Гӏумруялъго росдал школалда хӏалтӏарал Бежтӏаса Шайхов Сагӏадулагьицаги Халатова Райгьанатицаги, лъикӏаб лъайгун тарбияги кьун, гӏезаруна жидер васал Мухӏамад, Арсен ва Махӏач. Лъабавго васас лъугӏизабуна тӏадегӏанаб цӏалул идара ва хӏалтӏулел руго лъикӏал бакӏазда. Мухӏамадил вас Сагӏадула гьабсагӏаталда гӏахьаллъулев вуго Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб операциялда.
2020 соналда Сагӏадулагьица лъугӏизабуна Россиялъул Бахӏарчи Гӏабдухаликъ Къурбановасул цӏаралда бугеб Бежтӏа росдал гьоркьохъеб школа. Гьебго соналда гьев ана рагъулал командирал куцалеб Новосибирскиялъул училищеялда цӏализе. Лъабго соналдаса тӏокӏлъиялда гьебги лъугӏизабун, гвардиялъул лейтенант С. Шайховас рагъулаб хъулухъ гьабуна Улан-Удэялда, танкистазул бригадаялда.
2025 соналъул марталда гьев витӏула СВОялде. Донецкалда бугеб танкистазул ротаялъул командирлъун тӏамула гьев, къокъабго заманалда С. Шайхов мустахӏикълъана Суворовасул медалалъе. Телеграмалда бугеб «Танковая бригада» абураб къокъаялъул гьумералда гьадин хъван буго шапакъат кьеялъул хӏакъалъулъ: «Танказул бригадаялъул гвардиялъул лейтенант Сагӏадулагьица загьир гьабуна махщелчилъи ва бахӏарчилъи. Гьесул нухмалъиялда гъоркь бугеб къокъаялъ ккуна Веселое абураб бакӏалда эркен гьабураб бакӏ. Солдатазул хӏаракаталъ къинабуна гьеб бакӏ нахъе бахъиялъул мурадалда тушманасул мотострелоказ гьабураб гьужум. Гьединго гьез кьвагьизабуна тушманасул лъабго FPV-дронги.
Рагъулаб борч тӏубазабулаго бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъги таваккалалъухъги гвардиялъул лейтенант С. Шайхов мустахӏикълъана «Суворовасул медаль» абураб пачалихъияб шапакъаталъе», — ян.
Гьабсагӏатги Сагӏадула вуго рагъул цебесеб кьерда.