Некӏсиял грекал ва румал къойида жанир цо нухалда гурони кваналел рукӏун гьечӏо, анкьида жанир цо къоялъ гьел ракъун чӏолелги рукӏун руго. «Тӏаде вахъа анлъгоялда, кванай къобакьулъ, къаси — анлъгоялда, кьижа — анцӏгоялда», — ян малъулеб буго XVI гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав пуланав гӏакъилас.
Ингилисазул тохтур Эндрю Бордица хъван буго: «Хӏалтӏи-пиша гьечӏев чи сордо-къоялда жанив кӏиго нухалда квананиги гӏола. Хӏалтӏухъан кваназе бегьула лъабго нухалъ», — ан.
Гӏемер кванай – инсанасул унти, дагь кванай — хӏайваназул унтиян аби буго умумузул. Кициги буго радалквен гьалмагъасулгун бащад гьабе, къадеквен дуцаго кванай, къасиквен тушманасе кьеян абураб.
Гьайгьай, гӏемер кванай ккола чиясул заралияб гӏамал. Гӏемерисел, ай 35-40 соналдаса тӏаде арал гӏадамал цӏикӏкӏун кванаялдалъун байбихьула кьаралъизе ва, чохьое лагълъи гьабиялъ, гьел кӏвекӏула батӏи-батӏиял унтабаз.
Гӏакъилзабаз ва гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго, инсанасул гӏумруялъул халалъи, сахлъиялъул ахӏвал-хӏал, гӏакълуялъул даража бараб бугин кванил роценалда. Масала, гӏалимчи Томас Эдисоница къоялъ кваналеб букӏун буго 350 грамм кванил, гьебгиха лъабидеги бикьун. 94 сонил ригьалде вахинегӏан гьев вукӏун вуго гӏураб чӏаголъиялда. Дунялалдаго цӏар рагӏарав чачаназул кьурдухъан Махӏмуд Эсенбаевас цо гара-чӏвариялда журналистасда абуна: «Дун киданиги кваначӏо гӏорцӏизегӏан, тепсиялда нахъаса вахъунаго дир букӏуна гӏорцӏун гьечӏин ккараб асар», — ан. Кремлялъул кӏалгӏаялда, гӏолохъанчи гӏадин, 74 сон барав Эсенбаев кьурдулеб мехалъ, тӏадеги рахъун, киназго гьесие хъатчӏвана.
Киназего бокьула берцинаб, къамартӏаб черх букӏине. Амма гьелда тӏад хӏалтӏиялдаса чехьги цебе ккезабун, гӏемерисезул фигура лъугьуна гургуралъул гӏадаб.
Цо пуланаб росулъ гӏолилазе магьари лъолеб сордоялъ, кӏал бегӏерай гӏаданалъ абун буго: «Гурхӏанаха бахӏарасда, бахӏаралъул халалъи-гӏеблъи батуларого, щиб къодай гъаримасда бихьила», — ян.
Халалъи-гӏеблъи лъаларедухъ черх лъугьиналъе бугеб аслияб гӏилла ккола чияс гьабулеб хӏалтӏудаса чехь цебе ккезабулеб букӏин, ай хӏалтӏи гьабун тӏолеб гӏетӏалдаса кваналеб жо цӏикӏкӏунеб букӏин. Цо гьалмагъасде абулеб рагӏана: «Гьев чохьоч кваназавиялдаса чӏвазего бигьаяб букӏина», — ян. Чохьочие цӏакъ бокьула кьарияб квен. 150 килоялде бахана гьесул цӏайи, махӏабазе захӏмалъана къаркъала бехъерхъизе. Ана тохтурзабазухъе, чӏана диетаялда. Моцӏида жаниб 15 кило тӏаса рехизе бажаранинги абун, лъимер гӏадин, вохунги вукӏана пакъир. Диета тун моцӏ индал, тӏаде бачӏун батана 20 кило.
Цо-цояз абула: «Кваначӏого чӏаниги цӏайи бахуна, гьединаб буго нижер тухумалъулго тӏабигӏат», — ан. Амма гьеб буго багьана. Лъида вихьарав концлагералда цониги кьарияв чи…
Аварагасул хӏадисалда буго: «Кванирукъ бикьизе ккола лъабиде, ай квание тела лъабил бутӏа, лъадае — лъабил бутӏа, гьаваялъе — лъабил бутӏа», — ян. Гьеб малъа-хъваялда данде ккола гьанже гӏелмуялъ малъулебги. Нилъер бертабазул, мавлидазул тепсиязда букӏуна 10-15 батӏияб нигӏмат, хӏикмалъизе бачӏуна цо-цо чагӏи гьенир кваналеб куц бихьидалги.
Гӏемер кванаялъе руго гьадинал гӏиллаби: чӏалгӏен ва аскӏобго холодильник букӏин, хӏалтӏуде гӏедегӏун, радал кваназе заман гӏоларого букӏин, квешаб хӏал (настроение), жиндирго напс къезабизе кӏунгутӏи, чехь бохизабизе бокьи, нерваби гӏодоре руссинариялъе цӏикӏкӏун кванай, кьолеб-щолеб квандаса инкар гьабизе кӏунгутӏи ва метералдаса байбихьун диетаялда чӏезе гьабураб «кьварараб» ният.
Дунялалдаго гӏемерлъулел руго кьариял гӏадамазул къадар. 1000 американасда гьоркьов вукӏуна 200 кьарияв чи, Европаялда — 130, славяназда гьоркьов — 80 чи.
Абизегӏан кьариял рукӏунаро бакъбаккул улкабазда ругел гӏадамал, гьезул диналъ гьукъараб буго чохьое лагълъи гьаби. Аслияб куцалда гьез квание хӏалтӏизарула тӏабигӏиял нигӏматал, чӏахӏил квен, ччугӏа.
Нахъеккараб экономика букӏиналъ, Африкаялдаги гӏемер гьечӏо кьариял чагӏи, гьениб букӏунаро хӏадурарал кванил тӏагӏамал, гьечӏо радал кваналеб гӏадат, кванилъе жураларо тӏабигӏиял гурел жал, рукӏунаро ричун росарал заралиял квенал (бизнес-ланчал).
Гӏалимзабаз гьабураб цӏех-рехалъ бихьизабулеб буго, къойида жаниб кӏиго нухалда квананиги, инсанасул сахлъиялъе кинабгӏаги къварилъи кколареблъи.
Гӏалимчи Герберт Шелтоница хъван буго: «Къойида жаниб лъабго нухалда кванаялъул хӏасилалда черх херлъула ва жагъаллъула. Гӏедегӏун кванаялъ инсан херлъизавула ва унтизавула», — ян.
Кьариял чагӏазул унтула ракӏ ва бидурихьал, цӏикӏкӏуна бидул тӏадецуй. Чорхол бакӏлъи цӏикӏкӏанагӏан кӏодолъула ракӏ, бакъвалъула би, кколеб куцалда гьеб щоларо лугбузухъе ва клеткабазухъе. Къвакӏула бидурихьал, бидулъ цӏикӏкӏуна холестерин, хӏинкъи букӏуна атеросклероз ккеялда. Кьариял чагӏазул 60 проценталъулъ тӏатуна чакрил унти, гьуърузе захӏмалъула тартибалда хӏухьел цӏазе. Цӏакъго бакӏал чагӏазул мугъзагьод гьетӏула, кьуризабула каранзул къали. Бакӏал чагӏи гӏемер унтула гриппалъ ва батӏи-батӏиял гьуърузул унтабаз, дарабазулги гьезие дагьаб гурони пайда букӏунаро. Квешаб рахъалдехун хисула чехь-бакьазул хӏалтӏул тартиб. Унтула ургьисалаби, гьелда жанир лъугьуна ганчӏал ва сали. Гьезул къанагӏатги вукӏунаро рукьбузул ва рищалабазул унтаби гьечӏев чи. Гӏелмиял цӏех-рехаз бихьизабуна чорхол бакӏлъиялъ зарал гьабулареб цониги лага, лугбузул гӏуцӏи, хӏатта клетка букӏунареблъи. Гьединлъидал кьариял чагӏазул гӏемерисел рукӏуна гӏумру къокъал, заман щвелалдего херлъула гьел.
Баян
Дунялалда бищун бакӏал чагӏилъун рикӏкӏунаан: американай Кэрол Йегер — 727 кг,
Джо Брувер — 544 кг ва Джон Минноху — 635 кг!
Жакъа дунялалда ругел бищун бакӏал чагӏи ккола: Сагӏудиязул Гӏарабиялдаса Шаари Халид ибн Мухсен — 630 кг, Мексикаялдаса Франко Хуан Педро — 585 кг, СШАялдаса Брамли Кеннет — 469 кг ва Австралиялдаса Наср Андре — 468 кг.
Россиялда бищун бакӏав чи кколаан Хабаровск краялдаса 40 сон барав Дмитрий, гьесул цӏайи букӏана 450 кг.
Нури Нуриев