал суратал рахъана.

Мухӏамад АБАКАРОВ, мугӏалим ва журналист