Чӏегӏербоцӏул нилъее хасиятал, нилъ ругьунал тайпаби ккола гӏачи-оцал ва гӏодоблъиялда — ганщал. Гӏага-шагарго гьебго тайпаялда гъорлъ рехсезе бегьула нилъеда гӏемер лъикӏ лъаларел якалги. Амма гьел руго нилъер республикаялъул мугӏрузда рукӏине рекъарал, хьихьизе санагӏатал хӏайванал. Гьелъул (Кашемиралъул, Тибеталъул, Монголиялъул оцинги абула гьелда) тарихияб ватӏан ккола Тибет. Гьабсагӏаталда дунялалда тӏад буго яказул 17 млн бетӏер. Гьезул аслияб къадар (95 процент) буго Китаялда. Россиялда буго 20 азаргогӏанасеб бетӏер, аслияб куцалда — Тываялда, Бурятиялда ва Алтаялда. 1970-абилел соназда Северияб Кавказалъул республикабазде (Кабардино-Балкария, Карачаево-Черкесия, Чечено-Ингушетия) гьел рачӏун рукӏана Алтаялдаса. Гьедин гьел щвана Дагъистаналдеги. Жакъа нилъер гьаниб буго гьезул чанго нусго бетӏер, аслияб куцалда — Юждагъалда, Сулейман-Стальск районалда, цо бутӏа Чӏарада, Шамил, Лъаратӏа районазул мугӏрузда.

Якал руго борхалъиялде (2500-3000 метр) ругьунал хӏайванал. Гьединаллъун рукӏиналъе гьезул ракӏ ва гьуърул руго гӏачи-оцазулалдаса гӏемерго кӏудиял, гьезул бидулъ буго цӏикӏкӏараб къадар гемоглобиналъул, цӏакъго дагь руго гӏетӏ базабулел гӏаламатал. Гьез хӏехьола цӏорой, пулеб гьорол къварилъи букӏунаро, гьезие бокьуларо хинлъи, цӏакъго захӏмалъула хинлъиялъул 15 градусалдаса тӏаде араб бакӏалда гӏумру гьабизе. Гьезие хӏажалъуларо хасаб тӏалаб, кванала жидерго цӏайиялъул цо проценталда бащалъулеб бакӏлъи бугебгӏанасеб чӏахӏ-хер (мисалалъе, гӏачияз кванала 3 процент). Гьезда махӏ чӏвала цӏакъ лъикӏ, квеш рагӏула ва бихьула. Цохӏо цӏам бани гурони, кьезе кколаро кӏалцӏи, къваригӏунаро хасал бокьал. Гьезул гьан буго инсанасул черхалъ бигьаго къабул гьабулеб, къиматаб (гӏемер лъангутӏиялъ нилъер гьаниб багьа гьединаб гьечӏониги), пайдаяб. Рахь дагь гурони бечӏчӏуларо, лъагӏалие 600-700 литр (сордо-къоялъ 6-7 литр). Амма гьеб буго беэнлъи гӏемераб (3,5-7 процент, букӏине бегьула анцӏгоги).

Гьаб киналдаго тӏаде «Гӏурада» СПКялъул нухмалъулев Гӏали Асиятиловас кьуна гьадинаб баян:

— Дагьал якал нижецаги росун рукӏана хӏалбихьи гьабиялъул мурадалда. Гьел руго цӏакъ тириял, цӏцӏани гӏадин ххарулел, лъелго ун гурони чода рекӏун берцинго рахинецин кӏоларел мугӏрул рагӏаллъабазда рукӏунел хӏайванал. Нижеца гьезул тӏалаб гьабизе кколаро (гӏицӏго бала цӏам), тӏубараб лъагӏелалъ рукӏуна жалго жидецаго хьихьун. Гьеб буго къуватаб, ццин бахъани, цебе бихьун жо толареб хӏайван, бацӏ-хъумур гьелда аскӏобе къаларо, сунцаниги гьелда кӏал чӏваларо, чӏвазе жубараб гьелъ бихъ-бихъун бала. Гьелъул гьан буго гӏезегӏан тамахаб, чуязулги гӏачи-оцазулги жубараб гӏадинаб тӏагӏамалъул. Нижеца гьел бокьахъе гъоларелъул, рахь бечӏчӏуларо. Квас буго цӏакъ керчаб, амма гьебги нижеца къунцӏуларо, риидал гьел жалго хӏулула. Къехь-тӏомалъулги, цоги боцӏулго гӏадин, тӏалаб гьечӏелъул, гьебги хутӏула гӏадада. Жалго жидедаго рукӏунелъул, унтабиги гьезда гӏемер хъинтӏуларо.

Лъаларо, абадиялъго гӏи-цӏцӏани, гӏачи-бачал хьихьун ругьунал магӏарулал журазе ругищ якал хьихьизе яги гьечӏищали. Амма мухӏканго лъала цо жо — кколаро гьелъул пайда, лъугьунаро гьеб ишин абизе кинго бегьуларо. Гӏемераб цогидалъего гӏадин, гьелъиеги жаваб заманалъ кьела.

Гӏабаш Гӏабашилов