Дагьалъ цебе Россиялда кӏодо гьабуна Машинаби гьарулезул къо. Гьелъул хӏурматалда байрамалъул тадбир тӏобитӏана Южносухокумск шагьаралда бугеб «Южносухокумский электромеханический завод» («ЮСЭМЗ») абураб АОялдаги.
Гьеб завод ккола Совет Союз биххун хадубги хӏалтӏулеб ва улкаялъул батӏи-батӏиял шагьаразда ругел заводазулгун бухьенги тӏезе течӏеб предприятие. Завод цӏуниялъе квербакъана гьелъул учредительлъун бугеб «Концерн КЭМЗ» абураб ОАОялъулги «ЮСЭМЗ» абураб АОялъул генералияв директор Залбег Жалиловасулги жигараб хӏаракатчилъиялъ.
Байрамкъоялъ заводалде рачӏана ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов, ДРялъул энергетикаялъулгун тарифазул министрасул заместитель Ражаб Набиев, «Росснефть-Дагънефть» ПАОялъул генералияв директор Муслим Гьиндиев, ДРялъул Промышленносталъулгун дармил министерствоялъул управлениялъул начальник Гӏазизхан Гӏазизханов ва цогидал гьалбал. Гьезда заводалъул цехалги рихьизарун, хадуб букӏана 107,5 кВталъул къуват бугеб гьорол кӏиабилеб энергоустановка рагьиялъул тадбир. Гьелъул багӏараб чалу къотӏана Н. Халиловасги, Ражаб Набиевасги ва Залбег Жалиловасги. Гьебго тадбиралда Н. Халиловас заводалъул хӏалтӏухъабазда байрам баркана ва хӏалтӏул церехъабазе шапакъаталгун грамотабиги кьуна. Баркана байрам Р. Набиевасги, Южносухокумск шагьаралъул бетӏер Саидахӏмад Маммадовасги, М. Гьиндиевасги.
Байрамалда церерахъана Дагъистаналъул машгьурал кочӏохъабиги. Тадбиралъул гӏахьалчагӏи рохизаруна «Кочӏолаб Чӏарада» абураб Пачалихъияб Халкъияб хоралъул солист Гӏабдула Мухӏамадмирзоевасги, рехсараб хоралъул хормейстер, халкъазда гьоркьоселги тӏолгороссиялъулги фестивалазул лауреат Мадина Шагьмурадовалъги, Южносухокумск шагьаралъул маданияб централъул солистал Зинфира Рагьимовалъги, Тӏагьир Мустапаевасги ахӏарал кучӏдуз. Бокьана гьезие Лъималазул искусствоялъул школалъул «Юность» абураб ансамблялъул «Халкъазул гьудуллъи» абураб кьурдиги.
Бокьун буго Залбег Жалиловасул къисматалъул хӏакъалъулъ бицине.
Залбег Жалилов гьавуна 1953 соналъул 15 маялда Чӏарада районалъул Гьунухъ росулъ лъимал гӏемераб Гӏабдулкаирил хъизамалда. Гьесул эмен вукӏана росдал къадруяв учительлъун.
Гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, Гӏабдулкаирил микьалго лъималазул щивас тӏаса бищана ракӏалъе бокьараб пиша. Залбегие бокьун букӏана Ленинградалъул гуми ралеб институталъул филиалалда цӏализе ине, амма икъбал ккечӏо. Амма Залбегида ракӏалдего ккечӏо росулъе тӏадвуссине – гьев ана «Дагъдизель» заводалда хӏалтӏизе. Гьенисан ана армиялдеги ва хъулухъ гьабуна Венгриялда, танказул часталда.
Армиялдаса тӏадвуссиндал, Залбег Жалилов цӏализе лъугьана Дагъистаналъул политехникияб институталде. Аваданав, гӏелцоязда гьоркьов ракӏгъурав гӏолилав цӏалулъ вукӏана церехъабазул кьерда. Ункъабго соналъ гьес нухмалъи гьабуна студентазул стройотрядазе ва мустахӏикълъана ДАССРалъул Верховный Советалъул Хӏурматалъул грамотаялъе.
КЭМЗалъул хӏалтӏухъан — ЮСЭМЗалъул директор
1978 соналда цӏалун вахъана Залбег Жалилов ва байбихьана Гъизляралъул электромеханикияб заводалда хӏалтӏизе.
1983 соналъул 10 январь. Гьеб букӏана цӏорораб хасалил къо. КЭМЗалъул директорлъун вукӏарав Гӏабдуразакъ Мирзабековасда цадахъ З. Жалилов тӏоцебесеб нухалда щвана Южно-Сухокумск поселокалде. Гьев тӏамуна КЭМЗалъул филиаллъун кколеб 57-абилеб цехалъул начальниклъун. Гьеб къо даим ракӏалда хутӏана Залбегида. Цин цехалъул начальник, хадуб — гьитӏинабго электромеханикияб заводалъул нухмалъулев ва ахиралда — транспортияб авиациялъеги халкъалъеги хӏажатаб къайи хӏадурулеб «ЮСЭМЗ» ОАОялъул генералияв директор. Гъоркьиса кӏодо гьабуна рехсараб заводалъул 50-сонилаб юбилей. Гьенив Залбег хӏалтӏулев вуго 42 соналъ. Къисматалъ жиндие гьабураб сайгъатлъун рикӏкӏуна гьес «Концерн КЭМЗ» АОялъул генералияв директор, жинца кӏудияв вацлъун тарав Ибрагьим Ахӏматӏовасулгун лъай-хъвай ккей.
Гьесул гӏакълабаздасаги жиндирго бажариялдасаги пайдаги босун, З. Жалиловас цӏиял бергьенлъабазде бачунеб буго завод. Дагьалъ цебеги конкурсалъулаб комиссиялъ тӏадегӏанаб къимат кьуна Южносухокумскалъул электромеханиказул «Техническое перевооружение и модернизация существующего производства за счет внедрения современного оборудования» абураб проекталъе. Гьелда рекъон заводалда лъезе буго цӏияб къайи-алат, камиллъизе буго гьениб хӏадурулеб къайи, рукӏине руго цогидал гӏадамазеги хӏалтӏизе бакӏал. Гьелде тӏадеги, ДРялъул Промышленносталъулгун дармил министерствоялъулгун къотӏи гьабун буго Южносухокумскалъул заводалъе пачалихъияб кумек гьабиялъул хӏакъалъулъ.
Гьабсагӏаталда завод буго берцинаб бакӏалда. Гьелъул цехазда жаниб цӏунун буго рацӏцӏалъи. Заводалда гӏуцӏун руго хӏалтӏухъабазе санагӏатал шартӏал. Гьелъул буго тӏагӏамал кванил нигӏматал хӏадурулеб богорукъ. Гьениб квен гьабула бакӏалдаго гӏезарурал, экологияб рахъалъ рацӏцӏадал овощазул. Заводалъул хӏалтӏухъабаз къадекванихъ харж гьабураб гӏарцул бащдаб бецӏулеб буго предприятиялъ.
Тӏаса бищараб пишаялъул гъварилъуде ваккарав махщелчи гуревги, Залбег Жалилов вуго магӏишат гӏуцӏизе бажари бугев инсанги. Гьев гӏемер вукӏуна хӏалтӏул сапаразда, амма гьесда лъала: щивав хӏалтӏухъан вуго жиндир бакӏалда ва щивасе щола мустахӏикъаб харжги. Хӏалтӏухъабазе вокьула гьев – гӏаданлъиялъухъ, гӏакъиллъиялъухъ ва жидер гьабулеб даимаб тӏалабалъухъ. Гьединал нухмалъулел жакъа къанагӏат гурони ратуларин абула гьез. Масала, культураялъул хӏалтӏухъан Расул Рурахӏмаевас гьадинаб пикру загьир гьабуна директорасул хӏакъалъулъ: «СССР биххарал соназда гьесухъа бажарана завод цӏунун. Чанги хӏакимчи вукӏана гьелде ишан босарав, бутӏаби гьарун, заводги гьелъул ракьги бичизе хиял лъурав. Доб заманалда Залбегица гьезде данде рагъ баялъул хӏасил бихьулеб буго жакъа нилъеда», — ян.
Халкъалъеги республикаялъеги пайдаяб хӏаракаталъухъ Залбег Жалилов мустахӏикълъана гӏемерал Хӏурматалъул грамотабазеги Баркалаялъул кагътазеги. Къадру-къимат гьабула гьесул шагьаралъул жамагӏаталъги. Гьев кидаго хӏадурав вуго хӏажаталъубе кумек гьабизе. Гьединаб кумек гӏемер щола спортсменазеги, пагьмуял ракьцоязеги ва СВОялъул гӏахьалчагӏазеги.
З. Жалилов вуго лъабго васасул эменги гьезул лъималазе хирияв кӏудадаги. Гьев кидаго уна вижараб ватӏаналда Кӏалбиччанкъо кӏодо гьабизеги, умумузул хабаде зияраталъеги, гӏагарлъиялде щвезеги.
Махӏачхъалаялде тӏадруссунаго, дун йикӏана Залбегида цадахъ, гьесул васасул машинаялда. Хабар-кӏалалда рукӏана ниж. Гьениб дие рагьана З. Жалиловасул цоги рахъ: гьесда кутакалда лъикӏ лъалеб бугоан Дагъистаналъул адабият. Ракӏалде ккана: гьабсагӏат школалда адабияталъул дарс кьезе бегьилаанин гьес. Цӏакъ бокьулеб бугоан музыкаги, хасго «Кӏочолаб Чӏарадаялъ» ахӏулел кучӏдул.
Бикеханум Гӏалибекова