Наркотиказде данде къеркьолеб ДРялъул Миллияб комитеталъул (НАК) баяназда рекъон, бищун гӏемер наркотикал тӏиритӏараллъун рикӏкӏуна Махӏачхъала, Гъизляр, Дербент шагьаралги Дербент ва Тарумовка районалги. Щай цӏикӏкӏунел ругел наркотикал хӏалтӏизарулел гӏадамал ва щиб гьабизе кколеб гьел тӏиритӏизарунгутӏиялъе? ДРялъул Наркотиказда хадуб халкквеялъул управлениялъул Махӏачхъалаялда бугеб отделалъул нухмалъулев, полициялъул подполковник Гӏумархӏаям Гӏумаровасе гьел ва цогидал суалал кьуна «Дир хирияб ватӏан» абураб къокъаялъул гӏахьалчагӏаз.

— Республикаялда гӏемерлъулел руго наркоманал. Гьелъие аслияб гӏилла щиб кколеб?

— Аслияб къагӏидаялда наркотикал ричулел руго социалиял гьиназдаса пайдаги босун. Гьединлъидал гӏолилазе бигьалъулеб буго гьел росизе, ругеб бакӏ балагьизе. Гьеб буго наркотиказде данде къеркьолеб идараялъе бищунго захӏматаб масъала. Гьеб тӏубазабиялъул мурадалда нижер идара хӏалтӏулеб буго республикаялъул гӏолилазул жамгӏиял гӏуцӏабазулгун ва муфтияталъулгун щулияб бухьенги гьабун. Гӏемерал тадбирал тӏоритӏула вузаздагун школазда. Амма кинго хадур гъоларо хехго тӏибитӏулеб бугеб гьеб заралияб пишаялдаса гӏолилал ратӏа гьаризе. Хӏажат буго тӏолабго халкъалъул хӏаракат гьелде данде къеркьеялде буссинабизе.

— Кин дихъа, мисалалъе, бажарулеб гьелде данде къеркьезе?

— Наркотиказул зарал бичӏчӏулев щивав чиясе рес буго гьелъул хӏакъалъулъ макъалабиги цӏалун, нужго ругел бакӏазда гӏолилазулгун гара-чӏвариял гьаризе. Нужеда лъалеб буго наркотикал ричулеб бакӏ, гьеб гьабулев чи — кӏалъай нижехъе.

— Аптекаялда бокьараб дару бичула, рецептги тӏалаб гьабуларо. Гьенир ричулищ наркотикал, ругищ гьединал баянал?

— Махӏачхъалаялда буго инсанасул черхалъе цӏикӏкӏараб асар гьабулел, ай наркотикияллъун яги наркотик гъорлъ бугеллъун рикӏкӏунел дараби ричулеб пачалихъияб кӏиго аптека. Гьенисан къватӏибе унеб щибаб даруялъул сияхӏ-хӏисаб гьабула. Рецепт гьечӏого, кьезеги кьоларо. Хутӏарал аптекабазда гьел ричуларо — гьезул ихтиярги гьечӏо гьел ричизе. Нижеца кутакалда халкквей чӏезабун буго гьелда хадуб. Гьелъул мурадалда гӏемерал рейдалги гӏуцӏана. Гьединлъидал ракӏчӏун абизе кӏола: аптекабазул 90 проценталда наркотикал ричуларо. Гӏемерал тадбирал нижеца гьарулеблъи хӏехьечӏого, чанги аптека къана шагьаразда.

Амма рецепт гьечӏого цогидал дараби кьеялъул масъала буго. Гьедин ричула макьу бачӏинабулел, унти къатӏинабулел, чорхол хӏалуцин дагьлъизабулел ва цогидал дараби. Хӏакъикъаталда, рецепталда рекъон гурони, бегьуларо гьелги ричизе. Цадахъго гӏемерал таблеткаби гьекъани (масала, Нурофеналъул цо тайпа, Атаракс), гьезги лъугьинабизе бегьулелъул наркотикал гьекъараб гӏадаб хӏал. Гьелда хадубги халкквей гьабула нижеца. Масала, кӏигогӏан соналъ цебе Буйнакскиялда ккуна, хӏажат гьечӏониги, черхалъе цӏикӏкӏараб асар гьабулел дараби росизе рецептал кьурал тохтурзаби, пачалихъияб аптекаялъул хӏалтӏухъаби.

— Кинаб хасият букӏунеб наркотик хӏалтӏизабурав чиясул?

— Руго синтетикиялги каннабисалъулалги наркотикал. Кинаб наркотик хӏалтӏизабун бугеб — гьелда бараб букӏуна чиясул хьвада-чӏвадиги, хасиятги, сипаталъул хаслъиги. «Синтетикияв» наркоманасул ясберал чӏахӏалъула, берал рукӏуна къватӏире кӏанцӏизе хӏадурал гӏадал; гьев жигаралда вукӏуна, цо ишалъе-мурадалъе гӏоло хӏаракат гьабулев гӏадин. «Каннабисияв» — макьихун, цо бакӏалда чӏун хутӏарав гӏадин вукӏуна.

— Гӏолилазе кутакалда рокьула энергетикал гьекъезе. Гьезул зарал букӏунищ? Бегьуларищ гьел гьукъиялъе тадбирал гьаризе?

— «Горилла» ва гьелда релълъарал цогидал энергетикал гӏемерисеб мехалда гьекъола спортсменаз – хӏалуцараб тренировкаялдаса хадуб черх рукӏалиде ккезабизеян абун. Гьезда гъорлъ рукӏуна кофеиналъул кӏудияб доза ва цогидал жал. Гьебго заманалда, нилъеда лъала, гӏолилазул черхалъе гьез кӏудияб зарал гьабулеблъи. Амма гьел ричугеян абизе нижер ихтияр букӏунаро: гьезулъ чорхое зарал гьабулел жал ругилан абураб лабораториялъ тасдикъ гьабураб кагъат гьечӏелъул. Административияб кодексалда буго низам хвезабиялъул хӏакъалъулъ хасаб статья. Гьелда рекъон гьукъун буго 18 сон бачӏел гӏолилазе энергетикалги вейпалги (электронниял сигаретал) ричизе. Гьединаб хиса-баси кодексалда гьабуна исана. Гьел ричулев чиясе административияб тамихӏги гьабула.

Энергетикал гьекъарав 5-6 гӏолохъанчи больницаялде ккана. Лабораторияб анализ гьабизе чанго моцӏ бала, гьединлъидал мухӏканго абизе кӏоларо, гьекъарал жалазул хӏасил гьеб кколищали. Амма тӏоцересел анализаз щаклъизе тӏамулел руго гьелъие гӏиллалъун наркотикал рукӏиналде. Гьанже гьеб масъалаялде цӏикӏкӏун кӏвар кьолеб буго депутатазги. Хьул буго энергетикалги вейпалги гьукъиялъул законалда жеги хиса-басиял гьариялде.

— Дагъистаниязда гьоркьоб тӏибитӏун буго низам цӏунулел идарабаз наркобизнесалъе квербакъулеб бугин абураб пикру. Гьеб битӏараб бугищ?

— Гьединал харбал руго. Амма гьеб пикру ритӏухъ гьабизе кӏоларо. Гьеб рахъалъ ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏула Кавказалъулго низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъаби. Нилъ руго Дагъистаналда гӏумру гьабулел. Кигӏан бахчизе хӏаракат гьабуниги, гьединаб хабар нухмалъиялъухъе щвечӏого хутӏуларо – гьеб буго нилъер менталитеталъул хаслъи. Наркобизнесалъулгун бухьен гьабиялъул букӏунеб хӏасилги киназдаго лъала. Гьединлъидал низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъаби гьеб ишалда гьоркьоре къаларо. Гьеб пишаялде лъугьарав чи ахир-къадги тӏатуна ва гьесие кьварараб тамихӏги гьабула. Гьелъул хӏужабиги цӏакъго дагь руго республикаялда. Дун 20 соналъ хӏалтӏулев вуго наркополициялда. Наркобизнесалъе къайимлъи гьабулев полициялъул хӏалтӏухъан дида вихьичӏо.

— Полициялъул хӏалтӏухъанас, хъулухъалдаса пайдаги босун, наркотикал тӏиритӏизаризе кумек гьабиялъул хӏужаби ругищ?

— Гӏарцухъ намус-яхӏ бичулев хӏалтӏухъан камураб идара цониги батиларо. Гьединал тӏатинарула ва тамихӏалде цӏала.

— Щиб гьабизе кколеб наркотиказул балагь тӏагӏинабизе?

— Киналго цадахъ рекъон хӏалтӏизе ккола. Хъизамалда, школалда, вузалда бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гӏуцӏизе ккола. Наркотикал щай тӏиритӏулел ругел? Гьел росизе къваригӏарал чагӏи гӏемерлъун ругелъул. Щибаб моцӏалда нижеца туснахъ гьарула наркодилерал. Гьезул бакӏалда рачӏуна цӏиял. Рокъобги, мажгиталдаги, лъай кьеялъул идарабаздаги – кибго тарбия кьолеб бугони, гьел росизе къваригӏарал гӏадамалги дагьлъила, наркотикалги республикаялда къанагӏалъила.

— Кинаб тамихӏ гьабулеб наркотик бичарав чиясе?

— Наркотикал ричиялъухъ яги тӏиритӏизариялъухъ административияб тамихӏ букӏунаро — гӏицӏго уголовнияб. Наркотик хӏалтӏизабиялъухъ ва цӏуниялъухъ (масала, марихуанаялъул анлъго граммалъухъ) букӏине бегьула административияб тамихӏ: гӏакӏа бахъи яги хӏалтӏизе тӏами. Гьелдаса цӏикӏкӏараб бугони, гьабула уголовнияб тамихӏ. Гьеб бараб буго бичараб наркотикалъул къадаралда. Масала, героиналъул гьитӏинаб доза бичаралъухъ кьезе бегьула 10 соналъул туснахъ, 50-100 граммалъухъ — 20-25 сон. Гӏумруялъго жанив тӏамизеги бегьула.

— Кисан рачӏунел наркотикал Дагъистаналде?

— Наркотикал хьвадулел нухазда хадуб кидагосеб халкквей букӏуна. Аслияб къагӏидаялда Россиялъул централиял регионаздаса нилъехъе раччула синтетикиял наркотикал. Къватӏисел улкабаздаса къанагӏат гурони рачӏунаро – лъагӏалида жаниб цо хӏужа букӏине бегьула гьединаб.

Гьел раччула жалго бетӏергьанаб машинаялда, поездалда: гьениб балъгояб бакӏ гьабула наркотикал рахчизе. Нилъер гӏадамалги уна Москваялде, Москва областалде, Ростовалде ва гьениса наркотиказул кӏудияб партиягун тӏадруссуна.

— Дагъистаналдаго наркотикал хӏадуриялъул хӏужаби ругищ?

— Централияб Россиялда хӏадурула мефедрон ва цогидал наркотикал. Нилъер гьанибги букӏана мини-лаборатория гӏуцӏиялъул 2-3 хӏужа. Амма гьелъул гӏуцӏарухъаби ккуна ва гьабсагӏаталда жанир тӏамунги руго. Ккуна дагьалъ цеве Махӏачхъалаялдаса гӏолилавги. Мефедрон хӏадуриялъул мурадалда гьанжего-гьанже байбихьараб лаборатория бугоан гьесул.

8-10 соналъ цебе Дагъистаналда тӏибитӏун букӏана спайс. Гьеб хӏалтӏизабиялъухъ уголовнияб тамихӏги чӏезабун букӏинчӏо. Ахирал соназда наркотиказул бокьараб тайпаялъухъ уголовнияб тамихӏ чӏезабун буго.

Хӏадурана Кавсарат Сулеймановалъ.