«Хӏакъикъаталде» гьоболлъухъ вачӏун вукӏана Интернеталъул, искусственнияб интеллекталъул кумекалдалъун магӏарул мацӏ цӏунизе ва гьеб гӏолилазда гьоркьоб кӏвар бугеблъун лъугьинабизе хӏаракат бахъулев гӏолохъанчи, Хунзахъ районалдаса Сагӏид Гӏабдулаев. Рахьдал мацӏалде руссинарурал фильмалгун мультфильмазул онлайн-кинотеатр «Барти-ТВялъул» проекталдаги гӏахьаллъана гьев. Магӏарул мацӏалде буссинабураб «Алжан эбелалъул хӏатӏикь буго» абураб гъиргъизазул фильмалда лъабго чияс хӏалеб рольги цӏалана гьес. Сагӏидица хӏаракат бахъулеб буго социалиял гьиназда гьурмалги (блог) гӏуцӏун, гӏолилазда магӏарул мацӏ лъазабизе, батӏияб мацӏалъул рагӏаби гъорлъе риччачӏого, умумуздаса бачӏараб къагӏидаялъ гьеб цӏунизе.

— Сагӏид, жакъа гӏемерисел гӏолилаз, магӏишатияб рахъ тӏубалареблъун рикӏкӏунеб магӏарул мацӏ цӏунулевлъун социалиял гьиназдаса мунго вихьизавиялъе гӏилла щиб? Сундасан дуца гьеб байбихьараб?

— Дун цӏалана ДГМАялда. Хӏалтӏулев вуго стоматологлъун. Нилъерго рахьдал мацӏ бокьизе ккани, лингвисталлъун рукӏине кколаро. Магӏарул мацӏ цӏунизе, гӏолеб гӏелалда гьоркьоб тӏибитӏизабизе гъира бижана дир Турциялде щвараб мехалда. Гьенир ругел магӏарул мугьажирзабазул росабалъ чӏахӏияб гӏелалда лъалеб буго мацӏ, гӏолохъанаб гӏелалда лъалеб гьечӏо. Гьезул гӏумруялъулъа тӏагӏарабго гӏадин, чанго соналдасан, магӏарулазул тарихияб Ватӏаналдаги тӏагӏине бугин рахьдал мацӏин абураб пикруялъ рахӏат течӏо дие. Гьениса тӏадвуссиндал ва Хунзахъе щведал, бихьана дида гӏисинлъималазда магӏарул мацӏ лъалеб гьечӏолъи. Цинги ракӏалде ккана, гьаб заманалъул ресаздаса пайдаги босун, магӏарул мацӏ цӏунизе дихъаго бажарараб хӏалтӏи гьабизе.

— Социалиял гьиназда дуца бачунеб блогалда магӏарул мацӏалъул хъвавул къагӏидабазда хиса-басиял гьаризе лъугьун вуго мун. Мацӏалъул гӏалимзабаз гьабизе тани яги гьелгун дандбан гьабуни, битӏун букӏинарищ гьединаб хӏалтӏи?

— Битӏараб суал буго, амма дица абулеб жоги киназего якъинаб буго. Магӏарул мацӏалъул грамматикаялъулъ руго цо-цо киназдаго лъалел гӏунгутӏаби, мацӏ лъазабулев чи мекъи ккезавулел гъалатӏал. Масала, руго цо-цо рагӏаби Лӏ хӏарпгун хъвазе кколел. Болмацӏ гӏуцӏун буго северияб наречиялдаса. Гьеб наречиялда бугеб Лӏ хӏарп хъвавулъ хӏалтӏизабичӏого тей гъалатӏлъун рикӏкӏуна дица. Дун лъугьунев гьечӏо магӏарул мацӏалъул грамматика хисизабизе, амма якъинал мекъиккеязде кӏвар буссинабулеб буго. Советияб заманалда алфавиталде рачарал, магӏарул мацӏалдаго гьечӏеб Ь, Ф, Ы хӏарпалги хӏажат гьечӏо нилъее. Гьеб киназего якъинаб жо бицунеб буго дица.

— Жакъасеб къоялъул захӏмалъабиги хӏисабалде росун, магӏарул мацӏ цӏуниялъе, дур хӏисабалда, щиб хӏажалъулеб?

— Дунялги хисун бугелъул, гьелда рекъон хьвадизе ккола. Дунялго искусственнияб интеллекталъул кумекалдаса пайда босизе лъугьараб мехалда, нилъер мацӏги малъизе ккола гьелда (ИИ) рекъон. Гьелда кӏола цо лахӏзаталда жаниб аза-азар гьумер магӏарул мацӏалде таржама гьабизе, мацӏ лъаларезда гьеб бичӏчӏизабизе ва гь.ц. Цониги искусственнияб интеллекталда магӏарул мацӏ лъалеб гьечӏо. Гьелда тӏад хӏалтӏулев вуго дун жакъа. Гьелда жаниб магӏарул мацӏ лъуни, кумек букӏине буго мацӏ цӏуниялъе.

Магӏарул мацӏ цӏуниялъе щибдай пайдаяб жо гьабилаян абун ургъулев ва хӏалтӏулев вугелдаса лъабго сон буго дир. Лъабго нух буго гьелъие: хӏажатаб рагӏи жинцаго тӏаса бищулеб (Т9) магӏарул клавиатура гӏуцӏи; магӏарул мацӏалда мультфильмал, передачаби ва цогидабги контент гӏуцӏи; искусственнияб интеллекталъулъ магӏарул мацӏ лъей.

Магӏарул клавиатура гӏуцӏизе хӏажатаб материалги бакӏарун, гьеб иш гьабулеб машгьураб компаниялде рехун буго. Гьединго искусственнияб интеллекталъе магӏарул мацӏалде руссинарурал предложениязул корпус гӏуцӏизе байбихьун буго. Дие батӏаго гӏемераб гӏарац къваригӏунаро гьеб хӏалтӏи гьабизе. Гьелъие хӏажатаб жо буго магӏарул мацӏалда пуланал предложениял гӏурус яги ингилис мацӏазде руссинаризе ва гьелъул гӏаксалда гӏурусалдаса ва ингилисалдаса магӏарулалде руссинаризе. ИИялда лъала гьел мацӏал, гьезул кумекалдалъун магӏарулги малъизе бегьула. Хӏаракат бахъула цо-цо роликал магӏарул мацӏалде руссинарун тӏиритӏизаризе, социалиял гьинал магӏарул мацӏалда рачине.

— Лъималазда мацӏ лъачӏогоян абун, гӏемерисез гӏайибчӏвала гьезул улбузда. Улбуз рокъоб магӏарул мацӏ бицунебги малъулебги букӏарабани, лъималазда мацӏ лъалаанин абула. Дуца кин рикӏкӏунеб?

— Улбузда гӏайиб гьечӏо лъималазда рахьдал мацӏ лъангутӏиялъул. Жакъасеб къоялъ дунялалда кинабго бараб буго глобализациялда. Киданиги дунял букӏинчӏо гьадинаб цифровияб цебетӏеялда. 100 соналъ цереги чотӏа рукӏана, азарго соналъ цереги чотӏа рукӏана, жакъайин абуни сверхзвуковой истребителазда роржунел руго. Эбел киданиги йикӏинчӏо лъималазда мацӏ малъиялъул рахъалъ жакъа гӏадаб рес къотӏараб хӏалалда. Бачӏунеб гӏелалъе магӏарул мацӏалда я клавиатура гуро, я кино, я мультикал гуро. Исана «Барти-ТВялъ» таржама гьабурал гӏадал мультикалги фильмалги гурони, жакъа лъимал ралагьизе магӏарул мацӏалда хӏадур гьабураб щибго жо гьечӏо.

— Руго гурищ магӏарул мацӏалде руссинарурал мультикал?

— Ругоха советияб заманалдаго рукӏарал мультикал. Гьанжесел лъималазе рокьуларо гьел, анимацияги хисун бугелъул, гьанжесеб къагӏидаялъул мультикал тӏаса рищула гьез. Гьединлъидал хӏажат буго лъималазе ралагьизе гъира базабулел мультфильмал рахъизе яги таржама гьабизе. Гьанжесеб заманалъул лъималазе бокьулеб «Смешарики» («Копогорочал») абураб мультфильм байбихьун буго «Барти-ТВ» онлайн-кинотеатралъ магӏарул мацӏалде таржама гьабизе.

— Хадуб кверчӏвай щвечӏони, ссун унеб проектлъун хутӏиладай «Барти-ТВ»?

— Рахьдал мацӏалда мультфильмал, фильмал ва передачаби рахъи — гьеб буго жакъа мацӏ ва миллат цӏуниялъе цӏакъ хӏажатаб жо. Нилъеца жакъа гьелъул хӏажалъи унго-унгояб къагӏидаялда борхулеб гьечӏо. Лъимал 7-8 сагӏаталъги, тӏубараб къоялъги мультиказухъ ралагьун рукӏуна. Ахиралда гьел батӏияб мацӏалда гаргадизе лъугьуна. Гьедин букӏине бокьун батичӏони, лъималазе магӏарул мацӏалда риччазе ккола мультфильмал. Гьеб онлайн-кинотеатр цӏунун хутӏизе ккани, гьезие квербакъизеги ккола.

Патӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА