Тӏанусдерил цӏумал, лебалал васал, тӏадегӏанлъиялъул тӏогьазда ругел. Улкаялъул ахӏи къабул гьабурал, гӏагараб росулъе нух битӏун щваги.

Огь! Чӏухӏун бугеб куц гьитӏинаб Ватӏан нужедаса жакъа, нижер дарманал. Росдал тарихалъул тӏохьол тӏанчазда нужер гьунаралги гьимулел руго.

Доб Кӏудияб рагъда берал къанщарал гӏолилазе бараб памятник — гьале. Гьезул ирс босарал лебалал васаз хъвалеб буго къиса бахӏарчилъидул.

Афгъанистаналъул хӏалбихьиялда багьадурлъиялъул мугьру кьабгӏана. Бихьинчилъиялъул куназ угьарал накъищаз къачӏана росдал гъансито.

Росдаде къуларал мугӏрузул каранлъ нужер шапакъатал кенчӏолел руго. Ва щивасул гьаракь гъугъалеб буго Россиялъул солдат вугин живилан.

Согӏал кьурабазул тарбия щварал тӏанусдерил васал — росдал бечелъи. Ватӏаналъул унти нужерголъарал талихӏ даимлъаги нужей, солдатал!

Гӏадамазе рокьи бикьун ругьунал, гӏадатлъи берцинал хириял тӏанус. Гӏелалъ гӏелалъухъе бикьулеб бугеб баракат тӏегьаги нужер нухазда.

Согӏал кьурабазул тарбия щварал…

СВОялъ дагьалъги цолъизарунин гӏадамалин абизеги бегьилищха, амма бугониги, цоцаздехун цо хасаб хинлъиги рокьиги лъугьана гьезул. Масала, нижер гьитӏинабго Тӏанусиса, шагьаразда гӏумру гьабун ругелги малъун, 80-ялдаса цӏикӏкӏун чияс гӏахьаллъи гьабуна ва гьабулебги буго СВОялда. Гьедин букӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалдаги. Гьедин буго жакъаги Дагъистаналъул щибаб росулъги щибаб шагьаралдаги. Росулъе щванщинахъе дун гьанже цӏала СВОялда ругел гӏолохъабазул хъизамазухъе. Гӏащикъго гӏенеккула гьез бицунелъухъ. Гьезул кумекалдалъун ккола бухьен гӏолохъаби-солдатазулгун. Согӏал кьурабазул тарбия щварал гьел батӏияллъун рукӏине ресги букӏинчӏо — улбузулги, яцазулги, ясазулги, лъималазулги ва тӏолабго улкаялъулги парахалъи цӏунулел ругел гьез цохӏо кӏалдисан гӏадин абулеб буго:

— Цӏидасанги къисмат бищизе рес кьуни, масала, СВОялда ругеб гӏумруялъул гьале гьаб лахӏзат гьоркьоб биччазе букӏинчӏо. Умумузул бахӏарчиял нухалккун церехун ине руго, улбузул макьуги цӏунун, — илан.

Гьаб нухалда дун гьоболлъухъ щвана Мухӏамадов Мухӏамадрасулихъе ва лъади Гӏайшатихъе. Гьезул вас Гӏали СВОялда вуго, гьеб байбихьаралдаса жакъа къоялде щвезегӏан.

Солдатасул умумул, чӏахъаги нужер сабру!

Мухӏамадрасул ккола 1999 соналда Дагъистаналда ккарал рагъулал лъугьа-бахъиназул гӏахьалчи. Гьевги вагъана гьенив, гьеб хӏалуцараб заман ахиралде щвезегӏан. Руго гьесул гӏемерал шапакъаталги орденал-медалалги. Мухӏамадрасулида лъала, бичӏчӏула ва бихьана рагъ щиб жояли. Гьеб бичӏчӏулеб букӏана дидаги, гьесухъ гӏенеккидал. Лъала гьесда Гӏали щиб гьабулев вугевалиги. Амма диргун гара-чӏвари лъугӏизегӏан, бицинчӏо гьес хӏаллъараб тамахаб рагӏи. Гӏайшатицаги бахчана магӏу. Бихьулеб букӏана гьел бахӏарчиял магӏарулазе захӏмат букӏинги, амма гьез гьеб къинабулеб букӏинги. Гьединав вуго солдатасул эмен, рагъулал лъугьа-бахъиназул гӏахьалчи, дир росуцояв Мухӏамадрасул Мухӏамадов. Гьединай йиго солдатасул эбел, гӏумруялъул захӏмалъабазул бакӏлъи балъго гьабулей йигей, гьитӏинабго росулъ гӏадатияй магӏарулай Гӏайшат Дибирова. Бичӏчӏула Мухӏамадрасулида рагъул коронив вугев васасул къисмат Тӏадегӏанасул гурхӏелалдаги икъбалалдаги бараб букӏин. Лъала Гӏайшатида инсул нухдасан арав вас гьеб нухдаса кьуризе гьечӏевлъиги.

Гьасги тӏаса бищана инсул бахӏарчияб нух

СВО байбихьарал къояз, ай, мобилизациялъул заманалда, повестка бачӏинегӏанцин чӏечӏого, ана Гӏали, Ватӏаналъул ахӏиги къабул гьабун. Тӏоцересел къоязго бичӏчӏана гьесда тӏокӏаб батӏияб нух жинца тӏаса бищизе букӏинчӏеблъиги.

— Нижеда лъалеб букӏинчӏо Гӏали СВОялде унев вукӏин. Мобилизация байбихьанилан абураб къоялдаса нахъе рекӏее рахӏатги букӏинчӏо. Нижеда лъалеб букӏиндалха Гӏали инчӏого чӏоларевлъиги. Цо къоялъ кӏалъан вачӏана жив Украинаялде ине вугилан. Хӏатӏазда гъоркьа ракь тӏун араб гӏадаб асар гьабуна дие гьесул каламалъ. Аскӏов эхетун вукӏарав Мухӏамадрасулидаги бичӏчӏана кинабго, дихъ валагьидал. Гьес дун гӏодое йиччазаюна, нилъер вас гӏадиназин доб цӏун бугебиланги абун. Кӏудияв вац Мухӏумида бицун букӏун буго гьес. Лъималазул васигат жиндеги гьабун, къо-лъикӏ гьабунин Гӏалицайилан хадуб бицана гьес. Гьедин унел рукӏана моцӏал… Цо къоялъ абуна Мухӏамадрасулица нилъер вас отпускалъ вачӏине рагӏулин. Нахъисеб къоялъ ана Махӏачхъалаялде. Гьесул хъизан-лъимал Махӏачхъалаялда руго. Минаги буго гьениб. Амма дида ватичӏо дир цевесев аваданав, кидаго велъулев, гьимулев вукӏарав Гӏали. Рарал соназдасагицин кӏудиявги гӏун вугилан ккана. Дир Гӏали довайищ таравилан абуна дица, гьесдаги хурхунаго… Бихьулищха, нижеда, эбел-инсуда, лъалеб жо щибго букӏун гьечӏо. Цинги Мухӏумица, цӏикӏкӏарав васас бицана, — йиланги абун, къварилъахъдана Гӏайшат…

Гӏумруялъулгун къо-мех лъикӏ гьабулел лахӏзатазда

Унел рукӏана къоял, моцӏал. Щулалъулел рукӏана рагъулаб вацлъи-гьудуллъиги, динги, мацӏги, гӏадаталги цӏехечӏого. Кинабго букӏана гӏаммаб. Гьеб киналдаго гьоркьоса бищунго къуватаблъун букӏана Ватӏаналде рокьи. Миллат цӏехечӏого, ккараб вацлъи. Унго, гьелъулъ бугебщинаб къуватги хӏикмалъиги! Хасго рагъулаб авлахъалда. Кӏиго вацгӏан цоцазе хиралъулел, гӏагарлъулел рукӏана Тӏанусиса Гӏалиги Цӏобокь-Миякьоса Мухӏамадкамилги. Цо нухалда рагъулаб тӏадкъай тӏубазе кӏиявго гьалмагъ цадахъ ккана. Гьезда лъалеб букӏинчӏо гьезул цоясе сапар ахирисеб букӏин. Цо заманалдасан бахъана гӏасияб кьвагьи. Дроназ кьвагьизабураб ва щущазабураб ракьалъ вацизавуна кӏиявго гьудул. Цадахъ рукӏаралги ана церехун. Гьезги гьал хванин абун тун рукӏун руго. Ракьулъе ккарал гьаз цоцазда абун буго нилъ холел ругилан. Гӏумруялъулго къо-мех лъикӏ гьабулел гьел лахӏзатаз гьазда цебе бачӏана рикӏкӏад тараб Дагъистан, эбелалъул магӏу, инсул сабураб гьумер. Амма гьал гӏолилал ракьалъ кӏкӏун унел рильарав рагъулав гьалмагъ — гӏурус солдат векерула гьазухъе. Гьес квераз хашалеб букӏана Гӏалидаса ракь. Кверазул килщалги рагьана гьесул. Кӏалъазе рухӏ бачӏиндал, Гӏалица гьарана жинда хьолбохъ гьудулги вугин, гьевги хвасар гьавейилан. Амма кватӏун букӏана. Ватӏалъана Гӏали гьудуласдаса… Мухӏамадкамилил хвелалъ дагьабги гӏагар гьабуна кӏиго хъизан. Дагъистаналде вачӏанщинахъе гӏедегӏула Гӏали жиндирго «кӏиабилел» эбел-инсухъе. Гӏали хвасар гьавурав гӏурус солдатасеги бокьун букӏана Гӏалил гьитӏинаб Ватӏаналде щвезе. Амма тушманасул рекӏкӏаб гуллица чӏван лъуна гьеб анищги. Гьечӏо чӏаго магӏарулав хвасар гьавурав гӏурус солдат. Амма гьес нахъе тана жиндирго рагъулаб нухалъул гвангъараб тарих. Цохӏо Эбел-Ватӏаналъул васазул талихӏаб къиса цӏидасанги тӏадбуссун бачӏунеб буго гьаб нухалдаги.

Махӏачхъалаялда больницаялда сахги гьавун, Гӏали цӏидасанги тӏадвуссана Запорожьеялде.

— Дица хӏаракат бахъулеб букӏана вас рокъов хутӏизавиялъе. Гӏададисеб иш букӏин бичӏчӏизабуна гьес. Мухӏамадрасулидаги бичӏчӏулеб букӏана гьеб гӏададисеб иш букӏин. Лъица щиб бицаниги, Гӏалида рокъов чӏезе ракӏалдацин букӏинчӏо. Аллагьас нухбитӏун руссаги нилъер солдатал, — илан абуна Гӏайшатица, ракьалде рортун ине хӏадурун ругел магӏил гаралги рацӏцӏунаго.

Эбелалъул магӏу. Тӏухьигӏан бакӏабги. Хӏулигӏан недегьаб-хӏеренабги. Унго, гьелъул бацӏцӏалъиги. Гьеб цин гьалдола, цин гьалаглъула, цинги гьеб сабруялъ беэдула ва гьелъул каранда бетӏерги лъун, гӏодобе буссун уна…

Нижеца хабар бицунелъул, Мухӏамадрасул къватӏиве-жаниве хьвадулев вукӏана. Бихьулеб букӏана гьесиеги бигьа гьечӏолъи. Гьанже ахирисеб рагӏи инсуейилан дица абидал, пашманго гьимулаго, гӏодов чӏана гьев.

— Нилъер Ватӏан цо буго. Дида лъала Ватӏаналъул хиралъиги. Хасго рагъулаб авлахъалда гьелъ нилъ реэдун толеб куцха. Дол соназ дида цадахъ букӏана гӏагараб росдал махӏги тӏагӏамги. Гьелъго цӏунун ватила дунги. Долдаса нахъе ана гӏуралго сонал. Амма гьаб ункъабго соналда жанир цӏилъулелго цӏилъулел руго дол тарал ругънал. Чан рагъулав гьудул камурав. Чан батӏияб миллаталъул васаз цӏунарал дол соназ Дагъистаналъул мугӏрул. Жакъа ирга щвана нилъеде. Гӏалил хӏукмуялда дунги разияв вуго. Цохӏо дун гурелъул гьадинав эмен вугев, вас тӏадвуссиналъухъ валагьун чӏарав. Дун гӏадал умумул аза-азар руго, — ян абуна гьес.

Унго, дур хӏикмалъи, рагъулаб вацлъи!

Руго Гӏалил рагъулал шапакъаталги. Цо шапакъатгӏаги жиндихъ тейилан гьаридал, тун букӏаниланги абун, бихьизе бачӏана Гӏайшатица «За храбрость первой степени» медальги. Гӏали ракӏалде щведал, гьалде бикьулин жинца ургъелилан абуна гьелъ, загӏипго гьимулаго.

— Жеги шапакъатазе вихьизавун вуго Гӏали. Амма бицунеб гьечӏо гьес, «Сюрпризиланги» абун. Дир васасул «вац» Мухӏамадкамилги вихьизавун вукӏана (хун хадув) Бихьинчилъиялъул орденалъе, — ян тӏадеги жубана Гӏайшатица. Видеобухьеналдасан суалалги кьуна дица Гӏалие. Цӏидасанги тӏаса бищизе рес букӏарабани, гьабго нухдасан инаанищ мунан абураб суалалъе гьес, ургъичӏого кьуна жаваб:

— Инаан. Гьале гьал захӏматал нухаз тӏамуна дун гӏумруялъул пикру гьабизе. Гьанир гурищ дида ратарал унго-унгоял гьудулзаби. Бичӏчӏана рагъулаб вацлъи-гьудуллъиялъул къиматги къуватги, — ян абуна гьес.

«Ватӏан» абураб рагӏул магӏна хисарабищ дуейилан суалги кьуна дица:

— Ватӏаналдаса рикӏкӏад гурони гьелъул къиматго лъалеб букӏун гьечӏо. Унго, гьелъул хиралъи! Унго, гьелъул тӏагӏам! Гьелъул сипат цебесаго унеб букӏинчӏо.

Гьадинал руго нилъер гӏолохъаби, согӏал кьурабазул тарбия щварал, чарангӏан къвакӏарал дагъистаниял!

Шамай Хъазанбиева