Гъогъолъа Даитбег-дибирасул, Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил ва чуязул хӏакъалъулъ

Дирги букӏана чу цӏадул кьер бугеб,

Кьолокь басандулеб, дир мацӏ бичӏчӏулеб.

Хӏихӏиди гӏарцулаб, гӏамал чалухаб,

Гӏодоб хӏетӏ хъвалареб, гӏамал парччахӏаб.

Хасаб асар буго дир чуяздехун,

Гьезул малакь гӏуна дирни лебаллъи.

Гӏумархӏажи Шахтамановасул гьал рагӏабаз гӏемераб жо цебетӏамизабула. Хӏакъикъаталдаги чодул малакь куцана, гьелъул мугъалда лъадарана нилъер умумузул лебаллъиги, бахӏарчилъиги, чилъиги. Чу букӏана «бараб ахӏулъги ахӏараб бодулъги» магӏаруласул бищун божараб гьудул.

«Гьале чи, гьале чу, чучуге рачел». Гьел рагӏабазги жанибе бачуна гӏемераб магӏна. Жакъаги магӏарухъ чуяздехун хасаб бербалагьи буго.

Дагьал церегӏан къоязда Шамил районалъул Гьолокь росулъ тӏоритӏана Гъогъолъа гӏалимчи, факъигь ва мударрис Даитбег-дибир ракӏалдещвезавиялъул хӏурматалда чуял тӏамиялъул къецал. Тадбир гӏуцӏана Гъогъолъ росдал жамагӏаталъул, Даитбег-дибирасул наслуялъул чагӏазул хӏаракаталдалъун.

Чуял тӏамиялъул дагьаб хадуб бицинеги тун, цин цо чанго рагӏи Даитбег-дибирасул хӏакъалъулъ абичӏого гӏоларо. Анцӏила микьабилеб гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда гьавурав, бергьараб пагьму-гьунаралъул ва доб заманалда гъваридаб гӏелму щварав гӏалим вукӏана гьев.

Гьесда цеве цӏалана Шамил-имамасул кумекчи ва мирза Къарахъа Мухӏамадтӏагьир, Гӏурадаса Муслим ва цогидалги гӏалимзаби. Магӏарулазул гӏемерисезда жеги лъикӏ рагӏичӏев, амма жиндирго гӏелмуялдалъун ва баракатал ишаздалъун кӏудияб лъалкӏ тарав чи вукӏана гьев.

— Даитбег-дибир вукӏана жиндир заманалда сверухълъиялдаго лъалев, имамзабазул заманалда машгьурлъи щварав Къарахъа Мухӏамадтӏагьириеги Муслим Гӏурадиясеги дарсал кьурав факъигь ва мударрис.

Гьединав гӏалимги, умумулги, нилъер тарихги ракӏалдещвезабиялъул мурадгун тӏобитӏана нижеца гьаб тадбир, — ан бицана гьелъул гӏуцӏарухъабаз.

Аллагь, Дуца салам лъе Даитбег-дибирасда

Жеги гӏатӏидго Даитбег-дибирасул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталъе» бицана Гъогъолъ росдал дибирлъун хӏалтӏарав Мухӏамадрасул-хӏажицаги:

— Даитбег-дибирасул хӏакъалъулъ бицен росулъ кидаго батараб буго. Хасго XVII ва XVIII гӏасруялъул бащалъиялда, гьединго, ХӀX гӏасруялда рукӏарал гӏалимзабазда гьоркьовги машгьурав чи вукӏана гьев. Амма ХӀX гӏасруялдаса хадуб, гьесул цӏар къватӏибе бахъичӏого хутӏиялъе «сабаблъун» кканин абизе бегьула, атеистаз тӏалъи босараб ва диналъул церехъаби тӏагӏинаризе щибго жо нахъе течӏеб советияб пачалихъалъ тӏалъи боси. Гъогъолъа гочун Гъоркьа Жунгуталдеги ун, гьенив къадаралде щварав Даитбег-дибирасул васазул наслаби рукӏинчӏолъиги. Гӏицӏго Гъогъолъ гьесул ясалъул лъабго лъимал рукӏана, гьез нахъе цӏунун батанин абизе бегьула машгьурав кӏудияв инсул бицен.

Аслияб къагӏидаялъ Даитбег-дибирасул хӏакъалъулъ бицен тӏахьазда хъварав чи ккола Къарахъа Мухӏамадтӏагьир. Жиндирго мугӏалим гьев вукӏиналъ гьес гӏемераб жо хъван буго гьесул хӏакъалъулъ. Гьединго гьесул хӏакъалъулъ хъвана Гӏурадаса Муслимицаги цогидал гьесда цере цӏалулел рукӏарал мутагӏилзабилъун рукӏаразги. Живгоги Даитбег-дибир гӏелму тӏалаб гьабулев Къарахъ мухъалда вукӏун вуго саламатал соназ. Амма гьесул тӏоцебе гӏелму цӏализе кида ва киб байбихьарабали, магӏишат-яшавалъул хӏакъалъулъ жакъа рагӏа-ракьанде щун лъалеб жо гьечӏо. Щайгурелъул, XVIII гӏасруялъул ахиралда гьавурав чи вукӏиналъ гьесул нахъе хутӏараб жо цӏакъго дагьаб гурони батичӏо.

Гьесул хӏакъалъулъ аслияб къагӏидаялъ нилъехъе щвараб жо ккола Къарахъа Мухӏамадтӏагьирица хъвараб. Хӏатта, Даитбег-дибир хвараб мехалъ, гьесул вас Ашаханил Мухӏамадихъе Къарахъияс битӏун бачӏараб зигара баялъул кагътида (марсият) загьир гьабун буго кинабго гьесул гӏелмуялъул гъварилъиги, гӏибадатлъиялъе букӏараб гьунарги, пагьмуги — кинабго жанибе бачун буго Мухӏамадтӏагьирица. Гьеб назмуялдасан бихьула кинаб гӏелмуялъул, гӏибадаталъул, дунял рехун тарав загьид Даитбег-дибир вукӏаравали.

Гьесул хвараб сон ккола гӏага-шагарого 1841-абилеб. Гӏарабалъ зонода хъван буго «Мумарису тагӏлими ва тадриси илал вафати» абун. Магӏна: «Хвезегӏан гӏелму малъулев ва дарсал кьолев исламияв гӏалим ва факъигь вукӏана», — абун.

Гьединго: «Усулалъулъ лебалав Гъогъолъа Даитбег-дибир» абураб машгьураб назму буго Багинуса Шугӏайб-афандияс гьабурабги.

Усулалъул гӏелмуйин абула исламалда бищун тӏадегӏанал гӏелмабазул цояблъун жиб кколеб, бищун захӏматаб, жиб щвезе ккани, чиясда цӏакъ гъваридаб лъай букӏине кколеб бергьун кутакаб гӏелмуялда.

Гӏелмуялъулъ мухӏакъикъ абураб цӏарги кьолеб буго гьесие. Гъваридав, бичӏчӏи бугев, захӏматал суалал рорхулев, гьездасан рижарал гарцӏал ричизеги махщел бугев — гьединал сипатал гьарулел руго гьесие Къарахъа Мухӏамадтӏагьирица нилъеца бицен гьабураб марсияталда.

Машгьурав гӏалимасул хӏурматалда Гьолокь росулъ чуял тӏамиялъул къецал тӏоритӏулеб къоялъ, цояб рахъалда Даитбег-дибирасул ва цогидаб рахъалда гьесул мутагӏил, Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил суратги бакьулъ Къарахъияс гьесде гьабураб, гӏарабалдаса магӏарулалде буссинабураб назмуги лъураб кӏудияб баннер хӏадурун букӏана тадбир гӏуцӏарал гъагъадерица.

Гьелъул байбихьиялда руго:

Аллагь, дуца салам лъе Даитбег-дибирасда,

Тӏолго мударрисазул бищунго лебаласда, — абурал рагӏаби.

Огь, чуял, огь, чуял, чабхил нухазда,

Нужер тӏикъвабазул тӏадегӏанаб кечӏ…

Палхӏасил, гьакьадерил майданалда рекеризе риччана чуял… Гьенир бергьана магӏарул тайпадулал чуязул чанго бекерухъан. Бергьенлъи босана Гъогъолъа Камилил юргъаялъги. Киназего кьуна къиматал шапакъатал, гӏарцулал сайгъатал.

Тадбир нухда бачарав магӏарулазул унго-унгояв патриот Мухӏамадхӏабиб Гӏалискандиевас абуна:

— Нухӏил гамитӏаса къватӏире рахъаралдаса чу букӏана инсанасул бищун божараб кумекчиги гьудулги. Гьелъул мугъзада тӏад гӏуцӏана нилъер анкьумумуз гьаб дунял, дин, магӏишат-яшав. Дунялалдаги ахираталдаги инсанасе гьечӏого гӏолареб божараб гьудул буго чу. Чуги чиги руго цого хӏарпалдалъун загьир гьабизе бегьулел, магӏна хисуларел, кьолболъа гӏаркьелгӏанги жал цоцадаса тӏезе рес гьечӏел рагӏаби ва чӏагояб мисал. Нилъер умумул чодалъун рохулелги чӏухӏулелги ратана. Чодалъун бахӏарчилъи борцунебги батана. Цӏияб гӏелалъе гьеб цӏунеян васият гьабулебги батана. Нилъецаги гьеб цӏунизе ккеларищха, — ян.

P.S. Даитбег-дибирасул хӏурматалда Гьолокь гьединаб баракатаб мажлис гӏуцӏаралъухъ гьелъул аслиял хӏаракатчагӏазе ва Гъогъолъ росдал жамагӏаталъе баркала загьир гьабизе бокьун бугилан редакциялде кӏалъан вачӏана Гьолокьа исламияв хӏаракатчи Гӏали-хӏажиги.

«Кӏудияв гӏалим, Шамил-имамасул муфтизабазулги мугӏалим, Даитбег-дибир ракӏалдещвеялъул хӏурматалда чотӏахъабазул къец гӏуцӏиялъухъ кӏудияб баркала загьир гьабизе бокьун буго дие гъагъадерил жамагӏаталъе

Гьениб мажлисалда гьез гӏуцӏараб тадбиралъухъ тӏаде рачӏарал гьалбадерие гьез гьабураб хъалухъалъухъ чотӏахъабазда гьоркьоб цӏунараб гӏадлу-низамалъухъ

Хаду-хадурги халкъалда гьоркьоб цолъи, вацлъи, гьуинльи бикьулел гьадинал мажлисал гӏемер гьаризе гъагъадерил жамагӏаталъе тавпикъ ва икъбал кьеги»

Ашахан Юсупов,

Гьолокь-Махӏачхъала.

Авторасул суратал