Ахирал соназда гӏемер бицараб, нилъеда киназдаго лъикӏ лъалеб ва дандчӏвалеб суаллъун ккола республикаялда цӏакъго гӏемерлъун рукӏин тӏадегӏанаб цӏалул учреждениял, цӏикӏкӏунеб букӏин, щиб санагӏат гьабунги, дипломал кодоре щвезе бокьаразул къадар. Амма гьезул цӏалуда ва дипломазда рекъараб, гьезие гӏураб ва гьелде гӏагарараб хӏалтӏи нилъер гьаниб гьечӏо, щакаб буго гӏагараб заманалда букӏинги.
Гьебго заманалда нилъее гӏолел гьечӏо хӏалтӏул профессиязул (гьездехун цӏайи, дагь-дагьккун цӏикӏкӏунеб бугониги) хӏалтӏухъаби. Гьабсагӏаталда Дагъистаналда буго 30-гӏанасеб вуз, гьезул филиалал ва 87 колледж. Хӏалтӏул махщалилал къватӏире риччалел колледжазда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола Махӏачхъалаялда бугеб бакӏал раялъул ва дизайналъул колледжалъ.
Жакъа ниж щвана гьенире ва гьелъул хӏакъалъулъ къокъабго баян кьуна, 45 соналъ директорасул заместителасул хъулухъги тӏубан, гьабсагӏаталда преподавательлъун вугев, Чӏарада районалъул Гӏурухъ-Сотӏа росулъа Мухӏамадбег Гӏизраиловас. Гьев ккола хӏалбихьи бугев педагог-насихӏатчи, ДРялъул мустахӏикъав учитель, РФялъул СПОялъул Хӏурматияв хӏалтӏухъан, Тӏадегӏанаб категориялъул мугӏалим.
— Колледжалъ гъоркьиса тӏубана 50 сон. Байбихьуда гьеб букӏана профессионалияб училище, доб мехалъ, советияб заманалда гьанив цӏалулаан 600-650 студент. Хадуб гьаб гӏемерго гӏатӏилъана, кӏодолъана, 2013 соналда профессионалияб лъай кьеялда гьарурал реформабазул хӏасилалда гьелъул гьабуна колледж. Гьелъул цӏалул, хӏалтӏул аслияб рахълъун ккола ралел бакӏазул магӏишат хасаб гьоркьохъеб цӏалиялъул хӏалтӏухъаби- устарзабаздалъун хьезаби. Нижеца къватӏире риччала сварщикал, отделочникал, плотникал, электрикал, машинаби къачӏалел механикал ва гь.ц. Ясал ругьун гьарула ретӏел букъизе, квен ва кванил нигӏматал хӏадуризе. Къокъго абуни, гъира бугезе буго бокьараб махщел щвезе рес, гьелъие камураб щибго гьечӏо, кибего рагьун буго каву. Гьабсагӏаталда гьанив цӏалулев вуго 1500-1600 студент, гьезие лъай-тарбия кьола 70-гӏан преподавателас, руго махщелгун хӏалбихьи бугел мастерал. Нижеца къабул гьарула 9 ва 11 класс лъугӏарал цӏалдохъаби, 9 класс лъугӏун рачӏаразе щола 10-11 классазул гьоркьохъеб лъай, киназего щола лъикӏаб лъай ва махщел. Лъабил къимат гьечӏого цӏаларазе буго стипендия, буго лъабил къимат бугониги кьолеб социалияб стипендия, дирекциялъ яхӏ бахъула хӏажалъиялде ккаразе ресалда рекъон материалияб кумек гьабизе. Хӏажатазе буго общежитие. Нижер лъикӏал бухьенал руго Аграрияб ва Техникияб университетазулгун, гьаб лъикӏ лъугӏаразе гӏезегӏан бигьалъаби руго гьенире лъугьинеги. Гьанибго рехсела цоги хӏужа — гьаб колледж лъугӏарал гӏезегӏан гӏолохъаби руго СВОялдаги, гьезда гьоркьор руго рагъулъ бахӏарчилъи бихьизабуралги.
— Дагьлъулеб бугищ цӏализе бокьаразул къадар, цӏали лъугӏун хадуб хӏалтӏи щоларого хутӏулищ гьел?
— Цере аслияб куцалда рачӏунаан росабалъа гӏолилал, цӏакъ дагь гурони рукӏунароан шагьараздаса. Гьанже гьеб рахъалъ буго гӏага-шагараб ращалъи. Гӏемерисел руго гьоркьохъеб ресалъул, гӏадатиял хъизамаздаса. Абила бугеб хӏалалда — гьаб лъугӏарал, гьаниб махщел щварал гӏолилал хӏалтӏи гьечӏого хутӏуларо, гьезул буго лъикӏаб тӏалаб — гӏемерисел уна ралел бакӏазде (гьенибго букӏуна гьезул практикаги).
Хадур ниж щвана рукӏинесел сварщикал ругьун гьарулеб цехалде ва гьенир дандчӏвана тӏоцебесеб курсалъул студент, Болъихъ районалъул Ансалтӏа росулъа Хӏосенов Абукъасимгун.
— Абукъасим, сварщикасул махщел тӏаса бищиялъе гӏилла щиб букӏараб?
— Дир цӏалул хӏасилазда рекъон, вахъуна кӏиабилеб ялъуни лъабабилеб разрядалъул сварщик. Бищун тӏадегӏанал рукӏуна 5-6 разрядал, амма гьел щола хадусеб хӏалтӏул хӏалбихьиялда рекъон. Гьаниб букӏуна цӏалиги практикаги — тӏоцебесеб курсалда лъугӏула 10-11 классазул программа (9 класс лъугӏун цӏализе рачӏараз), кӏиабилеб курсалда букӏуна практика. Нижер классалда вуго 30 студент, гьабсагӏаталда гьел руго дарсазда. Дагьал цере нижер гьанир рукӏана колледжалъул студентал — сварщиказда гьоркьор къецал, гьениб дица ккуна тӏоцебесеб бакӏ. Гьанже гьанирго 16 февралалда тӏоритӏизе руго гьединалго къецал. Республикаялъулго колледжазда гьоркьор тӏоритӏулел гьел къецазда нижер колледжалдаса гӏахьаллъизе вуго дун.
— Тӏоцебесеб бакӏ щвеялде хьул бугищ?
— Буго. Гьенир бергьаразе рихьизарун руго шапакъатал, тӏоцебесеб бакӏ ккурав уна Калугаялде, гьединалго тӏолгороссиялъулал къецазде.
— Цӏализе, хӏалтӏизе кинал шартӏал чӏезарун ругел?
— Сундулго къварилъи гьечӏо. Кьола стипендия (600 гъурущ), буго общежитие (гӏумру гьабулев Шамхал-Терменалда вукӏиналъ дун гьенив чӏоларо), учузаб багьаялда кваназе ине столоваяги буго. Камураб, гӏолареб жо гьечӏо.
— Гӏемерисел дур кьерилаз тӏаса бищула дагьаб бигьаяб, компьютералда нахъа чӏун тӏубалеб хӏалтӏи. Дуеги гьебго бокьилароанищ? Цӏали лъугӏун хадув кив хӏалтӏизе ракӏалда бугеб?
— Дидаги лъала компьютер, амма дица къабул гьабуларо, дие данде кколаро гьелда нахъа вукӏун гьабулеб хӏалтӏи. Цӏали лъугӏун хадув хӏалтӏила машинаби къачӏалев сварщиклъун. Дирго рукъалда аскӏоб гьелъие гьитӏинабго бакӏги рагьун, рахӏаталда, дие гӏагараб, бокьулеб хӏалтӏиги гьабун вукӏиналдаса лъикӏаб иш дие гьечӏо.
ГӏАБАШ ГӏАБАШИЛОВ