Гьал къоязда «Хӏакъикъаталъухъ» гьоболлъухъ щварав Гумбет районалъул бетӏер Гъалип Гъалиповас бицана исана район цебетӏеялъе гьабураб хӏалтӏул ва рехсана тӏасияб соналда тӏуразе церелъурал масъалабазул хӏакъалъулъ.

Сахлъи цӏуни

Исана Гумбет районалъул Мелъелтӏа, Игьали ва Чӏиркъатӏа росабазул больницаби къачӏан лъугӏулел руго. Гьелъ рес кьола районалъул гӏадамазе лъикӏаб даражаялъул медицинаялъул кумек щвезе. Гумбет районалъул централияб больница къачӏазе биччан букӏана 28 миллион гъурущгӏанасеб гӏарац. Къачӏана Игьали росдал участкаялъулаб больницаги. Гьелъие 19 миллион гъурщиде капиталияб ремонт гьабуна. Лъанлъари росулъ фельдшеразулгун акушеразул пункт (ФАП) къачӏан рагӏалде бахъана. Гьелда тӏад хвезабуна 1,3 млн гъурущ.

2024 соналдаго хӏисабалде босун букӏана районалда гьанжесеб къагӏидаялъул медицинаялъул идара базе. 20 чиясе вегизе бакӏ бугеб медицинаялъул идара ва 55 чи къабул гьавизе рес бугеб поликлиника базе хӏисабалде босун буго Гъоркьа Инхо росулъ. Гьелъие хӏажалъула 462 миллион гъурущ. Проект къабул гьабуна пачалихъияб экспертизаялъ. Больницаялда кумек гьабизе буго аскӏор ругел росабалъа унтаразеги. Дагъистаналъул сахлъи цӏуни цебетӏезабиялъул пачалихъияб программаялда рекъон, Гъоркьа Инхо росулъ медицинаялъул идараби раялъул хӏалтӏи рагӏалде бахъинабизе ракӏалда буго 2026 соналъул ахиралде щвезегӏан.

Районалъул цогидал росабаздаги 2030 соналде щвезегӏан медицинаялъул идарабазул рахъ лъикӏлъизабизе буго. Цӏаналъ ва Аргъвани росабалъ цӏиял ФАПал разе ва Чӏикь росулъ бугеб ФАП къачӏазе хӏисабалде босун буго.

Нухал

Гъалип Гъалиповас бицана Гумбет районалда шагьранухал къачӏаялъул хӏакъалъулъги. Гьеб лъабабго шагьранух ккола республикаялъул кӏваралъул нух.

— «Мелъелтӏа — Гъагъалъ», «Гъоркьа Инхо – Килалъ» ва «Хасавюрт — Кьохъ» шагьранухал къачӏалел руго. Проект гӏумруялде бахъинабизе биччан буго 715 млн гъурущ. «Хасавюрт — Кьохъ» 3,3 км манзилалъул нух къачӏазе биччан буго 226 миллион гъурущ. Гьеб букӏана цӏакъ санагӏат гьечӏеб нух, Хӏариб габурлъухъан Хасавюрталде ва Кьохъе автомашинаби хьвадулеб. Гьединго къачӏазе буго ганчӏил кьоги.

«Инхо-Килалъ» ункъо километралдаса цӏикӏкӏараб манзилалъул шагьранух къачӏазе хӏажалъула 236 миллионгӏанасеб гъурущ. Гьениса лъим хьвадизе лъезе буго маххулгун бетоналъул 11 рогӏоро. Жакъа къоялде бащдаб хӏалтӏи рагӏалде бахъунеб бугин абизе бегьула.

«Мелъелтӏа — Гъагъалъ» шагьранух къачӏазе биччан буго 254 миллион гъурущ. Гьеб буго Болъихъ районалде унеб нух.

Ахал

2030 соналде щвезегӏан Гумбет районалда, ДРялъул Хӏукуматалъ цебелъураб, мугӏрулгун авлахъазда ахихъанлъи цӏигьабиялъул программаялда рекъон, 120 гектаралда ахал гӏезаризе руго.

Жакъа къоялда Гумбет районалда ругел ахазул гӏатӏилъи ккола 737 гектар, гьезда гьоркьоса 6 гектаралда гӏезабулеб буго цӏибил, пихъил ахал руго – 516 гаялда. Районалда аслияб къагӏидаялъ гӏезабула курак (460 гектаралда).

Ахал гӏезариялъул программаялда рекъон, гъоркьиса Гъадари росулъ лъабго гектаралда чӏана гӏечул гъутӏби. 2030 соналде гьениб гӏезабизе буго гӏаммаб къагӏидаялъ 25 гектар ахил. Гъоркьа Инхо росулъ 25 гектаралда чӏезе буго цӏолбол ах.

Гумбет районалда цӏигьабизе буго «Хьоп-халат» абураб цӏолбол тайпа. Гьеб чӏезе бакӏги тӏаса бищун буго. Гьеб лъалъазе лъим бачиналъул суал тӏубазе хутӏун буго. Гьеб рахъалъ районалъе квербакъулеб буго «Дагъмелиоводхозалъ». Ахирал соназда Игьали, Инхо, Чӏиркъатӏа росабалъ лъел мухъал ва лъим кьабулел станциял къачӏазе биччан буго анлъго миллионалдаса цӏикӏкӏун гъурущ.

Исана «Игьали — Ингиши» лъел мухъ къачӏазе кӏиго миллион гъурущ биччан букӏана. Гьедигӏанго къадаралда гӏарац биччана Инхо росулъе лъим бачинеги. Чӏиркъатӏа росулъ лъел мухъ къачӏазеги кӏиго миллион гъурущ ана.

СВОялъе кумек

Хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса нахъе Гумбет районалъ нилъер рагъухъабазе ва къварилъи ккарал регионазе гьоркьоса къотӏичӏого гуманитарияб кумек гьабулеб буго. Гумбеталъулаз СВО тӏобитӏулеб бакӏалде битӏана 200 тонна гуманитарияб кумек. Хӏажатазе кумекгун хасаб рагъулаб операция тӏобитӏулел ракьазде щвана районалъул идарабазул нухмалъулел. СВОялъул рагъухъабазе ва гьезул гӏагарлъиялъе квербакъи гьабула лъай кьеялъул, культураялъул ва цогидал гӏуцӏабаз, Гумбет районалъул руччабазул советалъ, сахаватал районцояз.

Дагьаб цебегӏан Дагъистаналъул ЦУРалда Гумбет район цебетӏеялъе исана гьабураб хӏалтӏул хӏасилазул бицине тӏобитӏараб чӏагояб эфиралда Гъалип Гъалиповас Запорожье областалъул лъимал районалде хӏухьбахъиялъе гьоболлъухъ ахӏана.

«Бокьун буго риидал Запорожье областалъул лъимал Гумбет районалде ахӏизе. 100 лъимер къабул гьабизе буго нижеца. Нижер район буго цӏакъ лъикӏаб бакӏалда ва ракӏалде ккола лъималазе гьениб цӏакъ лъикӏ букӏинин. Гьел рохизаризе ва разиго тӏадруссинаризе хӏаракат бахъила. Гьеб буго гумбеталъулаз жидерго рахъалъ гьабизесеб кумек. Риидал Гумбет районалъул бищунго лъикӏал цӏалдохъабигун медалал щварал кӏодо гьарулеб тадбиралде ячӏун йикӏана Мелитополь шагьаралъул №5 школалъул директор Нина Воронина. Гьейгун цадахъ рачӏун рукӏана дора хӏалтӏулел ругел нилъер ракьцоял. Гьелги ахӏулел руго цӏидаса нижеца гьоболлъухъ», — ан абуна Гъалип Гъалиповас.

Патӏимат СУЛТӏАНОВА