30 апрелалда Гъуниб районалъул централияб библиотекаялде данделъун рукӏана магӏарул шагӏир, публицист, учитель, насихӏатчи Кӏуядаса Мухӏамад Хӏасановасул творчествоялъул бицунеб гъасде.

Авар адабияталъул унго-унгояб байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гӏахьаллъана «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъаби, Гъуниб районалъул школазул учительзаби, шагӏирзаби ва адабият бокьулел шагӏирасул росуцоял, районцоял, къаламцоял, пишацоял, хъизан-лъимал, гӏага-божарал.

Дандеруссиналда рикӏкӏана, цӏалана М. Хӏасановасул асарал. Байрамалъул хӏурматиял гьалбадерида гьоркьор рукӏана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул аваразул секциялъул нухмалъулев Хӏамзат Гӏизудинов, профессор, филологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Мухӏамадов, Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Хӏамзалав Хӏамзалов, Гъуниб районалъул ЦДОялъул жавабияв хӏалтӏухъан, Россиялдаго машгьурав гид Муртазагӏали Мухӏамадов, Шамил районалдаса учитель ва шагӏир Хӏажи Ахӏмадов, нашидал ахӏулев Мухӏамад Гъазимухӏамадов, Мухӏамад Гӏумаров ва цогидал.

Тадбир нухда бачана районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Рамазан Гъазимухӏамадовас. Гьес гӏатӏидго бицана М. Хӏасановасул творчествоялъулаб гӏумруялъул хӏакъалъулъ.

Тадбиралъе гӏуцӏарухъанлъи гьабуна Гъуниб районалъул централияб библиотекаялъул директор Аминат Муртазагӏалиевалъ.

Ахиралда эмен ракӏалде щвезавун тӏобитӏараб тадбиралъул гӏуцӏарухъабазе ва гӏахьаллъарал киназего баркала загьир гьабуна шагӏирасул вас, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Темирхан Хӏасановас.

Абула шагӏир кколин халкъалъул микрофонилан абун. Амма гьеб микрофоналъул гьаракь, тӏоцебесеб иргаялда, букӏине ккола гӏагараб росдал дандерижилъун. Шагӏирасул гьаракь бищун цебе рагӏизе ккола гӏагарал мугӏрузда, гьезул каранда рарал маржаналлъун рукӏине ккола гьесул кочӏол мухъал. Гьел мухъазги нилъ рачуна вижараб росдал сухъмахъазде. Гьезие сайгъат гьарурал сариналги рагӏазе ккола гӏаламалда. Гьеб рахъ босани, талихӏаб шигӏру буго Мухӏамад Хӏасановасул. Гьесул сариназ беэдулеб буго, росдал парахалъиги цӏунун, гьелде тӏаде балагьун бугеб Кьилимегӏерги, гьел сариназухъе гӏедегӏулеб буго борхатаб Гъунибги, гьезухъ сихӏкъотӏун гӏенеккун буго шагӏирасул гӏумруялъул кинилъун кколеб Кӏуядаги. Гӏагараб росдал годекӏанибе цӏидасанги сапар бухьунеб буго гьесул сариназ, умумузул гӏакъилал гӏумруялъул дарсазухъ цоги нухалда гӏинтӏамизе. Шагӏирасул кучӏдузул аслияб тема ккола — гьитӏинаб Ватӏаналде кӏудияб рокьи. Гьеб рокьиги ккола шагӏир, М. Хӏасановасул микрофоналъул ахӏилъун. Иргадулаб нухалдаги бегулеб буго гьесул тӏехь — Борхатаб Гъунибги, гьениб тӏоцебесеб роржен батарал Расулил хъахӏал къункърабиги, гӏагараб Кӏуядаги, росуцоялги, районги росуги машгьур гьабурал ракьцоялги — гьединаб буго Мухӏамадил шигӏру. Гьесул шигӏрабазул мацӏалдалъун гаргадана байрамалъул гӏахьалчагӏи гьалбадеридаги.