Рорхатал мугӏрузда руго гӏадамал,

Жидерго гӏадатаб чӏаголъиялда…

Институтал цӏалун рахъинчӏониги,

Цӏвабзазул мацӏ лъала гьезул щивасда…

Расул Хӏамзатов

Халкъияб кӏалзул гьунаралъул гӏакъиллъиялъухъе чан нухалда нилъ тӏадруссунел. Хасго кицаби-абиязухъе. Чанго нухалда кодобе босула, масала, дица Зайирбег Гӏалихановас данде гьабураб авар халкъалъул кицаби-абиязул тӏехь. Гьелъул щибалъулги батула жиндирго тарихги. Жакъаги руго магӏарухъ жидер кӏалзул пасихӏлъиялъ нилъ пана гьарулел гӏадамал. Битӏун бицани, бахиллъула дун гьезда, гьез бицунеб берцинаб мацӏалда, халкъияб кӏалзул гьунаралъул асарал хӏалтӏизаризе гьезул бугеб махщалида. Бокьараб магӏарул росулъго гӏадин, рукӏана ва гьанжеги руго гьел дир гӏагараб Тӏануси росулъги, гьединго Тӏануси росдал администрациялде гъорлъе унеб Гӏебутӏа росулъги. Школаги цо буго нижер, Тӏанусиб. Тӏануси росдал школалъе лъебергогӏан соналъ нухмалъи гьабурав, Россиялъул мустахӏикъав учитель, Ленинил кӏиго орденалъул кавалер Гӏабдулхаликъил Мухӏамадица бицунеб букӏараб пасихӏаб мацӏ гьабсагӏаталдаги ракӏалда буго дида. Гӏемерал кицаби-абиялги хӏалтӏизарулаан гьес каламалъулъ. Гьединавго вуго гьесул вас Хъайтмаз Гӏадбулхаликъовги. Цин хабар бициналде, гьес ракӏалде щвезабула гьеб харбие дандекколеб бицен, цинги байбихьула кициялдалъун хабар. Гьединабго бечедаб мацӏ букӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, Тӏанусиса Хуриса Гӏалилги.

Гьеб пасихӏлъиялъул ирсилаллъун жакъа руго гьесул лъималги — Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиев, Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик, профессор, техникиял гӏелмабазул доктор Шамил Гӏалиев ва дир классцояй, медицинаялъул гӏелмабазул кандидат Маржанат Гӏалиева.

Вукӏана нижер росулъ Сайгидулагьилан чиги. Гьесул кӏалдисан араб чанго калам абиялде сверана. Гьанжеги абула росулъ Сайгидулагьица абухъегойилан. Гьединго Тӏануси росулъ росасда йикӏана Гӏебутӏаса Гӏалил Патӏимат. Гьелъул каламги чанги сверана кици-абиялде. Руго гьединал кӏалпасихӏал гӏолохъабазда гьоркьорги. Ва дидаги ракӏалде ккана дицаго ракӏарарал, мунагьал жидер чураял эмен Расулица ва эбел Хӏалиматица (гьел кӏиялго рукӏана учительзаби) данде гьарун дихъе щварал кицабазде сверарал жакъасел магӏарулазул каламалъул нужееги бицине, хӏурматиял цӏалдолел. Дица хӏаракат бахъана З. Гӏалихановасул тӏехьалда ратичӏел кицаби лъезе.

Дагъистаналъул гӏелмияб централъул ИЯЛИялъул фольклоралъул отделалдаги хӏалтӏана дун дагьабго заманалда. Доб мехалда дица гьел рахъулаан «Гьудуллъи» журналалда ва «Хӏакъикъат» газеталда. Долдаса нахъеги ракӏарулелги руго дица гьел гӏакъилал жугьаби.

Херал магӏарулал, нужер цо рагӏи…

Масала, цо нухалда росулъе щварай дун гара-чӏварун хутӏана дирго цӏалдохъан Гӏебутӏаса Шамилгун. Дида гьев ватана мадугьалзабазул дова. Дие асар гьабуна гьес абураб гьадинаб каламалъ:

— Вачӏун вукӏанаха гьев дихъе, билигъудги босун, дир гӏадалнах кваназе, — йилан. Гӏурус мацӏалда абулеб, мозги не делай, абураб каламалда релълъараб калам батилин танаха дица гьеб.

Дир вацгӏаласул хъизан ккола Гӏобода росулъа. Гьей ккола математикаялъул учитель. Амма дида лъаларелщинал халкъиял кучӏдул рицуна гьелъ рекӏехъе, цо-цо мехалда кицабахъегоги кӏалъала. Масала, цо къоялъ махсародего гӏадин гьелъ гьабураб каламги бокьана дие:

— Рухьен тӏун, тӏил бекун йиччанищ йигей? — илан гьикъана гьелъ дида, чан нухалъ щваниги, рокъой ятичӏилан. Гӏадлу гьабизе чиги гьечӏого, йичча-йихъан тун йигин абураб магӏнаха.

Цӏакъ кепги щвана дие. Ва дица хъата-масан хъвана гьеб калам. Цогиги гьадинаб каламги рагӏана дида Парханисадаса:

— Нижеца хӏатӏал лъуралъур бетӏер лъезабила нижеца дур васасда, — йилан.

Цо эбелалъе рекӏее гӏолеб букӏун гьечӏо жиндирго цохӏо вугев вас лъадул гӏагарлъиялъе цӏакъго мутӏигӏав вукӏин. Гьебги хӏехьезе кӏвечӏого, гьей гӏадан нусалъул гӏагарлъигун къацандизе жуян йиго. Цинги, гъой эбелалъул тату хвезе, гьадал рагӏаби абун руго нусалъул эбелалъги.

Цо нухалда нижер росулъе пихъ бичизе ячӏун йикӏана хьиндалай. Гьеб босизе арав Сайгидулагь тӏадвуссун вачӏунев данде ккана нижеда, зодоб багьа бухьараб пихъ бугила, босун бажаричӏиланги абун. Ва гьеб каламги хех гьабун къалмиде босун букӏана дица — зодоб багьа бухьараб — цӏакъго хираго бугин абулеб магӏна.

Сайгидулагьица гӏурабго заманалъ хӏалтӏизабуна росдал гьобо. Гьитӏинабго росуги, гьединабго гьобоги. Гьабихъе вачӏанщинас Сайгидулагьие, баркалаги кьун, гьара-рахьи гьабулеб букӏун буго. Кодоре щолел гъурщалги рукӏун гьечӏо. Кири гӏемерлъагийилан гьесие гьара-рахьиги гьабун уней цо гӏаданалда гьес абун буго:

— Нужеца кьунщинаб кириги босун, къойил уна дун тукаде. Амма добаса дие щибго кьечӏоха гьанжелъизегӏан киридахъ, — илан.

Гьелдаса нахъе нижецаги цоцазда махсарадего абула киридахъ тукадаса щибго кьоларилан.

Цоги гьадинаб кепаб ишги ккун букӏараб Сайгидулагьил:

— Гьабихъ хӏалтӏун щвараб, тукадаса жиндихъ щибго щолареб кири чӏалгӏарав Сайгидулагьие жиндирго ригьалъул цо гьалмагъас бачун бугоха шиша. Гьабихъ хӏалтӏи лъугӏарабго, кӏиявго гьудулас гьекъон бугоха шиша. Кеплъарав гьев, жиндаго лъачӏого, щун ватун вуго годекӏаниве.

— Мун, цӏикӏкӏарав чи, кин нечечӏев мехтун годекӏаниве вачӏине, — йилан гьесие бадирчӏваял гьаризе лъугьун руго годекӏанир рукӏарал гӏадамал.

Гьел семун рахъинегӏан сихӏкъотӏунги чӏун, гьес жаваб кьун буго:

— Кири гуреб батӏияб мухь диеги щолеб букӏинчӏоха хӏалтӏухъ. Гьаб шишаги букӏана дие хӏалтӏухъ щвараб тӏоцебесеб мухь. Гьабги босичӏебани, дунги тӏубанго къезехъин вукӏанаха, — ян жаваб кьун буго Сайгидулагьица.

Гьелдаса нахъе нижецаги цоцазда ккараб бакӏалда абула гьединги гьабичӏебани, дунги тӏубанго къезехъин йикӏанила-вукӏанила абун.

Сайгидулагьил бицен ккун бугелъул, рехсезе бокьун буго гьаб хадусебги:

— Коммунистазул кьеразулъ вукӏарав цояв, дин гьабизе биччараб, гьелъие нухал гӏатӏидго рагьараб мехалда, хьвадизе лъугьун вугоха мажгиталде. Мажгиталъув как балев тӏоцеве гьев вихьараб мехалда, жиндирго бераздаги божуларого, ундай-гуродаян васвасдизе лъугьун вуго Сайгидулагь. Дов чи гьев вукӏиналда ракӏчӏарав гьас киназдаго рагӏизабун абун буго:

— Гьалеха гьанжелъизегӏан Аллагь вилун вукӏаравги, гьанже гьевги ватун, мажгиталде вачӏун вуго, — ян.

Мажгиталда рукӏанщинал, цин нечон, сихӏкъотӏун чӏун руго. Цинги дов чи живго велъизе лъугьиндал, цадахъ релъун руго гьелги.

Гьеле гьединал, абураб-тараб рагӏи рихунарел, махсараялъе жаваб махсараялъ кьезе лъалел умумул рукӏана нилъер. Гьединал дарсал магӏарул гӏолохъабазе годекӏабахъ щолаан. Гьанже годекӏабахъ гӏодор чӏолелги дагьлъана. Ва годекӏабахъ рагӏулел рукӏарал гӏакъилал гӏумруялъул дарсазухъ гӏенеккулелги дагьлъана. Дол ана, нилъер умумул, гӏакъиллъиялъул бачӏинги нилъее тун. Абуларищха, хварав чи чӏагоявлъун рикӏкӏунила чӏагоязул ракӏалдещвеязулъ гьев вугебгӏан мехалдайилан. Чан нухалда нилъеда ракӏалде щолел нилъерго росабалъ рукӏарал гӏакъилал, цӏодорал, пасихӏаб каламалъул, жидер щибаб рагӏи гӏумруялъул дарсаллъун гӏолилазе рукӏарал умумул. Чан нухалъ абулеб нилъеца, гьезул цӏаралги рехсон, мунагьал чурадалилан. Биччанте гьезул гӏакъиллъи гӏун рачӏунел гӏелазе даимал дарсаллъун хутӏизе…

Доб букӏана тӏоцебесеб кӏалккураб къо. Рогьалилъ къватӏие арай Гӏалил Патӏимат, бакъинегӏан хурийги хӏалтӏун, тӏадежоялъе рокъое ячӏунелъул магьги баччун, гӏетӏулъ тӏерхьун, ячӏине данде ккана дида. Нухда бугеб тукадаса чед босизе, магьги гӏодоб лъун, гьелъ абуна дидаги тукадул йичарухъаналдаги:

— Валлагьги, дир ясал, гьаб кӏалалъул тӏокӏалъ я яц, я вац рукӏинелищалиго лъаларо дида. цӏакъ свакана, татуги хвана, — ян. Тӏоцебе бичӏчӏулеб букӏинчӏо гьелъ абуралъул магӏна. Хадуб бичӏчӏиларищха — гьадин хӏалтӏулей йигони, тӏокӏалъ кӏал ккун бажариларилан абулеб магӏна.

Нилъедаги сурукъ вихьула нилъерго ракӏалъ восуларев чи, цо абизегӏан сурукъав гьечӏониги. Цо гьединай гӏадан базаралда дандчӏвайдал, Патӏиматил рекӏееги лъикӏаб гуреб асар гьабун бугоха. Гьеб къоялъ бицинегӏан даранги ккун гьечӏо гьелъул. Гьелъие гӏайибияйлъун Патӏиматица гъой гӏадан рикӏкӏун йиго. Базаралдаса тӏадюссун ячӏуней гьелде дандеккана дунги. Дармил дица гьикъидал, щибго ургъичӏого, жаваб кьуна гьелъ:

— Гьагъай борхьил сурат, свенкил бетӏер дандеккедалго, лъалеб букӏана жакъа нухбитӏулареблъи, — йилан.

Кӏиго-лъабго нухалъгӏаги гьеб калам такрар гьабейилан гьарана дица Патӏиматида. Бихьулищха гьелда батараб дандекквей — борхьил сурат, свенкил бетӏер…

— Чӏалгӏаде халат — ххамие балагь, — илан абураб абиги дида Патӏиматидаса рагӏун букӏана.

Цо макъалаялда хъван бахъинаро гьазги гьалго гӏадал росуцоязги абураб-бицараб. Цӏакъго росулъе ракӏщведал, церечӏола дида гьезул щивасул сипаталги росдал годекӏанги… Ва пикраби гӏедегӏула гӏагараб росулъе…

Шамай Хъазанбиева