Бидул къисас ккола умумуз наслабаз наслабахъе кьолеб букӏараб некӏсияб гӏадат. Гьеб баккиялъе гӏиллаги букӏана хасаб пачалихъ, хӏукумат гьечӏолъи яги законал хӏалтӏуларого рукӏин. Тухумазулаб къавмазул заманалда гӏадатал хӏалтӏулаан, жакъа законал гӏадин. Гьелъ квербакъулаан жалго тухумал цӏуниялъе, яхӏ-намусги, къадруги, низамги гӏадлуялда чӏезабиялъе.

Советияб улкаялъул тӏоцересел соназдаги жамгӏияб гӏумруялда жаниб бидул къисасалъ саламатаб бакӏ кколаан. Дагъистаналъул цо-цо бакӏазда жакъаги камуларо къисас босиялъул лъугьа-бахъинал. Тухумазда, гьединго, хъизамазда гьоркьоб, къисас босун гурони, рекъезабизе кӏолареб тушманлъи ккеялъе аслиял гӏиллаби рукӏунаан: васасда ва ясалда гьоркьоб бугеб рокьи тӏатин, ракьул гӏурхъи сабаблъун ккараб дагӏба, бугьтан лъей, мацӏ гьаби ва нахъасан каки. Чи чӏвай гуребги, къисас боси букӏине бегьулаан гьадинал лъугьа-бахъиназдалъун ккарабги: чи лъукъи, яс хъами, ракь кквей, чиясул яхӏ-намусалда чӏегӏераб тӏанкӏ лъей, хъизамалъул яги гьоболасул къадру хӏакъир гьаби, зина гьаби, хабзал чорок гьари… Гьез рачунаан тушманлъиялде ва чӏвай-хъвеялде.

Тӏоцебесеб иргаялда, тушманасдаса бидул къисас босизе кколаан чӏварасул инсуца яги вацаз, гьел гьечӏони, инсул рахъалдасан бищун гӏагарал бихьиназ. Тӏадав чияс къисас босичӏони, гьесие рогьо букӏунаан, халкъалда гьоркьоб къадру холаан ва «хӏинкъуч» абураб цӏар лъолаан.

Чӏварасул чагӏи тушманасда ва гьесул гӏагарлъиялъул бихьиназда хадур лъугьунаан. Гӏадаталъ гьукъун букӏана руччабаздаса, лъималаздаса, как балесдаса, кьижарасдаса, ботӏролъан жагъаллъи бугесдаса, захӏматго унтарасдаса, нахъасан речӏчӏун, рамазан моцӏалъ, диниял байрамазул къоязда ва гӏадамал ракӏарарал бакӏазда къисас босизе.

Тамихӏалде цӏалароан такъсир гьабулаго тӏадккурав, чӏужугӏаданалда хӏал гьабулаго ва, балъго гъоркьчӏел гьабун, жинде тӏаде кӏанцӏулев чӏварав, гьединго, зина гьабулаго тӏадккурал бихьинчиги чӏужугӏаданги чӏварав чи. Амма гьел чӏвазе ихтияр букӏунаан гӏицӏго чӏужугӏаданалъул инсул, вацасул, васасул ва росасул.

Бидул къисас босиялъул гӏадаталъул байбихьуда къисас боси тӏадаблъун гьабулаан тухумалъул киналго бихьиназда. Заманалдасан къисас босиялъул гӏурхъичӏвай гьабуна цересел гӏагарал чагӏаздалъун.

Къисас босулесда тӏадаб букӏунаан гьеб иш тӏубазегӏан хасаб куцалда гӏумру гьабун чӏей: рохалил данделъабазда гӏахьаллъунгутӏи, сабуралда хьвади, гӏадатияб куцалда ретӏа-къан вукӏин. Бидуласдаса гуребги, къисас босизе бегьулаан гьесул тухумалъул бокьарав бихьинчиясдаса, херал чагӏи ва гӏисинал лъимал хутӏизегӏан. Къисас босизелъун хадур лъугьунаан бидуласул инсуда, вацазда, инсул вацазда ва вацгӏалзабазда. Бидуласдаги гьесул цересел гӏагарал бихьиназдаги росу тезабулаан. Апараглъиялда рукӏине заманги гьел ине кколеб бакӏги чӏезабулаан росдал харабазул данделъиялда. Цо-цо росабалъ гӏадат букӏана къисас босиялъул иш ирсалъе кьолеб. Гьелъие нугӏлъун букӏине цо лъугьа-бахъиналъул мисал бачина. Цо пуланаб росулъ чи чӏван, гӏемерал соназ апараглъиялда вукӏана Гӏали. Сонал анагӏан росу-ракьалъухъ чӏалгӏун, амма тӏадвуссине хӏинкъун вукӏана гьев. Ункъого сон бараб мехалъ, «дун киназдаго кӏочон ватилаянги» абун, гьев тӏадвуссуна гӏагараб росулъе. Цо пуланаб къоялъ Гӏали годекӏаниве вачӏуна ва гӏолохъабазда абула цӏакъ халалъун бугин мегеж, гьалъул гӏадлу гьабурав чиясе кири букӏинаанин абун. Цо гӏолохъанчи вахъуна гьесул магжие гӏадлу гьабизе. Цинги, херасул мегежги ккун гьес, «Би бакъваларо, налъи холароянги» абун, херав хъун рехула. Гьев вукӏуна лъеберго соналъ цеве Гӏалица чӏварав чиясул вас Муса.

Гьидерил гӏадаталда рекъон, чи чӏварав чиясде тӏаде къотӏулаан чӏварасул ирсилазе кьезе лъеберго гӏака, жамагӏаталъе — ункъо ратӏал жанибе унеб хъазан ва цо оц. Гьеб гуребги, эркен гьавуралъухъ абун, хасаб къадаралъул гӏарац кьезе кколаан гьидерил бодуе.

XVIII гӏасруялъул 60-абилел соназда билълъанхъизабуна маслихӏат гьабиялъул масъала. Гьелда рекъон, бидуласул божарал чагӏаздаги чӏварасул гӏагарлъиялдаги гьоркьоб гьабулаан къотӏи-къай. Гьениб рецӏалие кьезе бихьизабулаан я гӏарац, я гӏарац-меседалъул гьабураб къайи, яги боцӏи-панз.

Цо гӏадатияб гуреб рекъел гьабиялъул мисалги бачинин. Некӏо Гьентӏа росдал Къвангъурал ва Дугӏилал абулеб кӏиго тухумалда гьоркьоб букӏун буго лъугӏелго гьечӏеб дагӏба-рагӏи ва чӏвай-хъвей. Гӏадаталда рекъон, бидухъ би босичӏого бегьилищха? Гьедин, гьел тухумазул гӏемерал гӏолохъаби чӏван, гӏорхъолъа араб ахӏвал-хӏал лъугьунеб букӏинги бихьун, рекъел гьабизеян, Гьентӏаре рачӏун руго гьидерил росабалъа къадруял чагӏи. Тухумазул бихьиналги данде ракӏарун, гьез абун буго: «Гьадин цоцаца чӏвалел ругони, хӏинкъи буго заманалдасан тухумал лъугӏиялда. Квералги рачун, рекъел гьабиялдаса ун буго тухумазда гьоркьоб лъугьун бугеб тушманлъи. Гьелъие ахир лъеялъе буго цо нух — кӏиябго тухумалда гьоркьор ригьнал гьаризе ккола. Гьез хинлъизарила согӏал ракӏал, гӏагарлъизарила хъизамал, тӏагӏинабила тушманлъи», — ян. Гьез малъухъе, кӏиябго тухумалда гьоркьор гьарун руго ригьнал, ккун буго гьоркьоблъи, щулалъун буго рекъел, лъугӏун буго чӏвай-хъвей, тарихалде ун буго тушманлъи.

Биялъ би чуруларинги абун, шаргӏалъ лъикӏаблъун бихьизабуна къисасалъул бакӏалда рецӏел (дият) боси. Рецӏел щвезабулаан живго бидулас, гьесул гӏагарлъиялъ ва жамагӏатчагӏаз. Гьел унаан чӏварасул минаялда аскӏоре. Гьенире щолаго, бидулас ва гьесул цересел гӏагарал чагӏаз тӏагърал рахъулаан. Гьезда аскӏове вачӏунаан чӏварасул гӏагарлъиялъул бищун херав ва къадруяв чи. Гьес абулаан: «Аллагь тӏаса лъугьаги нужедаса», — ян. Гьеб мехалда накабазда гьесда цере чӏолаан бидуласул гӏагарал чагӏи.

Рецӏел кьун хадуб бидулас чӏварасул гӏагарлъи ахӏулаан жиндихъего кваназе. Кванде байбихьилалде кӏиябго тухумалъул бихьиназ кверал рачунаан. Хадуб лъугьунаан ракълилаб ахӏвал-хӏал.

Россиялда гьоркьобе Кавказ бачиндал, хӏукуматалъул законаз гьукъана гӏемерисел некӏсиял гӏадатал ва загӏиплъана къисас босулеб гӏадаталъул къуват. Россиялъул Уголовнияб кодексалъ чи чӏвай рикӏкӏуна кӏудияб такъсирлъун ва къисас босарав чи гӏемерал соназ эркенлъиялдаса махӏрум гьавула. Амма жакъаги камулел гьечӏо бидул къисас босиялъул лъугьа-бахъинал. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина.

Гьаб заманалъул бищун машгьураб къисас босилъун лъугьана Россиялъул архитектор, асатӏинав Виталий Калоевасул иш. Гьев хӏалтӏулев вукӏана Испаниялда, минабазул проектал рахъулев чилъун. Гьесул лъади Светлана йикӏана Осетиялда, кӏиго лъимергун цадахъ. 2002 соналъул июлалда гьел Москваялдаса Барселонаялде самолеталдаги рекӏун роржунел рукӏана. Амма, Швейцариялъул диспетчер Петер Нильсонил тохлъиялдалъун, гьел рекӏараб Ту-154 дандречӏчӏана Boeing-757 самолеталда. Гьеб авариялда хвана Калоевасул хъизам. Гьелъие гӏайибияв Нильсон тамихӏалде цӏачӏого теялъ гьалаглъана Калоевасул ццим. Авария ккун лъагӏел бараб къоялъ, данделъаразда рагӏизабун, Калоев гьедана диспетчерасдаса къисас босизе бугилан. Гьес лъазабуна Нильсонил адрес ва 2004 соналъул 24 февралалда, лъадул ва лъималазул суратгун, гьесухъе ана. Сурат бихьидал, Нильсоница Калоев нахъе тункана ва, кьабун квергун, сурат бортизабуна. Гьесда кӏиго хъачӏаб рагӏиги абун, Калоевас диспетчерасда нус чӏвана ва гьениса лъутана. Кӏиабилеб къоялъ гьев гостиницаялда полициялъ ккуна. Швейцариялъул судалъ гьесие къотӏана микьго сонил туснахъ.

Нури Нуриев