Гьал къоязда, гӏуцӏаралдаса нусго сон тӏубаялъул юбилей гӏатӏидго кӏодо гьабуна Северияб Кавказалда бищун кӏудияблъун рикӏкӏунеб Дагъистан Республикаялъул Гӏалибег Тахо-Годил цӏаралда бугеб миллияб музеялъ.
Гьеб тадбир тӏобитӏараб куцалъул, музеялъул тарихалъул ва хӏалтӏул бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна музеялъул генералияв директор Мухӏамадов Пахрудин Гӏумаровичасулгун.
— Пахрудин, байбихьилин тарихалдаса. Музей кида гӏуцӏараб, лъил хӏаракаталдалъун ва киб?
— Музеялъул тарих байбихьула 1898 соналдасан. Гьельие байбихьи лъуна Темир-хан-Шураб букӏараб пачаясул Россиялъул рекӏаразул полкалъул штабс-лекарь Иван Семенович Костемировскияс. Гьев вукӏана нилъер ракьги гьелъул халкъалъул махщелчагӏиги рокьулев чи. Жиндирго гӏумруялъул ахиралда гьес гьабуна кӏудияб васият. Гьелъул тӏоцебесеб пункталда хъван букӏана Дагъистаналда кустарный промыслабазул (квераз гьарурал тӏагӏелазул) музей гӏуцӏеян абун. Музей гӏуцӏиялъе гьес бихьизабун букӏана 2779 гъурущ гӏарцулги.
И. С. Костемировский гӏумру гьабун вукӏана Гъоркьа Жунгуталда. Хъизан-рукъги гьесул букӏинчӏо. Гьесул мурад букӏана халкъиял махщелчагӏазул искусствоялъул асарал: халичаби, нусал, хунжрул, кӏилкӏал, баргъичал, пахьул тӏагӏелал-гулгунал, гӏертӏал, парччаби ракӏари ва цӏуни.
Гьеб васият тӏубазабизе тӏаде босана Темир-хан-Шура гӏумру гьабулев вукӏарав, машгьурав, лъай тӏибитӏизабулев чи Евгений Козубскияс. Музей гӏуцӏиялъул комитеталда лъабго соналъ хӏалтӏана гьев.
Ахирги 1913 соналъул 6 маялда музей рагьана Темир-хан-Шураб Дагъистан областалъул губернаторасул минаялъул чанго рокъоб (гьанже гьеб ккола Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб педколледжалъул цо корпуслъун). Гьелда абулаан Костемировскиясул цӏаралда бугеб кустарный музей абун.
— 1913 соналда музей рагьун батани, музеялъул тарих нусго сон гуреб, 112 сон кколеб гьечӏищ?
— Музейин абуниги, гьеб букӏана жеги гӏадамазда рагӏичӏеб, дагьалго экспонатал гурого гьечӏеб бакӏ.
Официалияб къагӏидаялъ музей рагьана Совет власть Дагъистаналда щулалъараб 1925 соналъул апрель моцӏалда.
Хӏуригат. Общественнияб гӏуцӏи хиси
1917 соналда Россиялда Октябралъул революция бергьана. Гьелдаса хадуб Дагъистаналда букӏана бичӏчӏизе кӏолареб хӏалуцараб ахӏвал-хӏал, граждан рагъ. Музеялде регӏараб хӏал букӏинчӏо. Гьел соназда музеялъул экспонатазул цо бутӏа хъамихъул гьабун тӏагӏана, дагьабго бутӏа гурони нахъе хутӏичӏо.
Дагъистаналда тӏубанго советияб власть бергьиндал, Дагъревкомалда цебе гӏуцӏула искусствоялъул отдел. Гьеб мехалъ ракӏалде щвана музейги. Лъабнусго экспонаталъул 70 гурони хутӏун батичӏо.
Гьел экспонатал Темир-хан-Шураса (1921 соналъул 14 маялдаса Буйнакск) Порт-Петровскиялде (1921 соналъул 14 маялдаса Махӏачхъала) рачана ва гьеб гьабуна Дагъистаналъул тахшагьарлъун.
Гьеб 70 экспонат букӏана цӏияб музеялъе кьучӏлъун. Музей букӏана халкъияб лъай кьеялъул Комиссариаталъул тӏалабалда. 1922 соналда лъай кьеялъул комиссарлъун тӏамуна революционер, машгьурав политикияв хӏаракатчи Гӏалибег Тахо-Годи. 1923 соналда гьесул бетӏерлъиялда гӏуцӏула Дагъистаналъул музеялъулаб комитет. Ва байбихьула тӏадчӏун гьеб хӏалтӏи цебе бачине.
Гӏалибег Тахо-Годица гьеб ишалде Пятигорскиялдаса Дагъистаналде ахӏула Дмитрий Павлов, Воронежалда гьавурав, Харьковалда университет лъугӏарав филолог. Кавказги гьелъул тарихги бокьулев чи вукӏана гьев. Гӏумру гьабун гьев вукӏана Пятигорскиялда. Д. Павлов тӏамуна музеялъул тӏоцевесев директорлъун.
— Музеялъул бечелъи буго фондазда экспонатазул къадар цӏикӏкӏин. Дуца абухъе, 70 экспонат гурого букӏинчӏеб фонд цӏикӏкӏиналъе щиб гьабураб?
— Гӏалибег Тахо-Годи вукӏана гӏорхъи гьечӏого гӏагараб Дагъистан бокьулев патриот, гьеб цебетӏезабизе къеркьолев, нилъерго ва дунялалъулго культураялде нилъер халкъ цӏазе хӏаракат бахъулев интеллигент. Живгоги гьев вукӏана лъай бугев чи. Гьесие бокьун букӏана музеялда художественнияб отдел гӏуцӏизе. Гьесул чӏахӏиял бухьенал рукӏана улкаялдаго цӏар рагӏарал гӏемерал тарихчагӏазулгун, гӏалимзабазулгун.
Дагъистаналъул музеялде экспонатал кьеян гьес гӏарза-кагътал хъвала СССРалъул чӏахӏиял музеязде. Гьелдаса хадуб бечедал коллекциял рачӏана Гуржиязул Рагъулабгун тарихияб, Румянцевасул цӏаралда бугеб, Пушкинил цӏаралда бугеб музеяздаса, Эрмитажалдаса.
Дагъистаналъул хӏукуматалъ музеялъе кьуна Махӏачхъалаялда дол соназ бищун чӏухӏараблъун рикӏкӏунеб букӏараб Инженернияб къотӏноб бугеб мина (гьанжесеб Р. Хӏамзатовасул къватӏалда бугеб проспект). Гьеб мина букӏана гьанже Ленинград гостиница бугеб бакӏалда.
Араб гӏасруялъул лъеберабилел соназда цӏакъ цебетӏун бачӏана краеведение, ай гӏагараб ракь лъазаби. Гӏагараб ракь лъазаби, гьелъул тарих лъай — гьеб ккола гӏелмуялъул кьучӏ, битӏун абуни, гьелъул база. Гьелъие бищун цӏикӏкӏун хӏаракат бахъулев чи вукӏана живго Гӏалибег Тахо-Годи. Гьел соназда рагьана культураялъул гӏелмияб цӏех-рехалъул институт (НИИ). Гьелда цебелъураб масъала букӏана Дагъистаналъул культура ва тарих лъазаби.
Гьел арал соназда музеялъ чанго батӏияб цӏар ва бакӏ хисана.
2017 соназда музеялда цӏар лъуна Гӏалибег Тахо-Годил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул миллияб музей абун.
— Кигӏанасеб къадар экспонатазул музеялъул фондалда бугеб?
— Нилъер музей ккола Северияб Кавказалда гуребги, тӏолабго Россиялъул югалда бищун кӏудияб ва бечедаб музей. Республикаялъул шагьаразда, районазда, росабалъ нижер буго 33 филиал, тахшагьаралда щуго филиал. Кинабниги музеялъул фондазда буго 180 азарго экспонат.
— Газетал-журналал цӏалулезул къадар дагьлъулел ругин абулеб буго. Библиотекабазде рачӏунелги къанагӏалъун руго. Музеялде гӏадамал рачӏиналъул рахъалъ иш кин бугеб?
— Музей гьеб буго миллаталъул хазина, рухӏияб ирс бакӏарараб къиматаб гъамас. Нижехъе рачӏунезул къадар къойидаса къойиде цӏикӏкӏунеб буго. Музеялде рачӏунел руго нилъерго дагъистаниял гурелги, Россиялъул регионаздаса, хӏатта къватӏисел улкабаздаса республикаялде рачӏунел гьалбалги. Ахирал соназда цӏакъго гӏемер щолел руго Дагъистаналде рачӏарал туристалги.
Мисалалъе, 2024 соналда музеялде вачӏун вуго 124 азаралда 979 чи. Гьаб соналъул араб ичӏго моцӏалда жанивин абуни 127 азаргоялда 431 чи.
— Командировкаялъ щведал, магӏарул росабалъ ратула къиматал экспонатал цӏунарал бечедал музеял. Мисалалъе, гьединаб музей бихьана Цӏунтӏа районалъул Шагьикь росулъ Мухӏамадов Гӏабдулмуслимил, Казбек районалда Буртунай росулъ Байбулатов Камилил минабазда. Цӏакъго бечедаб буго Гумбет районалъул Чӏиркъатӏа росулъ Ибрагьим Ибрагьимовас гӏуцӏараб музей. Гьел музеял нужер филиалаллъун гьаризе бегьуларищ? Ялъуни гьенир ратани тарихиял, кӏвар бугел, къанагӏатал экспонатал, музеялъе росизе бегьуларищ?
— Чӏиркъатӏа бугеб музей нижеца филиаллъун гьабуна. Дуца рехсарал гурелги, магӏарулазул, Дагъистаналъул гӏемерал росабалъ, районазда руго краеведаз, тарих бокьулез гӏуцӏарал музеял. Гьел киналго нижер филиалаллъун гьаризе хӏалкӏоларо, ресги букӏунаро, хӏажалъиги гьечӏо. Цӏакъго къиматаб тӏагӏел-экспонат бугони, Культураялъул министерствоялда цебе буго фондовая закупочная комиссия. Гьеб комиссиялъ музеялъе бичун босизе бегьула гьединаб экспонат.
— Музеялда ругел экспонатал рихьизаризе Россиялъул цогидал музеязда выставкаби гьарулищ?
— Щибаб соналъ улкаялъул анлъго-анкьго чӏахӏиял музеязда тӏоритӏула нижеца выставкаби. Гьел нижехъеги рачӏуна, выставкаби тӏоритӏизе.
— Кинха тӏоритӏарал юбилеялъулал тадбирал?
— Бачӏинахъего абила, гьел анин ниж разияб хӏалалда, тӏадегӏанаб даражаялда. Гьанибго абила, нижеда баркизе рачӏун рукӏана федералияб ва регионалияб 45 музеялъул вакилзаби. Юбилей тӏобитӏулеб тадбиралде ахӏун рукӏана, цереккун музелда хӏалтӏарал, гьанже хӏалхьиялда ругел ветеранал, тӏолабго республикаялдаса нижергун пишацоял — музеялъул хӏалтӏухъаби. Баркала буго юбилей тӏобитӏиялъе кумек ва квербакъи гьабураб республикаялъул Культураялъул министерствоялъеги.
8-9 октябралда хӏадурун букӏана лъабго выставка, кӏиго ретро, цо жакъасеб музеялъул бицунеб. 8 октябралда Гӏурус театралда тӏобитӏана рохалилаб данделъи. Театралъул жанахӏалъуб лъун букӏана музеялъул тарихалъул бицунеб кӏудияб тематикияб выставка. Гьенир лъун рукӏана батӏи-батӏиял архиваздаса, фондаздаса хасал гӏадамазул коллекцияздаса цересел суратал.
Рохалилаб данделъиялда музеялъул хӏалтӏухъаби кӏодо гьаруна шапакъатаздалъунги: щуго хӏалтӏухъанасе кьуна «Дагъистан республикаялъул Культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏар, цоясе лъабабилеб даражаялъул Дагъистан Республикаялъул хӏурматалъул орден, кӏигоясе кьуна хӏаракаталъулаб захӏматалъухъ медаль, цоясе Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб медаль.
Ичӏабилеб октябралда музеялда тӏобитӏана гӏадатлъун лъугьараб Гӏалибег Тахо-Годил цӏалиял (чтение) ва гӏелмиябгун практикияб конференция. Тӏаде рачӏарал гьалбадериеги гӏуцӏун букӏана культурияб программа. Гьел экскурсиялъ рачана некӏсияб Дербент шагьаралдеги тарихиялгун тӏабигӏиял памятникал ругел цогидал бакӏаздеги.
— Бакӏ ккун букӏаго абила, мун Ругъжаса чиги вугелъул, Махӏачхъалаялда бугеб Гӏабдурахӏман Данияловасул мина чӏунтизе тун буго. Гьеб къачӏаялъе ва гьениб музей гьабиялъе тӏалаб гьабизе бегьуларищ нужер росуцояз?
— Росулъ Гӏ. Данияловасе музей гьабун буго. Махӏачхъалаялда гьеб мина къачӏазе ва музей гьабизе нигатгун 4-5 соналъ цебе ниж рагъарун рукӏана. Гьелъул бетӏергьан кколей йиго Гӏабдурахӏманил вас Махӏачил йикӏарай лъади. Гьелъ изну кьечӏо. Хӏасил-калам, Гӏабдурахӏманил ирсилал цо хӏукмуялде рачӏани, нижеца гьеб мина къачӏаялъулъги музей рагьиялъулъги гӏахьаллъи гьабизе буго.
— Магӏарул газеталъул коллективалъул рахъалдасанги баркула, Пахрудин, дуда ва тӏолабго коллективалда музеялъул гӏасрудал байрам. Гьарула нужее сахлъи, хӏалтӏулъ икъбал.
— Баркала.
Гара-чӏвари гьабуна Пайзула Пайзулаевас.
Баян
Пахрудин Мухӏамадов гьавуна 1970 соналда Гъуниб районалъул Ругъжаб росулъ. Росдал школа лъугӏун хадув цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялъул финансазул техникумалде, хадув ДГУялъул экономикияб факультеталде. 1994-2011 соназде щвезегӏан хӏалтӏана федералияб налогазул хъулухъалъул республикаялъул управлениялда.
2011-2017 соназда вукӏана Гъуниб районалъул бетӏерлъун. Гьев ккола экономикиял гӏелмабазул кандидат. 2017 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго Гӏалибег Тахо-Годил цӏаралда бугеб республикаялъул миллияб музеялъул генералияв директорлъун.