Микьигьориб росулъ бижараб хӏикматаб гьунар

Лъебелазул рохьор вехь гьечӏел чундул,

Вихьанищ нужеда Даку араб бакӏ?

Кочӏохъабаз цӏураб автобусалъе

Авария ккараб кьуру киб бугеб?

Жеги гьитӏинав чи вукӏана дун гьаб кечӏ радиоялдасан ахӏулеб рагӏараб мехалъ. Даку Асадулаев хутӏана магӏарул ахӏулеб кочӏол удаманлъун, такрарлъи гьечӏеб бергьараб гьунаралъул кочӏохъанлъун. Исана 50 сон сверана битӏун завалаб ригьалда вукӏаго гьев нилъедаса ватӏалъаралдаса, амма тӏоцебесеб нухалъ рагӏулеб гӏадин гӏенеккула нилъ жакъаги хӏасратаб гьаракьалъ гьес ахӏулеб кочӏохъ.

23 маялда 90 сон тӏубана магӏарулазул ахӏулеб кочӏол унго-унгояв классик, мунагьал чураяв Даку Асадулаев гьавуралдаса. Дакул цӏар бахъарабго, чилчидилаго мугӏрул къотӏун чвахулеб лъарги, рорхатал мугӏрулги, гьенир тӏавап гьабулел цӏумалги цере чӏезарулеб гьесул гьаракьги ракӏалде щоларев чи ватиларо чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазда гъорлъ.

Пикрабазул гӏурул гучаб карачел,

Халатищ каранда гьелчезе бугеб?

Рекӏел анищазул щенон балеб цӏад,

Дун цӏалтун виччизе гьавуна дуца.

Лъида рагӏичӏеб Тажудин Таймасхановасул рагӏабазда Дакуца ахӏулеб гьаб кечӏ.

Даку Асадулаевас ахӏана Расулил, Фазул, Хӏажи Гъазимирзоевасул ва гьел гурелги нилъер гьунар бугел шагӏирзабазул хвел гьечӏеб мацӏалда хъварал кучӏдул.

Гьале дун тӏаде къулун вуго мунагьал чураяв Дакуца вацлъи рагӏизабурав, гьевгун цадахъ сапаразде ккарав Асхӏабгӏали Хӏасановас къватӏибе биччараб «Дакул кочӏол дунял» абураб тӏехьалде тӏаде.

Хӏакъикъаталдаги Дакул букӏана жинцаго къедги гьабун бараб, щибаб гамачӏ бекӏкӏизеги бекӏкӏун, тӏад къиматаб расенги угьун хӏадур гьабун, сокӏкӏун хъалалъун лъугьараб хӏасратаб кочӏол дунял. Гьеб кочӏол дунялалда тира-сверизе ахӏулел руго дица нужги жакъа.

Даку Асадулаев гьавуна 1936 соналъул гьанжесеб Шамил районалъул Микьигьориб росулъ, мугӏалим Асадулагьил хъизаналда. Гьесул эмен Асадулагьицаги, хъван пандургун, гӏезегӏанго лъикӏ ахӏулаан кечӏ. Цӏакъго гьитӏинго загьирлъана кечӏ-бакъаналде Дакул рокьи букӏин. Инсуца пандур хъвалеб яги гьес кечӏ ахӏулеб мехалъ, кӏудияб рохалида гьесда аскӏове хъурщулаан гьитӏинав Даку ва, цӏакъ разиго гьелъухъги валагьун, гӏенеккун чӏолаан. Амма гьитӏинго эменги хун бесдал хутӏана гьев. Цохӏо Даку гурони Асадулагьил лъималги рукӏинчӏо.

Амма киданиги ракӏалде ккелароанин абулаан Дакуца, кочӏохъанги вахъун, гьелдаса жиндир магӏишат букӏинилан.

Армиялде Даку тӏовитӏизе ракӏарун рукӏана гӏагарлъиги росуцоялги. Дакуда гьитӏинаб мехалъго лъалаан мандолина хъвазе. Доб къоялъги, мандолинаги хъван, гьес кечӏ ахӏула тӏаде рачӏаразе. Лъикӏ гӏолохъанчиясухъги гӏенеккун, херав микьигьурисес абун буго.:

— Цӏакъ берцинаб гьаракьги буго, дир вас, дур щибаб рагӏи бичӏчӏуледухъ магӏнаялда ахӏулебги буго. Амма пандурги хъван ахӏулеб букӏарабани, гӏорхъи букӏинароанха гьелъулин.

Армиялдаса вуссун хадув, Буйнакскиялда автошколалдаги цӏалун, росулъе вачӏана Даку. 1961 соналъул маялда хӏалтӏизе лъугьана Микьигьориб колхозалъул машинаялде. Доб мехалъ росулъе жеги машинадул нух гьечӏолъиялъ, Микьигьориб колхозалъул гараж букӏана Тӏелекь колхозалъул фермаялда. Гьанжего гьанже цӏалун лъугӏарав, хӏалбихьи гьечӏев шоферасухъе (гӏадат букӏана гьединаб) гьев ругьунлъизе вукӏине кьуна басрияб, капиталияб къагӏидаялъ къачӏазе кколеб ГАЗ-51 самосвал машина. Гьеб букӏана Тӏелекь. Къачӏазе бачине кколаан Буйнакскиялде. Кӏиго къо бана Дакуца гьудулзабигун цадахъ гьеб къачӏалев. Ахирги кӏвана хӏалтӏизабизе. Жинда цӏадахъ рукӏарал гӏолохъабазеги, жеги цо кӏудияв чиясеги бокьана машинаялда рекӏине.

— Гьеб цӏакъ божи гьечӏеб машина буго, цӏияв, жеги хӏалбихьи гьечӏев чи дунгоги вуго, бегьулеб батани, рекӏунге вацалин гьарана чанго нухалъ Дакуца. Магӏарулазул гӏадат буго, сапаралъ рахъунеб мехалъ «къо лъугӏарав чи данде чӏвагеги цадахъги ккогеги» абун гьарулеб. «Расги букӏинаро, бихьинчи, гьаниса гӏодоре щвезегӏан унеб машинаги букӏаго. Рилълъун инеги бокьулеб гьечӏо», — янги абун, тӏаде рахуна ункъоял.

Гӏемераб мех бараб, хӏалихъе неда-гъедун гириялде ккезабураб машина, къваридаб бакӏалде щварабго, нухдаса гъоркье кӏанцӏана ва гебегун ана. Кӏиго чиясе гьеб бакӏалдаго къадар щвана. Дакуги жеги кӏиго чиги захӏматго лъукъун больницаялде ккана. Гьелъул хӏасилалда Даку сахлъун хадуса ункъо соналъ туснахъ гьавуна.

Туснахъалдаса къватӏиве вачӏун хадув тӏокӏав шоферлъиялде тӏадвуссинчӏо. Бакьайчӏив чӏарав имгӏаласухъеги ун, гьевгун цадахъ къадахъанлъун хӏалтӏизе лъугьана.

Гьеб заманалъ Дакул тӏамурги букӏунаан цадахъ. Хӏалтӏуда гьоркьоб хӏухьбахъизе чӏараб мехалъгицин, кӏутӏун тӏармида килщалгун, бакънал жиндирго къагӏидаялъ сверизарулев, кечӏ ахӏиялъул махщел цӏубазабулев вукӏунаан гьев, гьенисан байбихьанин абизе бегьула Дакул кочӏол гӏумруялде нухги.

Цо нухалъ Бакьайчӏибе концерт бачӏараб мехалъ, жиндирго имгӏалгун цадахъ вукӏинесев кочӏохъан ана клубалде. Цо бакьайчӏисес хъван буго концертгун рачӏаразухъе кагъат: «Нижер гьанив вуго цо гӏолохъанав къадахъан. Цӏакъ берцинго кечӏ ахӏулев вас, Дакуян абун. Бегьулеб батани, гьари буго гьев сценаялде ахӏе», — ян. Гьалбадерицаги, гьеб тамашаяб цӏаралъул къадахъанасул кинаб гьунардай бугоян, гьев сценаялде ахӏула.

Дакуца жиндиего хасиятаб къагӏидаялъ кваранаб накалда лъуна квегӏаб бох, эркенго кодоб бегизабуна пандур, тӏадагьго кӏутӏана чӏвабзазда килщал ва гьаракь биччана.

Сихӏкъотӏи. Гьалгъан, цӏорон хутӏана артистазул къокъаги залалда гӏодор чӏаралги. Сапаразда гӏемерал кочӏохъаби дандчӏвалин абулеб букӏана артистаз, амма гьадинаб къагӏидаялъ бацӏцӏадаб, роцӏараб гьаркьидалъун, бичӏчӏуледухъ ахӏулеб кечӏ жеги рагӏичӏилан, гӏажаиблъун рукӏана гьел.

Гьелдаса хадуб цӏакъ хехго цӏар тӏибитӏана Дакул Хунзахъ районалда ва кватӏичӏого гьев районалъул культураялъул рукъалъул директорлъун тӏамуна.

Гьенисан Даку уна Дербенталде культураялъул училищеялде цӏализе. Цӏали лъугӏун хадув Даку вачӏуна Авар театралде хӏалтӏизе ва гӏумруялъул ахириял соназда хӏалтӏулев вукӏана Даггосфилармониялда.

Амма пайда щиб, къокъаб батана Бетӏергьанас гьесие кьураб гӏумру.

1976 соналъул марталда, Бежтӏа концертги кьун, гьениса нахъруссунаго, къваридаб шагьранухда свери босизеги кӏвечӏого, кьурдаги тункун, кӏкӏалахъе бортула Дакуги цогидалги тӏад рекӏараб автобус. Гьенив къадаралде щола Даку.

Гьединаб ккана ахир магӏарулазул машгьурав кочӏохъанасул.

Макъалаялъул байбихьуда дица лъурал мухъал руго Тӏелекьа гьунар бугев кочӏохъан Гӏумар Гъазимухӏамадовас, Дакуе къадар щванин рагӏарабго, хъварал. Гьездаса хадусел ккола гьалги:

Дур би гӏодоб тӏураб гӏасияб кӏкӏалъахъ

Гӏурул лъималъ буго кверщел гьабулеб.

Керен дур тункараб хъирул ганчӏида

Хъарчигъаялъ буго бусен гьабулеб.

Дакуй къадар щванин хабар бачӏиндал,

Мокъокъаца буго зикру бачунеб.

Тӏармида ккараб хӏур бацӏцӏунеб мехалъ,

Хӏули гъунеб буго гъарималдаса.

Дакуде ракь хъваге, микьигьорисел,

Рокьул кучӏдул росун Расул щвезегӏан

Мусру тӏад жемуге, жамагӏатчагӏи,

Жаназа бихьизе ниж рачӏинегӏан.

Нахъеги къулулев вуго дун «Дакул рекӏел дуниял» абураб Асхӏабгӏали Хӏасановас данде гьабураб тӏехьалде.

Гьенир лъун руго Дакуца ахӏулел рукӏарал, умумузул халкъияздаса байбихьун Тӏелекьа Этил Гӏалил, Чӏанкӏал, Хъахӏабросулъа Махӏмудил, Хӏамзатил Расулил, Фазу Гӏалиевалъул ва Хӏажи Гъазимирзоевасул рагӏабазда гьес ахӏарал хвел гьечӏел кучӏдул. Гьенир ратана цереккун бицен рагӏарал, амма живго Дакуца ахӏулел рагӏун рукӏинчӏел кучӏдул. Цӏакъго асар гьабуна «Нохъода хутӏарал» абураб, нохъодул тӏалуги ккун, гӏиял рехъенгун цадахъ гьенив жанив хутӏарав кӏиго вацасул хӏакъалъулъ халкъияб кечӏалъ. Лъел цӏезе лъарахъе ун бищун гьитӏинав вацасда батула нохъодул кӏалтӏу бацун. Гьеб халкъияб асаралъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго хъвазе ракӏалде ккана газеталъул хадусел номеразда.

«Гӏумруялда жанив дида лъала лъабго кочӏохъан. Гьитӏинав чи вугеб мехалъ инсухъе вачӏун, кечӏ ахӏулев ракӏалда вуго Игьалиса Гӏарашил Гӏумар. Хадув гӏолохъанлъуде вахиндал, лъай-хъвай ккана Чӏалдаса Гъазимухӏамадилгун. Гьале гьанже ваккун вачӏана цоги бергьарав кочӏохъан — Даку Асадулаев». Гьедин абун букӏана мунагьал чураяв Хӏамзатил Расулица, Дакул тӏадегӏанаб гьунаралъе къимат кьолаго. Гьел рагӏабиги хутӏана дир рекӏелъ рикӏун.

Дакуца щибаб кечӏ ахӏулаан черхалда щибаб рас бахъун чӏоледухъ, каранда би гьалдезабун. Гьесул кочӏохъ гӏенеккидал, дида цебе тӏамула чилчидулаго чвахун унеб мугӏрул лъарал ракӏал гӏажиз гьарулеб бакъан. Гьединаб тӏадегӏанаб гьунар кьун букӏана гьесие Аллагьас. Аллагьас мунагьал чурун ратаги, наслабазе нахъе хутӏараб гьесул цӏаралъул къимат ссунгеги.

Ашахан Юсупов