Мухӏамад-Амин (Асиялов) (1818-1899)

Гьавуралдаса 205 сон

Чергесиялда Шамил-имамасул наиб, политикияв ва пачалихъияв хӏаракатчи, гӏалимчи. Гьавуна Гьонода росулъ. Шамил-имамас гьев тӏамун вукӏана Чергесиялъул наиблъун.

Гьес 11 соналъ нухмалъи гьабулеб букӏана (1859) адигазул халкъаз гӏурус пачаясде данде гьабулеб рагъуе.

Гьеб захӏматаб заманалда гьес живго вихьизавуна гьунар бугев бодул цевехъан ва хӏаракатав гӏуцӏарухъан хӏисабалда.