«Солдатасдаса бахъараб генерал-полковникасде щвезегӏан, курсантлъиялдаса рагъулав начальникасде щвезегӏан нух нахъа тана Гӏурада росулъа вас Мухӏамад Танкаевас», — абун хъван буго генералзаби В. Турчиноца ва М. Борисовас.
Рагъулал нухазда дандчӏварал захӏмалъабазул, советиял рагъухъабазул бахӏарчилъиялъул бицун Танкаевас хъвана «Рагъулаго церехун» абураб тӏехь. Гьелда Мухӏамадица бицунеб буго рагъул заманалда живго щварал шагьаразул ва росабазул хӏакъалъулъ. Хъван буго советияб халкъалъ фашистазулаб Германиялдаса гӏагараб улка кин цӏунарабали ва Ватӏан бокьизе кколеб куцалъул хӏакъалъулъ. Гӏатӏидго бицун буго живго бетӏерлъиялда вукӏараб нусабилеб дивизиялъул рагъулаб нухлул. Гьеб дивизиялъ эркен гьабуна 1500 шагьар ва росу. Ракӏалдаса унереблъун букӏанилан хъвалеб буго гьес Освенцим лагерь хвасар гьаби. Ракӏ гъанцӏизабулеб вахӏшилъи бихьана гьениб советиял рагъухъабазда. Хвасар гьаруна Европаялъул улкабаздаса гӏемерал асирал. Гьединго, тӏехьалда бихьизабулеб буго Ватӏан цӏунулездехун гьанжесеб гӏелалъул букӏине кколеб адаб-хӏурмат, гьезул къадру цӏунизе ва къимат гьабизе ккеялъул хӏакъалъулъ.
«Генерал Танкаев» абураб телеочеркалда бихьизабулеб буго генерал, Дагъистаналъул чӏухӏи, СССРалдаго машгьурав ва Европаялъул пачалихъазда «Чӏегӏерав генерал», «Мугӏрузул цӏум» абурал цӏаразда гъоркь машгьурлъун вукӏарав рагъул цевехъанасул хӏакъалъулъ.
«Генераласул ракӏалдещвеял» абураб очеркалда Д. Труновас бицунеб буго Танкаевасул гӏамал-хасияталъулги. «Рагъал унел рукӏана Смоленскиялдаса гъоркьехун. Бахъизе кколаан гӏор. Танкаевас буюрухъ кьуна лъедон гӏурул доб рахъалде рахине. Взводалъул гӏолохъанав лейтенантасда лъалароан лъим ххазе. Солдатазда хӏал лъазе течӏого, Мухӏамадица цо басрияб гьоралдаса хъарщи бахъана ва гьелъул кумекалдалъун гӏор бахана.
Бан букӏана гӏазу. Хӏалтӏизаризе кколаан лыжаби. Амма Танкаевасда лыжабазда хъещтӏезе лъалароан. Рагъдаса эркенал минутаз гьев ругьунлъана хъещтӏезеги.
Гьаваялъулаб десанталъул армиялъе нухмалъулаго кӏанцӏизе кколаан парашюталъ. Солдатазе ва командирзабазе мисаллъун вукӏине ккани, лъикӏ лъазе кколаан парашюталъ кӏанцӏизе. Нусго нухалъ парашюталъ кӏанцӏиялъул гӏаламат бан букӏана Танкаевасул каранда, дунгун дандчӏвараб 60-абилел соназда».
1945 соналда Танкаев витӏана рагъулаб академиялде цӏализе. Гьениве унелъул, гьесул цӏайи букӏана 82 килограмм, академия лъугӏидал, хутӏун батана 62 килограмм. Меседил медалалда цӏали лъугӏидал, гьев витӏула гьаваялъулаб десанталъул командующийлъун. Амма Мухӏамад чӏечӏо гьеб цӏалиялда гӏей гьабун, Генералияб штабалъул академияги лъугӏизабуна меседил медалалда. Хадуб гьес хъулухъ гьабуна Одессаялъул ва Белоруссиялъул рагъулал округазда, Германиялда.
Ракӏбацӏцӏадаб рагъулаб хъулухъалъе гӏоло Танкаев мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе: гьесул каранда бана ункъо Захӏматалъул Багӏараб байрахъ орден, Ватӏаналъул рагъул тӏоцебесеб даражаялъул орден, Октябралъул революциялъул орден, Багӏараб цӏва орден. Тӏадегӏанал шапакъатал гьесие кьуна Польшаялъ, Болгариялъ, ГДРалъ. Гьев вукӏана КПССалъул 24-абилеб съездалъул делегатлъун, СССРалъул ва ДАССРалъул Верховный Советазул депутатлъун.
1973 соналда Танкаев тӏамуна СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул цӏалул бетӏераб рагъул управлениялъул начальниклъун, гьединго Варшаваялъулаб къотӏи-къаялъул бетӏерав командующийлъун. 1978 соналда гьес нухмалъи гьабулеб букӏана СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул рагъулаб институталъе. Гьеб институталда цӏалулев вукӏана 26 Совет Союзалъул Бахӏарчи. Гьенир хӏалтӏулел рукӏана батӏи-батӏиял гӏелмабазул 120 кандидат ва доктор, 62 профессоргун доцент. Гьезие бажарун нухмалъи гьабуна Мухӏамад Танкаевас.
Генераласул гӏамал-хасияталъе ва гьесул рагъулал гьунаразе гьадинаб къимат кьолеб буго нилъер машгьурал ракьцояз:
ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жафаровас:
— Кигӏан кӏудияб хъулухъалда вугониги, кигӏан тӏадегӏанаб чин щваниги, генерал Танкаев хутӏана гӏадатияв магӏарулавлъун. Гьесул щулияб бухьен букӏана Дагъистаналъулгун, хасго гӏагараб гьидерил тӏалъиялъулгун ва росуцоязулгун. Халкъалъ гьев чанго нухалъ вищана Верховный Советалъул депутатлъун. Гьеб ишалда вукӏаго, Мухӏамадица гӏемераб кумек гьабуна дагъистаниязе ва гӏагараб районалъул гӏадамазе. Дагъистан ва тӏолабго Россия чӏухӏула улкаялъул тарихалда гъваридаб лъалкӏ тарав бахӏарчи Мухӏамад Танкаевасдаса.
Москваялда вугев Танкаевасул росуцояв Мухӏамад Талайлов:
— Дандчӏварабго Танкаевас цӏехолаан Дагъистаналдаса, гӏагараб Гьидалъа цӏиял харбал. Гьесда лъазе кколаан росдал гӏадамазул гӏумру-яшавалъул ахӏвал-хӏалги, совхозалъул гӏиял къадарги… Гьесул васият букӏана хведал жив гӏагараб росдал хабалалъ вукъеян. Гьеб нижеца тӏубана.
Гӏажаиблъи гьабизе ккараб хӏакъикъат гьечӏищха, магӏарул росулъа гӏадатияв векьарухъанасул вас Варшаваялъул къотӏи-къаялъул Северияб аскарияб къокъаялъул командующий гӏадаб кӏудияб борхалъиялде вахине бажари. Гьединал чагӏаз берцин гьабула нилъер Дагъистан, гьез хъвала гьелъул бахӏарчияб тарих. Нилъеда ва нилъер наслабазда тӏадаб буго даималъго Танкаевасул цӏар цӏунизе. Гьелъие гӏоло нижеца гьабуна гӏемераб хӏалтӏи: Махӏачхъалаялда эхетана генераласе памятник, къватӏазда, школазда, госпиталалда лъуна гьесул цӏар, Гӏурада росулъ гӏуцӏана гьесул рагъулаб нухлул бицунеб музей, хъвана ва хъвалел руго гьесул хӏакъалъулъ тӏахьал…
Юстициялъул полковник, рагъулаб прокуратураялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан Шамил Ахӏмадов:
— Мухӏамад Танкаев вукӏана нилъер халкъалъул бищунго камилаб гӏамал-хасият чорхолъ бессарав бахӏарчи. СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул рагъулаб Багӏарбайрахъулаб институталъул начальникасул хъулухъалда Танкаев вугел соназ дун цӏалана гьесда цеве рагъулабгун юридикияб факультеталда. Гьайгьай, дун чӏухӏула гьес тарбия-лъай кьурав чи вукӏиналдаса. Лъабго дагъистанияв вукӏана доб мехалъ гьенив цӏалулев. Киналго студентазе, хасго дагъистаниязе гьес гьабулаан эменлъи. Студентаз хӏаракат бахъунаан гьесда релълъине, гьевго гӏадин берцинго хьвадизе. Генераласе рекӏкӏ гьабичӏого букӏинеян, ниж-дагъистаниял цӏалана «щуйилазда» ва киназего сундулъго мисалияллъун рукӏана.
Гӏемерал соназ Ленинкент поселокалъул №35 гимназиялъул директорлъун хӏалтӏарай Чакар Мажидова:
— Шамил районалъул гӏадамал руго гӏажаибго берцинаб хасияталъул ва бахӏарчияб гӏамалалъул чагӏи. Гӏажаиблъи гьабизе ккараб жо гуро гьединаб халкъалда гьоркьоса Мухӏамад Танкаев гӏадав бахӏарчи вахъин. Берлиналда Расул Хӏамзатовасулгун лъай-хъвай гьабулаго, Танкаевас «Я из Гидатля буду родом» абурал рагӏабазул буго кӏудияб магӏна. Цоги жоялъул бицинего бицинаро, гьес цо къоялда Освенцималъул лагълъиялдаса эркен гьавуна 17 азарго асир. Танкаев ккола дунялалъулго кӏодолъиялъул инсан. Ленинкенталъул лицеялъул лъималазда цӏакъ лъикӏ лъала генераласул рагъулаб нухлул ва ракълил соназда гьес гьарурал чӏахӏиял ишазул тарих. Нилъгун гьечӏониги, Танкаевас жакъаги кумек гьабулеб буго гӏолилал ватӏан бокьиялде куцаялъе ва, къваригӏани, гьеб цӏунизе рахъине хӏадуриялъе.
Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасанов:
— Танкаев ккола Дагъистаналда тӏоцебе генерал-полковникасул чин щварав чи. Гьесие цӏакъ бокьулаан Гьидерил тӏалъиги гӏагараб Гӏурада росуги, гьев чӏалгӏун вукӏунаан ракьцоязухъ.
Танкаевасда цӏакъ берцин рихьулаан магӏарул, хасго гьидерил гӏадатал, рокьулаан пандрида ахӏулел кучӏдул, гьев сухӏматазда гъираялда кьурдулаан.
Танкаев вукӏана Буйнакск шагьаралъул хӏурматияв гражданин. Гьесул цӏар босун буго гьеб шагьаралъул хӏурматиял чагӏазул цӏарал хъвараб тӏехьалдеги. Генераласул цӏар кьун буго Махӏачхъалаялъул цо къватӏалъеги. Гьенибго лъун буго гьесие гьабураб памятникги. Мухӏамадил бюстал руго гьесул гӏагараб Гӏурада ва Цӏияб Гӏурада росабазул школазул азбаразда. Гӏурада росдал школалъе кьун буго машгьурав генераласул цӏар.
Нилъер халкъалда кидаго кӏоченаро Танкаевасул бахӏарчилъи, лъикӏлъи, гӏаданлъи ва гӏадатлъи.
Нури Нуриев