Гъизилюрт район ккола республикаялъул чӏахӏиял ва экономикаялъул рахъалъ церетӏурал районазул цояблъун. Гьелда гьоркьобе уна 13 росу, гӏумру гьабула 77-азаргогӏанасев чияс, ракьалъул гӏатӏилъи буго 524 квадратияб километр. Гьеб рикӏкӏине бегьула гьитӏинаб Дагъистанлъун — гьенир гӏумру гьабун руго нилъер киналго абуниги миллатазул вакилзаби, гьезул гӏемерисел, гӏага-шагарго 85 процент, ккола магӏарулал. Гьединлъидалги батизе бегьула (ратила цоги гӏиллабиги) районалде уна лъикӏаб къадар «Хӏакъикъаталъул», 400-ялде гӏагарун экземпляр. 2021 соналдаса нахъе районалъул бетӏерлъуда вуго Рустам Татарханов. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвариги.
- Рустам, дуда нахъа къеда ран руго кваранаб рахъалъ Путинил, квегӏаб рахъалъ Меликовсул суратал. Кӏиясдаго гьоркьов вукӏун хӏалтӏизе захӏмат гьечӏищ дуе?
— Тӏад гьел руго, аскӏор Россиялъул ва Дагъистаналъул пачалихъиял байрахъалги руго. Гьедин букӏиналъ дир хӏалтӏуе кинабгӏаги хасаб захӏмалъи кьоларо, амма гьелъ тӏад лъола цӏикӏкӏараб жавабчилъи. Гьанисан хӏанчӏун, добасан тӏинкӏун рахӏаталда толеб гьечӏо нилъер пачалихъ, кьолеб гьечӏо хӏалхьиялда чӏезе рес. Гьединлъидал киназдаго тӏадаблъун буго жиде-жидер «тахалда», жидерго хӏалтӏуда кинабго тӏубазе букӏине кколеб хӏалалда. Гьебго буго диеги, хӏалтӏи баччизе ккола бажарараб куцалда. Абила цоги. Кӏулзеб росулъ лъималазул ясли-ах «Умка» рагьулаго, 2021 соналда, ВКСалдасан диеги щвана Дальний Востокалда вугев Владимир Путингун кӏалъазе рес. Чӏухӏи бугев чи дун гуро, амма дун кутакалда вохарав вуго гьедин ккеялдаса, гьеб хӏужаялъ гьабуна дие кӏудияб асар.
— Лъагӏел унеб буго ахиралде. Хӏакъаб жо, гьелъул мухӏканал хӏасилал лъала хадусеб соналъул байбихьуда, амма гӏаммаб къагӏидаялда босун, цереккунисел гьел кинал ругел, хасго 2024 соналда дандеккун?
— Районалда буго 13 кӏудияб ва чанго гьитӏинаб, чӏахӏиязда тӏаде жубарабги (Мацаевка Нечаевкаялда, Шушановка Стальскоеялда, Гъадари Цӏобокь-Миякьоялда) росу. «Мой Дагестан — мои дороги», «Местные инициативы» программабазда рекъон гьенир гьаруна гӏезегӏан хӏалтӏаби. 2021 соналдаса нахъе районалда рана лъималазул ахал — Кӏулзеб (60 гьитӏичасе), Комсомольское (80 гьитӏичасе) ва Нечаевка (200 гьитӏичасе). Школал: Кироваул-Манапхъала (604 цӏалдохъанасе) ва Гъоркьияб Чирюрт (216 цӏалдохъанасе) росабалъ. Гьединаб хӏал букӏинчӏо ахираб 30 соналда жаниб. Гӏарцуда хурхарал суалазда бан, гьеб рахъалъ исана ниж дагьал нахъе ккана — тӏуразе рукӏарал киналго мурадал тӏуразе рес гӏечӏо, рагьичӏого хутӏана цо школаги цо ясли-ахги. Район, аслияб куцалда росдал магӏишаталъулаб бугелъул, гьелъул хӏасилал араб соналъулаздаса хашал рукӏинчӏо. Амма квеш ккараб жо буго росдал магӏишаталда хӏалтӏизе бокьарал гӏадамазул къадар соналдаса соналде дагьлъулеб, ракьалдехун бугеб бербалагьи тохлъулеб букӏин. Дагь-дагьккун ракь буссунеб буго бича-хисиялъулаб, гӏарцулаб роценалде, холеб буго гьелъул гӏадлу-низам.
— Чӏахӏиял инвестпроектазе нух рагьун бугищ районалда ?
— Ччугӏа гӏезабиялда, гьеб къачӏаялда хурхараб кӏудияб проект байбихьун буго Нечаевка росулъ. «Дагъмясо» проектги буго цӏакъго кӏвар бугеб, гьелъ рес кьезе буго кӏудияб къадаралда гьан къабул гьабизе ва рагӏа-ракьанде щун гьеб къачӏазе.
— Хадусеб соналъул магӏишатиялгун социалиял планал кинал ругел ?
— Хадусеб соналда гӏумруялде бахъинабизе ккола тӏадехун рехсараб «Дагъмясо» проект. Гьелда хурхун боцӏи хьихьулел гӏадамазул буго кӏудияб гъира ва хьул, дагьабниги рес бугез росабалъ рагьулел руго фермаби. Гьеб рахъалъ буго лъалеб хӏалалъул рагъа- рачари, гьеб буго цӏакъ ракӏ бохараб иш. Цоги киналго рахъал росани, цӏакъго цере инчӏониги, тӏасияб соналда исанасеб даражаялдаса нахъе ккезе ва гӏодоре ине ниж бегьуларо, гьечӏо гьединаб рес ва ихтияр.
«Рост Аква» компаниялъ, Нечаевка росулъ форель тайпаялъул ччугӏа гӏезабулеб кӏудияб комплекс баялъе, инвестиция хӏисабалда биччазе буго 1, 4 миллиард гъурущ. Байбихьуда лъагӏалие гьелъ гӏезабизе ккола 850 тонна ччугӏил, хадубккун гьеб къадар бахине буго лъабазаргоялде.
— Мун районалъул бетӏерлъуда вуго ункъо лъагӏелалъ. Гьелде щвезегӏан мун гӏемерал соназ хӏалтӏана лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулевлъунги. Хӏалбихьи бугев педагог хӏисабалда, дуца дуего, районалъул бетӏерасе, кинаб къимат лъелеб?
— Доб мехалъ дида гьаниб батана директоразул цӏакъ лъикӏаб коллектив — гьел рукӏана цоги магӏишаталда хадур лъугьинчӏел, лъималаздехун рокьи бугел, лъайгун хӏалбихьи тӏадегӏанал специалистал. Гьезде гьоркьове ккедал, кинабго рахъалъан дица гьездаса босана, гьезие дица кьуралдаса гӏемерго цӏикӏкӏун. Дица гӏамал гьабуна батараб коллектив цӏунизе, кинабго хӏалтӏи гӏуцӏулаан ва гьабулаан гьезда дандбан. Дунго нахъе унаго, цӏияв нухмалъулевги тана гьезда гьоркьоса чи, гьезда дандги бан. Къимат лъей бигьаяб масъала гуро, амма дица диего лъелаан лъабилаб.
— Щай?
— Тӏаса-масаго кинабго гьабуни гӏолев, араб куцалда хӏалтӏи биччан толев чиясе бигьаяб батизеги бегьула гьадинаб хӏалтӏи. Дун гьанивго гӏурав чиги вугелъул, дие гьедин данде кколаро, дун жувала кинабго тӏубазейин абун. Кинабго лъугьунареб, цебе унареб мехалда дагьал хиса-басунги лъугьуна, захӏматги букӏуна, рекӏелъги къала. Гьаб буго кинабго абулелъулги, гьабулелъулги жаваб кьезе, киназулгоги цевехъанлъун вукӏине кколеб, цоязда бичӏчӏулеб цогидазда бичӏчӏулареб, цо-цо бичӏчӏарабги гьабичӏого тезе кколеб, цо-цо бичӏчӏизего бичӏчӏичӏебги гьабичӏого гӏолареб, диего гӏумру гьечӏеб хӏисабалъул хӏалтӏи. Гьединлъидал дие бокьухъе кинабго тӏубан бажарулареб, бажаризе ресги гьечӏеб заманалда тӏокӏаб кинаб къиматха лъелеб.
— Гьедин бугеб заманалда лъеладай дуца хадусеб болжалалда районалъул бетӏерасул хъулухъалде кандидатура?
— Гьабсагӏаталда кинго бажаруларо гьелъие жаваб кьун. Дун ккола пачалихъияв хъулухъчи, республикаялда буго дир нухмалъи, руго дун гӏенеккулел ва гӏенеккизе тӏадал гӏадамал. Гьезги абунани, дунги гьелде вачӏанани лъун букӏина кандидатура, гурони… киналъего жаваб кьела заманаялъ.
— Мун ккола гьабсагӏаталдаги спорталъулгун лъикӏаб гьудуллъи бугев профессионалияв спортсмен — волейболист (вукӏана «Каскад» командаялда). Гьаб буго гӏезегӏан машгьурал спортсменал рахъараб районги. Гьединлъидал спорталъе дуца кьолищ хасаб кӏвар? Гьединабго бербалагьи СВОялъул гӏахьалчагӏаздехун дур букӏиналдаги кинабгӏаги щаклъи гьечӏо…
— Байбихьила СВОялдаса. СВОялъул гӏахьалчагӏазул, гьезул эбел-инсул кумек гьабичӏого дица нахъчӏварав чи цониги гьечӏо. Кӏудияб, мисалалъе мина базе ялъуни кьезе гӏадинаб кумек гьабун нижехъа бажаруларо, букӏунаро гьединаб рес. Бажарараб, бокьараб куцалда гьеб гьабизе дагьаб халатбахъунеб батила, амма гьабичӏого толаро, гьеб дица рикӏкӏуна нилъер, нижер тӏадаб налъилъун. Хӏакъикъаталда спортги бербалагьи гьечӏого киданиги толаро. Волейболист вугелъул, дун ккола «командаялъулаб пикруялъул» чи, дие гӏагарал руго спорталъул гьединал тайпаби. Амма тӏаде гӏолеб гӏелалъул спорталдехун буго дагьаб батӏияб бербалагьи, цебе гӏадин гьезулъ дида бихьулеб гьечӏо рекӏел бохи, спорталдехун гъира, беразулъ цӏагун чӏаголъи. Аслияб куцалда, гьезул беразулъ кенчӏолеб жо буго «господин гъурущ». Гьедин бугониги, районалда унеб буго гӏезегӏан хӏалуцараб спортивияб гӏумру. Гьаниб буго ункъо спортивияб школа, цӏакъ цебетӏун буго лъималазул спорт, единоборствабазде хьвадула гӏемерал гӏолохъаби. Гьал къоязда тӏобитӏана кӏудияб турнир «кверзул рагъалъул» рахъалъ, энергетиказул къоялде тӏобитӏизе буго цоги кӏудияб, 7 команда гӏахьаллъараб волейболалъул турнир.
— Нужер районалдаса Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вуго дур гӏагарав чи Гӏабдулхӏаким Хӏажиев. Гӏагараб районалъеги, гьелъул бетӏер хӏисабалда дуеги кинаб квербакъи букӏунеб гьесул рахъалъан?
— Бетӏер хӏисабалда, ботӏролъ жо щун гурони, дие тӏокӏаб щибха букӏинеб. Районалъе букӏуна кинабго квербакъи, кидаго вукӏуна аскӏов вахъун чӏун, цӏехола, гьикъула, малъула, гьабула.
— Дагьаб цебе Гъизилюрталда вищана цӏияв бетӏер, Саид Маматханов. Кӏиго МО, кӏиялъулго бутӏрулги магӏарулал. Къокъго абуни, кинаб бугеб нужер гьоркьоблъи?
— Кинабгӏаги конкуренция, кинабгӏаги дагӏба-къец, гьел жал нижер рукӏунаро, нижер буго цо команда. Кидаго лъикӏ лъазе ккола дуда аскӏов вугев чи, мадугьал, гьесул гӏамал- хасият, рукӏа-рахъин, кинабго гӏаммаб хӏалтӏиги тӏубазе ккола цадахърекъон. Шагьаралъул жаваб гъос кьела, районалъул жаваб дица кьела, амма нижер командир вуго цо, ниж руго цо командирасул кӏиго мухъилав.
Гӏабаш Гӏабашилов