Исана Оц баялъул байрам гӏуцӏана Бежтӏа росдал советалъул хӏаракаталдалъун. Администрациялъе хӏалае рахъана муниципалитеталъул маданиял идарабазулги, Россиялъул Бахӏарчи Гӏабдухаликъ Къурбановасул цӏаралда бугеб Бежтӏа росдал гьоркьохъеб школалъулги, Искусствоялъул школалъулги ва цогидал идарабазулги хӏалтӏухъаби.
Бежтӏадерил мацӏалда байрамалда абула «Болӏоос»: болӏо — ракь беги, ос — оц. Байрамалъул гӏахьалчагӏи цудунго ракӏарана росдал Кӏудияб кьода. Миллияб парталги ретӏун чӏахӏиялги гӏисиналги гъорлъ жубараб къокъа, кодоб хур бегизеги бекьизеги хӏажатал алаталгун, багъарана аэропорталдехун. Гьезул бетӏералда рукӏана зурмихъангун къолохъан. Гьезда хаду-хадуб бачӏунеб букӏана «бахӏарал» рекӏараб гьокоги, пуруц-рукьгун кутан хадуб барал оцалги. Пулеб зурма, бухулеб къали, руччабаз ахӏулел халкъиял кучӏдул — гьеб хӏалалда къокъа ана росдал аслияб къотӏносан. Зурмилгун къолол сас тӏибитӏана сверухълъиялдаго ва гьелъул ахӏукь къватӏире рахъана жеги гӏадамал.
Щвана аэропорталъул майданалде. Гьенибги цебеккунго хӏадурлъи гьабун бугоан байрамалъул гӏуцӏарухъабаз. Рекьи-хуралда хурхарал халкъиял алфазал тӏад хъварал игӏланалги, бежтӏадерие хасиятал кванил нигӏматаз цӏезабураб сверухълъиги, халкъияб устарлъиялъул нугӏзаллъун тӏиритӏарал тӏагӏел-алаталги — гьеб киналъго гӏадамал ахӏулел рукӏана байрамкъоялъул лазат босизе. Щивасул рес букӏана «кьиги» «сувоги» (тӏохол хӏадурулел нигӏматал) гьекъезе, цӏурачадалгун хинкӏал ва цогидал тӏагӏамал нигӏматал кваназе.
Майданалда данделъарал бежтӏадерида байрам баркана муниципалияб гӏуцӏиялъул бетӏер Шамил Арадаховас, депутатазул собраниялъул председатель Сулейман Жабуевас, Бежтӏа участокалъул бетӏерасул заместитель Шамил Амиловас, администрациялъул ишазул нухмалъулев Мухӏамад Рамазановас, СВОялъул Ветераназул ассоциациялъул председатель Израгӏил Мутагӏалимовас ва цогидаз.
Шамил Арадаховас халкъалъе баркала кьуна — цолъи-гъункиялъухъ, умумузул маданиябгун тарихияб бечелъи цӏунизеги наслабазе гьеб гьуинлъизабиялъеги квербакъиялъухъ, росуцоязул рохелгун къварилъи гӏахьал гьабиялъухъ.
Бежтӏа росдал бегавул Мухӏамад Мухӏамадовас киназего сахлъигун баракат ва ракълилаб гӏумруялъе квербакъи гьарана ва баркала кьуна байрам гӏуцӏизеги тӏобитӏизеги гьабураб кумекалъухъ.
Умумузул гӏадат-гӏамал цӏунизе росуцоял ахӏана краевед ва ИМЦялъул директор Шугӏайб Ражабовас.
Гьелдаса хадуб байбихьана тӏоцебесеб рахъ баялъул тадбир. Бегана хурул гьитӏинаб бутӏа ва гьениб хьана бугӏа. Гьелде тӏаде ракь хъвазе рахъана руччаби («эсалабагия»).
Гьелдаса хадуб букӏана Бежтӏа участокалъул маданияб централъул хӏаракатчагӏазул ва Лъималазул искусствоялъул школалъул цӏалдохъабазул концертги спорталъул къецалги. Рекерун, квар цӏан, гамачӏ рехун, гугарун ва цогидал къецазда бергьарал спортсменазе кьуна гӏарцул сайгъаталги Оцбаялъул байрамалде хӏадурулеб хасаб Чадил горги («кӏойхо»).
Байрамалъул ахиралда шапакъатал кьуна росдалги участокалъул цебетӏеялда бутӏа лъурал бежтӏадерие. Масала, Бежтӏаса Халитов Зияудиние — цӏияб мажгиталъе чӏобого ракь кьуралъухъ; лъабго ва цӏикӏкӏун вас СВОялда вугел улбузе, участокалъул бюджеталъе квербакъулел предпринимателазе ва гь.ц.
Лаюза Гӏумарова