Кьиндалиде магӏарулал хӏадурлъулеб куц

Хасалихълъиялъ къо-лъикӏ гьабун бахъанин абизе бегьула. Кьиндалил цӏорораб квач тӏибитӏун буго мугӏрузде. Хасел тӏаде гӏунтӏулеб букӏин бицунеб буго тӏабигӏаталъ… Гьединаб гӏужалъ байбихьула магӏарухъ хъвехъари гьабизе. Гьелъул хӏакъалъулъ дагьабго бицине ракӏалде ккана.

Ракӏ гӏорцӏун бугони,

берги гӏорцӏула

Исана хъвехъари дагьаб кватӏанин абизе бегьила. Цогидаб бакӏалда лъаларо, декабрь щвечӏого гьеб байбихьичӏо, мисалалъе, Гьонода.

Нужедаго цебечӏечӏищ, гьабсагӏат азбар бакьулъ хъураб ригьгӏанасеб оцги, хасалоде бакъвазабизе гьанал чӏалал гьарулел цоял, буссине гьан батӏа гьабулел цогидал. Бежа-белъун, цӏигьанал тӏагӏам гъасда хӏадурулел руччаби. Аваданлъиги ракӏгъейги.

Бакъвараб гьанги цӏураб бакьги… Гьеб кӏиябго нигӏмат камураб мина-рукъ цебечӏезабизе захӏмат буго жакъа. Анкьумумуздаса байбихьун, цебеса цебе кьун, нилъехъе щвараб, жакъаги хвезе течӏого цӏунараб гӏадатги гӏамалги. Щивасул ратила гьелда хурхун жиндирго ракӏалдещвеял.

Моцӏица, цӏакъго рес бугез кӏиго моцӏица цебеккунго толаан хасалоде хъвезе бугеб хӏайван жаниб. Гьелъие чури-лъим рекъезабулел, чед-хинкӏ данде гьабулел рукӏунаан.

Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадовасул «Мугӏрул сухъмахъал» абураб тӏохьода буго гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб цо гьадинаб кесек.

«Доб букӏана 1931 соналъул кватӏараб хасалихълъи. Гӏемерисел гӏадамазул царгъал чӏорого рукӏана. Хуриса бахъараб хӏалухъен къадарабго гурони букӏинчӏо. Хасел киндайин нухда тӏамилаян ургъалида рукӏана гӏемерисел гӏадамал.

Хӏасаниласул бугизего бугеб рохел букӏана, риидалго жаниб тараб, дунял цӏорозе байбихьарабго хъвезе ракӏалда бугеб куй. Бокьоб жанибги гьунарого бугин кколедухъ кьаралъун бугеб гьелъухъ валагьун бер гӏорцӏуларого хутӏулаан гьев. Жиндаго кваназе кӏвечӏого гьелъие кьезеян нахъе лъун толаан чанги хинкӏ. «ИншаАллагь, гьаб куйдуца хьихьила исана дир хъизан. Цохӏо гьалъул рачӏчӏалда, хӏакъаб жо, анкьго килограмм мохмохил бахъила. Тӏерен гьабун буссун, цадахъ картошка бежулеб куцги цебечӏезабун, бералги къанщун чӏолаан гьев. Бер гӏорцӏун бугони, ракӏги гӏорцӏула чиясул. Гьединал пикраби-хиялаз вохизавун, разиго унаан гьев годекӏаниве».

Гьедин цебечӏезабулеб буго Муса Мухӏамадовас араб гӏасруялъул ракъарал соназ магӏарухъ букӏараб гӏумруялъул цо бутӏа, гӏадатияв магӏаруласул хьулазул бечелъи. Хӏакъикъаталдаги хасалиде хъураб хӏайваналъ, их тӏаде щвезегӏан, бащдаб бог тӏаса рехула. Чӏалда дализарун ругел бакъвараб гьанал чӏалаздаса ва цӏурал бакьаздаса бугеб рохелги, гьездаса чӏвалеб берцинаб махӏги сундухъниги кьолеб жо гуро.

Эбел-инсудаса балъго рокъоса босизе щвараб бакьил кесекги босун, хъещтӏеротӏе унел рукӏарал лъимерлъиялъул сонал лъида щоларел ракӏалде? Цӏадуде тӏадеги ккун бежараб гьеб бакьидаса букӏунеб букӏараб татуги, гьелъул тӏагӏамги…

Цебеги гьанжеги

Тӏадехун абухъе, хъвехъариялде байбихьун буго магӏарухъ. Жанир тарал бугъбузул, бусбузул багьа цӏехолел, даран гьабулел рагӏула гӏадамал росулъе щведал.

Хӏайваналъул гьанал багьа буго 500 гъурщидаса бахъараб, 550-580 гъурщиде щвезегӏан. Хӏатта цо-цо бакӏазда 600 гъурщиде бугинги рагӏана. Шагьаралдаги буго гьебго багьа. Махӏачхъалаялъул кӏиабилеб базаралда хӏайваналъул — 460, гӏиял гьанал — 500 гъурущ.

Гӏемерал соназ гьеб ишалда гъорлъ вугев боцӏухъан, Гъуниб районалдаса Асадгӏалица гьадин бицана хъвехъариялъул хӏакъалъулъ.

— Ахираб 10-15 соналда жаниб цӏакъ гӏемераб чӏегӏерхӏайван хъуна дица. Къойида жаниб щуго жо хъурабги къо букӏана дир къайиялда. Гьедигӏанги гъира букӏунаан гьанада квалквадизе. Гьанже цебе гӏадаб гъира гьечӏо, заман арабгӏан бокьулеб букӏараб жоялдехун гъира ссунеб буго.

Хасалиде гьабулеб хъвехъариялъул бицани, цебе дун гьитӏинаб мехалъ, гьанже гӏадин жаниб тун хӏайван хьихьизе рес букӏинчӏо. Гьод хӏулизегӏан колхозалъеги хӏалтӏун, хадуб гурони дуего рагӏи-хер хӏадуризе рес кколароан. Гьедин къоги бихьун, данде гьабураб херги кьун хьихьулаан боцӏи. Доб мехалъ, гьанже гӏадин, гьарзаго гьезие кьезе комбикорма, тӏахьди ва кӏалцӏи букӏинчӏо. Аслияб къагӏидаялъ ламадур, чӏакӏултӏан, хъапустӏан ва пихъги кьун хьихьулаан хъвезе бугеб хӏайван. Гъутӏбуздаса гъараб тӏамах кьолаан. Гьеб букӏана кутакалда татуяб жо гьезие. Гьедин хьихьулаан цебе боцӏи.

Гьанже кӏвахӏаллъулел руго боцӏи хьихьизе. Кигӏан бокьаниги ресал руго, амма боцӏудаса хайир гьечӏилан багьана бачуна. Дица абила: хайир буго. Нилъеца кьурабго гӏадин кьола гьез нилъееги. Таваккал, ракӏбацӏцӏалъи, гьабулеб ишалдехун божилъи букӏин буго гьениб аслияб жо.

Соналдаса соналде кӏалцӏи-хералъул багьа цӏикӏкӏунеб буго. Хираго чӏолеб буго гьезие гьабулеб хъулухъ. Амма, цоги нухалъ такрар гьабила, цебе умумузда гӏадин къо бихьуларо жакъа боцӏи хьихьулев чиясда. Гьалулеб бакъукьги балеб цӏадакьги гьезда цеве эхетун вукӏине кколаро. Электропастухалъ боцӏи жаниб кваналеб гӏалахги сверун къан, хабар къотӏун, дурго хъошниве ялъуни мархьи-кулиялдеги ун, хӏухьбахъизе рес буго бакъанидалъагӏан.

Кӏиабизе, боцӏи хъолелъул гьеб ччукӏа-рукӏизе, гьан батӏа гьабизе, бакьал цӏезе руго батӏи-батӏиял ресал ва техника.

Асадгӏалиго гӏадин, боцӏи хьихьун, бетӏербахъулел гӏадамал дагьал гьечӏо магӏарухъ. Гӏумруго шагьаралда арал, магӏарухъецин щвечӏезги цӏехолеб буго жакъа магӏарухъ бакъвазабураб гьанги цӏураб бакьги.

Тӏарс цӏун релъарал хинкӏалги, гьезда тӏаде къотӏ-къотӏун рехараб цӏураб бакьги, бучӏулъго бакъвазабураб гьанги – гьединал сардал хӏадурун руго нилъее тӏаде щолеб хасалица.

Боркьараб печрукъги смартфоналги нахъе яризарун, гъасда бицунеб гьуинаб харбиде машгъуллъарал нилъги. Цӏетӏа гьалулеб хьагги… Гьелдаса берцинаб жо цоги букӏинадай?

Ашахан Юсупов