13 маялда тӏобитӏана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул анкьабилеб ахӏиялъул 56-абилеб данделъи. Гьеб нухда бачана Халкъияб Собраниялъул председатель Заур Аскендеровас. Гьенив ДРялъул Хӏукуматалъул председательлъун вищана Мухӏамад Рамазанов.

Депутатазда цеве кӏалъазе вахъана ДРялъул бетӏерасул ишал заманаялъ тӏуразарулев Федор Щукин. Гьес бицана М. Рамазановасул хӏакъалъулъ. «Нухмалъиялъул рахъалъ кӏудияб хӏалбихьи буго Мухӏамад Исрапиловичасул. Гьев хӏалтӏана рагъулалгун гражданиял хъулухъазда, вукӏана РФялъул президентасул вакилазул заместительлъунги. Гьел хъулухъазда вукӏаго, М. Рамазановасе щвана пачалихъияб нухмалъиялъулги, ведомствабазда гьоркьосел бухьеназулги рахъаз лъикӏаб хӏалбихьи. Республикаялда ккараб тӏабигӏияб къварилъиялъухъ халгьабулаго, гьес бихьизабуна ишалъулаб бербалагьиги масъалаби тӏуразаризе бугеб бажариги».

Фёдор Щукинил пикруялда рекъон, Мухӏамадица хӏалтӏи гӏуцӏула республикаялда гӏумру гьабулел гӏадамазулгун щулияб бухьенги чӏезабун, кӏваркьун гӏенеккула гьев гӏадамазул хитӏабазухъ ва жигараб хӏаракаталда тӏуразарула ракьцоязул къваригӏелал. «Дагъистаниязе хӏажат руго чӏванкъотӏарал хӏукмаби, хӏукумат халкъалъе рагьараблъун букӏин, хӏакимчиясул жавабчилъи ва церечӏарал масъалаби заманалда тӏуразари», — ян абуна Ф. Щукиница.

Рехсана гьес тӏоцебесеб иргаялда республикаялда церечӏарал масъалабиги: гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал чӏезари, экономикагун социалияб рахъ церетӏезари, инфраструктура цӏигьаби, миллиял проектал гӏумруялде рахъинари, хасаб рагъулаб операциялъул гӏахьалчагӏазегун гьезул хъизамазе кумек гьаби, гьединго — республикаялъул нухмалъиялъул щибаб бутӏаялда кьварараб низам букӏин. «Халкъияб Собраниялъулги, пачалихъияб нухмалъиялъул щибаб идараялъул хӏакимзабазулги цолъараб хӏаракаталдалъун гьел масъалаби тӏуразарун бажариялда ракӏчӏола дир», — анги абуна ДРялъул бетӏерасул ишал заманалда тӏуралес.

Жинда гьабулеб божилъиялъухъ ДРялъул Хӏукуматалъул председатель Мухӏамад Рамазановас баркала кьуна Ф. Щукиние. Хадуб гьадин бицана: «Республикаялъул халкъалдаги власталъул хӏалтӏи рукӏалиде бачӏиналде хьул бугевщинав чиясдаги цебе дир кӏудияб жавабчилъи бугеблъи бичӏчӏула дида. Хӏалтӏулъ нилъеца мугъчӏвазе буго цебеккунисеб хӏалтӏул хӏалбихьиялдаги, Дагъистаналъул ругел ресаздагун сурсатаздаги. Дица хӏаракат бахъила гӏадамазе загьираб куцалда, ракӏунтарал гьезул масъалабазул кьучӏалда республикаялъул хӏукуматалъул хӏалтӏи гӏуцӏизе», — ян.

Гьабсагӏаталда цебечӏараб аслияб масъалалъун Мухӏамадица рехсана тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда ккараб зарал бецӏи. «Федералиялгун регионалиял хъулухъаз гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи сордо-къоялъго къотӏулеб гьечӏо. Къварилъи ккаравщинав чиясе щвезе ккола кумек», — ан абуна гьес.

Аслиял масъалабазда гьоркьоб рикӏкӏуна М. Рамазановас СВОялъул гӏахьалчагӏазегун гьезул хъизамазе, кӏудияб ригьалъул гӏадамазе, сахлъукъазе ва захӏматаб хӏалалде ккарал дагъистаниязе социалияб кумек гьабиги.

«Хӏурматиял депутатал! Республикаялъул социалиябгун экономикияб гӏумруялда гӏемер масъалаби руго тӏоцебесеб иргаялда тӏуразаризе тӏадал. Амма бищунго аслияллъун дида рихьула гӏадатияб халкъалъул ракӏунтизабурал суалал. Гьединаллъун ккола нухал, токалдалъунги лъедалъунги хьезари, медицинаялъул кумек щивасе хехго щолеблъун гьаби, школазегун лъималазул ахазе, цогидалги социалиял идарабазе минаби рай. Гьеб рахъалъ гьабураб хӏалтӏухъ балагьун къимат кьола халкъалъ власталъул хӏаракаталъе. Гьединлъидал нилъеда тӏадаб буго, цебетӏей хехлъизабизе гуребги, халкъалда якъинго рихьулел хӏакъикъиял хиса-басиял гьаризеги», — ян депутатазде хитӏаб гьабуна М. Рамазановас.

Гьел ва цогидал масъалаби тӏуразариялъе санагӏатаб нухлъун гьес рехсана Республикаялъул хӏукуматалъулги, Халкъияб Собраниялъулги, муниципалитетазулги цадахъаб хӏаракат ва РФялъул президент Владимир Путинил квербакъи.

ДРялъул Халкъияб Собраниялъул тӏолго депутатаз цокӏалго гьаракьги кьун, Мухӏамад Рамазанов тасдикъ гьавуна ДРялъул Хӏукуматалъул председательлъун.