24 февралалда Казбек районалда, Муса Гӏазаевасул цӏаралда бугеб спорталъул школалда тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Камилпаша Гӏумаханов, адвокатазул коллегиялъул председатель Зайбодин Гӏумаров, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Темирхан Хӏасанов, хӏалхьиялда вугев полковник Сайгид-султан Хӏажигӏалиев, хӏалхьиялда вугев полковник Аслудин Сурхаев, Хасавюрталъул техникияб колледжалъул директор Шамил Мухӏамадов ва цогидалги.
Тадбиралда кӏалъазе вахъарав Муса Гӏазаевас абуна:
— Жакъа гьаб данделъи гьабизе ракӏалде ккана, февраль моцӏалъул 24 къо хасаб рагъулаб операция байбихьараб къо букӏиналда бан. 23 февральги ккола Ватӏан цӏунулезул къо. Гьединлъидал, гьеб кӏиябго къо цолъизеги гьабун, гӏуцӏана гьаб тадбир.
Жакъа гьанир руго афгъанал, СВОялъул гӏахьалчагӏи, ополченцал ва полициялъул хӏалтӏухъаби. Гьел руго батӏи-батӏиял тунка-гӏусиязда ва рагъ-кьалазда гӏахьаллъарал ва лъадарарал чагӏи. Гьанир руго лъабцӏул «Орден мужества» щварав, рагъда жиндирго рухӏ кьурав васасул эмен ва цогидал бахӏарзал, — ан.
— СВОялъул гӏахьалчагӏигун данделъизе кин тӏоцебе байбихьараб?
— Тӏоцебесеб данделъи гьабизе байбихьана гьенив тӏагӏарав Дилималдаса цо гӏолохъанчи сабаблъун. Дун вуго ополченец. Кин бугониги, дица дора ругезулгун бухьенги гьабун, гьесул цӏех-рех гьабулаго, тӏагӏун вукӏарав вас вачӏана живго. Дица ополченцазе лъагӏалида жаниб цо-цо нухалъ шапакъатал, медалал кьолаан. Гьебги лъан, цо къоялъ гьес абуна жиндиеги щайин гьеб медаль кьоларебилан абун. Хвалдаса ворчӏарав, хӏалица рокъове щварав чи гьебги кьун вохизавизе диеги бокьана. Цинги гьес вачун вачӏана жеги лъабгояв, гьезиеги кьуна, гьезда хадур цоги рачӏана, гьезиеги кьуна. Ахӏун бачӏунаан жидее кьоларищилан абун. Щай гьезие гьел кьезе бегьулареб? Украинаялъул ракьалда цо гали лъуравги вуго бахӏарчи. Гьедин байбихьана СВОялъулазулгун, афгъаналъулазулгун ва полициялъулазулгун хӏалтӏи гьабизе.
— Гьарулел ишазул хӏакъалъулъ бицунеб сайт ялъуни социалиял гьинал ругищ дур?
— Буго. Россиялда гьукъараб Инстаграмалда бугеб гьумералде ваккула 15 азаргогӏан чи. Гьенир лъола дица гьаруралщинал хӏалтӏаби. Киназдаго бихьула, балагьула ва 150 азаргогӏанасеб къадар балагьаразулги батула гьениб. Цинги чангияз ахӏун бачӏуна, Краснодаралдаса гӏурус миллаталъул чиясцин бачӏана, бегьулищила нужехъе рачӏинеян. Бегьулин абула дицаги. Рачӏуна батӏи-батӏиял районаздасаги гӏолохъаби. Нолъ ахӏун бачӏана Нугъай районалдаса чияс, жив вачӏине бегьилародаян абун. Дуего бокьараб къоялъ вачӏайин абуна гьесдаги.
— Гьедин вачӏарав чи, къисмат цӏехечӏогойищ къабул гьавулев, цинги шапакъатги кьолеб?
— Дица гьанже байбихьун буго гьедин вачӏарасухъа документ тӏалаб гьабизе. Бокьарав чи вачӏине рес бугелъулха медаль къваригӏун. Нилъер гӏемерал руго ричун росун «Герой Дагестана» медалалгун. Рагъ щибжояли лъадарел, каранда гьелги кенчӏезарун, хьвадулел рукӏуна. Чангиял рачӏуна гӏунсбузда. Дида гъол лъаларелъул, къвал бараб мехалда квер батуларо, бох батула протез лъураб. Гьединазе дица кьола «Салатавиялъул бахӏарчи» медаль. Дора къадар щваразул гӏагарлъиялъухъе кьола гьебго медаль. Нижер букӏуна кин ва лъие гьеб кьолебали бихьизабураб къагӏида. «Салатавиялъул бахӏарчи» медаль щвезе захӏматаб жо буго, хасго рагъул гӏахьалчагӏазе. Гӏадатиял гӏадамазе кьеб кьезе нижеца хӏукму гьабула, гьесул хӏалтӏухъ балагьун. Гьеб кьелищ-кьеларищали дандбалеб хасаб къокъа буго 15 чиясдаса гӏуцӏараб. Гьез изну кьуни гурони, гьеб кьоларо. Жакъа гьаниве вачӏине кколаан Гӏамир Гӏазаев, Гӏумаханов Камилпашал каранда «Герой Народного ополчения Дагестана» абураб медаль базе, гьединго лъабцӏул бахӏарчи Мухӏамад Хӏасановасул эмен Хасайида вас мустахӏикълъараб «СВОялъул Бахӏарчи» медаль базе.
Нижеца гьанибго хӏукму гьабуна республикаялъул «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Темирхан Хӏасановасеги «За веру и службу России» абураб медаль кьезе. Нилъеда бихьулеб буго гьесул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏулел журналистаз гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб букӏин.
— Дургоги каранда бихьула цо батӏиябго медаль. Гьеб сундухъ дуе кьураб?
— Чачаналда вуго дир спортивияб школалда цӏаларав кӏиго цӏалдохъан. Цояв ккола рагъулав хъулухъчи, цогидав — спортшколалъул директор. Дир юбилеялъулаб турнир тӏобитӏулеб мехалда битӏун бачӏана гьез дие гьаб меседил медаль. Дагъистаналда дир гурони гьеб гьечӏо. Доз бачӏараб бихьидал, нилъергояз Шамил имамасул цӏаралда бугеб медальги кьуна. «Дагъистаналъул бахӏарчи» абураб медальги буго дир.
— Хасаб рагъулаб операциялъул гӏахьалчагӏазе гуребги, волонтеразегийищ кьолеб гьеб шапакъат?
— Дилим росулъа волонтерал тӏоцересел къоязго рукӏана СВОялде гуманитарияб къайи босун хьвадулел, гьел кутакалда лъикӏ хӏалтӏулел гӏолохъабиги руго. Гьездаго цадахъ гьениве дир васги вукӏана ун. Гьел тӏасан хьвадулеб букӏараб кьоги кьвагьизабун буго гьениб, доб рахъалде щвелалде. Гьезул цӏакъ хӏинкъараб хӏалтӏи бугин абизе бегьула. Краснодаралдаса дир гьалмагъасул вас чӏвана гьениве кумекалъулаб къайи босун унелъул. Шамил районалъул нухмалъулесул заместительги чӏвана гьенив, гьединабго кумекгун ун вукӏарав чи. Гьединлъидал волонтералги ахӏула дица гьанире, кӏодоги гьарула. Дирго васасе кьолелъул къабул гьабичӏо гьес, гӏадамаз щибин абилебинги абун. 1999 соналда букӏараб рагъда дида цадахъ вукӏана дир кӏиявго вас. Цоясул букӏана 25 сон, цогидасул — 15 сон. Машинаялде рахунел ополченцазда гъорлъ вукӏана Гӏазаевазул 14 чи. Дун чӏухӏун гурони, дир гьумер нечезабурал васал гьечӏо дир. Болъихъ рагъ-кьал бугеб заманалда гьенире арал васазул дица батӏаго хӏурмат гьабула. Жакъа гурони дица васасе гьеб медаль кьечӏо, нечонги вукӏана гьев, бугониги кьуна.
Дица кидаго абула рагъде ине кӏварав чи, гьев бахӏарчи вугин. Дун ополченцалгун хӏалтӏулаго, дица абулаан гӏолохъабазда, нужеда кӏолищин автомат кодобе босизе. Цо-цояз босана, цо-цояз босичӏо, лъица кин абуниги, ярагъ кодобе босичӏого тейги бихьинчилъи буго.
— Муса, нужеца гьадинал тадбирал кида гьарулел?
— Тӏоцебе, ополченцалги ракӏарун, данделъи гьабулеб букӏана моцӏида жаниб 6-7 нухалдаги. Цӏикӏкӏун гьариялъ захӏмалъулел рукӏана. Цинги хӏукму ккана моцӏида жаниб цо нухалда гьабизе. Гьанире рачӏарал гӏолохъаби чӏорого риччачӏого, байбихьана гьезие шапакъатал кьезе.
— Тамашаяб жо, Муса, мунго кин хутӏарав СВОялде инчӏого?
— Ватӏаналде тӏаде къо ккедал рахъана ополченцалги, СВОялде ана гӏолохъабиги, дун гьелгун вуго кидаго. Дица абула гьезда, цо-цогӏаги дунги вачейин цадахъилан. Мун гъове хьихьизейищ жидеца вачиневинги абун, релъула гьел. Гъира букӏуна, цо-цо гъолгун цадахъ инеги. Дица гьедин абуниги, 76 сон барав дун кивеха гьез вачинев?
— Казбек районалдаса чан гӏолохъанчи гӏахьаллъарав ва гӏахьаллъулев вугев СВОялда?
— Дихъ мухӏканаб баян гьечӏо, амма цо заманалда азаралда щунусгоялдаса цӏикӏкӏун чи вукӏана. Гьелдаса хадувги гӏемерав чи ана. Казбек район кӏиабилеб бакӏалда бугин абулаха.
— Муса, щиб гьарилеб нилъер гӏолохъабазе?
— Аллагьас рохалида, сах-саламатго, жидерго хъизамазде, эбел-инсуде, лъималазде тӏаде бергьенлъигун рачӏине хъван батаги киналго, гьаб гӏагараб заманалда жаниб.
Данделъиялда гӏахьаллъарал СВОялъул бахӏарзаз ва тӏаде рачӏарал гьалбаз, жидерго ва рагъухъабазул рахъалдасан ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабуна Муса Гӏазаевасе, гьесул кумекалдалъун бачӏунеб гуманитарияб кумекалъухъ ва кӏодо гьарун кьолел шапакъатазухъ.
Гара-чӏвари гьабуна Рукъият Гӏалисултановалъ