Дир гьитӏинаб, амма гӏаданлъиялъул рахъалъ кӏудияб Дагъистан. Жакъа духъги ялагьун, рохалилаб магӏу гирулеб буго. Бахиллъун йиго дун дур къадруялдаги, къадру цӏунизе кьураб къуваталдаги, гӏаданлъи-гӏадатлъиялдаги. Дур халкъалъ иргадулаб нухалда бихьизабуна нилъер къуват цолъиялъулъ букӏин. Къобахъанагӏан, гӏумру лъанагӏан, бичӏчӏулеб буго дица жиндир рагӏаби макъалаялъул цӏаралъе росарав Р. Хӏамзатовасул рагӏабазул магӏна:

— Бокьула, бокьула, дир гьитӏинаб халкъ,

Бокьула, бокьула, дир кӏудияб халкъ!

Гьал къояз социалиял гьиназде яккидал, киса-кибего хъвалеб, гьикъулеб буго кумек хӏажат бугищилан абун. Щивав дагъистанияв хӏадур вуго цогидазе кумекалъе рачӏине – ток бачинеги, насосалъ лъим минабахъа къватӏибе кьабизеги, парталалдалъун, кванил нигӏматаздалъун кумек гьабизеги. Ресалда ругел гӏадамаз минабазе зарал ккаразе жанир чӏезе бакӏал кьолел руго. Лъим камун хутӏаразе лъим баччулеб буго. Тарки поселокалъул гӏадамазул хитӏаб цӏалидалги, рохелги магӏуги жубана. Жидерго добаса лъимги баччун, шагьаралда машинаги чӏезабун буго гьез. Цӏалана гьединго «Денеб» фирмаялъ,«Гӏириб» концерналъ чӏорого кьолел ругел лъел, соказул хӏакъалъулъги. Бакӏарулеб буго гӏарацги, къварилъи ккаразе кумекалъе.

Гьединго гьиназда батана Маргарита Симонялил хитӏабги. Жиндирго рос Тигран Кеосаянил цӏаралда бугеб ичӏабилеб премия гьелъ бихьизабуна Дагъистаналдаса Гӏабдурахӏман Гӏабдурахӏмановасе, лъеца уней яс хвасар гьаюралъухъ. Дида лъала, къойилго гӏадин бихьула дагъистаниязул сахаватлъи. Гьелъие мисалал гӏемерал рачинеги бегьула. Хасго гьал ахирал соназ ккарал къварилъаби ккола гьеб сахаватлъиялъул нугӏзаллъунги. Масала, тахшагьаралъул заправкабазда чан нухалда цӏа кканиги, тӏоцебесеб иргаялда, гӏадамал гӏедегӏана би кьолеб станциялде. Минабазда цӏа ккаразеги, унтаразеги ва цогидалги кумекалъе хӏажатазухъе гӏедегӏула дагъистаниял. Гурхӏел-рахӏмуялъул чан гӏуцӏи батаниги, бакӏарулеб буго гӏарац. Гьаб гьитӏинабго макъала хъвалаго, чангиязул лъикӏал ишал рехсезеги санагӏалъи кколеб гьечӏо. Абула, квешлъиго гӏадин, лъикӏлъиги тӏадбуссинин нилъехъейилан. Цо гьадинаб мисалги бачина. Палестинаялъул Гъаза шагьаралъе гӏемераб кумек гьабуна, гьабулебги буго ва жеги гьабизеги батила дагъистанияз. Нилъеца дозие гьабураб кумекалъул гуро бицине бокьун бугеб. Бокьун буго жалго гӏурабго къварилъи- захӏмалъиялда ругониги, нилъееги кумек гьабизе ракӏалде ккарал гьезул сахаватлъиги рехсезе. Гьеб кколарищ унго-унгояб иманалъулги чилъиялъулги кӏудияб мисаллъун. Цере квералги ккун, Тӏадегӏанасде гьарделелги, жидерго гьечӏеб ресалда рекъон, нилъее- дагъистаниязе гӏарцулаб кумек гьабулел руго гьел.

— Ниж нужгун руго – гьадинаб буго дозул дугӏаялъулги гьара-рахьиялъулги магӏна. Гьеб лъабго хӏикматаб рагӏиялъ даим хвасар гьабизе буго дуниял ургъел гьечӏолъиялдаса.

Шамай Хъазанбиева