Чанго къоялъ васас телефоналъ ахӏун бачӏинчӏеб мехалда, дица гьесул рагъулал гьудулзабазухъе ахӏана. Дир телефон борхизе бокьун букӏинчӏеб къагӏидаха гьезие. Щайгурелъул дир вас унтун вугин абизе бокьунгутӏиялъ. Дир гьитӏинав васас ахӏараб мехалда, вацасул рагъулав гьудулас абун буго, нужеца вац рокъове щай вачунаревин, дов унтунги, хӏалихъе хӏатӏазда вахъунчӏунги вугин абун. Цинги, щуабилеб къоялъ, васас жинцаго ахӏун бачӏана, тӏаса лъугьайила, эбел, унтун вукӏанин дагьавгойилан абун.
Эбелалъул ракӏ кинха букӏинеб СВОялде арав васасул хабар къотӏидал. Гьединлъидал къасд гьабуна, хехабго къагӏидаялъ аптекабаздеги ун, къваригӏанщинал дарабиги кванил нигӏматалги росун васасухъе сапар бухьине.
Дун ячӏуней йигин рагӏидал, цадахъ вугев кӏиго рагъулав гьудуласги рокъобе хабар гьабун бугоан жидерго руччабазде, гьалмагъасул эбел ячӏуней йигин абун. Цинги гьезги диргун бухьен гьабуна ва россабазе посылкаби ритӏана дихъеги кьун.
Махӏачхъалаялдаса Ростовалде унеб автобусалда рекӏана дун. Гъизляр шагьаралде щвараб мехалда, автобусалда рекӏинелъун тӏаде вахун вачӏарав 50 сонил ригьалде вахарав чи, дида аскӏоб бугеб чӏобогояб бакӏалда гӏодов чӏана. Щиб-кинилан цӏех-рех гьабидал, лъана гьев Шамил районалъул Гӏурада росулъа Москваялда гӏумру гьабун вугев Жамбулат вукӏин. Ростовалде щведал, автобусалдаса рещтӏарай дие, чӏахӏиял сумкабигун йикӏаралъул, кумек гьечӏеблъиги бихьун, гьес дун босун билетгун рекӏинаюна Донецкиялде унеб автобусалда. Руго нилъер жеги иман-яхӏ бугел гӏолохъаби.
Щвана, телевизоралдасан гурони жеги бихьичӏеб, Донецк шагьаралде. Гьеб шагьаралда дида рихьичӏо рачӏунел-унел гӏемерал гӏадамалги, нилъер шагьаразда гӏадин хьвадулел гӏемерал машинабиги. Гьениб зодил кьерцин бугоан цо батӏаго гӏажаибаб, бецӏаб, рокьукъаб кьералъул, накӏкӏул цӏураб. Вокзалалдаги къватӏаздаги рихьулел рукӏана гӏицӏго рагъулаб форма ретӏарал чагӏи. Цинги ахӏана васасухъе ва цӏехана кие ячӏине кколейин абун.
— Мун гьание ячӏунге, эбел, гьаниб хӏинкъи буго, дроналги рукӏуна тӏасан роржанхъулел. Нижго рачӏина дуда данде, гьенийго чӏа, — ян кӏалъана вас.
— Дие нилъерго гӏолохъаби ругеб бакӏги, нуж рега-рахъунеб, кваналеб бакӏги бихьизе, гьение ячӏине бокьун буго, дир вас. Дун гьение ячӏине ккола, дир ракӏ гӏодобе буссине ккани, — ян дица абидал, гьесул командирас, старшинаяс лъазабун буго, щиб бицунги эбел гьание йиччагейин, нужго дандеги ун, хехго тӏадги руссайин абун.
Гьезухъги гӏенеккичӏого, дица ба лагьулеб букӏана Веселое поселокалде унеб такси. Амма цогӏаги таксичиясе бокьулеб букӏинчӏо дун гьение ячине. Гьез абулеб букӏана дуда лъаларогойищин бугеб гьениб бугеб ахӏвал-хӏалилан абун.
— Лъала, гьебги лъан гурищ дун гьание щвезегӏан васасухъе ячӏун йигей, — ян жаваб кьолаан дицаги.
— Ниж хӏинкъула гьенире ине, нижее жеги рухӏ хирияб буго, — ян абуна таксичияс.
— Дун ана, цо хинаб бакӏги балагьун гӏодой чӏезе, вас тӏаде щвезегӏан.
Вачӏана вас, рагъулаб машинаялдаги рекӏун, гьудулзабигун. Жидерго эбел ячӏарайгӏанги рохана цадахъ рукӏаралги. Нилъерго ватӏан тун къватӏир щведал, цӏакъ бокьула нилъерго чи вихьизеги кӏалъазеги. Дир васасулги рохалие гӏорхъи букӏинчӏо.
— Цо нухалда дуда къвал базе щолебанищин вукӏана, эбел, дун. Цинги хваниги кӏваричӏо, — янги абун, васас дида къвал бана. Машинаялда жанир гӏодорги чӏун, гара-чӏварана гьел гӏолохъабигун, дирго васгун. Амма гьел гӏедегӏун рукӏана, гьеб сордоялъ гьужумалъ (позициялде) ине кколел рукӏун руго. Ярагъ хӏадур гьабизеги кколеб букӏун батиларищха.
Гьел ана… Вас чӏаго, сах-саламат го вихьиялдаса йохунги йикӏана, хех го цоцаздаса ратӏалъизе кколеб букӏиналъ ракӏги къварилъана. Амма дир мурад букӏана васасда аскӏоб цо лъабгогӏаги къо базе ва гьезие рокъобго гӏадин хинаб квенги гьабизе, бакъвараб бакьги, гьанги тӏамун хинкӏалги гьаризе. Пайда щиб, мурад тӏубачӏо.
Амма ракӏ къварилъиялъ рекӏе дацин ятичӏо, гьезда цадахъги чӏун цо суратгӏаги бахъизе.
Гьесда цадахъ руго Алмахъалдаса, Гъуниса, Гъизилюрт, Каспийск ва Махӏачхъала шагьараздаса гӏолохъаби – микьгоял.
Гьел ругеб поселокалда гьабсагӏат буго хӏинкъараб ахӏвал-хӏал. Дунял рукӏкӏаралдаса гордазда щиб бигъунги, гьел бецӏ гьаризе кколел руго, жанив чи вукӏин лъаларедухъ. Къаси-къасиги къватӏире рахъине рес гьечӏо, щайин абуни, гьаракь гьечӏого роржанхъулел къасисел дро наз рахӏат толарого букӏун. Гьение посылкаги босун росасухъе щвезе ячӏарай цо гӏадан, дроналъ речӏчӏараб жоялъул маххул кесекги щун, хун йиго. Гьединлъидал гьенире риччалел гьечӏо, хасго тӏаде рачӏарал.
Васги гьесул гьудулзабиги жидерго рагъулаб часталде нухаги регӏун, дун ана Донецк шагьаралде, диего сордо базе бакӏ балагьизе. Цо остановкаялда чӏарай кӏудияй гӏаданалда цӏехана гьаниб гӏагарда гостиница киб бугебилан. Гьелъ дида бичӏчӏизабуна кие ине кколеяли. Щибго бичӏчӏичӏей дун ялагьун чӏедал, гьелъ цӏехана киса ячӏарай гӏаданилан абун. Дун тӏоцее щолей йигин гьание, васасухъе ячӏарай йигин дица абидал, гьелъ абуна, гьеб батӏияб иш бугин ва жинда цадахъ йилълъайин абун. Цадахъ шагьар сверана нижеца, дие гостиницалда чӏобогояб номер балагьулаго. Рагъул гӏахьалчагӏи гьенир гӏемер рукӏиналъ, гӏемерал гостиницабазда бакӏал гьечӏоан, ахиралда батана цо номер ва гьений дунги парахат гьаюн гурони Ольга рокъое инчӏо. Гостиницаги бугоан цӏакъ квачараб, гьечӏоан отопление, бухӏараб лъим. Гьеб гьабулеб бакӏал кьвагьизарун ругилан бицана, гьелъул хӏалтӏухъаби жалгоги ругоан квачан холел.
Сордо рогьинегӏан бер данде бачинчӏо. Макьуги кин щолеб, къаси гӏадаб квачарал сардаз хандакъаз да жанир сардал разе ва салги ну харегӏун. Рогьинегӏан ра гӏулеб бу кӏана рехулел бомбабазул ги, кьвагьу лел гӏарадабазулгун пуле ме та зулги гьаркьал, гьебгиха — гӏинда нахъа бугеб гӏадин.
Кидадай сордо рогьинаян йикӏарай дун, рогьалилъ гъапуллъун ккун ятана. Тӏуркӏун йорчӏизаюна дие кумек гьабурай дой Ольгал телефоналъул ахӏиялъ. Жий ячӏуней йигин абуна гьелъ мун рокъое регӏизе. Гьей гӏурус миллаталъул гӏаданалъ, эбелалъ яс нухда лъолей гӏадин, йитӏана дунги сапаралъ. Автобусалде дунги яхун, гьеб багъаридал гурони гьей нахъе инчӏо. Нижер лъикӏаб гьудуллъиги ккана. Ва риидал Дагъистаналде гьоболлъухъ ячӏине гьелъ рагӏиги кьуна.
Ростовалде ячӏунаго, ахӏун бачӏана Гӏурадаса Жамбулатица, щиб ккарабин, нух битӏанищин абун. Дицаги бицана ккара-тараб ва абуна тӏадюссун ячӏуней йигилан. Гьес абуна жив духъ балагьун чӏезе вугин абун. Москваялде рекӏине босараб билетги нахъе кьун, гьев ватана дида автовокзалалда, къаси сагӏат ичӏгоялда бугеб автобусалъе ахирисеб билетги босун. Гьенивги, дун автобусалда рекӏинаюн, гьеб багъарун хадуб гурони гьев нахъе инчӏо. Гьелде тӏадеги, дие нухда кваназе жо босунги вачӏана.
Аллагьас сахлъи кьеги гьединал сахал гӏолохъабазе.
Гьарула нилъер гӏолохъабазе сахлъи, улбузе сабру, сах-саламатго жидерго хъизамазухъе бергьенлъабигун тӏадги руссаги гьел.
Рукъият ГӏАЛИСУЛТАНОВА