29 ноябралда «Дагъистан» РГВКялда тӏобитӏана ДРялъул бетӏерасул иргадулаб рагьараб эфир. Лъабгониги сагӏаталъ гӏадамазул суалазе жавабал кьуна Сергей Меликовас. Рукъалда аскӏор ругел бигьародул гъутӏби къотӏиялдаса байбихьун Цӏияб сонил байрамалде гӏунтӏун батӏи-батӏиял суалал кьуна дагъистанияз. Рукӏана гьезда гьоркьор республикаялъего кӏвар
бугелги кьечӏого тани, къварилъи гьечӏелги. Бокьун буго нижеда кӏвар бугеллъун рихьарал суалал рехсезе.
«Россеталъул» концерт чӏалгӏун буго
Республикаялъул цониги шагьар яги росу батиларо, токалъул масъалаялъ ракӏ унтизабичӏеб. Гьелда бан кьураб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна С. Меликовас: «Тӏоцебесеб иргаялда кӏвар буссинабизе ккола токалъул мухъалда ккараб къварилъи тӏагӏинабиялъул хъулухъалде. Гьелъул хӏалтӏи камил гьабиялде бербалагьи цӏикӏкӏинабуна 2021 соналдаго ва гьанже, токалъул квар тӏуниги, трансформатор бухӏаниги, гьеб иш рукӏалиде ккезабула къокъаб заманалда. Цебе кӏиго-лъабго къоялъги къачӏачӏого толеб букӏун батани, жакъа гьелъие хӏажалъула цо чанго сагӏат.
«Россети Северный Кавказ» абураб идараялъулгун къотӏи гьабун буго СКФОялъулги ЮФОялъулги регионазда хасал бригадаби гьанирго рукӏине ккеялъул хӏакъалъулъ. Къварилъи ккараб бакӏалде хехго ритӏула гьел.
Кӏиабилеб. 2021 соналдаса байбихьана трансформаторал, токалъул кварал хисизе. 2022 соналда гьеб хӏалтӏи гьабуна мугӏрузул районазда. Газ гьечӏеб росулъ токги свараб мехалда, балагь рещтӏараб хӏисаб букӏуна. 2023 соналда ракӏалда букӏана гьебго хӏалтӏи Махӏачхъалаялда ва цогидал шагьараздаги гьабизе, амма гӏарцул рахъалъ гьелъие рес кьечӏо. Улкаялъул
президентасулгун ва федералиял министерствабазулгун гьарурал дандчӏваяздаса хадуб гьелъие гӏарац щвана ва жакъа гьеб хӏалтӏи гьабулеб буго. Лъабабилеб масъала – кӏудияб къуваталъул токалъул кварал хиси. Гьеб буго 2027 соналде щвезегӏан гьабизесеб хӏалтӏи. Ракӏалда буго 2030 соналде щвезегӏан гьелъул болжал цӏикӏкӏинабизе. Гьеб программаялъе хӏажалъула гӏемераб гӏарацги заманги».
Гӏемертӏалаял минаби ва сверухълъи
Махӏачхъалаялъул Элза Ибрагьимовалъул къотӏноб бугеб №27 «б» минаялда гӏумру гьабулел гӏадамаз борхана азбаралда санагӏат гьабиялъул масъала. Гьединабго хӏал батила тахшагьаралъул гӏемерисел къватӏаздаги. Масала, сакъатай гӏадан, инвалидазул гьакида гурони
къватӏие яхъине рес гьечӏей Сабрина Гӏалиевалъги паратхеквондоялъул рахъалъ Россиялъул анлъцӏул чемпионка Сакинат Мухӏамадовалъги Меликовасда бицана, шагьаралъул
къватӏазул ахӏвал-хӏалалъ жидее гьарулел квекӏеназул хӏакъалъулъ. Мина балев чияс гьелда сверухъ бугеб бакӏалда гӏадамазе санагӏалъи гьабизе кколин абуна С. Меликовас.
«Ставрополалда цониги хӏакимас гъулбасунаро, инвалидазеги лъималазеги санагӏатаб азбарги къватӏги гьечӏеб бакӏалда бараб мина къабул гьабиялъул документалда гъоркь.
Нилъеразул яхӏ-намус макьидаса борчӏизабизе кколеб бугоха! Гьанже хӏадуризе ва къабул гьабизе ккела гьел масъалаби тӏураялъе квербакъулеб хасаб закон», — ан абуна гьес.
Бакӏал раялъул бутӏаялда масъалаби гӏемерлъизарулел руго байбихьудасаго законалъул тӏалабал сан гьаричӏолъиялъ. Ихтияр гьечӏого ккураб ракьалда, изну кьолел документал щвелалдего, балеб буго мина. Проект-смета букӏунаро, щуго тӏала базе ихтияр кьураб бакӏалда
бала 10 тӏала ва тӏадеги – мансарда. Гӏадамаз кьураб гӏарац, пачалихъияб бюджеталъе мукъсанаб бутӏаги кьун, рещтӏуна намус гьечӏел застройщиказул кисиниб. Дагъистаналъе кутакалда кӏвар цӏикӏкӏараб ва масъалаби гӏемераб буго гьебанги абун, С. Меликовас ракӏалде щвезабуна РосКапСтрой (Россиялъул Бакӏал раялъул министерствоялъул бутӏа) абураб идараялъул 2020 соналда халгьабураблъи. Гьеб мехалда Дагъистаналда батана изну гьечӏого
бараб 457 гӏемертӏалаяб мина. «Гьелеха масъалабазул гӏомогороялъул кьучӏ. Генералияб планалда рукӏарал минабазда рекъон кьолеб букӏараб токалдеги, лъималдеги, коммуналиял хъулухъаздеги кколеб буго тӏадецуй ва гьелъул хӏасилалда ккола батӏи-батӏиял къварилъаби», —
ян бицана Сергей Меликовас.
Нухал ва цогидабги
Къокъго рехселин гӏадамазул суалазе ДРялъул бетӏерас кьурал жавабал.
— Тахшагьаралда бугеб Шамил имамасул цӏаралда бугеб проспект къачӏазе ккеялъул гӏемер бицунеб буго. Гьелъул хӏакъалъулъ мухӏканго бицине буго 2024 соналда.
— СВОялда ругел ва ковидалдегун рахунел унтабазде данде къеркьолаго жигарчилъи загьир гьабурал гьоркьохъеб даражаялъул медицинаялъул хӏалтӏухъабазе (медсестра, медбрат) хасаб шапакъат букӏине ккела. Гьелда тӏад ургъизе руго.
— Живго цохӏо гамидаги рекӏун, кӏицӏул дунял сверарав машгьурав ралъдахъан Евгений Гвоздевасул 90 сон тӏубай кӏодо гьабизе буго. Ракӏалда буго гьесул цӏаралда яхтазул клуб рагьизеги.
— Махӏачхъалаялда сверухъ ругел поселоказда канализация гьабизе ккеялъул суал битӏараб буго
ва гьеб тӏубазабизе ккола. Гьеб мурадалда гӏумруялде бахъинабулеб буго Махӏачхъалаялъул коллектор къачӏаялъул проект. Хадуб цӏигьаризе руго чороклъиялдаса лъим бацӏцӏад гьабиялъул бакӏал. Гьеб мехалда байбихьила тахшагьаралъулги сверухъ ругел поселоказулги канализациялъул масъала тӏубазе.
— Жамгӏияб транспорт – кӏвар бугеб масъала буго. Гьеб тӏубазеги буго.
— Социалияб такси. ДРялъул бетӏерас рагӏи кьуна гьелъие жеги 10 машина босизе.
— Гӏемерал муниципалитетазда гӏадамазе щолеб гьечӏо бацӏцӏадаб лъим. Дагь-дагьккун гьеб масъала тӏубалеб бугин бицана регионалъул бетӏерас.
— Махӏачхъалаялда бугеб Тбилисская къотӏноб бан бахъараб мина биххиялда бан, С. Меликовас абуна: «Бульдозералда гъоркь егарай чӏужугӏадан – гьеб дица рикӏкӏуна застройщикас ургъараб хӏиллалъун. Гьедин гьабизе бегьуларо! Ордер щвелалдего, гӏадамал риччазе бегьулароан гьеб минаялъуре. Изну гьечӏого бараб мина буго гьеб. Изну гьечӏого гӏумруги гьабулеб буго гьениб гӏадамаз. Щибха гьабилеб? Гӏемерисез абулеб буго гьеб мина биххизе кколин, гьеб базе ихтияр кьурал жавабчилъиялдеги цӏан. Дирги буго гьединабго пикру. Гьединлъидал жакъа ниж
хӏалтӏулел руго прокуратурагун. Гьересиял кагътал кьурал гӏадамазе гӏадлу гьабизе буго.
Гьеб суал дандбана шагьаралъул мэрасулгунги. Ургъулел руго гӏадамазул гӏарац бецӏиялда яги гьезие батӏияб бакӏалда рукъзал кьеялда тӏад. Гьел гӏадамазда лъалаан, мина базе ихтияр кьолел документал гьечӏеблъи. Гьез хитӏаб гьабизе кколаан низам цӏунулел идарабазухъе яги ЦУРалде (регионалъе нухмалъи гьабулеб централде). Законалда рекъон гьабизе ккола кинабго хӏалтӏи.
ДРялъул бетӏерасул рахъккола
ДРялъул бетӏерас халкъалъулгун гьабураб гара-чӏвариялъул хӏакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна нижер редакциялъе муниципалитетазул бутӏрузги жавабиял хӏалтӏухъабазги.
Болъихъ районалъул бетӏер Руслан Хӏамзатов: «ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасулгун букӏараб чӏагояб гара-чӏвариялда рорхана республикаялъул гӏадамазе кӏвар бугел ва чара гьечӏого тӏуразе кколел масъалаби. Гьезда гьоркьор рукӏана токалъул, нухазул, Махӏачхъалаялда ран ругел гӏемертӏалаял минабазул ва цогидал суалал. Хьул буго гьел тӏуразариялъе нухал ратиялде ва республикаялъул министерствабазгун ведомствабаз халкъ разияб хӏалалда гьеб хӏалтӏи гьабиялде. Букӏана гьениб нижер районалъул Гӏанди росулъ лъималазул ах баялъул суалги. Гьеб буго хӏакъикъаталдаги чара гьечӏого хӏажатаб иш: кӏудияб росдае гӏолеб гьечӏо гьитӏинаб лъималазул ах. Гӏемерисел лъимал школалде хьвадизе байбихьула лъималазул ахикь щвезе рес бугеб лъайги гьечӏого. Гьединал лъималазе захӏмалъула цӏалуда хадур гъезеги, классцоязда гьоркьор хьвадизеги. Хьул буго гьеб масъала тӏубаялде».
Бежтӏа участокалъул бетӏерасул ишал тӏуралев Шамил Арадахов: «Токалъул, сахлъи цӏуниялъул, сверухълъи берцин гьабиялъул, цӏиял социалиял бакӏал раялъул, нухазул ва жеги гӏемерал суалал рорхана гӏадамаз гьеб чӏагояб гарачӏвариялъул заманалда. Дица абила: гьеб букӏана пайдаяб гара-чӏвари. Нилъеда бихьана республикаялъул бетӏерасда лъугьа-бахъунеб жо лъалеб букӏин, масъалаби тӏуразаризе гьев хӏадурав вукӏин. Гьабун бажаруларебги гьабизе
бугин чӏобогояб рагӏиги гьес кьечӏо. Щибаб хӏужаялъул бицана мухӏканго, чӏванкъотӏун, бугеб ресги хӏисабалде босун. Масала, руго масъалаби, гьабсагӏатго тӏуразаризе рес бугел, руго гьелъие цӏикӏкӏараб заман хӏажалъулелги. Хӏакъаб жо – республикаялъул цебетӏеялъе кӏудияб кӏвар бугел суалалги масъалабиги тӏоцебесеб иргаялда тӏуразаризе хӏаракат бахъулеб буго гьес.
Жакъа нилъ руго парахатго, жинди-жиндир рокъор чӏун. Гьединаб рес кьолеб буго нилъее СВО-
ялда кьалул коронир къеркьолел ругел нилъер бахӏарчиял гӏолохъабаз. Щивасда лъала, рагъда чӏварал бахӏарзазул цӏарал даимлъизаризеги гьезул хъизамазеги С. Меликовасул
хӏаракаталдалъун кумек гьабулеб бугеблъи. Гьеб рахъалъ дица тӏубанго рахъккола Сергей Меликовасул политикаялъул. Гӏадамаз кьурал суалазул рахъалъ абуни, щивас суал кьола жиндир ракӏалъул тӏалабалда рекъон. Щиб тӏалаб гьабулеб бугеб щивасул ракӏалъ – гьеб бараб буго батӏи-батӏиял гӏиллабазда. Рукъалъул кӏалтӏа бугеб гъветӏ къотӏийищ кӏвар бугеб яги росулъе лъим, газ бачин ва нухал гьарийищ – гьеб тӏаса бищула щивав чияс жинцаго.
Гьенир рехсарал масъалаби хасиятал руго Бежтӏа участокалъеги. Хьул буго, ДРялъул бетӏерасулги, ДРялъул хӏукуматалъулги ва ДРялъул Халкъияб Собраниялъулги цадахъаб хӏаракаталдалъун рехсаралги гьоркьор хутӏаралги масъалаби тӏуразариялде».
ДРялъул бетӏерасул кумекчи Мухӏамад Хӏажимухӏамадов:
«Республикаялъул бетӏерас рагьараб эфир тӏобитӏи дица лъикӏаб ишлъун рикӏкӏуна. Бихьулеб буго, С. Меликовас халкъалъул тӏалаб гьабулеб букӏин, гьезул пикруялъухъ гӏенеккулев вукӏин. Анцӏго суалалда гьоркьоса щугониги тӏубазе ресги батизе бегьила. Гьединлъидал, дир гьари буго, цоцаца какулел рукӏинчӏого, гъункун, цолъун, бажарараб кумек гьабейин абураб. Нилъерго Дагъистанги, мацӏги, гӏадатги цӏунизе, нилъ рукӏине ккола цолъун. Нилъер умумузул букӏараб вацлъи-цолъи кӏочене бегьуларо. Гьез малъухъе хьвадани, нилъер иш битӏун ккезе буго.
Жакъа дун ун вукӏана нилъер муфти Ахӏмад-апандиясухъе. Гьес гьоболлъухъе ахӏун букӏана Палестинаялдаса лъутун рачӏарал гӏадамазул къокъа, къварилъиялда ругел нилъер диналъул вацал. Муфтиясухъе щведал, хӏикмалъун хутӏана гьел. Гьез абулеб букӏана Ал-Акъса мажгиталде щвараб гӏадаб хӏисаб бугин жидер ракӏазулин абун. Гьаб щиб бакӏ, жидеда бичӏчӏулеб гьечӏо, кире рачун ругелалиян гьарана гьез дида. Дица бицана, Дагъистаналъул муфтиясул рукъ бугин гьабин абун. Бицана, муфти гуребги, Ахӏмад-апанди шайихги кколин, дагъистанияз кутакалда
адаб-хӏурмат гьабулев устарги вугин абун. Гьеб мехалда гьез Аллагьасе щукру гьабуна, гьедигӏан кӏудияб даражаялъул чиясухъе щвезе жидее рес кьуралъухъиланги абун. Муфтиясухъе гьалбал рачиналъе кӏудияб кумек гьабуна ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас. Ругеб бакӏалдаса бокьухъе къватӏире риччаларо дол. Ахӏмад-апандиясухъе щвезе ихтиярги кьуна гьезие С. Меликовас, гьел досухъе рачине машинабиги кьуна, гьезда цадахъ, щиб кканигиян абун, полициялъул машинабиги ритӏана. Палестинаялдаса 250 чи вачӏун вуго Дагъистаналде. Республикаялъ
гьезие гьабулеб буго бажарараб кумекги. Дун ун вукӏана дове, Палестинаялъе рахӏмуялъул кумекги босун, республикаялъул вакил хӏисабалда. Гьезги нилъее кӏудияб баркала кьуна,
жидее дугӏа гьабеян гьарана».
Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА