Расулил гьал рагӏаби цӏалараб мехалда, бачӏунеб буго суал: Щай, батӏияб алаталъ гуреб, хонжроца басараб магӏарулас жиндир лъимадул цӏар рукъалъул хӏобода? Бегьуларебищ букӏараб носоца, гӏощтӏоца, ялъуни цогидаб рекӏараб жоялъ гьеб гьабизе? Гьединал суалал кьезе бегьила нилъер халкъалъул, магӏарул чиясул гӏумруги, гӏамалги, тӏабигӏатги лъаларев, гьеб бичӏчӏуларев цо пуланас. Дагъистаналдаги Кавказалъул цогидал бакӏаздаги хонжродехун букӏана хасаб гьоркьоблъи. Гьелъие рукӏана гӏемерал ва батӏи-батӏиял хӏужабиги. Магӏарулазул гӏумруялъулъ гьеб яргъилаб алаталъ – хонжроца кидаго кколаан хасаб бакӏ. Гьеб букӏана радал вахъаралдаса нахъе вегизегӏан магӏарулас къойил борчулеб цохӏого цо яргъил тайпа ва халкъиял гӏадатазда жаниб якъинго бихьизеги чӏезеги гьабун букӏана гьелъул бакӏги. Масала, Кӏудияв Гӏумаханил Къануназда жаниб буго гьадинаб цо хасаб жумла: «Хунжрул рахъун, цоцазе хӏинкъаби кьолел ругони, щивасдаса цо-цо чахъу бахъула», — ян.
Машгьурав гӏалимчи ва хъвадарухъан Хӏасан ал-Къадарияс «Асари Дагъистан» абураб жиндир тӏехьалда жаниб хъвалеб буго: «Цебе заманалда магӏарулазда гьоркьоб талихӏалъул ва икъбалалъул гӏаламатлъун букӏана микьго жо, гьезда гьоркьоб Гъазданущиб росулъ устарзаби Базалай-Гӏалица, ялъуни Гӏабдул-Гӏазизица гьабураб ханжарги».
Къанагӏатги хутӏулароан магӏарулав тушман гьечӏого, рагъулъги кьалулъги гӏахьаллъи гьабичӏого. Гьединлъидал къватӏисанги жанисанги букӏине бегьулеб хӏинкъиялъ тӏамулаан гьев рукӏа-рахъиналъулъ борчараб ханжаргун вукӏине. Хонжролгун магӏаруласул букӏараб гьоркьоблъи баян гьабулаго, гӏурус гӏалимчи Н. Дубровиница хъвалеб буго: «Магӏарулаз киданиги бахъулароан тӏаса ханжар, хӏатта рокъобцин. Бахъун чухъагун, магӏарулас гужгаталда тӏасан борчулаан ханжар. Щивав хохорав магӏарулав, хъисда хъисда квералги лъун, ялъуни хонжрол тӏагъиги ккун, ялъуни тункӏида тӏадги вегун, дунял-гӏаламалъул бетӏергьан кинигин, гӏамал кӏодого чӏун вукӏунаан», — илан.
Хонжроца гӏемераб жо тӏубалаан магӏаруласул гӏумруялъулъ, амма гьелъул букӏана кӏиго аслияб вазипа: рагъулабги ракълилабги. Гьелдаго цадахъ ханжар букӏана магӏаруласул напсалъулабги материалиябги культураялъул, гьесул гӏумруялъулаб философиялъул, менталитеталъул кӏвар бугеб гӏаламатлъунги.
Дагъистан Россиялде гъорлъе ун хадуб, пачаясул хӏукуматалъ ханжар бахъичӏо магӏаруласухъа, амма нилъер гьаниб Совет хӏукумат щулалъараб мехалда, 1926 соналда пачалихъалъ байбихьана бакӏалъул халкъалъухъа ярагъ бакӏаризе. Гьел соназда хонжрол суалги лъугьана цӏакъ кӏвар бугеблъун Дагъистаналда. Рорхатал трибунабаздасан, хӏакимзабазул кӏалъаязулъ, газет-журналазул гьурмаздасан кӏудияб кампания байбихьана хонжрода данде. Гьеб лъазабуна некӏсиял гӏадатазул заралияб тӏагӏеллъун, гьелъие нагӏана кьуна ва халкъалдаса тӏалаб гьабулеб букӏана гьелдаса инкар гьаби. Гьеб кампаниялда жигараб гӏахьаллъи гьабуна адабияталъги. 1920-1930-абилел соназда магӏарул автораз хъвана хонжрол темаялда тӏасан батӏи-батӏиял жанразул асарал, гьезул цо-цоял хас гьарун сайгъат гьарурал рукӏана хонжрое.
Гьедин, ханжар какун, гьелъул заралияб рахъ бихьизабун хъварал руго Цӏадаса Хӏамзатил «Бидул алат гӏодобе рехарал магӏарул росаби», «Хонжрол хӏакъалъулъ «Магӏарулав» газеталде хитӏаб», «Ханжар», «Хонжролай» абурал шигӏраби; Ражаб Динмухӏамаевасул «Бидухъ би» абураб къиса, Мухӏамад-Наби Шамиловасул «Сапинатил нух» абураб пьеса.
Гьединго хонжрол баркат гьечӏолъи бихьизабун, бидул тушманлъиялъул гӏадат какун хъвараб ккола гьаниб бахъулеб бугеб «Ханжар» абураб хабарги. Гьеб дагьаб цебегӏан батана 1929 соналъул 30 июналда гӏажамалъ бахъараб «Магӏарулав» абураб газеталда ДГПУялъул магистрант Шамил Зайнулгӏабидовасда. Гьесго буссинабуна гьанжесеб хъвай-хъвагӏаялдеги. Газеталда, асаралъул авторасул инициалал гурони (Н.А.), гьесул тӏубараб цӏарги хъван гьечӏо. Бахъизе хӏадурулаго, харбил текст дагьабго къачӏа-кӏатӏана, авторасул хатӏалъеги мацӏалъеги мукъсанлъи ккеларедухъ.
Ахӏмад Муртазагӏалиев
Ханжар (хабар)
I
Къаси, щибго сихӏ къотӏараб заманалда Мухӏамад, бакьулъ ханжарги бухьун, таманчаги бан, ахикье унев вукӏана. Гьесул хӏалалъухъ балагьун, гьев цӏакъ ццидакьго вукӏин бичӏчӏулаан. Хехго гъутхъиниса бахъун хъалиян цӏан, гьелдалъун жиндирго ццин гӏодоцинабизе гӏадин вилълъун унев вукӏана.
Гьев жиндие йокьарай ясалъул гӏадамаз нахъчӏван вукӏана. Кӏиабилеб нухалъги, цо чӏванкъотӏараб рагӏи кьеян абун ясалъул бакӏалде чиги витӏун, жеги гьениса хабарги бачӏинчӏого вукӏана. Ракӏалда ругел жуба-гъубарал хиялаздеги машгъуллъун, ахикье щвана. Рагьлил махӏ бахъараб, туснахърукъалда релълъараб хъощинив лъугьунаго, жаваб босун къваридго эбел ячӏуней йихьараб мехалда, дунял пара-пара гьабизе бокьараб жанавар гӏадин ццидахинеги ццидахун, гьес гьелда гьикъана:
— Щиб лъугьараб? — ан абун.
— Дир вас, гъой яс Тажудиние абун йиго. Тӏокӏаб гьанже нилъеца цӏар бахъизе бегьуларо. Тажудин Бакуялда цӏалулев вуго. Гьал къоязда жанив вачӏун, бертин гьабизехъин буго.
Гьесул ракӏбуссун балеб букӏана.
— Дир вас, Жанса гьедигӏан берцинай яс гуро. Лъикӏаб хӏалалда канлъигицин бихьуларилан абулеб буго.
Мухӏамадие гьеб рагӏухъ гӏенеккизецин бокьичӏо. Кӏутӏбиги рукъулаго, гьес абуна:
— Цӏакъ лъикӏ буго. Лъикӏаб бицун букӏинчӏони, хӏалицаниги букӏинагури эб…, — ан.
Ццин бахъараб бералдалъун эбелалъухъги валагьун, хонжрол тӏогъода кверги лъун, къватӏиве вахъана.
Мухӏамад нич гьечӏев, живго жиндиего гӏурав гӏолохъанчи вукӏана. Кидаго росулъ гьесул пиша букӏана, ясазухъ валагьун, руччабазда щиб-щибниги рагӏаби абун, кеп боси. Гьезда гьоркьоса гьесда Жанса йихьун, гьей ячина жинца абун, чи витӏун вукӏана гьелъухъе. Гьеб сордоялъ Мухӏамадица, тӏурараб гьве кинигин, сордо рогьана.
II
«Гӏадалаб гӏишкъуялъ» Мухӏамад хӏалалда толев вукӏинчӏо. Щиб лъугьаниги, Жанса гьесие щвезе кколей йикӏана. Гьеб ишалъулъ таманча-хонжрода гӏадин ракӏгъолеб жо щибго букӏинчӏо гьесул.
— Гьезда дун гьитӏинаб лъимерин ракӏалде ккун буго. Дица бихьизабила гьезда дир гуч, — ан абун вукӏана гьев.
Росулъ кидаго цадахъ вукӏунев, живго гӏадав цо «гӏабдал» гьалмагъги вукӏана гьесул. Гьел тӏолго росдадаго лъалаан. Гӏемерисеб халкъ гьездаса разияб букӏинчӏо. Гьелъие гӏоло батизе бегьула гьезие абун яс кьечӏейги. Мухӏамадица, жиндирго дардал чучизе гӏоло, жиндир гьалмагъги валагьун, гьесда Жансал хӏакъалъулъ хабар бицана.
— Дица гьезда дун лъазавила. Лъадай унелъул, хъамун гьей ясгун, тӏурила дун.
— Гьеб иш гьедин гьабичӏони, бихьинчи гуро мун.
— Жакъа бакъанида лъадай унаго, гьей дица хъамичӏони, дица тӏокӏаб киданиги ханжар-таманча борчиларо.
— Дицаги дуй кумек гьабила, — ян гьалмагъасги абун, гьев кӏиявго ахӏмакъасул рагӏи рекъана.
Гьеб къоялъ Тажудин Бакуялдаса вачӏун вукӏана. Мухӏамад, гьев вачӏараб рагӏун, дагьавги ццидахун лъугьана.
— Рухӏ бахъагиха гьесул, Жансал гьурмахъ хӏасратго хутӏилародухъ, — ан абуна гьес жинцаго жиндаго.
Бакъанида дуниялги бана, росдал ясалги, дагь-дагьккун къокъа-къокъа гьабун, лъадаре ине лъугьана. Мухӏамадги, кидаго аскӏоса ватӏалъуларев жиндир гьалмагъги вачӏун, Жанса хъамизе иццда гӏагарда цо бакӏалда чӏун, санагӏаталъул халккун рукӏана.
Тохлъукьего ясазда гъорлъа, чӏегӏерал беразги чӏегӏерал кьунсрузги халкъалъул берал жинде цӏалеб хӏалалда Жанса яккун ячӏун тана.
Мухӏамадил би гьалдезе лъугьана. Чӏваркьун бералгин, гьалмагъасда абуна:
— Вилълъа, гӏедегӏел гьабе! — ян.
Кӏиялго ясазда гъорлъ речӏчӏизе жураралго, ясазда гьезул иш бичӏчӏана ва чӏичӏидилаго рахъ-рахъалде лъутизе байбихьана. Мухӏамадицаги гьалмагъасги, хехго Жансаги ккун, гьениб гӏагарда букӏараб рохьоехун хъамуна гьей.
Ахакьа рокъоре руссунел рукӏарал гӏадамал, гьеб чӏиргъи-хъуйги рагӏун, иццде рортизе журана ва гьеб хабар лъазе рекерана. Жансал вац Къади, гьеб хабар лъарабго, гӏедегӏун ханжар-таманчаги босун, иццде векерана. Гьесдаго хадур гӏунтӏун росдал жамагӏатчагӏиги мухъ гьабун рачӏинел рукӏана. Тӏаде щвара-щварал чагӏи рохьоре ралагьун ун, гьел ралагьулел рукӏана. Мухӏамадги гьалмагъги, жал кквезехъин рукӏин лъарабго, ханжар-таманчаги хӏадур гьабун чӏун рукӏана.
Жамагӏаталъул цояс:
— Гьале дол гьанир руго, — йилан абулаго, ясалъул вац Къади пири гӏадин тӏаде ана.
Тунчул кьвагьана. Бищун цебесеб гулла Сагӏидилан абурав цо чиясул надалда щвана. Сагӏид гӏодов ккана. Рагъул иш кьварана.
Гьеб ишалда гьоркьор росдал гӏемерал гӏадамал журана. Кӏиябго рахъалдасан кумек гьаризе байбихьана. Мухӏамадица яс, кодоса йорчӏунгутӏизе гӏоло, хонжроца юсс-юссун яна. Ясалъул чӏичӏи рагӏарав вац, «намусалда» хъвалев вугилан ккун, Мухӏамадида тӏаде кӏанцӏун ана. Мухӏамадил гьалмагъас, хьолболъан ханжар къазе гьабун, гьев гӏодов ккезе гьавуна. Къадил гьалмагъзаби, гьеб иш бихьарабго, цадахъго гьезде тӏаде кӏанцӏун ана. Тунчузул патронал лъугӏун, иш хунжрузде ккана. Цо заманалдасан Мухӏамадги гьалмагъги тӏаде кӏанцӏун рачӏарал чагӏаз пара-пара гьарун рехана. Цо чанго хонжрол гьаракьги бахъана гьениб. Тӏарамагъадаги гьеб питна жамагӏаталъ хӏарам-балагьалъ свине гьабуна. Гьеб ишалда гьоркьоб къоло щугоясдасаги цӏикӏкӏун чи чӏвана.
Росу магӏирукъаз тӏатӏала босизе гьабун букӏана. Бищун кутакаб гӏоди Жансал бусс-буссун бараб къаркъалаялда тӏад букӏана. Киналго гьаркьаз гьеб бидул питна багъариялъе сабаблъун ккараб вахӏщияб хонжрое нагӏана кьолеб букӏана. Амма дагьал гуро магӏарул росабазул гӏадамал ракьул чохьонир лъурал хонжрол балагьалдалъун, гьелъул къурбанлъун лъугьун. Гьелъие гӏолохъаналги хералги нугӏзал руго.