Исана дица дирго отпуск Цӏоралда тӏобитӏана. Профсоюзалдса путевка тӏалаб гьабичӏо, вахун машинаялдегун Цӏоралде хазабуна. Мурад цо букӏана – халкъалъул кӏалухъ гьедигӏан цӏакъ рехсолеб, кици-биценалъулъ гӏемераб, некӏсиял сариназулъ гьарзаяб Цӏор дирго берда бихьизе ва гьелъул гӏадамазул къан квер бачине. Щиб ракь Цӏор ва щал гьелъул гӏадамалали лъазе.

Орджоникидзе шагьарги нахъа тун, цӏар рагӏараб Рагъул-гуржи нухги къотӏун, нижеца регана Кавказалъул кӏудиял мугӏрузул сиртал ва кватӏичӏого Грузиялъул гьайбатаб тахшагьаралде щвана. Кӏиго-лъабго сордо-къо гьенибги бан, нижерго церегосел гьалбадерица ниж нухарегӏана бечедаб гьайбатаб Кӏахетиялде, Алазаналъул гьарзаял расалъабазде.

Абизе бегьула Цӏоралъулгун нижер тӏоцебесеб лъай-хъвай Цинандалиялда бугеб гуржиязул машгьурав поэт, князь Александр Чавчавадзел некӏсияб имениялда кканилан. Имениялда чӏахӏиял гъутӏбузул рагӏдукь эхетарал бечедал кӏалгӏабахъ гӏуцӏун бугоан гӏадамал хӏайран гьарулеб музей.

Гьеб музеялъул гӏелмияй хӏалтӏухъаналъ регана нижее нилъер мугӏрузул улкаялъулгун гуржиязул рукӏарал некӏсиял хурхеназулги тарихалъулги гӏажаибал тӏанчал. Чанги гьунар тӏокӏал ва лебалал гӏадамал рещтӏарал рукъзал ругоан гьенир. Пушкиница гьоболлъи барал, Грибоедовасул ракӏ жанибе цӏарал Чавчавадзел минабаз гӏемераб жоялъе нугӏлъи цӏунун бугоан.

Имениялъул хважаинасул цӏар араб меседил хвалчадул хӏакъалъулъ музеялъул хӏалтӏухъабаз бицен гьабураб мехалъ нижеца гьикъана:

— Бегьиларищ цо гьеб хвалчада бер речӏчӏизабизе?

Гьимизеги гьимун, цо гӏаданалъ нижеда абуна:

— Цо нухалъ чабхъад рачӏарал «лекӏияз» (магӏарулаз) хъамун ун буго гьеб.

«Лекӏиязул» наслуялъул чагӏи ругоха нижги, амма нижеда гьеб хвалчен Дагъистаналда бихьичӏилан гьабураб нижер махсараялъе гьез ракӏ-ракӏалъулго релъиялдалъун жаваб гьабуна. Цинги рачун къадада бараб цо кӏудияб сураталда цере эхетизаруна. Сураталда бихьизабун бугоан, лебалал чуяздаги рекӏун, кьолода цере ккун гуржиязул ясалги хъамун, пири гӏадин нух босун унел магӏарулазул чабхъен.

— Гьале гьадин хъамун ун рукӏана Шамилил муридзабаз гьал кӏалгӏабахъа Чавчавадзелги Орбелианилги хъизамал.

Ракӏалде рачӏана Веденор Шамилил кверщаликь чанго моцӏ барал гьел мунагь гьечӏел асиралги, нахъа имамасул хӏакъалъулъ гьез рицарал харбазул тӏанчалги. Шамилил муридзабаз гьел асир гьариялъе сабабги букӏун буго, цевего Ахӏулгохӏалда аманаталъе гӏурусазухъе кьун вукӏарав вас Жамалудин, гьезухъ хисунниги нахъе щвелародаян имамасул букӏараб хьул. Ккезеги гьедин ккана. Гуржиязул цӏар рагӏарал княгинаби жидерго рокъоре тӏадруссана, Шамилил гӏолохъанчи гӏурав вас Жамалудинги Петербургги рехун тун магӏарухъе вачӏана.

Тарихалъ ракӏалде щвезарурал пикрабигун, ниж ана Гуржаани абулеб цӏолболги чагъиралъулги магӏданлъун кколеб, гьитӏинабго бугониги, гӏажаибго берцинаб шагьаралде. Лъабго тӏала ракьулъе бугеб бечедаб чогърол заводалъул цехалда аза-азар литр жанибе гьунел дадазда жанисан ччун бахъун, жакъасеб гьудуллъиялъулги вацлъиялъулги рахъалдасан цо-цо лълъарги борхун, Гуржистаналъулги Дагъистаналъулги мугӏрузул тӏокӏкӏарал лъинал гъорлъ росараб, тарихиял лъугьа-бахъиназул абадияб нугӏ Алазань гӏорги къотӏун, ракӏ лъикӏал гьалбадерица ниж Къварелиялде тӏоритӏана.

Къварели бугоан гуржиязул югалъул бакъбаккуда Азербайжаналъулгун гӏорхъоде гӏагараб цо районалъул центр, гьава-бакъ рекъараб, гьанжесеб къагӏидаялда берцинго къачӏараб гьитӏинабго шагьар.

Гьениб буго Гуржистаналъул кӏудияв хъвадарухъан ва жамгӏияв хӏаракатчи Илья Чавчавадзел рукъ-музей. Цоги нижеда гьениб батана, гӏажаибго бечедаб ва учузаб, гьелдаго цадахъ бичулел гӏемераб, босулел дагьаб базар. Хадубги, гьенир аскӏорго цун мугӏруздегӏан къараб бакӏалда рагӏула магӏарулазул чанго росаби. Дагъистаналъулгун гӏурхъи цояб гьеб районалдаса Бежтӏе щвезе ккани, цо чуги бащдаб къоги гӏолилан бицана нижеда.

Гьале ниж Закаталаян абулеб, магӏарулазда жаниб Чӏар абун цӏар батараб, нижерго сапаралъул аслияб мурадлъун бугеб районалда.

Закаталаялда цониги вукӏинчӏо я дун лъалев, я дида лъалев чи. «Лъихъе инев, щивгун кӏалъалев, кив рещтӏинев?» — абурал суалазги букӏана дагьаб рахӏатхвезабун. Амма, гьаниве щвараб мехалъ, гьеб ургъалил гъуни цинтӏаго тӏаса рехун ана. Тӏоцеве нижгун дандчӏварав Сиражудин абулев гьалмагъ ватана гъорлъ восарав, аваданав ва гьелдаго цадахъ хӏалтӏуда тӏад вигъарав магӏарулав – шагьаралдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб Макӏув абулеб чанго росдадасан данде кӏутӏараб магӏарулазул кӏудияб колхозалъул председатель. Колхозалде щведал, нижеда сверухъ бакӏарана гӏисиналги чӏахӏиялги магӏарулазул руккел. Дагъистаналдаса рачӏарал нижгун гьикъа-бакъарулел ва гара-чӏварулел гьезул рохалиеги разилъиялъеги гӏурхъиго гьечӏилан кколаан.

Дида цебего рагӏун букӏана Цӏоралъул ракьалда гӏемерал магӏарулал ругилан. Амма гьезул хӏакъалъулъ дир пикру цӏакъ мукъсанаб букӏун буго. Ракӏалде кколаан, аслуялдасанго жидер рачӏин магӏарулаздаса батаниги, гӏемераб мехалъ Дагъистаналдаса ратӏатӏун рукӏиналдалъун унго-унголъун магӏарулазда релълъараб жо гьезулъ дагьго гурони хутӏун батиларилан.

Дун кутакалда мекъса ккун ватана ва гьедин ватиялдаса гӏажибго вохизеги вохана. Битӏун бицани, цо хасаб магӏнаялда, унго-унгоял магӏарулал гъора ругиланцин ккана ракӏалде.

Закаталаялда нижеца бана кӏиго анкьгӏан заман. Нижеда дандчӏвана гӏемерал батӏи-батӏиял гӏадамал. Ниж щвана гӏемерал магӏарул росабалъе — Чӏарихъе, Лъебелобаялде, Кӏатӏехире, Мецӏихире, Даначиялде, Къабахъчеялде ва гь.ц. Нижеда бицана гӏицӏго Закаталаялъулги Белоканалъулги — кӏиябго районалда 45 азариде гӏунтӏун магӏарул халкъ бугилан. Гьеб дагьаб халкъ гуро.

Магӏишаталъул рахъалъ Цӏоралъул магӏарулазул иш цӏакъ лъикӏ буго. Гьенир руго бечедал, гучал колхозал. Гьезулги руго гӏажаибго берцинабги гьайбатабги тӏабигӏаталъул цӏурал ракьал. Алазаналъул цӏанбитӏараб расалъиги Чӏарихъан байбихьун зодихъе эхетарал мугӏрулги тӏуран рацун руго даимго гӏурччинаб гъветӏ-рохьалъ, ахаз ва пастӏабаз. Колхозалъул магӏишаталда аслияб бакӏ кколеб буго ахихъанлъиялъ ва техникиял культурабаз, цо-цо магӏишатазда — гӏи-боцӏухъанлъиялъ. Гьенир руго балагьун бер щоларел цӏулакьодул ва миккил рохьал, чайдул ва гӏинтӏидул тӏогьол плантациял, генул ва гӏечул ахал, гьединго тушгӏиял чӏахӏиял рехъаби ва ганщазул рехьедал.

Колхозазе бажарун нухмалъи гьабулеб буго тӏадегӏанаб лъай бугел, гьунар тӏокӏал магӏарул специалистаз.

Рукӏа-рахъиналъул рахъ босани, Цӏоралъул магӏарулазул кӏудияб культура ва рацӏцӏа-ракъалъи буго. Гӏадамал жанир чӏолел минаби гӏемерисел кӏитӏалаял руго.

Гьездаса 50-гӏан метралъ рикӏкӏад руго бокьал. Киналниги минаби руго ганчӏил гьарурал ва тӏад щегӏ ккурал. Жиб-жиб азбаралъуб буго чвахун унеб тӏокӏкӏараб мугӏрузул лъим, гьезда сверухъ руго чӏахӏиял ахил участкаби. Гӏемерисезул рокъор руго радиоприемникал, патефонал, телевизорал. Гьел балагьула Москваялъухъ, Бакуялъухъ, Типлисалъухъ ва Ереваналъухъ. Хъизамалги гьезул нилъер гьаниралдаса чӏахӏиял руго. Гӏемерисезул лъимал щугоялдаса дагь гьечӏо, гӏемер руго микьго-ичӏго лъимер бугелги. Дицаго кӏварбуссинабураб жо ккола, Шамилил цӏар лъурал лъимал рукъ-рукъалъур ратулел рукӏин. Гьебги жидерго тарихалде бугеб адаб-хӏурматалъул гӏаламатлъун тана нижеца. Букӏаниги, бищун тамашалъун бихьараб жо ккана 45 азарго магӏарулав мугӏрул регун гъоркьехун рати. Гьал кин гьанире ккарал? Чияр улкаги гурелъул, квер гӏунтӏулареб рикӏкӏалъудаги гьечӏелъул, щай нижеда гьазул хӏакъалъулъ гьадигӏан дагь гурони лъалеб букӏинчӏеб?

Узухъда, кисаниги рачӏун ва хӏалица рачун ккарал чагӏи гуро гьал гьанире. Гьал руго анкьумумузулъанго жидерго рукӏарал ракьазда. Палхӏасил, анкьабилеб гӏасруялдаса нахъениги гьалго ракьазда гьал гӏадамал рукӏиналъе тарихияб гӏелмуялъ ишкал тун нугӏлъи гьабулеб буго.

Гьединлъидалги батизе ккола, дир рекӏее хӏаталдаса ун асар гьабураб жо ккана, гьезда жидерго магӏарул мацӏги магӏарул гӏадатги цӏунизе кӏун букӏин. Цӏали ва хъвай-хъвагӏай гьениб азербайжан мацӏалда гурони гьечӏо, школалда предмет хӏисабалдацин авар мацӏги малъулеб гьечӏо, рахьдал мацӏалда газета, тӏехь, радио гьаниб гьечӏо, амма рокъобги къватӏибги бицунеб жо магӏарул мацӏ буго.

Дунго цӏакъ санагӏат гьечӏого лъугьана, школалде хьвадулел дир лъималаздаса лъикӏ авар мацӏ бицунел гӏисинал лъимал гьенир ратараб мехалда. Гьобол-гьудул хиралъи ва лъималаз эбел-инсул ва цӏикӏкӏаразул хӏурмат гьаби гьениб кьури гьечӏеб закон буго аваразул халкъияб творчествоялдехунги музыкаялдехунги гьезул бугеб рокьиялда битӏахъе урхъизе бачӏуна. Магӏарулазул тарихалъул тӏанчал, хасго Шамилил ва Хӏажимурадил бахӏарчиял рагъазда хурхарал къисабигун кучӏдул гьезул жив-живасул рокъорги рекӏелъги кӏудияб къадруялда цӏунун руго. Ункъойилъе вахарав Чӏарихъа Ражабица нижее рекӏехъ цӏаларал некӏсиял кучӏдуз ниж асир гьаруна ва колхозалъул председатель Ибрагьимил чӏужу Хӏуриял кӏалдисан аваданго чвахун унел халкъиял кочӏол бакъназ ниж хӏайран гьаруна. Чанго жо ракӏалде щвезабуна нижеда кӏиябго бер бецав Ахӏмадица чагъанаялда рачунел гьайбатал бакъназ ва имамасул тарихалъул хӏакъалъулъ бицунел Камилил хӏасратал харбаз.

Гьеб кинабго бихьараб мехалда, ракӏалде ккана гьедигӏан жидерго умумузул мацӏги, литератураги, тарихги хириял гӏадамал жидерго мацӏалда школа, хъвай-хъвагӏай гьечӏого хутӏизе гӏайиб гурищилан. Гьеб киналдехунго Цӏоралъул магӏарулазул бугеб рокьиялъе нугӏлъун чӏоларищ гьениб аза-азар гӏадамаз нилъер «Багӏараб байрахъ» газетаги, «Гьудуллъи» альманахги, «Магӏарулай» журналги, «Советияб Дагъистан» журналги хъван букӏин, щибаб къоялъ Махӏачхъалаялдаса кьолел радиоялъул харбазухъги кучӏдузухъги гӏенеккизе гьез жигар бахъулеб букӏин?

Дица дидаго цадахъ босун букӏана магнитофон ва магӏарул бищунго лъикӏалилан рикӏкӏунел кучӏдулгун макънал хъварал лентабиги. Нижеца гьеб хӏалтӏизе биччараб мехалъ, бакӏ-бакӏалдаса, рукъ-рукъалъуса, къватӏ-къватӏалъуса рачӏун, магӏарулазул кӏудиял руккелал гӏолаан. Тамашалъи гьечӏищ, щиб кочӏол гьаракь бахъаниги, гьебсагӏат гӏадамазул шуш бахъунаан, гьаб Муил буго, гьай Манаша йиго, гьаб цояб Сайгидсалимил буго абун. Гьез гьарулаан, цо Шамилилаб биччай, Хизроевалда ахӏизабеян, Сидратил гьечӏищан. Гьеб жо жидерго халкъалъул музыкаялде бугеб рокьи гурищха?

Гьеб киналъухъго балагьун пикру гьабидал, гӏажаибго хадур гӏунтӏизе кӏолареб ишлъун бихьула нилъер Дагъистаналдаги, школазул программабазда жаниб рахьдал мацӏазеги литературабазеги соналдаса соналде нух къварид гьабулеб бугеб республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул хӏалтӏи. Росабалъ рахьдал мацӏ ва литература предмет хӏисабалда хутӏун батаниги (бицанихъе гьебги киса-кибго бугеб жо рагӏуларо), шагьараздайин абуни, лъималазда гьеб малъизе бокьарал эбел-эмен чара къосараб хӏалалде кколел руго…

Къваригӏелалъ дихъе вачӏарав Хунзахъ районалдаса цо мугӏалимасда дица итни къоялъ вачӏаян абидал, гьес гьикъана, гьеб щиб къо кколебан – вторникищ, понедельникищ абун. Тӏокӏаб рагӏи нилъее щай. Аза-азар соназда жаниб тӏубарал халкъазул жанги, ракӏги, гӏакълуги тӏад кьун гӏуцӏарал ва камиллъарал рахьдал мацӏал ккола къимат кьун хӏалкӏоларебгӏан кӏудияб хазина ва гьездехун гӏамал кӏудияб бербалагьи гьабулел чагӏазда лъолеб цӏарго щиб кколеб?

Закаталаялъул ва Белоканалъул магӏарулазул мацӏ ккола магӏарул мацӏалъул хасаб диалектлъун. Цӏехараб мехалъ, гьеб диалект гӏелмияб рахъалъан цӏех-рех гьабун лъазабулел чагӏиги дида ратичӏо. Гьебги цо тамаша гьабизе ккараб жо буго, нилъер гьаниб мацӏазул гӏелмабазул вакилзабазул гьарзалъиялъухъ балагьараб мехалъ.

Бугониги, ракӏ бохизабулеб жолъун буго ахирал соназда Цӏоралъул магӏарулазулгун Дагъистаналъул хурхен цӏикӏкӏунеб ва щулалъулеб букӏин. Гьенире чанго нухалъ щун руго Авар театралъул коллектив, филармониялъул ва радиоялъул артистал, «Багӏараб байрахъалъул» хӏалтӏухъаби. Дагъистаналдаса гьалбадеридехун гъораса магӏарулаз гьабулеб ракӏ батараб, берцинаб, рохараб балагьиялъ нилъеда тӏадаблъун гьабула гьеб хурхен жеги цӏикӏкӏун щула гьабизе. Хасго гьез лъазабуна, жидее бокьун бугила магӏарул хъвадарухъаби рихьизе ва гьезухъ гӏенеккизеян абун.

Чанги бакӏалде щвана ниж гьеб сапаралъ. Кидаго кӏочон толареб дандчӏвай ккана Мецӏихиса Асхӏаб-Гӏумарилгун, Чӏарихъа Ибрагьимилгун, Тӏагьирилгун ва Жамалудинилгун, Лъебалобаялдаса Сиражудинилгун, Ахӏмадилгун ва Махӏмудилгун, Белоканалъулги Закаталаялъулги райисполкомазул председательзаби Калаевасулгун ва Ялиевасулгун.

Гьез нухарегӏана ниж гьениса унагоги. Нижгун цадахь гьел рилълъана Кӏахалъулги Нухаялъулги районазул гӏорхъода, шагьаралдаса 2-3 километралъул манзилалда хьибилалдехун бугеб хӏалбохаяв Хӏажимурадил хабаде швезеги. Кин ва циб заманалда хваравали бицун хъвай-хъвагӏай гьабураб мармаралъул хъарщиги тӏад рекъезабун, цӏар рагӏарав Шамилил наибасул къаданиб чӏвараб зани бугоан умумузул тарихалъул къадру цӏунарал гӏадамаз чанги зияратал гьарулеб бакӏльун.

Гьениб къо-лъикӏги гьабун, бихьараб-лъарабщиналъ рекӏее гьарурал асараз кодорги росун, нухда рахъарал ниж нахъисеб къоялъ Махӏачхъалаялде щвана. Льикӏаб бакӏ буго Цӏоральул ракь. Дагьалги лъикӏал руго гӏумру кьун рохаял гьелъул гӏадамалги. А, магӏарулал, цо-цо гьезухъе щвезе. Нужер ракӏ бухӏиларо.

Хӏамзатил Хӏажияв 1967 с.