Авар театралъул 90 сонил тарихалда жаниб гьелъ магӏарулазе сайгъат гьаруна чанги гьунар тӏокӏал, такрарлъи гьечӏеб махщалил артистал. Гьеб сияхӏалда гьоркьоб мустахӏикъаб бакӏ ккола Дагъистаналъул халкъияв ва РФялъул мустахӏикъав артист Хӏусен Казиевасги. 8 октябралда гьесул гӏумруялъул тӏубана 80 сон.
Хӏусенида юбилейги баркизе, гьесул гӏумруялъул нухде цоги нухалъ берги щвезабизе церегӏанго къоязда машгьурав артистасухъе гьоболлъухъе ун рукӏана ниж.
Жиндиего хасиятаб къагӏидаялъ аваданаб ракӏгун, щивасе рекъолеб махсараялъулаб каламгун дандчӏвай гьабуна Хӏусеница.
Ахирал соназда сахлъиялъул иш дагьаб нахъеккун букӏаниги, щибниги хӏал лъазе биччачӏого, гьурмада гьимигун, гӏужилаб каламгун, рагьараб ракӏгун — щибго тӏаса камичӏого гьадавго магӏарулазе хирияв Хӏусен вуго гьев гьабсагӏатги.
Киданиги лъугьинчӏо гӏадамал релъизаризе
— Цо-цояз гьабсагӏатги дун вихьараб лахӏзаталъ абула, гьалейила дов, гӏадамал релъанхъизарулев чийилан, — байбихьана Хӏусеница бицине. — Амма дун киданиги залалъув вугев чи велъизавизейин абураб мурадгун сценаялде вахъинчӏо. Дир тӏубанго батӏияб масъала букӏана. Дие бокьун букӏана дица хӏалев героясул жанисеб рахъ — гьесул гӏамал-хасият, психология бихьизабизе. Дица кигӏан жавабияб драмаялъулаб роль хӏаниги, релъулел рихьулаан залалъур гӏодор чӏарал.
Гьанже бицана, «Камалил Башир» драмаялда, Башир чӏвазе Камалица гӏащтӏи борхулеб мехалъ релъулел рукӏанила залалда цо-цо чагӏи. Гьеб битӏун гьечӏо. Дида ккола гьениб гӏемераб жо бараб бугин режиссерасдаги, роль хӏалев актерасдаги. Тӏуванго гьеб ролалда жанив вуцун гьавурав гӏадин лъугьине ккола гьев, залаллда гӏодор чӏарал божизе ккани, гьезие унго-унгояб асар гьабизе бокьани.
— Тӏоцебесеб роль ракӏалда бугищ? Театралде сунца мун цӏарав?
— Магӏарул театр дие кидаго хирияб букӏана. Гьитӏинав чи вукӏинарищха дун доб мехалъ, тӏоцебе росулъе театр бачӏиндал. Доб мехалъ гьелъухъ балагьизе билет босизе гӏарац нижер букӏунароан, нижехъе кьезе эбел-инсулги букӏунароан гӏарац. Захӏматал, рагъда хадусел сонал рукӏана гьел.
Амма щиб рес батунги спектаклялде ворчӏизе гӏамал гьабулаан росулъ. Нуцӏихъан ине щвечӏони, гордухъан, гордухъан рес ккечӏони, гъоркьарокъосан ворчӏизе хӏаракат бахъулаан. Гьедигӏанги хирияб букӏана театр. Амма доб мехалда актерлъун цӏализе ине бокьун бугин абун букӏарабани, щивго божилароан.
Школа лъугӏидал, документал кьуна ДГУялъул филологияб факультеталде. Тӏоцебесеб курс лъугӏараб мех букӏана, радиоялдасан рагӏана Тбилисиялъул Шота Руставелил цӏаралда бугеб театралияб институталде гӏолохъаби цӏализе росулел ругин абураб лъазаби. Гьеб мехалъ гъира ккана дирги. Кин букӏаниги, цин Авар театралъул директорлъун дол соназ вукӏарав Мухӏамад Батировасухъе ана пикру дандбазе. Доб мехалъ театр Буйнакскиялда букӏана. Хӏалтӏизеги восилин, цӏализе айилан абуна гьес. Щвана дунго цӏалулев вукӏараб университеталъул ректорасухъе, хъвана гӏарза ва сапар бухьана Типлисалде. Ахиралде щвезегӏан гьениве унев вукӏин бахчана, хӏатта эбел-инсудацин лъалароан. Типлисалде унеб къоялъ бицана гьезда. Щивлъун цӏализегӏаги унев вугевилан цӏехана инсуца. Артистлъунилан жаваб кьуна дицаги. Гӏумруялъго артистлъи гьабизе цӏализе унев ватани, расги лъикӏаб жо гуроха гьеб, дир василан кӏалъана эмен. Инсуда бичӏчӏулебгӏаги букӏун батилаха артистасул гӏумру кинаб жо букӏунебали. Гьедин ана театралияб институталде. Иналдаса ракӏги бухӏичӏо.
Гӏасрудул бащалъи сценаялъе кьуна
— 1969 соналъ институтги лъугӏун, артистасул дипломгун вуссана Дагъистаналде. Театрги 1968 соналъ Буйнаксиялдаса Махӏачхъалаялде гочун букӏана. Гьелдаса нахъе байбихьанин абизе бегьула театралъул гӏумруялъул цӏияб тӏамач. Гьеб цӏияб гӏумрудул чвахиялда гьоркьове жувазе щвана диеги.
— Щивгун цадахъ ролал хӏазе бигьаго букӏараб?
— Батӏи-батӏиял рукӏунаха актерал. Цоял цадахъ роль хӏазе бакӏал, гӏамалги, хӏалги, пикруги рекъезабизе кколел. Мисалалъе, мунагьал чураяй Сидрат Мажидовалда цадахъ роль хӏазе бигьаго букӏунаан. Амма цо нухалда, цадахъ цо спектаклялда роль хӏазе кколей йикӏарай гьейги унтун, гьелъул бакӏалде ячӏана мунагьал чураяй Патӏимат Хизроева. Щиб ккарабали лъаларо, амма гьелъ жиндирго квераз дир кӏиябго квер ккведал, дида текст кӏочана. Дой дунгун хӏазе кколей йикӏаралъул кверал рукӏана хӏеренал, тамахал. Кӏалдибе лъим босарав гӏадин вуцӏцӏун чӏарав дихъги ялагьун: «Мун щай кӏалъаларев?» — абун гьикъана Хизроевалъ. Амма дида хваниги текст ракӏалде бачӏинчӏо. Кинго дун кӏалъачӏеб мехалъ: «Гьа, дун кингоги ячӏунаро дуе», — ян диде кверги хьвагӏун ана гьей сценаялдаса нахъе.
— Патӏимат, дур кинаб бербалагьи букӏараб гьединал лахӏзатаздехун? Мун щакдарулаанищ Хӏусенида, — ян цӏехана нижеца гьесул лъадуда.
— Киданиги щакдаричӏо. Гӏолохъанаб заманалда цо-цо гьединал жал рукӏаниги, киданиги лъазе течӏо дирго ракӏхвей. Гьев дихъа лъицаниги вахъулареблъи лъалеб букӏун батилаха, — ян абуна гьелъги елъулаго.
— Дурги гьалъулги лъай-хъвай кинха ккараб, Хӏусен?
— Дица театралияб институт лъугӏараб сон букӏана. Типлисалда йикӏарай гьалъул гьалмагъалъ алъухъе битӏараб цо посылка букӏана дихъе кьун. Патӏимат йикӏана пединституталда цӏалулей. Гьенивго цӏалулев вукӏана дир вацги. Хадуй, гьалмагъгун цадахъ дица гьей ахӏана спектаклялде. Гьедин ккана нижер лъай-хъвай. Гьелдаса нахъе цадахъги руго.
— Иргадулаб ролалде хӏадурлъи кин унеб артистазул? Сундулъ бугеб хаслъи?
— Театралде пуланав авторасул пьеса бачӏиндал, гьеб цин къабул гьабизе ккола театралъул худ. советалъ. Гьез тасдикъги гьабун, мугьруги кьабун гурони гьеб нижехъе кьоларо хӏазе. Лъица щиб хӏазе бугебали цебеккунго дандги бала.
Цогидал актераз кин гьабулебали дида лъаларо, амма хӏазе бугеб роль дихъе кьун хадуб гьеб лъикӏ, ахха-тӏараде щун лъазабула. Пьесаялда жанив гьев герой щив кколев, кинав чи вугев, гӏамал-хасият, пикру гьабулеб къагӏида, ретӏа-къай, гьев кӏалъалев куц — кинабго рагӏа-ракьанде щун лъикӏ цӏалула, лъазабула. Гьелде тӏадеги дицаго жубала гьесул жанисеб психология, гьесул гьаракьалъул хаслъи, гьетӏа-къули, велъулеб къагӏида — жанисебги къватӏисебги образ, тӏабигӏат, сипат-сурат мухӏканго диего рагьула. Гьедин малъулаан нижеда театралияб институталда цӏалулеб мехалъ.
Гьелдаса хадув вахуна сценаялде, лъазабула сценарий. Гьебги, рекӏехъе цӏалулеб кечӏ гӏадин гуреб, гьеб лъазабулеб къагӏидаги батӏияб букӏине ккола актерасул. Мисалалъе, кечӏ гӏадин гьебги лъазабун цеве вахъани, гьеб роль кколаро, дуца гьеб рекӏелъан биччазе ккола. Кӏиго сагӏаталъ гӏумру гьабизе ккола пуланав чиясул образалда. Дур гьаракьги хисизе ккола. Гьабсагӏат мунги дунги кӏалъалеб мехалъ гӏадаб гьаракь бугони, гьеб данде кколаро сценаялда. Дуца гьабураб калам рагӏизе ккола залалъул щибаб бокӏнилъе.
Киноялда хӏалев артистасул роль тӏубанго батӏияб букӏуна. Гьенив щивав героясе дандекколеб лага- черх тӏаса бищизе рес букӏуна режиссерасул. Мисалалъе, цо пуланаб роль хӏазе гьенив анцӏго чицин вукӏуна вихьизавун. Гьелда абула кастингилан. Гьев анцӏавго чиясда гьоркьоса тӏасавищун ахиралда тасдикъ гьавула цо чи. Диего киноялдасаги театралда хӏазе бигьаго букӏуна. Киноялда, мисалалъе, хасалил заман бугони бищун ахиралда, гьеб бищунго цебе бахъула. Хадуб кӏочона тӏоцебе хӏан букӏараб эпизод. Гьедин щибаб дубль батӏаго, бутӏа-бутӏабиккун рахъулел рукӏиналъ, киноялда мун хадув гъоларо цо-цо жалазда. Театралда бигьаго букӏуна.
Шекспирил Гамлетги, къирал Лирги
-Хӏусен, 1969 соналдаса нахъе гӏемерал ролал хӏана дуца. Гьединго 2021 соналъ дуца хӏадур гьабураб «Кьурулъ хутӏарав Гӏалиги» лъикӏ къабул гьабуна магӏарулаз. Режиссер хӏисабалда, рукӏанищ рагӏалде рахъинчӏого хутӏарал хӏалтӏаби?
— Дида ракӏалдани гӏемерал жал рукӏана, мунагьал чураяв Салихӏ Имангъолов хваралдаса диде хьулги букӏана Авар тетралъул. «Кьурулъ хутӏарав Гӏали» малъичӏого, дица жеги чанго маргьаги хӏадурана Авар театралъул сценаялъе. Гьелги лъуна. Гьединго рукӏана жеги хӏисабалде росарал цоги проектал. Амма Бетӏергьанас батӏайиса хъван букӏун буго, щибха гьабилеб?
Актер хӏисабалда, диего бокьун рукӏаразда гьоркьоса хӏачӏого хутӏарал ролал рукӏана Шекспирил «Къирал Лир» драмаялдаса ханасул ва Гамлетил ролал. «Къирал Лир» дицаго магӏарул мацӏалдеги буссинабун, гьабсагӏатги дир рокъоб буго гьеб гӏодоб лъун. Амма батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан, сценаялда лъечӏого хутӏана.
Шекспирил Гамлет буго гӏолохъанав актерас хӏазе кколеб роль. Театралде вачӏаралдаса нахъе дида кидаго гӏолохъанчиясул роль хӏазе тӏадкъалаан. Сонал аниги, дун гьеб образалъе дандекколевлъун хутӏана. Дир я чехь бачӏинчӏо, я кӏаркьаби гургинлъичӏо. Лага-черхалъул чӏурканлъиялда барабги гӏемераб жо букӏунелъул актерасул хъулухъалда. Мисалалъе, бакътӏерхьул пачалихъазда, гьединго Россиялъул театразда буго кьварараб низам — дуца мунго вичча-вихъан тани, кьаралъизе лъугьани, я харжалдаса махӏрум гьавула ва духъе ролал кьоларо, ялъуни тӏуванго театралдаса нахъе витӏула. Нужедаги рагӏун батила, киноялда цо пуланаб роль хӏазе ккани, актер 20 килограммалъ хӏалакълъизе кколин цебе шартӏ лъолаан. Гьедин гьабизеги ккола. Актер вукӏине ккола «речӏчӏани къадалъ, къосани хӏоболъин» абухъе. Бичча-бихъан къаркъалаги тани, тӏаде килограммалги рачӏани, черхалъул чӏурканлъи гуребги, берцинлъиги хола. Гьединлъидал дица гӏемер абула театралъул жакъасел гӏолохъанал актеразда: нужедаго хадуб халкквей, чучлъизе чӏоге, кьаралъизе рукӏунгеян. Бищунго кьварарарал судияллъун нилъго рукӏине ккола, цогидаз гӏайибчӏвалеб хӏалалде ккечӏого рукӏине.
Хӏакъикъаталдаги гӏемераб хабар ккана нижер гьеб къоялъ. Хабар-каламги букӏана ракӏ рагьараб, аваданаб, махсара-хочӏ гӏемераб. Машгьурав актерас ракӏалде щвезаруна жакъа нилъгун гьечӏел, театралъул тарихалда кӏочонареб лъалкӏ тарал артисталги: Гӏабдурахӏман Магаев, Басир Инусилов, Зайнаб Набиева, Гӏайшат Къурбанова, Махӏмуд Гӏабдулхаликъов, Муса Гӏабасов, Асият Мамаева ва цогидалги. Гьайгьай, тӏадехун цӏарал рехсарал Патӏимат Хизроевагун Сидрат Мажидоваги.
Макъалалялъул байбихьуда абухъе, исана 90 сонил тарихалъул тӏамач нахъехун бегулеб буго нилъер миллияб театралъ. Гьелъ нахъа тараб бечедаб, хвел гьечӏеб нухда цӏализе бегьула гьединалго хвел гьечӏел артистазул машгьурал цӏаралги. Гьел цӏаразда гьоркьоб мустахӏикъаб рукӏелги ккун, наслабазе мисалъун хутӏила Хӏусен Казиевасул цӏарги.
Ашахан Юсупов