Нахъеги — гӏагараб районалде, хунздерил тӏалъиялде. Нахъеги — Цӏада росулъе. Гӏакъил Цӏадаса Хӏамзатил минаялъухъе гьоболлъухъ. Гьаб нухалда — гьесул гьитӏинав вас Хӏажиясул нусгосонилаб юбилеялде. Гьале доб мина. Магӏарулазе Хӏамзатги кьураб, дунялалъул адабияталъе Расулги кьураб, Дагъистаналъеги Северияб Кавказалъеги тӏоцевесев академикги кьураб хӏикматаб мина. Гьаб минаялъуб бижанщинаб гӏакъиллъи! Гьаниса боржанщинаб машгьурлъи! Гьале гьаб минаялъ цӏар рагӏизабуна Дагъистаналъул.

Гьале дол кьурабиги, цӏигьулдерил росдал парахалъиги цӏунун чӏухӏадго эхетун ругел. Гьале дол сухъмахъалги… Гьал сухъмахъаздасан дол кьурабазухъе кӏудияв вац Расулгун цадахъ чанги харун ватила гьитӏинав Хӏажиявги. Гьале росдал къватӏал. Гӏодов ккун, тӏаде вахъун вукӏинесев гӏалимчияс къойил чан нухалъдай гьел мерхьунел рукӏарал. Гьале гьаб инсул минаялъул кӏалтӏаса байбихьулел дол нухазги доле дол сухъмахъазги нухарегӏана кӏиявго вац кӏудияб дунялалде. Гьале доб мина. Расулил асаразулъ даим чӏаго букӏине бугеб инсул мина.

Хӏамзатил гӏакъиллъиялъул ирсиласухъе

Гӏажаибаб чӏаголъи букӏана араб анкьалда Цӏада росулъ. Гьеб хӏадурлъун букӏана дунялалдаго жиндир цӏар рагӏизабурал васазул цояв Хӏамзатил Хӏажиясул гӏелмияб гьунаралъе бетӏер къулизе ва тӏаде щолел ругел гьалбал къабул гьаризе.

Радал гӏуж. Москваялдаса ва Махӏачхъалаялдаса рачӏарал гьалбал, росуцоял, районцоял, инсулги кӏиявго васасулги пагьму-гьунаралъул адаб гьабулел гьалбал данделъун рукӏана Хӏамзатиеги, Расулиеги, Хӏажиясеги рарал памятниказда цере — ракӏалде щвезавуна гьезул щивав. Ва гьалбал гӏедегӏана хӏикматаб минаялъухъе.

Гьаб нухалдаги музеялъул директор Гӏайшат Патахӏовалъ, гӏалимзаби Ибрагьимил Мухӏамадица ва Гӏабдулкъадирил Мухӏамадица, профессорал Мухӏамадхан Мухӏамадхановас ва Камил Ландаца, Тӏанусиса Хъайтмаз Гӏабдулхаликъовас, Дагъистаналъул халкъияв художник Гӏамирхан Мухӏамадовас рицарал харбазухъ, ракӏалдещвеязухъ гӏенеккидал, ракӏ хӏайранлъулеб букӏана инсулги васазулги гӏадатлъиялъухъги гӏаданлъиялъухъги. Гьеб гӏадатлъиялъ рачунги ратила гьел гӏумруялъул бищунго тӏадегӏанал тӏогьазде. Хӏикмалъизе ккараб хӏужа гьечӏищха — щибаб машгьурлъиялда хьолбохъ батулеб буго гӏадатлъи. Ва гьелъулъ, тӏоцебесеб иргаялда, батила машгьурлъиялъул балъголъиги.

Гьалбадерил хадусеб сапар букӏана «Хъахӏал къункъраби» комплексалде. Гьениб тӏобитӏана Северияб Кавказалъул тӏоцевесев академик ва гьабсагӏаталдаги филологияб гӏелмуялда цохӏо гурони Северияб Кавказалда гьечӏев академик Хӏажи Хӏамзатовасе сайгъат гьабураб гӏелмияб конференция. Гьеб нухда бачана филологиял гӏелмабазул доктор, ИЯЛИялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Ахӏмад Муртазагӏалиевас.

Кӏалъазе рахъарал филологиял гӏелмабазул доктор, профессор, ДГПУялъул филологияб факультеталъул кафедраялъул нухмалъулев Мухӏамад Ибрагьимович Мухӏамадовас, филологиял гӏелмабазул кандидат, ИЯЛИялъул отделалъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏабдулкъадировичас, тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор Мухӏамадхан Мухӏамадхановас, филологиял гӏелмабазул кандидат, ИЯЛИялъул гӏелмияй хӏалтӏухъан Патӏимат Гӏалибеговалъ, Цӏада росдал Хӏамзатил музеялъул директор Гӏайшат Патахӏовалъ, Щотода росдал аслияб школалъул гӏурус мацӏалъул учитель Анжела Мухӏидиновалъ, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Темирхан Хӏасановас, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏ. Лабазановас бицана гӏалимчиясул ва гьесул гӏелмиял хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ, ракӏалде щвезаруна гьесул гӏумруялдаса цо-цо лахӏзатал. Рукӏана росуцоязулги гӏагарлъиялъулги кӏалъаялги.

Конференция ана тӏадегӏанаб даражаялда. Гьелъие гӏиллалъунги, тӏоцебесеб иргаялда, букӏун батила гьеб магӏарул мацӏалда бачин, тадбирал рахьдал мацӏалда тӏоритӏи къанагӏалъараб гьаб заманалда.

Гьелдаса хадур данделъана Хунзахъ Ш. Шамхаловасул цӏаралда бугеб культураялъул кӏалгӏаялъур. Тадбир байбихьана академик Хӏажи Хӏамзатовасул гӏелмияб гӏумруялъул ва къисматалъул хӏакъалъулъ бицунеб фильмалдасан.

Хадуб тадбир нухда бачана районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулей Жавгьарат Хъайтмазовалъ ва Дагъистаналъул Операялъул ва балеталъул театралъул артист Белек Гӏабасовас. Районалъул Культураялъул кӏалгӏаялъул хӏалтӏухъабаз бихьизабуна Хӏамзатил Расулил асараздаса гӏуцӏараб литературиябгун музыкалияб композиция. Дагъистаналъул Хӏукуматалъул рахъалдасан академикасул юбилей баркана вице-премьер Ризван Гъазимухӏамадовас.

Гьалбадерие музыкалияб салам кьуна Белек ва Салман Гӏабасоваз, «Кочӏолаб Чӏарада» бихьиназул хоралъ, Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка, Хунзахъ районалъул культураялъул рукъалъул хӏалтӏухъан Гӏайшат Тажудиновалъ, Авар театралъул артистка Амина Гӏабдулатӏиповалъ ва цогидазги. Районалъул культураялда цере ругел кьурдул ансамблязги жигараб гӏахьаллъи гьабуна дандеруссиналда. Гьенив кӏалъазе вахъарав районалъул бетӏер Нурмухӏамад Задиевас цоги нухалда ракӏалде щвезавуна Хӏамзатил Хӏажияв ва районалъул рахъалдаса кӏудияб баркала загьир гьабуна ва Хӏурматалъул грамотаби кьуна, Москваялда гӏумру гьабун вугониги, Дагъистаналда тӏоритӏулел аслиял тадбиразда гӏахьаллъулев ОСПДялъул нухмалъулев, жамгӏияв хӏаракатчи Тажудин Исрапиловасе ва Москваялда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб библиотекаялда Хӏажи Хӏамзатовасе сайгъат гьабураб тадбир тӏобитӏаралъухъ ва академикасул хӏакъалъулъ фильм бахъиялда гӏахьаллъарав Мурад Магаевасе.

Байрамалъул ахиралда эмен кӏодо гьавун тадбиралда гӏахьаллъаразе баркала кьуна Хӏажиясул вас Хӏамзатица.

Хунзахъе гьабураб сапаралдаса хъвараб гьаб гьитӏинабго макъала лъугӏизабизе бокьун буго Хӏажи Хӏамзатовасе сайгъат гьабураб «Росдал захӏматчи» газеталда батараб ИЯЛИялъул хӏалтӏухъан Мариза Мухӏамадовалъ хъвараб кочӏол куплеталдалъун:

«Гӏумруялъул дарсал» магӏарулазе

Аманат гьабурав гӏакъиласул вас,

Гьитӏинаб Дагъистан дуниялалда

Рагӏизе гьабурав шагӏирасул вац…

Шамай Хъазанбиева