Каримуллагь Гӏабдулаевас — 70 сон

Магӏарул бакъназул чвахи цӏилъизе, мугӏрузул саринал цӏунун хутӏизе, магӏарул рогьелгун, гьелъул бакъналгун рещтӏа, Каримулагь, нижехъ гьоболлъухъ.

Мун, халкъияв артист, дурго бакъналгун щола магӏарухъе, гьелъий салам кьун. Хӏикматго сокӏкӏарал мугӏрул каранда росабаз, цӏаруцӏун, жаваб гьабула.

Магӏарул мацӏалда кӏалъалеб буго жакъаги дур аргъан Дагъистаналда. Магӏарул тарихги магӏарул мацӏги гаргадула нижгун, духъ гӏенеккидал.

Мун, халкъияв артист, аваразул вас, Аваристаналъул ургъалилъ вугев. Миллаталъул къадру, бакъназул устар, Каримулагь, дуе икъбал гьимаги.

Мугӏрузул чӏухӏиги — дур сариназулъ, мугӏрузул цӏумазул — борхалъи гьезулъ, мугӏрузул иццазул чилиги — гьезулъ, мугӏрузул ясазул намусги — гьезулъ.

Кьурабаз куцараб, чаранлъун бугеб мугӏрузул васазул лъадари — гьезулъ. Умумузул кьвари, улбузул хӏикмат, бацӏцӏадаб рокьиги — дур сариназулъ.

Маданияталда дурго цӏар бугев, адабияталда хасаб нух бугев, Каримулагь, дур цӏва даим кунчӏила, магӏарул гъансито къалъун хутӏизе.

Магӏарул бакъназул устар

Каримулагь Гӏабдулаев. Магӏарул бакъназул устар. Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи (1993с.), Дагъистан Республикаялъул халкъияв артист (2016 с.). Дагъистаналъул Халкъияв Бахӏарчи (жамгӏияб шапакъат), республикаялъул Культураялъул министерствоялъ кьураб Кадриял орден щварав. 537 бакъаналъул автор. Каримулагьил творчествоялъе сайгъат гьабураб анцӏго концерт тӏобитӏана Дагъистаналда. Рокьула гьесул бакънал магӏарулазе. Дур бакънал ахӏуларев кочӏохъанго ватиларин абураб суалалъеги гьадинаб жаваб кьуна Каримулагьица:

— Жакъа къоялъ цогӏаги дир бакъан ахӏуларев кочӏохъан ватиларо. Ахӏула гьел руччабазги. Ахӏула бихьиназги. Гьезул киназулго цӏарал рехсезеги бажариларо. Амма аслияб къагӏидаялда дир бакъназда кучӏдул ахӏарал ва гьанжеги ахӏулел цо-цоязул цӏарал рехсезе бокьун буго: Патӏимат Магаева, Халисат Хӏамидова, Хӏажилав Хӏажилаев, Шамил Ханакаев, Умукусум Мухӏамадова, Гӏайшат Тажудинова, Апанди Мухӏамадов, Эльмира Валиева, Хӏусен Гӏамирханов, Ахӏсарат Хӏайбулаева, Эльмира Аминова.

Жидер рагӏабазе жинца бакънал хъварал цо-цо авторалги рехсана Каримулагьица:

— Расул Хӏамзатов, Мухӏамад Биясланов, Къурбанмухӏамад Мухӏамадов, Шамхал Дибиров, Залму Батирова, Тубхӏат Зургьалова, Залму Мухӏамадова, Залпа Мухӏамадрасулова.

Руго гьесул бакънал цогидал авторазул рагӏабазе хъваралги. Композиторасул буго 130 бакъан, гӏурус рагӏабазе хъварабги. Гьесул бакъназулъ буго магӏаруллъи, жиндирго хъачӏлъи-согӏлъигун, недегьлъи-хӏеренлъигун. Гьел бакънал, нилъехъе щвелалде, цин лъадарула гьеле гьал дица тӏадехун рехсарал магӏаруллъиялъул гӏамалаз. Гьединав вуго нилъер Каримулагь — мугӏрузулги магӏарулазулги сипатал жиделъ рессун ругев бакъназул устар.

Дица гӏумру тела гӏадада инчӏин…

Гьавуна Каримулагь Цӏумада районалъул Хуштада росулъ 1956 соналъул 13 маялда. 1974 соналда гӏагараб росдал школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Махӏачхъалалде, ДГПИялъул музыкалияб факультеталде.

— Битӏун бицани, ракӏалдаго букӏинчӏо музыкаялда дирго гӏумру хурхинабизе. Бокьун букӏана физкультураялъул факультеталде лъугьине. Физкультурникасе дандекколеб лага-черхги бугелъулха дир. Амма битӏккечӏо. Гьениве ворчӏичӏеб мехалда, кьуна документал музыкалияб факультеталде. Ракӏ бухӏичӏо дир гьениве лъугьиналдаса. Дие рес щвана гӏагараб миллаталъул музыкалияб гӏумруялде гъорлъе лъугьине, гьениб диргоги лъалкӏ тезе. Гьенирго ракӏалде щвезаризе рокьун руго Мухӏамад Бияслановасул рагӏабиги:

— Дица гӏумру тела гӏадада инчӏин…

Гьединаблъун рикӏкӏуна дица дирго гӏумруги. Дие щванщинал шапакъатаздасаги тӏадегӏанаблъун буго дие, кечӏ ахӏизе цеве вахъиндал, бакъан Каримулагь Гӏабдулаевасул бугин аби, — ян бицана гьес.

Жигараб гӏахьаллъи гьабулаан студент Каримулагьица институталъул гӏумруялъулъ. 1976 соналда «Нижеца махщалилал ралагьулел руго» («Мы ищем таланты») абураб конкурсалъул лауреатлъун вахъана гьев. Гьелго соназ гӏолохъанав музыкант мустахӏикълъана Тӏолгосоюзалъулаб халгьабиялда тӏоцебесеб бакӏалъеги. Цӏалиялдаго цадахъ гьев хӏалтӏулев вукӏана Нагинил цӏаралда бугеб клубалдаги. Гьенив хӏалтӏулеб мехалда, бижана Каримулагьил тӏоцебесеб бакъанги:

— Клубалда хӏалтӏиялъги кӏудияб кумек гьабуна дир пагьму-гьунаралъе. Гьениб тӏоцебе хӏалбихьана дица бакъан хъвазе. Гьениб дида рагӏана рокьи тӏубачӏел гӏолилазул къиса. Ва дица хӏалбихьана гьеб къиса магӏарулазеги бицине бакъаналъул мацӏалда. Дида кколаха дир гьеб лъугьанилан — бажарана дихъа тӏубачӏеб рокьул къварилъи къватӏибе кьезе. Гьеб бакъаналда батана жиндирго рорженги — гьеб ахӏана «Сонал унел руго…» абурал Хӏамзатил Расулил рагӏабазда кочӏохъан Къурбан Мухӏамадовас.

— Дир творческияб гӏумруялъул байбихьун рикӏкӏине бегьула Харахьиса Патӏимат Мухӏамадовалъул «Абе гӏолилазда», Расул Хӏамзатовасул «Дида тӏаса лъугьа, тӏерхьун унеб бакъ», «Щай, хирияй гьудул, мун пашман йигей», Мухӏамад Бияслановасул «Дица гӏумру тела гӏадада инчӏин» абурал рагӏабазе хъварал бакъналги. Хъвалаго-хъвалаго, гӏун батана 537 бакъан. Ракӏалда буго, гьел бакъналги нотабазде росун, тӏехь къватӏибе биччазеги. Гара-чӏвари гьабулаго, гӏемерисез гьикъула дида бищунго бокьулеб бакъан кинабилан абун. Бакъналги дие ккола лъимал. Кигӏан гӏемер ругониги, эбел-инсуе гьел киналго цохӏого даражаялда рокьула. Гьезда гьоркьоб букӏунаро бокьулареб лъимер. Гьединго дирги гьечӏо бокьулареб, хъвачӏониги тезе бегьилаанилан ккараб бакъан, — ан абуна Каримулагьица.

Дур кечӏ ахӏуларев кочӏохъанги ватиларо, гьезда гьоркьоса бищунго кинав дуе гӏагаравлъун кколевин абураб суалалъеги, Каримулагьица, велъулаго, кьуна жаваб:

— Щивав кочӏохъанасул буго цохӏо жиндиего хасаб кечӏ ахӏулеб къагӏида. Цояз тӏаса рищула пашманал рагӏабазе дандекколел бакънал, цогидаз — аваданал бакънал, лъабабилез — пашманлъи-рохел жубарал. Гьез ахӏулеб щибаб кочӏолъ ватула дида дунго. Гьелъул магӏна ккола, дирги, кочӏохъанасулги, рагӏабазул авторасул кумекалдалъунги гьеб асаралда магӏарулазул кочӏолаб маданияталда жиндирго бакӏ батанилан абураб. Дица гьел рокьулел-рокьуларезде рикьуларо. Гьезул щивав хирияв вуго дие. Гьезлъидал дир асаралги гӏадамазухъе щвезарулел, — илан

Творчествоялъулаб гӏумруялъул сверабаздасан

— Институт лъугӏун хадув Каримулагь хӏалтӏизе ана Унсоколове. Гьенив ункъо соналъ хӏалтӏана музыкалияб школалъул директорлъун. Гьел соназ жиндие квербакъи гьабуразда гьоркьор гьес рехсана доб заманалда Унсоколо районалъул партиялъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏулев вукӏарав Гьиматил Мухӏамадил, райисполкомалъул председатель Мухӏамадгӏали Гӏабдурахӏмановасул, райпоялъул председатель Мухӏамад Къадиевасул, цӏулал тӏагӏелал гьарулеб фабрикаялъул директор Идрис Гӏабдулаевасул, районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулев Хӏамзат Гъазимухӏамадовасул цӏарал.

Кӏиго соналъ хӏалтӏана Хуштада росдал школалда гӏуцӏарухъан-завучлъун. Гьенир Каримулагьица куцарал кьурдухъабаз чанго нухалда тӏоцебесеб бакӏ ккуна районалда ва республикаялда тӏоритӏарал музыкалиял конкурсазда. Чонтаулалдаги хӏалтӏана гьев музыкаялъул учительлъун. Пенсиялде инегӏан, хӏалтӏана Гъизилюрт шагьаралда культураялъул отделалъул нухмалъулевлъун.

— Кивехун хӏалтӏизе кканиги, дида дандчӏвана гӏицӏго лъикӏал гӏадамал. Гьезул лъикӏлъиялъ квербакъана дие магӏаруллъиялъул сипат жиделъ бугел бакънал ургъизеги. Гьел жеги машгьур гьаруна машгьурал шагӏирзабазул рагӏабазги гӏадамазе рокьулел гьединалго машгьурал кочӏохъабазги. Бищунго машгьурлъи щвана гӏагараб халкъалъ дир бакъназе чӏвараб хъаталъги. Гьелъухъ дун налъулав вуго гӏагараб миллаталъе, — ян абуна Каримулагьица.

Вокьулев композиторасе хъат чӏвана Авар театралдаги. Гьенир кӏодо гьаруна бакъназул устарасул 50, 60, 65 соназул юбилеял.

Каримулагь Гӏабдулаевас хъвана анкьго районалъул ва шагьаралъул гимназе бакъналги:

— Хунзахъ район (рагӏаби Гӏабасил Махӏамадил), Цӏумада район (рагӏаби Сабигат Мухӏамадовалъул), Болъихъ район (рагӏаби Шамхал Дибировасул), Гъизилюрт район ва шагьар (рагӏаби Шамхал Дибировасул), Гумбет район (рагӏаби Сагӏид Ордашевасул), Казбек район (Сидрат Айтимирова), Шамил район (рагӏаби Залму Мухӏамадовалъул).

Хъвана Каримулагьица классикиял бакъналги:

— Росулъе сапар. Ансадерил марш. Залимханил хвел. Вавилоналде къираласул гьужум. Тӏолбоев — Буран. Туркиялда гӏурав магӏаруласул Ватӏаналъухъ чӏалгӏен.

К. Гӏабдулаевас чанго кочӏохъанасе квербакъана кочӏолаб дунялалде лъугьине. Гьезда гьоркьорги рехсезе бегьула Хӏажилав Хӏажилаев, Шамил Ханакаев, Апанди Мухӏамадов, Хӏусен Гӏамирханов, чачанай Джамиля Жамалудинова, лъарагӏай Рукъият Сатибалова ва цогидалги.

* * *

Гара-чӏвариялъул ахиралдаги нижер бицен ккана «Хӏакъикъат» газеталъул:

— Жакъа газета ккола магӏарулазул гӏумруялъул ва къисматалъул матӏулъун. 109 соналъ гьелъ бицунеб буго миллаталъул тарихалъулги, магӏарулазул машгьурал гӏадамазулги, гӏадатал-гӏамалазулги хӏакъалъулъ. Газета ккола мацӏ цӏунулеб къебелъилъунги. Гьенир цӏалдолезда ратула адабияталда, маданияталда, искусствоялда лъалкӏ тарал гӏадамазул къисматалги гӏолилазе цӏализе макъалабиги. Гьенирго гьезда ратула цӏикӏкӏаразул гӏумруялъул дарсалги. Дица кидаго гьабула газеталъе подписка. Цо номер гьоркьоб течӏого, цӏализеги цӏалула. Амма газеталъул тиражалъул халгьабидал, ракӏбакъвана. Миллионалдаса цӏикӏкӏун къадар бугел магӏарулазе 4500 газета цӏакъго дагь буго.

Хӏурматиял магӏарулал! Газеталъул букӏинесеб къисмат нилъеда бараб буго. Хъвай нилъерго газета. Ккве гьелъулгун гьудуллъи! — ян хитӏаб гьабуна Каримулагьица.

Гӏадатлъиялъ кӏодо гьавула инсан

Жиндирго гӏадатлъиялъ кӏодолъана Каримулагь миллаталъе. Гьев камураб магӏарул тадбир букӏунарин абуниги, мекъи букӏинаро. Гӏагараб мацӏалда тӏоритӏулел слетазде, фестивалазде, адабият-маданияталъул дандеруссиназде щола Каримулагь гӏумруялъул гьудул Шагьрустан Гӏабдулаевагун цадахъ. Чанго нухалда дицаги ахӏана гьев дунго хӏалтӏулей йигеб тахшагьаралъул №11 гимназиялда тӏоритӏулел рахьдал мацӏазул тадбиразде. Цониги нухалда инкарги гьабичӏо. Киса-кивего — миллаталъулги мацӏалъулги къисматалъул ургъалида. Гьев ккола «Хӏакъикъат» газеталъул гьудулги. Гӏемер щола гьев нижехъе гьоболлъухъ. Ва чан нухалда щваниги, цохӏого суалги букӏуна нижер — миллатги, мацӏги, гьезул букӏинесебги.

Магӏарул искусствоялда жиндирго хаслъи хадусел гӏелазе толеб вугев бакъназул устарасе газеталъул хӏалтӏухъабазул рахъалдасан гьарула щулияб сахлъи.

Шамай Хъазанбиева