Щуабилеб маялда академик, гӏалимчи, хъвадарухъан, журналист ва гӏуцӏарухъан Хӏажи Хӏамзатов гьавуралдаса тӏубала 100 сон

Северияб Кавказалда академиклъун вахъарав тӏоцевесев гӏалимчи вукӏана гьев. Дагъистаналда гуманитарияб гӏелмуялъе кьучӏ лъолаго, цӏиял пикрабаздалъун гьес бечед гьабуна адабият ва мацӏ лъазабиялъул гӏелму, кӏудияб бутӏа лъуна халкъазул кӏалзул гьунаралъул асарал данде гьариялъулъ ва гьезул гӏелмиял цӏех-рехазе квербакъана. Жиндир гӏелмиял хӏалтӏабазулъ Хӏажица гӏемер хӏалтӏизабуна гӏурус ва Европаялъулгун Бакъбаккул улкабазул маданият. Амма гӏалимчилъун гьев вахъинавиялъе цӏикӏкӏараб квербакъи гьабуна Кавказалъул маданияталъ.

Хӏ. Хӏамзатовас гӏемерал соназ нухмалъи гьабуна Мацӏалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъе. Гьесул цӏар машгьурлъана Дагъистаналда гуребги, тӏолабго Северияб Кавказалда, Россиялда ва СССРалда гъорлъе унел рукӏарал союзиял республикабазда. Лъалаан гьев къватӏисел улкабазул гӏалимзабаздаги.

Гӏумруялъул нухлул цо-цо баянал

Гьавуна 1926 соналъул щуабилеб маялда Цӏада росулъ, Цӏадаса Хӏамзатил хъизамалда. Школа лъугӏидал, цӏализе лъугьана мединституталде, амма рехун тезе ккана. Цинги лъугӏизабуна пединституталъул математикаялъул факультет.

Хӏалтӏана редакциялда, гӏелмияб институталда, цӏалана партшколалда — журналистикаялъул отделениялда. Вукӏана республикаялъул телевидениялъулгун радиоялъул комитеталъул нухмалъиялдаги, хӏалтӏана Дагъистаналъул культураялъул министерствоялдаги. Бихьулеб букӏахъе, Хӏажиясул букӏинчӏо битӏахъего филологиялда, адабияталда хурхараб хасаб лъай. Амма гьев вукӏана филология, философия, маданият, культурология гӏадинал захӏматал гӏелмиял бутӏабазда лъай щварав гӏалимчи.

1972 соналъул ноябралда Тарихалъул, мацӏалъул ва адабияталъул институталъул директорлъун тӏамуна гьев. Гьелдаса нахъе гӏелмияб хӏалтӏуда вукӏана. Гьесул нухмалъиялда гъоркь республикаялъул гуманитарияб гӏелму цебетӏолеб букӏана. Рагьана цӏиял отделал: археологиялъул, социологиялъул, лексикографиялъул, фольклористикаялъул, искусствоведениялъул. Хӏамзатовасул гӏуцӏарухъанлъиялъул хӏасилалда Гӏелмабазул академиялъул филиалалъул бакӏалда Дагъистаналъул гӏелмияб центр рагьана. Гӏемерлъана гьенир хӏалтӏулел институтазул къадарги. Дагъистаналъул гӏелмияб центр лъугьана Северияб Кавказалъул бищун кӏудияб гӏелмияб центрлъун.

Гьелго соназда Мацӏалъулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъе кьуна Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзатил цӏар. Хӏажи Хӏамзатовасул нухмалъиялда гъоркь байбихьана Дагъистаналъул филологиялъулгун искусствоялъул гӏелмиял цӏех-рехал гьаризе. Гьесул бажариялдалъун къабул гьаруна гӏемерал гӏалимзабаз цадахъ гӏумруялде рахъинарурал проектал ва программаби. Гьезда рекъон хъвана Дагъистаналъул анлъго миллаталъул адабияталъул история, миллиялгун гӏурус ва гӏурусгун миллиял мацӏазул словарал, литературиял мацӏазул нормативиял грамматикаби ва цогидал гӏелмиял хӏалтӏаби. Академик Хӏамзатовасул бихьизабиялда рекъон хӏадурана ва къватӏире риччана Дагъистаналъул хъвай-хъвагӏай гьечӏел халкъазул словарал. Гьабсагӏаталда гьединаб 14 словарь бахъун буго ва жеги ункъо къватӏибе биччазе хӏадурулеб буго. Гьесулго ва редакциялъул нухмалъиялда гъоркь хӏадурана ва къватӏибе биччалеб буго «Дагъистаналъул халкъияб кӏалзул гьунаралъул асаразул сводалъул» 20 том. Гьелъул анцӏила кӏиго том къватӏибе биччан буго.

Гӏуцӏарухъанасул хӏалтӏуда цадахъго Хӏажи Хӏамзатовас гьабулеб букӏана гӏелмияб хӏалтӏиги. Академикас щунусгоялдаса цӏикӏкӏун гӏелмияб макъала хъвана, къватӏибе биччана 16 монография, Кавказалъул, тӏолгороссиялъул ва халкъазда гьоркьосел гӏелмиял дандеруссиназда нусгогӏанасеб кӏалъай гьабуна. Гьел рукӏана литературоведениялъул, фольклористикаялъул, социолингвистикаялъул, востоковедениялъул ва культурологиялъул гьанжезаманалъул масъалаби рагьулел ва гьел тӏуразариялъул цӏиял къагӏидабазул бицунел макъалаби. 2000 соналда гьев вищана Россиялъул гӏелмабазул академиялъул хӏакъикъияв членлъун ва Дагъистаналдагун Кавказалда литературоведениялъул тӏоцевесев ва цохӏо вугев академикасул цӏаралъе мустахӏикълъана.

Хӏажи Хӏамзатовасул аслиял гӏелмиял цӏирагьияллъун ккола: Дагъистаналъул халкъазул адабият бижиялъул ва цебетӏеялъул гӏаммал къанунал чӏезари; ХVIII-ХХ гӏасрабазда гӏемермиллатазулаб Дагъистаналъул халкъазул тарихиябгун маданияб ва литературияб гӏаммаб хасияталъе къимат кьей; Северияб Кавказалдагун Дагъистаналъул художествияб цебетӏеялда миллиял ва батӏиял миллатаздаса росарал кьучӏал ралагьи; миллияб искусствоялъул творчествоялъул рахъал лъугьиналъул ва церетӏезариялъе квербакъарал шартӏал чӏезари; адабияталъул цебетӏеялъул миллиял хаслъаби чӏезари; Северияб Кавказалъул рухӏияб гӏумруялда Бакъбаккул ва Бакътӏерхьул адабияталъул кӏвар рагьи ва миллияб культураялъул къисматалъе гӏурус культураялъ гьабураб квербакъиялъул бицин ва гь.ц.

Хӏажи кколаан «Миллияб адабияталъул ва Дагъистаналъулги Северияб Кавказалъулги халкъияб кӏалзул гьунаралъул поэзиялъул тарихгун теория» абураб гӏелмияб школалъе кьучӏ лъурав гӏалимчи. Гьеб рикӏкӏунаан цебетӏураб гӏелмияб школалъун ва 2003 соналда мустахӏикълъана РФялъул президентасул гранталъе. Хӏамзатовасул гӏелмияб школалда куцана гӏемерал гӏалимзаби, гьез цӏунана кандидатлъиялъе ва докторлъиялъе диссертациял. Къватӏисел улкабазул гӏалимзабазулгун бухьенал гьариялъеги жигар бахъана Хӏамзатовас. Гьесул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏана ва тӏоритӏана тарихалъул, маданияталъул ва политикаялъул кӏвар бугел масъалабазул бицарал халкъазда гьоркьосел гӏелмиял дандеруссинал. Дагъистаналда гьарулел гӏелмиял цӏех-рехазул бицун гьес кӏалъаял гьаруна Германиялда, Франциялда, Англиялда, Австриялда, Испаниялда, Венгриялда, Турциялда, Сириялда, Япониялда, Китаялда, Америкаялда, Канадаялда, Швециялда, Индиялда, Болгариялда. Гьесул квербакъиялдалъун гӏумруялде бахъинабуна Дагъистаналъулгун Америкаялъул археологазул цадахъал цӏех-рехазул программа, дагъистаниязул мацӏазде Инжил буссинабиялъул Дагъистаналъулгун Швециялъул проект, Дагъистаналъул археологиялъулгун этнографиялъул, искусствоялъул ва хъвай-хъвагӏаялъул Япониялда, Англиялда, Венгриялда ва цогидал улкабазда тӏоритӏарал выставкаби.

Хӏажи вукӏана жамгӏияв хӏаракатчиги. Россиялъул Хъвадарухъабазул, Журналистазул ва Театралиял хӏаракатчагӏазул союзазул членги кколаан гьев. Россиялъул халкъазул багьа тӏокӏаб маданияб нахърателалъе къимат кьолеб РФялъул президентасда цебе гӏуцӏараб советалъул ва цогидал жавабиял гӏуцӏабазул членлъун вукӏана гӏемерал соназ. «Известия РАН. Серия литературы и языка», «Известия Северо-Кавказского научного центра высшей школы» гӏелмиял журналазул редакциялда гъорлъ рехсолаан гьесул цӏар. Гьесул хӏаракаталдалъун гӏуцӏана «Вестник ДНЦ РАН» абураб гӏелмиял макъалабазул журналги.

Дагъистаналъул ва Северияб Кавказалъул вузазегун гӏелмиял центразе гӏалимзаби хӏадурулеб къебелъилъун букӏана Хӏажи Хӏамзатовас нухмалъулеб институталда гӏуцӏараб диссертациялъулаб совет. «РФялъул халкъазул адабият», «Фольклористика», «РФялъул халкъазул мацӏал: Кавказалъул мацӏал» махщелазул гӏелмабазул докторлъиялъе диссертациял цӏунулаан гьенир. РАНалъул М. Горькиясул цӏаралда бугеб Дунялалъул адабияталъул институталъул диссертациялъулаб советалдаги вукӏана Хӏажи Хӏамзатов. Гьес нухмалъи гьабун микьго кандидатас ва 13 докторас диссертация цӏунана. Гьев вищун вукӏана Грузиялъул Миллиял гӏелмабазул академиялъул къватӏисеб улкаялъул членлъунги.

Живго тӏадегӏанлъизавулеб хасият

Гьев кидаго ватулаан кумекалдеги кверчӏваялдеги хӏажалъарал гӏадамазда хьолбохъ. Гӏумруялда жаниб тӏамулеб гьесул щибаб галул роценлъун лъугьун букӏана живго гӏадин жинда аскӏор ругелги рокьизе лъай.

Гьесул мурад букӏана дагъистаниязул гӏумру лъикӏаб рахъалде хиси. Инсанасе эркенлъи, ритӏухълъи, цоцазе кумек гьаби, цоцазулгун рагӏи дандеккей гӏадамазул гӏумруялъулъ щибаб къойилаб къанунлъунги низамлъунги лъугьин.

Амма, цогидазде дандеккун, гьесда кӏвана цӏакъго кӏудияб хӏалтӏи гьабизе, гьесул кӏвахӏ гьечӏеб ва тӏадчӏараб хӏалтӏул хӏасилалги цӏакъго тӏадегӏанал руго. Хӏисаб гьабураб мехалъ, тӏубараб гӏелмияб къокъаялъул хӏаракатчилъиялда бащалъулеб буго гӏелму цебетӏезабиялъулъ Хӏажица лъураб бутӏа: литератураялда ва культураялда, социологиялда ва художествияб творчествоялъул философиялда хурхарал суалазул цӏех-рехазул хӏасилалда хъварал анцӏ-анцӏ тӏахьал. Нилъер улкаялъул ва къватӏисел пачалихъазул батӏи-батӏиял журналазда ва мажмугӏазда рахъарал нус-нус гӏелмиял макъалаби, дунялалъул анцӏ-анцӏ улкабазул конференциязда ва цогидалги мажлисазда культуроведениялъул ва адабияталъул суалазда тӏасан гьарурал кӏалъаял. ХӀ. Хӏамзатов вукӏана кавказоведениялъул ва востоковедениялъул, фольклор ва мацӏал лъазариялъул гӏелмабазул методологиялъул ва теориялъул рахъалъ чанго цӏияб гӏелмияб нухалъе, чвахиялъе жинца кьучӏ лъурав ва цебе тӏезабурав гӏалимчилъун.

Лъебергоялдаса цӏикӏкӏун соналъ гьев хӏалтӏана Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб Мацӏалъул, адабияталъул ва маданияталъул институталъул директорлъун, нухмалъи гьабуна Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гӏелмияб централъе.

Хӏамзатил Хӏажиясулгун ккараб лъай-хъвай

Нижер лъай-хъвай ккана 1984 соналъул июналда, дир дипломалъулаб хӏалтӏул гӏелмияв нухмалъулев Чӏегӏерчиев Мухӏумаца дун гьесул кабинеталъуве вачараб мехалда. Дица лъугӏизабун букӏана ДГПИялъул филологияб факультет ва дихъ букӏана гьеб институталъул ректорлъун доб мехалда хӏалтӏулев вукӏарав Ахӏмад Мухӏамадовас гъоркь гъулбас гьабураб, дун аспирантураялде восейин ХӀ. Хӏамзатовасухъе битӏараб кагъат. Нижер мурад лъан хадуб гьес абуна институталда лъикӏал шартӏал ругила гӏелмуялда тӏад хӏалтӏизе, амма кинабго бараб бугила аспирантасул хӏаракатчилъиялда.

Сабурав, гӏадамазул ракӏ тӏаде цӏалеб гьими гьурмадаса камуларев гьев нижедехун кӏалъалаан ракӏчӏараб, амма жиндасаго чӏухӏиялъул асар гъорлъ гьечӏеб каламалдалъун, дандияв кантӏизавулаан чӏванкъотӏараб ва магӏнаяб каламалъ. Хӏатта гьеб накъит кӏиязего пайдаяб бахӏсалде сверизабизе хӏаракат бахъулаан цо-цо мехалда Хӏажица. Кӏалъа-басаялъулъ дандияв гьес вачунаан гӏумруялда ва гӏелмуялда хурхарал захӏматал суалазул сухъмахъазде ва кумек гьабулаан, гьел сухъмахъаздасанги ун, гьев чи хӏакъаб, ритӏухъаб ва гӏатӏидаб нухде вачине.

Хӏамзатов вукӏана гӏакъилав, гӏемерсоназулаб гӏумруялъулги хӏалтӏулги хӏалбихьи щварав, тӏадегӏанаб даражаялда гӏаданлъи, чилъи чорхолъ бугев, унго-унгояв интеллигент, ретӏунеб ратӏлилъ, бицунеб рагӏулъ, хьвада-чӏвадиялъулъ ва сундулъго, кибго жиндаса цогидазги мисал босизе мустахӏикъав инсан. Гьединлъидал ракӏалде кколаан гьесдаса хасаб рухӏияб кунчӏи, хинлъи ва гӏакъиллъи нилъехъеги бачӏунеб бугилан. Гьелъ гӏемеразе квербакъи гьабулаан гӏамал-хасият лъикӏаб рахъалдехун хисиялъе, гӏелмияб хӏаракатчилъи борхиялъе, гӏумруялъулъ дандчӏварал захӏмалъаби къезариялъе. Цо рахъалдасан — гьев вукӏана магӏарулав, умумузул ирс босарав дагъистанияв, цогидаб рахъалдасан — Европаялъул тарбия щварав гӏалимчи. Хӏажилъ гӏемер букӏана тарбиялдалъун яги лъай босиялдалъун щолареб, амма тӏабигӏаталъго гьесулъ лъураб, тӏадегӏанаб ва гӏаданлъиялъул ва гӏадлу-тадбиралъул рахъ.

Квер борхун гӏунтӏулареб борхалъи

Араб гӏасруялда анцӏ-анцӏ соназ тӏурачӏого хутӏун рукӏана маданияталъул ва адабияталъул гӏелмуялъе кӏвар бугел гӏемерал масъалаби. Гьелъие гӏиллалъунги лъугьана большевизмалъул идеологиялъ цебе лъураб методологиялъ, абухъего, цӏараб хӏуччдаса къватӏире рорчӏизе рес кьолеб букӏинчӏолъи. Модалъун лъугьараб ва гӏемерал соназ жинда рекъон гӏалимзаби хӏалтӏизе ккараб гьеб къагӏида букӏана гӏицӏго цо рахъалдехун, ай социалистияб реализмалъул гӏорхъичӏвараб теориялдехун гурони, батӏияб рахъалдехун бер рехизе биччачӏолъиялдалъун загӏипаб ва заралияб. Масала, бицине бегьулеб букӏинчӏо гӏарабиязул культураялъ ва литератураялъ гьабураб асаралъул.

Хӏамзатил Хӏажи ана тӏубанго батӏияб нухдасан. Цо бугони, Дагъистаналъул адабият ва культура цебетӏеялъухъ гьев балагьана, гьеб цогояб идеялъулабгун художествияб системаялда гъорлъеги бачун. Кӏиабизе, цӏех-рех гьабуна тӏолгосоюзалъул ва тӏолгодунялалъул культуриябгун эстетикияб цебетӏеялъул кьучӏалда. Хӏакъикъаталдаги, гьеб къагӏида батана цӏакъго пайдаяблъун ва «цӏикӏкӏараб бачӏин кьолеблъун». Цоялда хадур цоял къватӏире риччана, мугӏрузул улкаялъул халкъазул художествияб пикруялъул рахъалъ захӏматал масъалабазул цӏех-рех гьабиялъул цӏияб нухдасан ун ХӀ. Хӏамзатовас хъварал тӏахьал: «Цӏадаса Хӏамзат. Инкъилабалде щвезегӏан гӏумру ва творчество (1877-1917 сс.)» (1973 с.), «Инкъилабалда цебесеб Дагъистаналъул гӏемермиллатазулаб литератураялъул система лъугьин. Художествияб системаялъул иццул бетӏер, гӏадатал ва хаслъи» (1978 с.), «Инкъилабалда цебесеб заманаялъул Дагъистаналъул халкъазул литература. Типология ва художественнияб хӏалбихьиялъул хаслъи» (1982 с.), «Художествияб ирс ва гьанжесеб заман. Дагъистаналъул литературабазул цебеселдаса пайда боси ва цоцазе асар гьаби» (1982 с.), «Квалквалал къезари. Къуватаблъун лъугьин. Цӏилъи. Дагъистаналъул советияб литература лъугьиналъул нухда» (1986 с.), «Дагъистан: тарихиябгун литературияб цебетӏей. Таварихалъул, теориялъул, методологиялъул суалал» (1990 с.), «Дагъистан: рухӏияб ва художествияб ирс» (2004 с.). Цоги тӏахьал: «Миллияб художествияб культура ракӏалдещвеязул матӏуялъуб» (1996 с.), «Дагъистан Бакъбаккул ва Бакътӏерхьул рахъалъул культурабазул нухрикьуда» (2011 с.) ва цогидалги.

Гьаниб рехсараб щибаб тӏехьалда тӏубараб ва рагӏа-ракьанде щвараб жаваб кьун буго цӏех-рехалъе босараб аслияб ва кӏвар цӏикӏкӏараб суалалъе. Амма киназулго магӏна буссараб буго гӏелмиябгун теориялъулаб цо масъала тӏубазабиялде. Гьеб масъалаги ккола Дагъистаналъул культура, адабият, мацӏ ва маданият тӏолгодунялалъул художествияб цебетӏеялъул ва хӏалбихьиялъул системаялда гьоркьоб букӏин чӏезаби.

Хӏажи Хӏамзатовасул жамгӏиябгун гӏелмияб жигаралъе тӏадегӏанаб къимат кьуна улкаялъ. Гьев мустахӏикълъана «Къадруялъул гӏаламат» (1971 с.), «Халкъазул гьудуллъиялъул» (1981 с.), «Захӏматалъул Багӏараб байрахъалъул» хӏурматалда (1986 с.), «Ватӏаналда цебе гьабураб хъулухъалъухъ» IV ва III даражабазул (1999 с., 2006 с.) орденазе, кьуна гьесие къиматал цӏарал ва къадруял премиял.

Гьев вукӏана ДАССРалъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъанлъун (1968), ДАССРалъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчилъун (1974), Россиялъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчилъун (1993), Ингушетия Республикаялъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчилъун (2006), Адыгея Республикаялъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчилъун (2011).

Гьесул цӏар абадиялъго меседилал хӏарпаз хъван хутӏила гӏагараб Дагъистаналъул тарихалда.

Мухӏамадов Мухӏамад Ибрагьимович,

филологиял гӏелмабазул доктор, профессор