Хандиев Мухӏамад (1818-1861)
Гьавуралдаса 205 сон
Магӏарул мацӏалъул грамматика ва словарь хъварав гӏалимчи, педагог.
Гӏажаибаб букӏана Мухӏамадил гӏумруги.
Бесдаллъараб хъизамалъ гӏумруялда жаниб гӏемераб жо хӏехьезе ккана. Гьединлъидал Мухӏамадил лъимерлъи букӏана захӏматаб. Амма гьев вукӏана къохӏехьолев, къвакӏарав вас. Мухӏамадица хьихьулаан боцӏи, бекьулаан хур, жигаралда гьабулаан рукъалъул магӏишат. Мухӏамадил гӏумру данде ккана Кавказалъул рагъул заманалда.