Анлъабилеб февралалда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Муса Мухӏамадовасул «Чӏегӏераб гамачӏ» абураб тӏехь цӏигьабун къватӏибе биччаялда хурхараб тадбир. Миллияб адабияталда ккараб киналго рохараб гьеб лъугьа-бахъин цоцазда баркизе данделъун рукӏана магӏарул хъвадарухъаби, шагӏирзаби, журналистал, хъвадарухъанасул гӏагарлъи ва гьесул тӏахьал рокьулел цӏалдолел.

Муса Мухӏамадов вукӏун ватула бищунго талихӏал хъвадарухъабазул цояв. Щайин абуни, гьесул тӏахьал цӏалулаан, цоцазде ирга щоларого, цояз цоязухъе кьун. Бищунго хъвадарухъанасул къадру тӏокӏаб советияб заманалдагицин къанагӏатал рукӏана Мусал тӏахьал. Дунги гӏуна гьесул тӏахьалгун цадахъ. Гьесул тӏахьазул героял дида кколаан дирго гӏагарал чагӏийилан, гӏелбащадалилан абун.

Гьедин букӏана «Чӏегӏераб гамачӏ» цӏигьабун къватӏибе биччаялъе «гӏайибияв», «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир Ашахан Юсуповасеги. Гьевги гӏуна Мусал героялгун цадахъ, гьелгун вохун, гьелгун пашманлъун. Ва гьес магӏарул цӏалдолезе гьабуна кӏудияб сайгъат – «Чӏегӏераб гамачӏалда» бихьана кӏиабилеб гӏумру, гьелъ цӏазе байбихьана кӏиабилеб хӏухьел. Гьабсагӏаталдаги магӏарулаз М. Мухӏамадовасул цӏар бищун цебе рехсола, рокьулел хъвадарухъабазул цӏарал цӏехедал. Тӏехь къватӏибе бачӏун букӏин лъайдал, гьеб цӏехон Ашаханихъе кӏалъаразул къадарги цӏакъго цӏикӏкӏараб букӏана ва жеги кӏалъалелги руго. Бищунго рохизе ккараб жоги гьечӏищха – тӏехь цӏехолезда гьоркьор гӏолилалги руго. Гьединаллъун хутӏана магӏарулазе Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадовасул тӏахьазул героял — гӏоле-гӏолезул гӏелбащадаллъун.

Библиотекаялъул жанахӏалда гӏуцӏараб Муса Мухӏамадовасул тӏахьазул выставкаялъ цоги нухалда бицана цӏалдолезе хъвадарухъанасул творчество кинаб тӏадегӏанлъиялда жегиги букӏине бугебали.

Тадбир нухда бачана филологиял гӏелмабазул доктор, профессор Мухӏамад Мухӏамадовас. Гьес гӏатӏидго бицана хъвадарухъанасул пагьму-гьунаралъул хӏакъалъулъ, баркала кьуна гьеб тӏехь бахъизе пикру ракӏалде ккарав Ашаханиеги:

— Тӏоцебе тӏехь биччаялъул пикру Ашаханица дие загьир гьабидал, дун цӏакъ вохана ва дица гьесда абуна кӏвараб кумек гьабизе бугин, дуего бокьун бугеб хӏалалда гьабейилан. Ва, кида редакциялде щваниги, Ашахан ватулаан Мусал тӏехьалде тӏадеги къулун. Гьес нилъее сайгъат гьабуна багьа къиматаб тӏехьин, — абуна Мухӏамадица жиндирго кӏалъаялда.

Хадубги Мухӏамадица цӏалана Мусаца гӏумруялъул гьудул Фазуе сайгъат гьабураб кечӏги. Кӏалъазе вахъарав «Хӏакъикъат» газеталъул редактор Темирхан Хӏасановасги бицана магӏарул адабият гӏолеб гӏелалъе ирсалъе хутӏиялъе редакциялъ гӏумруялде рахъинаризе ругел проектазул хӏакъалъулъ:

— Нижер щулияб бухьен буго магӏарул шагӏирзабазулгун. Щола гьел нижехъе, гьарула гьезулгун гара-чӏвариял, кьола гьезул асарал газеталъул гьурмазда. Руго гӏемерал пикрабиги нужер кумекалдалъун гьаризе ракӏалда ругел ишалги, — илан абуна гьес.

Рагӏи абизе ирга щвана Ашаханиде. Рачӏаха гӏенеккилин гьес бицаралъухъги:

— Лъимерлъудаса нахъего Мусал тӏахьал цӏалун ругьунав дида кколаан гьесул цӏаличӏеб тӏехьго хутӏун батиларин абун. Амма хадуб батана цо гьединаб тӏехь. «Чӏегӏераб гамачӏ», гӏемерав чияс бицунеб рагӏун гурони, дихъего кодобе цӏализе щвараб тӏехь букӏинчӏо. Гьедин хъван букӏун буго — дихъе гьеб тӏехь цӏализе щвана цӏидасанги бахъун лъикӏилан абураб ният-къасд гӏумруялде бахъинабиялда цадахъго. Компьютералда бищулаго, цадахъ цӏалунги лъугӏана. Дун цӏидасанги асир гьавуна Мусал бергьараб хатӏалъги гьесул хъвадарухъанасулаб пагьму-гьунаралъги. Дица цереккун цӏаларал тӏахьазда релълъинчӏеб, гӏажаибаб сюжеталъул, хӏикматаб, къватӏибе кьун бажарулареб асаралъул тӏехь батана хӏакъикъаталдаги «Чӏегӏераб гамачӏ» къиса. Гьеб мехалъ бичӏчӏана дида гӏадамаз додигӏан цӏакъ гӏащикъго гьеб тӏехьалъул щай бицунеб букӏарабали. Дун жакъа вохарав вуго Мусал тӏахьазухъ урхъун рукӏарал магӏарулазухъе гьеб тӏехь щвезе дица бахъараб хӏаракат гӏадада ккечӏолъиялдаса.

Хъадарухъанасул творчествоялъулги гьесул жиндиргоги хӏакъалъулъ бицана гьев лъалел пероцояз – хъвадарухъанасул цо-цо тӏахьазул редактор ва корректор Тубхӏат Зургьаловалъ, Шамил Мухӏидиновас, Асхӏабгӏали Хӏасановас, Залму Мухӏамадовалъ, тӏехь биччаялъе квербакъарай, Дагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялъул авар мацӏалда риччалел тӏахьазул редакторГӏайшат Гӏалиевалъ.

Кӏалъазе рахъарал Авар театралъул директор Мухӏамад Бисавгӏалиевас, Мусал гӏагарав чи Гьандихъа Мухӏамадгӏарип Къадиевас, Шамил районалъул администрациялъул маданияталъул отделалъул нухмалъулев Гъапар Гӏабдулхӏамидовас, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏабдулвахӏид Лабазановас, Гӏасаб росулъа жамагӏатчи Мухӏамадрасул Мухӏамадовас бицана Мусал творчествоялъул, цӏалдолезе гьесул тӏахьаз гьабулеб хӏикматаб асаралъул хӏакъалъулъ.

Тадбиралъул ахиралда гьенире рачӏаразе Гьандихъ росдал жамагӏаталъул рахъалдасан баркала загьир гьабуна «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъан, Мусал гӏагарав чи Мухӏамадхӏабиб Махӏатӏовас. Гьединго гӏагарлъиялъул рахъалдасан гьалбадерие баркала кьуна Мусал Патӏиматил ясалъ.

Лъугӏана тӏехьалъул цебелъей. Биччанте гьеб тадбир букӏине Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадовасул 100 сонилаб юбилеялъе гьитӏинабго цеберагӏилъун.

Гьединго газеталъул хӏалтӏухъабазул рахъалдасан баркала кьезе бокьун буго, щиб тадбир нижеца тӏобитӏулеб бугониги, гьенир гӏахьаллъулел, гьаб нухалдаги дандеруссиналъе хасаб гугьаралъул берцинлъи кьурал Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, композитор Ахӏмад Гӏамирхановасе, Дагъистаналъул халкъияв артист Гӏабдула Мухӏамадмирзоевасе, Дагъистаналъул мустахӏикъай артист Машидат Гӏумарасхӏабовалъе, Россиялъул лъай кьеялъул Хӏурматияй хӏалтӏухъан, Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъа Ахӏсарат Хӏайбулаевалъе, пандурги хъван, умумузул бакъназда кучӏдул ахӏулев Мухӏамадхӏабиб Гӏалискандиевасе ва Бакълъухъа Хӏажи Ахӏмадовасе.

ШАМАЙ ХЪАЗАНБИЕВА