Тӏукитӏа росулъа Гӏумарил Мухӏамад вукӏана гӏараб гӏелму цӏаларав чи. Гьев вукӏана Къуръаналъул хӏукъукъал ричӏчӏиялъулъги, хӏадисазул асарал лъаялъулъги, раббаниял кашфаби рагьиялъулъги, жагьилзабазни щай гурин, унго-унгоял гӏалимзабазцин жиндие тӏадегӏанаб къимат кьурав варагӏалъул агьлуялъул цевехъан. Гьединаб борхатаб даражаялдаги кӏудияб макъамалдаги вукӏиналъ араб гӏасруялъул 60-80-абилел соназда Гӏумарил Мухӏамадил цӏар тӏибитӏун букӏана магӏаруллъиялдаго. Гьесда цере балъго гӏелму цӏалулел рукӏана Мелъелтӏаса Мухӏамадрасул, Инхоса Ризван, Сивухъа Чергес, Ичичӏалиса Сиражудин, Местӏерухъа Ибнухӏажар ва гӏемерал цогидалги.
Гӏумарил Мухӏамад гьавуна 1883 соналда. Байбихьулаб лъай щвана хъизамалда. Цинги цӏалула росуцоял Гӏисал Гӏабдулада, Чумалав-дибирасда, Мундарил Халилида цеве. Гӏелмуялде бугеб рокьиялъ, лъаялде гӏащикълъиялъ Мухӏамадица живго жиндаго чӏун лъай камил гьаби гуребги, коммунистазул заманалда гӏун бачӏунеб гӏелалъеги балъго бикьана исламияб лъайги, лъикӏаб тӏабигӏат-гӏамалги, гӏелмуги.
Гӏумарил Мухӏамадил гӏумру какикьжоялда анилан абула жакъаги харабаз. Амма бигьаго букӏинчӏебха гьесие гӏелмуялъул борхалъиялде вахине. Гьев нугӏлъун ккана Кавказалъул халкъалдехун пачаясулаб Россиялъул рахъалдасан букӏараб рокьукъаб бербалагьиялъулги, пача тӏаса рехун хадусел соназда букӏараб репрессиялъул хъачӏлъиялъулги, большевиказ диналде данде гьабулеб букӏараб къабихӏаб къеркьеялъулги, гӏемераб цогидалъулги. Кин батаниги, захӏмалъабазда цебе бетӏерги къуличӏого, квералги рорхичӏого, къварилъи-гӏазабги къулчӏун, къоги хӏехьон бацӏцӏадаб шаргӏияб нух течӏолъиялъ тӏадегӏанлъана гьесул цӏар.
Чанго соналъ цебе Ичичӏалиса Мусаца «Ас-салам» газеталда бахъараб макъалаялда бицен гьабун букӏана Тӏукитӏаса Гӏумарил Мухӏамадил хӏакъалъулъги. Зулму-хӏалалдалъун Даргъове гочинавурав Мухӏамадил яшавалъул бицунаго, Мусаца ракӏалде щвезабулеб буго дунялалъул магӏишаталъул пикру гьабуларев, гьитӏинабго рокъов какикьжоялда ватарав гьесул хашабго магӏишаталъул хӏакъалъулъ. Гӏелму тӏалаб гьабун гьесухъе щварав Мусаца ва гьесул гьалмагъзабаз рохьоса рахи-цӏулги баччун бан буго гьесие мина. Гьединав, диналда тӏадчӏарав, ахираталъул гурого ургъел гьечӏев Аллагьасул вали вукӏанин Гӏумарил Мухӏамадин ракӏалде щвезабулеб буго Мусаца.
1966-1967 соназ Мухӏамад гочана Хасавюрт районалъул Тӏукитӏе. Гьениреги гӏемерал чагӏи рачӏунаан гьесухъе гӏелму лъазабизе. Гӏисинал-чӏахӏиял батӏалъи гьечӏого, исламияб лъаялде цӏайи бугел жиндирго гӏумруялъул ахирал къоязде щвезегӏан балъгого цӏализаруна гьес. Гьев къадаралде щвана 1990 соналъ, вукъун вуго Хасавюрт районалъул Тӏукитӏа росулъ.
Гьесдаса нахъе ккун чӏолароан гьеб рахъалъ руччаби-ясазе гӏараб мацӏ малъулей ва гьел Къуръан цӏализе ругьун гьарулей Мухӏамадил чӏужу, Алданхӏажиясул яс Нажаватги. Гьезул баракаталъ гӏелмуялде нух бахъарал росуцоязул ва мадугьалихъ ругел росабазул гӏун бачӏараб гӏелалъул сияхӏ халатаб буго.
Гӏодосанго гӏелмуялде гъира-щавкъ бугеб хъизамалда гӏурал лъималазги тӏаса бищана бацӏцӏадаб шаргӏияб нух. Гьесул вас Гӏумархӏажица жиндирго лъай борхизабуна Сириялда. Хӏалтӏана Тӏукитӏа росдал мажгиталъул имамлъун, Ленинкенталда чанго соналъ тӏуразаруна имамасда тӏадал ишал.
Чӏухӏа-къули гьечӏев, «дун», «дица», «дир» абурал рагӏаби жиндир кӏалдиса рачӏунарев, гӏодове виччарав, хӏалимав гьев инсанасул хӏакъалъулъ шагӏир Мухтар Будуновас хъвараб кочӏолъ руго гьадинал мухъал:
Я ле, Гӏумархӏажи, гьаб хӏикмалъи щиб,
Хӏежалде унилан мун пахрулъичӏев?
Гӏелмуго цӏаличӏез дугӏаги гьабун,
Гьал бецӏал руччаби гьалгъазарулин.
Вацасда вац лъалеб заман гьаб гурин —
Гурун къай ботӏрода къиматаб чалма.
Росдал гӏадамазда хӏажичиясул —
Чалмаги къадруги къватӏиб тӏатине…
Хӏасил гьабун абуни, киназго мисал босизе мустахӏикъаб гӏамал-хасияталъул ирсилал руго Гӏумарил Мухӏамадил.
Супьян Мухӏамадов, РФялъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул член