Советияб заманалда гӏадин хӏалуцарал гьечӏониги, Северияб Кавказалъул республикабазда ва жалго жидедаго чӏарал улкабазда гьоркьор гьудуллъиялъулал, экономикиял ва культураялъулал бухьенал къотӏулел гьечӏо. Дагьалги гьел церетӏезариялъулъ бутӏа лъолеб буго нилъеда сверухъ ругел СКФОялде кколел республикабазул ва Югалъулаб Осетиялъул нухмалъулез, гьезул гӏалимзабаз ва хъвадарухъабаз.

Гьал къоязда басмаялда бахъана Югалъулаб Осетиялъул 1996–2001 соназда вукӏарав тӏоцевесев президент, советияв ва Югалъулаб Осетиялъул политикияв хӏаракатчи, тарихиял гӏелмабазул доктор, публицист ва Халкъазда гьоркьосеб Жамгӏияб палатаялъул гӏахьалчи Людвиг Алексеевич Чибировасул «Алания-Осетия ва Дагъистан» абураб тӏехь. Пачаясул заманалдаса, советияб гӏумруялдаса байбихьун, авторас рагьулел руго Дагъистаналъул ва кӏиябго Осетиялъул цоцаздехун рукӏарал ва гьанжеги ругел экономикиялгун маданияталъулал бухьеназул, цоцазе гьабулеб кумекалъул хӏакъалъулъ бицунел тӏанчал. Рачунел руго нилъер цадахъаб гӏумруялдаса мисалал.

Авторас ракӏалде щвезабулеб буго 2004 соналъул сентябралда Бесланалда 334 чи, гьезда гьоркьоса 186 лъимер гӏумруялдаса ратӏа гьарураб вахӏшияб такъсир ккараб мехалда Дагъистаналъ гьабураб кумек.

Л. Чибировас тӏехьалда рехсон буго Расул Хӏамзатовасул ва Цӏадаса Хӏамзатил Осетия-Аланиялъул хъвадарухъабазулгун букӏараб гьудуллъиялъул хӏакъалъулъги.

Ракӏалде щвезарулел руго Кӏудияб Ватӏанияб рагъда Совет Союзалъул Бахӏарзаллъун рахъарал Дагъистаналъул ва Осетиялъул васал: Орджоникидзе шагьаралда цӏаларав Мухӏамад Хӏамзатовасул, Темирхан-Шурав гьавурав Георгий Калоевасул, Хасавюрталда гьавурав Алексей Ташаевасул, рагъ лъугӏун хадуб Осетиялде гочарав дагъистанияв Николай Калуцкиясул, Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутат, асатӏинав Михаил Дзилиховасул ва гӏемерал цогидазулги цӏарал.

Жакъа нилъ рохарал руго Югалъулаб Осетиялда Дагъистаналъул вакиллъи хӏалтӏулеб ва гьелъие нухмалъи Мухӏамад Шамиловас гьабулеб букӏиналдаса.

Тӏехьалъул автор дагьав цевегӏан Дагъистаналдеги щун вукӏана ва Северияб Кавказалъул Херазул советалъул сопредседатель хӏисабалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъиги гьабуна.

Щаклъи гьечӏо, Л. Чибировасул тӏехь хадубккунги Осетия-Аланиялда ва Дагъистаналда гьоркьоб гьудуллъи щулалъиялъе квербакъулеб алатлъун лъугьине букӏиналда.

З. ИЛЬЯСОВ,

Северияб Кавказалъул Херазул советалъул сопредседатель