Дагьаб цебегӏан тахшагьаралда тӏобитӏана Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Хӏамзалав Хӏамзаловасул «Рачӏа дугӏа гьибизин» абураб нашидазул сордо. Гьелъухъ щвараб гӏарцул цо бутӏа кьуна чвахунцӏадаздаса хадуб къварилъи ккаразе квербакъиялъе. Гьеб букӏана Хӏамзаласул пагьмуги гӏаданлъиги бихьизабураб тадбир. Бихьулеб букӏана ралагьизе рачӏаразул Хӏамзаласдехун бугеб адабги рухӏияб тарбия ва рекӏее парахалъи кьолел нашидазухъ гьезул бугеб гӏищкъуги. Гьелъул, творческияб ва гӏелмияб нухалъул хӏакъалъулъ бицана «Хӏакъикъат» газеталде гьоболлъухъ вачӏун вукӏарав Хӏамзалав Хӏамзаловас нижергун букӏараб гара-чӏвариялда.

Лъабабилеб июналда Гъуниб районалдаги гьединабго нашидазул сордо тӏобитӏизе буго гьес.

— Хӏамзалав, дур хӏисабалда нашидал ахӏиялдаги кучӏдул ахӏиялдаги гьоркьоб кинаб батӏалъи бугеб?

— Нашидазул хаслъи буго гьез гӏадамасул рухӏияб рахъалде кӏвар кьолеб букӏин. Нашидазда гъорлъе уна диниял назмаби, Ватӏаналде, эбелалде рокьи загьир гьабулел асарал. Гьез инсанасул рухӏияб рахъ куцала.

— Ахираб заманалда нашидал ахӏулел гӏемерлъун руго. Гьеб рахъалъ махщел камил гьабулищ гьез, махщелчагӏи хӏадур гьариялъе рес бугищ Дагъистаналда?

— Дагъистаналда, хасго магӏарулазда гьоркьор мавлидал ахӏулел гӏадамал гӏемер руго. Гьаб ахираб 10-15 соналда жаниб загьирлъана махщел бугел, ахӏизе гъира бугел гӏолохъаби. Гьез кьолеб пайдаги кӏудияб буго. Кӏудиял мажлисазда, творческиял тадбиразда, диниял байрамазда цере рахъуна нашидал ахӏулел чагӏи. Дагъистан тун къватӏибги гьеб рахъалъ республикаялъул муфтияталъ, Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствогун цадахъ кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго. Россиялдаго, ай Калининградалдаса бахъараб Сахалиналде щвезегӏанги ниж цере рахъинчӏеб шагьар батиларин абизе бегьила. Гьенив дун дандчӏвана нилъер диаспорабазул вакилзабигун. Гьединал тадбираз гӏадамазул рекӏелъе нух батула, дин тӏибитӏизабиялъул рахъалъ лъикӏаб хӏасил кьола. Битӏараб буго, нашидал ахӏулел чагӏи цӏикӏкӏун руго. Дица нашидал махщалида ахӏизе хӏадур гьавулев вуго чанго студент. Гьезул цояв ккола Мухӏамад Гъазимухӏамадов, Юсуп Асхӏабгӏалиев, «Бакълъухъ» группа.

— Гьеб рахъалъ дуца гӏелмияб хӏалтӏудеги кӏвар кьолеб букӏин лъала. Жакъа дуца кӏвар кьолеб нашидазулги, туркабазулги, назмабазулги тема цебе гӏемер рагьараб гуро. Гьеб рагӏа-ракьанде щун рагьизе, цӏех-рех гьабизе ракӏалда бугищ?

— Дагьаб цебегӏан, ДГИялда магистратураялда цӏалулаго, дипломалъулаб хӏалтӏи хъвана дица гьеб рухӏияб къагӏидаялъ шигӏраби ахӏиялда хурхун. Щиб кколеб «рухӏияб къагӏидаялъул кечӏ»? Диниял гӏалимзабаз щиб абулеб бугеб, культурологиялъул гӏалимзабаз, искусствоведаз, шагӏирзабаз, философаз гьелъул хӏакъалъулъ щиб абулеб бугеб? Гьелъ кинаб пайда кьолеб бугеб халкъалъе? Заралищ яги пайдайищ бугеб гьелъул абураб цӏех-рех гьабуна.

Дун гӏалимчи вугин абиларо, амма кӏвар бугеб темалъун бихьана дида гьеб. Хьул буго хадубги рес щвелин гьеб темаялда тӏад хӏалтӏизе.

— Рухӏияб тарбия кьолел асарал кин тӏаса рищулел? Аслияб къагӏидаялъ лъил кучӏдуздаса пайда босулеб нашидал ахӏулез?

— Нилъее рухӏияб дунялалда мисаллъун кколев хирияв Мухӏаммад аварагасул (с.гӏ.в.) хӏакъалъулъ Дагъистаналда тӏоцебесеб мавлид хъварав чи вуго Миякьоса Гӏумархӏажияв. Гьесдаса хадуб аварагасул (с.гӏ.в.) хӏакъалъулъ хъвана Игьалиса Чупалас, Гӏахьалчӏиса Муртазагӏалица, Хелекьуриса Гӏабдулагьица ва цогидазги. Гьез хъварал мавлидал гӏадамаз цоцахъа цоцахъе кьун ахӏана, гьезул пайда щвана. Аварагасул (с.гӏ.в.) гӏумруялъул хӏакъалъулъ гьедин лъазабулаан гӏадамаз. Гьесул гӏамалалъул берцинлъи, лъикӏаб-квешаб батӏа-бахъизе малъана мавлидаз. Рухӏияб адабияталъул ва аварагасул гӏумруялда хурхарал асаразул бицунаго, шайих Чӏикӏаса Сагӏид-апандил поэзиялъул хӏакъалъулъги рехсезе ккола. Инсанасул рухӏияб рахъ цебетӏеялъе гьез гьабулеб асар кӏудияб буго. Гьес хъвараб «Къисасул анбияъ» ва цогидал кӏудиял мавлидал, тӏахьал цӏалун хадуб рагьана дие рухӏияб рахъ, лъикӏаб-квешалъул магӏна. Магӏарул мацӏалда Сагӏид-апандияс хъварал асараздалъун тӏибитӏана гӏадамазда гьоркьоб диналъул бацӏцӏалъиги, аварагасдаса (с.гӏ.в.) байбихьун жакъасеб къоялде щвезегӏан диналъул берцинлъиги ритӏухълъиги рагьулеб буго нилъее гьесул асараз.

— Хӏамзалав, дуца рехсана Миякьоса Гӏумархӏажияс хъвараб тӏоцебесеб мавлид. Нилъер цере рукӏарал шагӏирзабазда гьоркьор ругищ мавлидал, рухӏиял назмаби хъварал?

— Нилъер классик Инхоса Гӏалихӏажияс гӏемер хъвана рухӏиял шигӏраби. Гьесул «Мадинату Наби» абураб асар нашидазулъ гӏемер ахӏула. Гьединго Цӏадаса Хӏамзатил «Гӏумруялъул дарсал» абураб циклалдаса асаралги руго нашидаздалъун ахӏизе цӏакъ лъикӏал. Гьенир руго гӏадамазе лъикӏал малъа-хъваял. Гьединго, гьанжесеб заманалъул шагӏирзабазулги гӏемер руго гьединал асарал. Мухӏамад Ахӏмадовасул «Гӏарафат» абураб поэма буго рухӏияб тарбия кьолеб асар. Авар, гӏараб ва гӏурус мацӏазда хъвараб гьеб поэма цо тӏехьалде дандеги гьабун къватӏибе биччана Дагъистаналъул муфтияталъ. Кӏуядаса Мухӏамад Хӏасановасул руго рухӏияб тарбия кьолел кучӏдул. Тӏоцебесеб дица ахӏана гьесул «Рогьалилъ ахӏулеб будунасул как» абурал рагӏабаздалъун нашид. Залму Батировалъул, Жабрагӏил Хӏасановасул, Мухӏамад Хӏамзаевасул, Мухӏамадрасул Гӏумаровасул руго диниял, рухӏиял кучӏдул.

— Хӏамзалав, дуцаго хӏалбихьанищ нашидалъе рагӏаби хъвазе?

— Шагӏирзабиги цере тун дица нашидазе рагӏаби хъваларо. Щивав чиясул жиндирго махщел букӏуна, гьеб рахъалде кӏвар кьуни лъикӏги букӏуна.

— Жакъа гӏемерисел артистаз нашидал ахӏулел руго гӏараб мацӏалда. Гӏемерисезда гьезул магӏнаги бичӏчӏуларо. Гьез инсанасул рухӏияб рахъалъе кьолеб пайда щиб бугеб?

— Гӏемерисез кьола гьеб суал. Нилъер гӏадамазе рокьула гӏараб мацӏалда ахӏулел нашидал, щайгурелъул Къуръан рещтӏана гӏараб мацӏалда, нилъер авараг Мухӏамад (с.гӏ.в.) вукӏана гӏарабияв. Дагъистаналдаги ругелъул доб заманалда нилъехъе дин босун рачӏарал гӏарабиязул, къурайшиязул тухумалъул гӏадамазул наслаби. Гӏараб мацӏ нилъер бидулъ буго. Гьелъ буго гьеб нилъее хириябги. Гӏараб мацӏ гуребги, авар мацӏалда ахӏулелги гӏемер руго нашидал. Нилъее лъикӏаб, рухӏияб рахъалъе лъикӏаб жо щиб мацӏалда ахӏаниги, гьелъ нилъее пайда гуреб жо гьабуларо. Рахьдал мацӏалда ахӏулеб бугони жеги лъикӏги букӏинарищха гӏенеккарасда нашидалъун тӏубанго магӏна бичӏчӏизе. Щивав чиясул лъаялъул даражаялда, бичӏчӏиялда бараб букӏуна гьеб.

— Дагъистан буго гӏемермиллатазулаб республика. Гьел миллатазда гьоркьоблъи лъикӏ гьаби гьеб буго киналго гӏуцӏабазул аслияб масъала. Гьеб ишалда гьоркьоб нашидазул хасаб бакӏ буго гьудуллъи щула гьаби. Нашидаздалъун миллатазда гьоркьоб рекъелгун гьудуллъи щула гьабизе бажарулищ?

— Аслияб кӏварлъун ккола нилъ цолъи. Цолъула диналда сверухъ, Аллагь цо вукӏиналде ахӏиялъулъ, диниял байрамазда жамагӏат, миллат, халкъ батӏа гьабичӏого цолъун, гъункун рукӏуна. Рухӏиял тадбиразда цере рахъуна батӏи-батӏиял миллатазул культураялъул церехъаби. Жидерго яги цоцазул миллияб мацӏалда нашидал ахӏула. Гьединал тадбираз цолъизарула бусурбаби. Цогидал диназул церехъабиги рачӏуна гьединал тадбиразде. Гъоздаги бихьула нашидаздалъун, церерахъиназдалъун нилъер диналъул берцинлъи, миллатазул цолъи. Рухӏиял тадбиразул мурадазул цояблъун ккола цолъи.

П. Султӏанова