Гӏемерав чиясул гӏарзал руго банкалъул картаялдаса гӏарац бахъун унеб бугин абурал.

Социалиял гьиназдасан яги лъазабиязул приложенияздаса цо-цо баянги босун, хӏиллачагӏаз ахӏун бачӏуна жал банкалъул хӏалтӏухъаби кколин ва нужеда лъазабула картаялдасан изну гьечӏого операция гьабулеб букӏиналъул. Гьез рагӏи кьола гьеб иш лъугӏизабиялъул мурадалда хӏалтӏи гьабизе.

Божилъи щвезе ккани, хӏиллачагӏазе гӏемераб жо къваригӏунаро: гӏицӏго дур цӏар, адрес, телефоналъул номер ва банкалъул картаялъул номер бугони гӏола. Банкалъул гьереси-хӏалтӏухъабаздаса мунго цӏунизе ккани, дур картаялъул нахъисеб рахъалда бугеб лъабго тарих балъго цӏунизе ккола, CVV яги CVC абулел кодал.

Гьебин абуни «бикъизе» бегьула нилъеца хӏалтӏизаризарулел сайтазде рачӏунел ссылкаби рагьани яги телефоналъ ахӏун бачӏуна, гьадинаб бакӏалда, банкалда цевеги чӏун, дур паспорталда рекъон кредит босулев вугин абун. Гьеб гьес босунгутӏизе жидеца кумек гьабилин, паспорталъулги картаялъулги баянал бецейилан кӏалъала. Руго цогидал къагӏидабиги. Масала, дирго ккараб бицинин.

Дица СБЕРбанкалъул картаялдаса бахъун, ВТБ банкалъул картаялде рехана 20 азарго гъурущ.

Амма, гьенибе рехараб гӏарац дидаго лъачӏого, щибго телефоналъ ахӏун бачӏинчӏого, лъицаниги суал кьечӏого тӏагӏун батана. Дирго рукъалда аскӏоб бугеб банкоматалда аскӏойги чӏун, картаялде балагьулаго, бачӏана баян 18 600 гъурущ бахъун анилан абураб.

Дирго беразда божичӏого, дица телефоналда бугеб ВТБ банкалъул приложение, чанго нухалъ свинабуна, рагьана, мекъи ккун ятилинги абун. Амма гьениб хутӏун батана 76 капек.

Дица хехго банкалде ахӏана. Гьез карта «заблокировать» гьабуна. Гӏарацин абуни ун батана Краснодар краялдаса Алена Дмитриевна Т. абурай гӏаданалъул картаялде. Гьениб бугоан телефоналъул номерги. Ахӏана гьенибе, гьелъин абуни рицана ричӏчӏуларел жал. Жийги йигила мунго гӏадин хӏиллачагӏазул гудракье ккарай гӏадан.

Гьеб гӏарац гьабсагӏат нахъе битӏичӏони, полициялдеги ун гӏарза хъвазе бугин абидал, гьелъ гьарана, 19 сон барай жинда тӏасан гӏарза хъвагейилан. Хъвачӏого, нахъеги гьединалго жал гьаризейищ гьей гӏадал телел. Узухъда, теларо. Ана полициялде, гьенив вугоан Чӏарада районалдаса Гӏали Мухӏамадов абурав гӏолохъанчи.

Гьес дие кумек гьабуна. Хъвана гӏарза, хӏиллачӏужуялъухъеги ахӏун гьелда бичӏчӏизабуна гӏарац нахъе битӏичӏони щиб букӏунебали.

Дица гьаб щай хъвалеб бугеб? Киназдаго лъан букӏине гьединаб кӏичӏикье жалго ккунгутӏизе. МАКСалде ва цогидал бакӏазде рачӏарал ссылкабиги рагьуге, лъаларев чиясе жавабалги гьаруге. Лъалареб номералъ банкалъул рахъалдасан кӏалъайдал, гьезие бокьараб жавабги кьоге. Нагагь баян бачӏани дихъе гӏадаб, гӏарац бахъун бугин дур счеталдаса абун, гьебсагӏаталдаго ун банкалдегун, босун распечаткагун, полициялде ине ккола. Нилъеца гьеб кӏвар кьечӏого тезе бегьуларо. Щайгурелъул нилъеда лъаларо, нилъер счеталдаса бахъараб гӏарац кибе унебали.

Хӏиллачагӏи гӏемерлъун руго. Гӏарцуда хадур чӏарал «чанахъаби» нилъеда сверухъги ратула. Гьединазе букӏине ккола гьабулеб къвакӏараб тамихӏ.

Тӏадежоялъе, гӏадамал къосинаризе «ИИги» баккун буго гьанже. Гьебги буго гӏадамазул бетӏер хӏалтӏизе биччачӏого букӏине баккараб гӏаламат. Интернеталдасан гуккулел руго лъимал. Воре, цӏодорго рукӏа. Нахъа кватӏун ккечӏого букӏине.

Рукъият Гӏалисултанова