Исана лъабкъого сон тӏубала Афгъанистаналъул рагъул бахӏарчи, Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъа Шамил Гӏалиханов гьавуралдаса. Гьелде тӏадеги жубалеб буго цоги пашманаб хӏакъикъат — исана гьединго кӏикъого сон тӏубала, гӏагараб ватӏаналда цебе налъиги тӏубалаго, Афгъаналъул мугӏрузда гьес берал къанщаралдаса. Досул букӏана гӏицӏго къого сон…
Дагьал церегӏан къояз цоги нухалда ракӏалде щвезавуна бахӏарчи. Гӏагараб росдал гьоркьохъеб школалда ва гьесул минаялъул къадада чӏвана ракӏалдещвеялъул хъарщал, районалъул нухмалъиялъул вакилзабиги гӏахьаллъун. Шамилил тӏоцеесей учитель йикӏана дир эбел, мунагьал чураяй Хӏалимат Гӏалибегова. Гьелъги гӏемер бицунаан гьитӏинав Шамилил кьвариялъулги къвакӏиялъулги. Гьейгун цадахъ гӏемер щолаан дун Шамилихъе рокъоеги. Ракӏалда буго цо гьадинаб лъугьа-бахъинги:
— Тӏанусисан, сухъмахънухдасан тӏаса-гъоркье жиндирго гӏагараб росулъе лъелго ине йикӏарай эбелалда вихьула гьитӏинав Шамил жидерго минаялъул къададасан гъоркьеги вортун, чанго нухалда гирун, лъикӏго гъокьегӏан унев. Гьезул мина буго кьурул рагӏалда. Ахӏуд щварал росуцоязда ракӏалдецин ккун букӏинчӏо Шамил чӏаго ватилин. Амма гьел аскӏоре щолаго, Шамил тӏаде вахъун вуго. Гӏурабго борхалъиялъул кьурулъан вортарав гьитӏинав Шамилида ругъунгицин лъун батун гьечӏо…
Дов цӏунун вукӏана мугӏрул кьурабаз
Хъван буго гьесул хӏакъалъулъ журналист Хӏажи Гӏариповас «Вечная слава мужеству» абураб тӏехьалдаги. Хъвана гьесул гьайбатаб къиса гӏагараб росдал мугӏруз жидерго карандаги. Цӏалулеб буго гьеб къиса жакъаги бахӏарчиясул ирсилаз. Такрарлъана гьесул гьунарал, 1999 соналда, гӏагарал мугӏрузде «ахӏичӏел гьалбал» рачӏиндалги — Тӏанусиса кӏиго гӏолилав мустахӏикълъана «Бихьинчилъиялъул орденалъе». Такрарлъулел руго гьел жакъаги – гьитӏинабго Тӏануси росулъа СВОялда гӏахьаллъана ва гӏахьаллъулев вуго лъабкъогоялде гӏагарун гӏолилав. Гьезда гьоркьой йиго кӏиго гӏолилайги — хъахӏал маккал-медсестраби. Гӏелалъ гӏелалъухъе кьун, бахӏарлъулеб буго бахӏарчилъи.
Гьаниб гъоркьехун цоги нухалда такрар гьабулеб буго Шамилихъе эбелалъ хъвараб ахирисеб кагътил къисаги.
Хъвалаго хутӏараб кагъат
— Салам, дир хирияв вас Шамил. Гьалеха эбелалъ духъе хъвалеб буго цоги кагъат. Щаялиго рекӏее рахӏатги гьечӏо. Кьижун макьуги щолеб гьечӏо. Дур хабарги лъаларого, ракӏбакъван йигоха, дарман. Щайха дуца дие жаваб кьолареб. Цохӏо рохелги бугоха дие. Кватӏичӏого армиялъул болжалги лъугӏун, мун рокъове тӏадвуссина. Дир рекӏел канлъи Шамил! Бокьун бугеб куцха, каранде мунги къан, дур ботӏрода кверал рахъизе. Цӏакъго урхъун йиго гӏорцӏизегӏан дур бадие ялагьизе, кидаялиго, дур лъимерлъуда гӏадин, дур кверги ккун, росдал къватӏахъан тира-сверизе. Вай, ботӏролъе рачӏунел цо-цо пикрабазги хӏинкъизаюлей йиго. Кколеб буго гьаб кагъат ахирисеб нухалда бугин духъе хъвалебилан абун. Унго-унгоги, хутӏилародай дун, мун вачӏинегӏан. Нагагь дун цееса ун ятани, рокъове иналде, цин дихъе щваха, бабал дарман. Хваразул зонода цере эхетани, гьезда рихьулин абулелъулха. Бугониги, хьул буго Аллагьас мун дида вихьизе хъван батиялде…
Гьадинал пикрабазда, цин гӏодун, цин юцӏцӏун, цинги гьимун, цинги цӏидасанги гӏодун армиялда хъулухъ гьабулев вугев васасухъе кагъат хъвалей йикӏана Патӏимат, васасул жаназа росу рагӏалде щолеб бугилан лъазабизе рос Гӏабдулкъадир хӏалтӏуде хадув вачӏиндал.
Цохӏого цо ункъгӏалалъул бетӏергьанчиясда лъалеб букӏун буго Шамил Афгъанистаналда вукӏин. Кӏвечӏо гьесда эбел-инсуда гьеб хабар бицине. Гьесда лъалеб букӏиндал жинда жаниб ракӏ лъурай эбелалъ къисматалъул кигӏанги захӏматаб гьир баччизе ккезе букӏин.
Гӏабдулкъадирида берчӏвайдал, Патӏимат хӏинкъун лъугьана. Щибулей йигейилан гьес гьикъидалги, нилъерго Шамилиде кагъат хъвалей йигилан, гьимулаго, жаваб кьуна гьелъ.
Дурги салам хъвана дица досухъейилан Патӏиматица абулелъул, Гӏабдулкъадирица жаваб гьабуна:
— Патӏимат, нилъеца васасухъе тӏокӏалъ кагътал хъвазе гьечӏо, гьев живго вачӏине вуго, яхъая дандчӏвай гьабизе, — йилан абун.
Вай дир Шамилиланги ахӏулаго, гьей къватӏие екерана, васасда дандчӏвай гьабизе — цӏакъ бокьун букӏана гьелъие Шамил каранде къазе. Росдал советалъул азбаралъуре ракӏарарал гӏадамал рихьидалги, гьенив вас ватичӏеб мехалдаги, хӏинкъарай гӏадин лъугьана гьей. Гьеб параялъ гьениб аскӏоб чӏана цо машина.
Йилълъаха, Патӏимат, вас вихьизеянги абун, Гӏабдулкъадирица Патӏимат машинаялъуе яхинаюна ва хадув живгоги вахана.
Патӏиматида цебе букӏана васасул жаназа жаниб лъураб ящик…
Афгъанистаналъул рагъул бахӏарчи, «Багӏараб цӏва» орденалъул кавалер Шамил Гӏалихановасул хабаде гьанжеги щола цӏалдохъаби, гьесул Бихьинчилъиялъул дарсазухъ гӏенеккизе…
Шамай Хъазанбиева