Гӏатӏиракьалда — Афгъаналъул бахӏарчиясул цӏаралда турнир
Лъабабилеб маялда нижеца сапар бухьана Бабаюрт районалда бугеб Хунзахъ районалъул тӏанусдерил хъутаналде. Афгъанистаналда хъулухъ гьабулаго къадаралде щварав, «Багӏараб Цӏва» орденалъул кавалер, Гӏалиханов Шамилил цӏаралда волейболалъул турнир тӏобитӏана гьениб.
Шамилил хӏакъалъулъ нижеца газеталда цебеги чанго нухалда хъван букӏана. Къого сон барав гӏолохъанчи ккана гьев Афгъаналъул цӏа боркьараб рагъул корониве. Ва гьениве щун кӏиго моцӏцин балелде къадаралдеги щвана. Исана 40 сон тӏубала гьев гӏумруялдаса ватӏалъаралдаса.
Шамил Гӏалихановги ракӏалде щвезавун, Цӏияб Тӏанусиб щибаб соналъ тӏоритӏула волейболалъул къецал. Ковидалъул заманалдаса нахъе гьоркьоб къотӏи ккун, чанго сон ун букӏана гьел гьаричӏелдаса. Ва гьале, исана хӏукму гьабуна гьел цӏигьаризе.
Волейболалъул удаманал
Тӏанусдерил хъутаналде ниж щвана ихдалил бакъ лъарагӏлъиялда тӏад тӏибитӏизе байбихьараб гӏужалъ. Тӏатӏалаго рарал цӏадаз лъикӏаб регьелги кьун, гӏурччинлъун букӏана сверухълъи.
Хъутаналда нижеда дандчӏвай гьабуна «Знатные люди» СПКялъул нухмалъулев Зиявудин Мухӏамадовас. Унго-унгояв магӏишатчи, гӏуцӏарухъан, гӏи-боцӏиги хирияв, гьезие кӏвахӏ тун хъулухъги гьабулев гьесул хӏакъалъулъ нижеца газеталда цебеги хъван букӏана. Зиявудингун цадахъ щвана гӏиял къавудеги. Кватӏичӏого магӏарухъе, риидалил мучӏдузде сапар бухьиналде, гьенир тӏадран къунцӏарилел ругоан гӏухьби.
Тӏанусдерил СПКялъул, гӏухьбузулгун гьабураб гара-чӏвариялъул ва живго Зиявудинил хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго кьезе буго газеталъул хадусеб номералда. Тадбир байбихьизе заман щолеб бугилан ахӏиги бачӏун, ниж школалде гӏедегӏана.
Щуго соналъ цебе бараб, жаниб кинабго хӏажатабщинаб къайи-цӏа чӏезабураб школа буго Цӏияб Тӏанусиб. Жакъа гьенив цӏалулев вуго 70-гӏан цӏалдохъан.
Волейболалъул турнир байбихьана, школалъул азбаралда лъун бугеб Шамил Гӏалихановасул мемориалияб монументалда цере тӏугьдулги лъун. Гьеб хӏурматияб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна Тӏануси росдал администрациялъул нухмалъулев Хӏажи Гӏабдулхаликъовас, «Знатные люди» СПКялъул нухмалъулев Зиявудин Мухӏамадовас, Шамилил вац Хӏажимурад Гӏалихановас ва цогидазги, ай тӏанусдерил жамагӏаталъул вакилзабаз.
Сагӏат анцӏила цоялдехун киналго ракӏарана спортзалалде. Турниралда гӏахьаллъи гьабуна: Тӏануси-магӏарухъ, Хъутан, Гъизилюрт ва Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун ругел гӏолохъабаздаса гӏуцӏараб ункъо командаялъ. Цохӏо росдал ункъо батӏияб командаялда гьоркьоб тӏобитӏараб спортивияб тадбиралде тӏоцеве ккана дун гьеб къоялъ ва кӏудияб асар гьабуна гьезул хӏаялъ.
Турниралда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Гъизилюрталдаса тӏанусдерил командаялъ. Кӏиабилеб, лъабабилеб ва ункъабилеб бакӏал рикьана: хъутаналъул, магӏарухъ росдал ва Махӏачхъалаялъул командабаз.
Киназего кьуна къиматал шапакъатал, кубокал ва гӏарцул сайгъатал. Тадбиралъул ахиралда киназего баркала кьуна Шамил Гӏалихановасул гьитӏинав вац Хӏажимурадицаги.
Торгӏоялъухъ «рокьи ккарал»
Тӏанусдерие волейбол буго, Канадаялъе хоккей, Бразилиялъе футбол гӏадин, хирияб спортивияб тайпа. Мисалалъе, жакъа къоялъги бицуна, Бразилиялда щибаб шагьаралъул къватӏ-къоноялда футбол хӏалеб, гьелъул гурони мацӏ лъалареб кидаго гьелде машгъуллъун букӏунеб гӏел бугин абун. Гьелъухъего, кини таралдаса нахъе волейболалъухъ рокьи кколин тӏанусдерил щибаб лъимералъулин бицуна гьезул чагӏаз.
Жакъа тӏанусдерил гӏолохъаби хӏалел руго республикаялъул тӏасабищараб командаялда, гьединго Москваялъул спортивияб клубалдаги. 1960-абилел соназдаса нахъего гьез гӏахьаллъи гьабичӏел къецалги бергьенлъи босичӏеб гьитӏинабги кӏудиябги турнирги хутӏичӏин абуни, гьереси букӏинаро. Гьедигӏанги хирияб буго тӏанусдерие волейбол. Гьеб цоги нухалда якъинлъана лъабабилеб маялда гьезул хъутаналда букӏараб тадбиралдаса хадубги. Гьениб букӏана унго-унгояб хӏай: гъорлъ жахӏда-хӏусуд, цоцаздехун ракӏхвей гьечӏеб, кӏиябго командаялдаса кинавго чи цоцазе гьимулев ва иргадулаб хӏай лъугӏун хадуб бергьаразда къураз гьеб ракӏ-ракӏалъго баркулеб. Гьединаб ракӏрагьараб, рекӏее лъикӏаб асар гьабулеб хӏал букӏана залалъуб. Гьеб киналдаго хадуб халккун, къеда бараб кӏудияб баннералдаса гьезухъ валагьун вукӏана, Афгъанистаналъул бухӏараб ракьулъ жиндирго гӏолохъанлъиги тун, даимлъиялде арав Шамилги.
Ракӏалдещвеязулъ цӏа бакун тарав
Гьеб къоялъ дир лъай-хъвай ккана Шамилгун цадахъ цӏалулел рукӏарал: кидаго гьединаб лъугьа-рухьиналъулъ гӏагараб росдае кумек гьабулев, хъутаналда цӏияб школа базеги кӏудияб бутӏа лъурав Гъазимухӏамад Мухӏамадовасулгун ва гьеб школалъул директор Абулпазлуева Гӏайшатилгун. Гьелъул кабинеталда нижеца ракӏалде щвезавуна мунагьал чураяв Шамил, гьевгун цадахъ цӏалулел рукӏарал сонал.
Росулъ школаги лъугӏизабун, Шамил цӏализе лъугьана Каспийскиялъул ПТУялде. Ва гьенисан, 1985 соналъул октябралда, ахӏула армиялде. Анлъго моцӏидасан учебкаялдаса хадув витӏула Афгъанистаналде. Минометчиказул взводалда цадахъ рагъулаб тӏадкъай тӏубазабизе арав чи къадаралде щола. Гьединаб ккана Шамилил гӏумрудул ахир. Исана декабралда гьев гьавуралдаса тӏубала 60 сон. Гьаб ихдал 40 сон тӏубала гьев гӏумруялдаса ватӏалъаралдаса. Амма росуцоязе гьев хутӏила 60 сон барав гӏолохъанчилъун, Ватӏаналъул тӏадаб борч тӏубазе жиндирго бахӏарчилъиялда барахщичӏев, умумузул мисалалъе ритӏухъав васлъун. Жакъа гьесул цӏар лъун буго Хӏажимурадил васасда.
Махӏачхъалаялдаса нижги рачун, эменгун цадахъ машина бачунев вукӏана гьев довеги нахъеги. Жакъа Шамил ккола жубараб речӏчӏухъанлъиялъул рахъалъ Россиялъул чемпион. Анлъго сон баралдаса нахъе гьелъие ругьун гьавулев вуго гьев. Цӏар лъурасда релълъарав, гьесулго тӏабигӏат-гӏамал чорхолъ бессарав гӏолохъанчи вугин тана дица Шамил.
Гьединаб букӏана Цӏияб Тӏанусибе гьабураб нижер сапар. Рекӏее гӏуна кинабго. Гӏатӏиракьалда ругониги, росдал тӏабгӏги ккурал, гьобол-гьудулги хириял, ракӏ аваданго дандчӏвайги гьабулел чагӏи руго хъутаналда гӏумру гьабун ругел тӏанус. Гьеб гьез загьир гьабуна кинабго рахъалдасан. Гьарзаго букӏана гьалбадерие хӏадурараб квен-тӏехги, аваданаб букӏана бицунеб хабарги, цоцазе гьабулеб махсараги. Гьелъ рекӏее гьабураб лазатаб асаралда гъоркь къватӏире рахъана ниж тӏанусдерил хъутаналдаса. Хадуб балагьун тана гӏатӏидал мучӏдузул ва рагӏа-ракьан бихьулареб гӏатӏилъиялъул лъарагӏлъи.
Ашахан Юсупов, Цӏияб Тӏануси-Махӏачхъала
Авторасул суратал