Исана 130 сон тӏубана магӏарул хъвадарухъан, Хунзахъ районалъул Гьамущи росулъа Асадулагь Мухӏамаев гьавуралдаса. Асадулагьил цӏар бахъарабго, дида цебе бачӏуна гьитӏинав Чаландарил сипат. «Чаландарил сапар» — гьеб букӏана доб заманалда диеги дир кьерилазеги цӏакъго цӏакъ бокьулеб асар. Бокьулеб, хӏикматго берцинаб, гӏадатияв цӏалдолесул ургьибе биун тӏураб гьеб асаралъ асар гьабичӏев цӏалдолев вукӏунги ватиларо. Гӏайиб гурищха, гьеб асар гьечӏо гьанже школалъул программаялда. Гьединго школалдаго цӏалдохъабаз лъай-хъвай гьабураб хъвадарухъанасул асар ккола «Магӏарулайги». Гьенибги — добго гӏадатлъи, бокьараб ригьалъул цӏалдолесда бичӏчӏулеб къагӏидаялда хъвараб. Хъвадарухъан гьавуралдаса 130 сон тӏубаялде макъала хӏадурулаго, дида батана 2009 соналъул «Хӏакъикъат» журналалда бахъараб Шамсигат Султӏанбеговалъул макъала. Гьеб бугоан гьелъ Асадулагьил яс Патӏиматилгун гьабураб гара-чӏвари. Ракӏалде ккана, къокъ гьабун, гьеб гара-чӏвари цоги нухалда газеталда кьезе.
Шамай Хъазанбиева
— Асадулагь кин Турциялде ккарав?
— Гьесда гӏемер рагӏулеб букӏана рокъоб Турциялде гочараб жиндирго гӏагарлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьес 12 сон бараб мехалъ, росулъе вачӏун вукӏун вуго Турциялда вукӏарав имгӏал. Гьесухъ гӏенеккарав Асадулагьилги анищ бижула имгӏалас бицунеб ракь бихьизе. Имгӏал вачӏун вукӏуна росулъ бугеб жиндирго хъизам Турциялде бачине. Асадулагь, лъидаго лъачӏаго, имгӏаласда цадахъ Турциялде лъутизе къачӏала, ва гьев имгӏаласул гьакида хадув къокъуна. Сапарчагӏазда лъалеб букӏунаро жидер лъалкӏда хадув, лъилго берчӏваларедухъ, гьитӏинав чи Асадулагь вачӏунев вукӏин. Анжиялда гьал гамиде рахуна. Жиндирго анищалъ цеве вачунев вугев вас гамидеги вахуна ва лъидаго вихьичӏого ворчӏула. Стамбулалде щвезегӏан, имгӏаласда Асадулагь цадахъ вугевлъицин лъаларо. Гамидаса гъоркье лъугьунеб имгӏаласул хъизамалде аскӏове гьев вачӏиндал, киналго тамашалъун хутӏула… Гьелдаса нахъе Асадулагь Турциялда имгӏаласда аскӏов вукӏуна. Асадулагьица щвараб лъаялда гӏей гьабуларо. Гьес лъугӏизабула Сириялда, Салимиялъул школалда адабияталъул факультет. Цӏалула Египеталда, Каиралъул университеталда. Хадув уна Европаялде, хьвадула Парижалъул университеталде, лекциязухъ гӏенеккизе.
— Кинха гьев цӏидасан Дагъистаналде тӏадвуссарав?
— Нижер росулъа Халит абулев чи унтун вуго Турциялда. Хӏукму ккун буго гьев Дагъистаналде нухарегӏизе ва гьесда цадахъ дир эменги витӏизе. Гьедин ккола гьев цӏидасанги Дагъистаналде.
— Гьев Дагъистаналдаго чӏеялъе гӏилла щиб ккараб?
— Гьев гьаниве щвараб заман Россиялда хӏуригат бахъараб, Дагъистаналдаги багъа-бачари бугеб заман букӏуна. Гьедин тӏадвуссун бажарун гьечӏо гьесухъа. Ячуна гьесие росулъаго чӏужу, ай, дир эбел. Гьелъул букӏун буго гӏицӏго 14 сон. Бечедаб лъаялъул нахърателги босун, чӏужу-хъизангун Темир-хан-Шураве гочуна эмен. Дагъистаналдаги гьес лъугӏизарун руго педагогикиял курсал. Цӏалун вуго бухгалтерлъунги. 1913 соналда гьев хӏалтӏизе лъугьуна Мухӏамадмирза Мавраевасул басмаханаялде наборщиклъун ва квералъ тӏахьал хъвалев чилъун. Гьесда лъикӏ лъалаан гӏараб, перс, турк, лъарагӏ, магӏарул ва гӏурус мацӏал.
— Хадуб, дур эбел-инсуца батӏа-батӏаго гӏумру гьабиялъе гӏилла щиб ккараб?
— Эбел, зама-заманалдасан лъималги рачун, росулъе уней йикӏун йиго. Гьелъие хирияб букӏана хур-хералъул, ракьул хӏалтӏи. Гьеб инсуе рекӏее гӏолеб букӏун гьечӏо. Гьелде тӏадеги гьудулзабаз кеп-ихтилаталдеги ахӏулев вукӏун вуго гьев. Цо гьединаб данделъиялда лъай-хъвай ккун буго пачаясул офицерасул йикӏарай Халимбегаулалдаса гӏаданалъулгун… Гьеб хабар щун буго дир эбелалъухъеги. Гьедин ратӏалъунги руго гьел. Эбел чӏухӏарай гӏадан йикӏана. Тӏокӏалъ жий гьение инарилан чӏун йиго гьей.
— Нужер хъизамалда чан лъимер букӏараб?
— Щуго лъимералъул дунги дидаса кӏудияй яц Сакинатги гурони, нахъе хутӏун гьечӏо. Дида тӏоцеве эмен вихьана кӏудияй яц хвелалде цеве. Эбелги яцги эхере унел рукӏана. Гьез дунги ячана цадахъ. Гьеб букӏана дун школалде ячиналде цебесеб сон. Анжиялде щвараб мехалъ, дида яцалъ вихьизавуна хъахӏаб костюмги ретӏарав цо къамартӏав чи ва абуна, гъоле нилъер эменилан. Нижеда данде вачӏана гьев…
— Мун инсуда аскӏой шагьаралдайищ яги росулъ эбелалда аскӏойищ гӏурай?
— Яц Сакинат хвараб мехалда, унтун лъугьана дир эбел. Сакинатги юкъун, эхеве унев инсуца дун цадахъ ячана. Дун инсуда аскӏой Анжиялда йикӏана. Бесдал эбелалъулги лъимал рукӏинчӏелъул, гьелъиеги бокьун букӏана дун жиндирго яслъун йикӏине. Гьелда цӏарги букӏана Патӏимат. Лъагӏелгӏан заманалъ инсудаги бесдал эбелалдаги аскӏой йикӏана. Ахир-къадги лъана дида эбел захӏматго унтун йикӏин — бесдал эбелалъ цоги гӏаданалда бицунаго, дидаги рагӏана. Дица инсуда гьарана дун эбелалъухъе йиччайилан. Гьей дида цӏакъ унтун ятана. Гьелде тӏадеги гьелъ хьихьун букӏана хварай яцалъул кӏиябго лъимерги. Ва дун тӏокӏай эбелалда аскӏоса кьуричӏо. Заманго балалде, эбел хвана. Гьей юкъана яцалда аскӏой. Инсуца дун цӏидасан шагьаралде ячана.
— Эмен магӏарул газеталда хӏалтӏулеб заман ракӏалда бугищ дуда?
— Дир цӏакъ гъира букӏунаан инсухъе хӏалтӏуде ине. Дида ракӏалда буго — Мухӏамад Байсунгъуров вачӏунаан инсухъе хӏалтӏул къо лъугӏун хадув. Дие цӏакъ бокьулаан жиндирго яс Патӏиматгун цадахъ гьев вачӏине ( Патӏимат Рамазанова, магӏарул радиоялъул диктор). Гьей йикӏана цӏакъ гӏамал рекъарай, берцинай яс. Рачӏунаан Шамхалов Мухӏамад, Хачалов Гӏабдулмажид, Темирхан Хӏамидов.
— Эмен рокъов гӏемер хӏалтӏулаанищ?
— Сордоялъги хӏалтӏулаан гьев. Рогьалилъ вегулаан. Гьатӏан къоязгицин хӏалтӏулаан. Гӏемер хъвадарулаан. Хадуб гьес босана машинка ва гьелда нахъа гӏодой чӏезаюна дун. Ва гьелдаса нахъе къаси-къад чӏечӏого дида тӏадаб букӏана гьес хъварабщинаб жо кьаби.
— Турциялда гӏурав, Исламияб институт лъугӏарав чи вукӏиндал, как-диналдехун кинаб бербалагьи букӏараб инсул?
— Доб заман гьединал чагӏазе цӏакъ тату бахъараб заман букӏана. Гьесдаги лъикӏ бичӏчӏулеб букӏун батиларищха жинда хадуб халкквей букӏин. Дида гьес как балеб бихьун букӏинчӏо цониги нухалъ. Цо сордоялъ макьу щоларого йигей дун, лъим гьекъезе тӏаде яхъана. Инсул рокъобе нуцӏа рагьахъего бугоан. Нуцӏихъан как балев вугев инсуда бер речӏчӏана дир. Гьелъ дун цӏакъ гӏажаиблъизе гьаюна. Амма гьесда гьеб цӏехезе дир таваккал гӏечӏо. Дир хӏисабалда, дидацин гьеб бицине ва бихьизабизе хӏинкъи бугеблъун рикӏкӏун батизе ккола гьес.
— Къватӏисеб улкаялда тарбия-лъай щварав, гьенир гӏага-божарал, лъай-хъвай хутӏарав гьесда хадуб халкквей гьабичӏого толеб букӏун батиларо?
— Инсуе бокьулаан гӏараб мацӏалда передачабазухъ гӏенеккизе. Египеталъул бетӏер Насирихъ гӏенеккизе бокьулаан цӏакъго. Рокьулаан музыкалиял передачабиги. Дида ккола гьел кучӏдуз пикрабалъ гьев гӏолохъанал сонал арал улкабазде вачунев вукӏун ватилилан. Дида лъан, хадуб халкквей букӏун гурого, гьев дове-гьаниве ахӏун, рахӏатхвеял рукӏинчӏо. Амма лъеберабилел соназ рукӏун ругоха, рокъореги кӏанцӏун, эмен лъукъарал лъугьа-бахъиналги. Гьоркьо-гьоркьоб гьелъул бицунеб рагӏи гурони, гьадин кканин, гьадинал квекӏенал рукӏанин гьес дида бицинчӏо.
— Асадулагь хвана рекӏел унтиялъ. Гьелъие гӏилла букӏанищ?
— Чанги жо хӏехьезе, жаниб лъун хӏебтӏизе ккарав чи вукӏана эмен. Бищунго захӏмат букӏана гьесие кӏийиде викьизе ккей. Масала, хварай яцалъул вас росулъ къватӏахъги тун, дир ракӏ лъикӏ букӏинчӏо. Дица гьев вачана дихъего. Гьеб расги рекӏее гӏечӏо бесдал эбелалъе. Гьеб сабаблъун эменги гьейги рагъизе ккана. Хадур кигӏанго рекъо-решон ругин кканиги, бесдал эбелалъе къабуллъичӏо дир яцалъул вас. Гьелдаса нахъе инсул рекӏел гӏунгутӏаби ракканин тола дица.
— Асадулагьил квералъ хъварал хӏалтӏаби ва библиотека цӏунун хутӏун гьечӏо. Кибе гьеб араб?
— Гьеб букӏуна дида рекӏеда захӏмалъун. Гьесул васигат нижехъе щвезе течӏо. Инфаркт ккаралдаса инсуца лъагӏел гурони бачӏо. Гьелдаса хадубги дунги херайги цадахъ гӏумру гьабунги рукӏана, инсул хабаде рахинеги цадахъ унаан. Заманго иналде, бесдал эбелги унтана. Гьеб мехалъ багъа-бачари байбихьана гьелъул гӏагарлъиялда гьоркьоб. Гьелъул яцалъ рагьун лъазабуна дида жидее яцалда хадуб хъулухъ гьабизе квалквал гьабугейилан. Битӏараб бицани, дие гьеб рекӏее гӏечӏо, гьелъие щиб букӏаниги лъугьани, диде балиланцин ккана. Бесдал эбелалъе рекӏее гӏолеб букӏинчӏо, жийги чӏаго йикӏаго, жиндир магӏишаталъул хважаинзабилъун гьез жалго рикӏкӏин. Гьей хун анцӏго къо бан хадуб, дун, имгӏал хун вугилан къваридаб хабарги бачӏун, росулъе ине ккана. Гьениб анкьги хадубги бан батила, тӏадюссун ячӏарай дие рокъобе нух щвечӏо. Нуцӏа рахан бугоан, кӏулалги рахан ругоан. Дида бицана гьенив рукъалъ цо студент тун вугилан. Къаси гьение щведал, гьесги нуцӏа рагьичӏо. Кинги гьение лъугьиндал, дун цӏорон хутӏана, гьениса кинабго къайи-къоно нахъе ун бугоан, библиотекаялъулги хутӏараб жого гьечӏоан. Ратичӏо инсул квералъ хъварал, гьес руссинарурал тӏахьал, жеги печаталъ кьабичӏел хъвай-хъвагӏаял, кагътал… Бокьа-бокьарав чи виччалев библиотека букӏинчӏо инсул. Дида ракӏалде ккола гьелъул интерес бугел, гьелъул магӏна бичӏчӏулел, цӏарккун рехсечӏониги, цо-цо гӏалимзабазул хӏалтӏи бугин гьениса тӏахьал тӏагӏинариялъул ишилан. Гьел гьениреги риччалаан, кинал тӏахьал, кинал хъвай-хъвагӏаял гьенир ругелали гьезда дидасаги лъикӏги лъалаан. Гьанже гьел я дихъе щвечӏо, я цогидаб бакӏалъан къватӏире раккичӏо. Заманалдасан гьез жидерго цӏарги гъоркь хъван, гьесул хъвай-хъвагӏаял къватӏире рачӏани, дун тамашалъиларо.